Авар мацӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Авар
Avar
Абулеб куц/ʔäˈwär mät͡sːʼ/
Территория Хьондасеб Кавказ, Азарбижан
ЭтниклъиАварал
КӀалъалел
800 000 (2021)[1]
Цесел формаби
Диалектал
Кириллияб (гьанже)
ГӀараб, Латин
Официалаб статус
Официалаб мес
 Россия
МацӀалъул кодал
ISO 639-1av – Авар
ISO 639-2ava – Авар
ISO 639-3Цогидаб:
ava – Авар
oav – Басрияб авар
oav – Басрияб авар
Glottologavar1256
  Авар мацӀ (24) тӀибитӀун бугеб ареал
Гьанир руго ИФАлъул фонетикиял симболал. Кколеб кверчӀвай гьечӀони, нужеда бихьизе бегьула гьикъул гӀужур, ункъбокӀон, яги цогидал симболал Юникодалъул гӀужразул бакӀалда. ИФА симболазе байбихьул нухмалъи балагье гьаниб: Квеки:ИФА.

Авар мацӀ (абулеб куц [ʔäˈwär mät͡sːʼ]) ккола Бакъбаккул Кавказалда бугеб хьондакавказияб хъизамул аваразул мацӀазул гӀаркьелалъул аваргин гӀандисезулаб къокъаялъул мацӀлъун.

ТӀибитӀун буго аслияб куцалъ Дагъистаналдаги ЦӀоралдаги, бутӀаккун бугоЧачаналӀ, ГуржиялӀ, ва ТуркиялӀ бугеб авар диаспоралда. Ккола Дагъистаналъул официалал мацӀазул цояблъун, гьединго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, историкияб Авариялъул бугеб лингва франкалъун (болмацӀ). КӀалъалезул къадар бахуна цо миллионалде.

Авар мацӀалъул фонетикияб гӀуцӀиялда буго гӀатӀидаб рагьукъал гьаркьазул (консонантазул) система, жиндилӀ халалъаралги (фортисалъул), лабиалиялги (кӀутӀбузулал) рагьукъал ругеб. Рагьараб гьаракь стандартаб аваралда буго щуго, амма сверелазда данчӀвала халатал рагьарал гьаркьалги (ралагье хундерил сверел). Фонетикаялда билӀараб жо буго цо ккураб гьечӀеб тӀадецуй, жиндица магӀна батӀагьабул рол хӀалеб.

Морфологияб гӀуцӀи буго агглутинативияб, жинда гьоркьоб формантаздалъун рагӀи хисиги флексияги бугеб. Буго лъабго цӀарулаб класс, гӀатӀидаб хӀалатазулаб, гьезул 5 буго гӀадатаб: абсолутив, эргатив, генитив, датив, интсрументалис; 24 — бакӀалъул хӀалат (чӀовул, яги локатив, рачӀул, яги аллатив, ратӀалъул, яги аблатив ва транслатив). ДанчӀвала эргативияб конструкция. Руго тарнзитивиялгун интранзитивиял вербал, аспектазул руго фреквентативги каузативги; кӀиго контрастияб конструкция — эргативияб ва номинативияб. Лексика буго жиндирго кьолболаб, руго гьединго цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабиги.

Авар мацӀалъул буго чанго сверел, гьел рикьула хьондасеб ва бакъдасеб тӀадкаламазде. MацӀалъул свералабазда гьоркьоб буго фонетикияб, морфологияб ва лексикияб батӀалъи. Стандартаблъун ккола хьондасеб тӀадгаруле гъорлӀе унеб болмацӀияб вариант.

Лингвогеография

Авар мацӀ буго Дагъистаналъул официалаб мацӀ, авар регионазул лингва франкалъун. ТӀибитӀун буго аваразул Хунзахъ, Бакълъул, Гъуниб, НахъбакӀ, ЛъаратӀа, Унсоколо, ЧӀарада, Шамилил мухъазда, Болъихъ, ГӀахьвахъ, ЦӀумада ва цӀунтӀа мухъазда; Дагъистаналъул Бабаюрт (21 %), Шурагьиб (27 %), Гелбахъ (83,9 %), Лаваша (25 %), Хасавхъала (33 %), БагӀархъала (46 %), Тарумасул (35 %), ЦӀияблак (23 %) ва Рутул (ГьочотӀа росу) мухъаздаги, гьединго МахӀачхъала (26 %), Гъизилюрт (70,88 %), Гъизляр (21 %), Салануб (46 %), Хасавюрт (30,66 %), Шура (45,79 %) шагьараздаги. Азарбижаналъул хьундасеб (шималияб) рахъалда (аваразул ЦӀоралда), Чачаналъул Хьаруб мухъалда 54,49 %, (Кванхи ва Бути росаби), Гуржиялъул хундасебгун бакъбаккул рахъалда ва Туркиялда гӀумру гьабун ругел аваразда гьоркьоб.

Россиялда авар мацӀалда кӀалъалезул къадар бахуна — 715 297 чиясде (2010)[2]. Гьеб рикӀкӀеналда гъорлъе рачун руго гӀандигун цез мацӀазда кӀалъалел цо чанго росабазул гӀадамалги, жидеца кӀиабилеб мацӀлъун авар мацӀ хӀалтӀизабулеб букӀиналъ. Рахьдал мацӀ бицунеб гӀадин авар мацӀ бицунезул къадар бахуна гӀага-шагарго — 703 азар. чиясде (2010), 65 азаргогӀан авар мацӀалъ кӀалъалев чи вуго Дагъистанги Азарбижанги тун къватӀихун.

ГӀурус армиялъул генерал А. А. Неверовскиясул 1847 соналъ гьабураб хъвай-хъвагӀиялда буго:[3]

Аварал кидаго мугӀрузда бищун къуватаб халкълъун букӀиналъ, гьез Дагъистаналъул бакъулъ бакӀ кколеб букӀиналъ, гьезул мацӀ лъугьана гьеб мухъалъул халкъазда гьоркьоб бищун тӀибитӀараблъун. Киназдего гӀунтӀун магӀарулазда кӀола авар мацӀалда кӀалъазе ва жидедаго гьоркьоб кӀалъазе хӀалтӀизабула.

Авар мацӀги литератураги малъула Дагъистаналда аварал цӀикӀкӀанисел ругел школабазда, сон бахъанагӀан гьел дагьлъизарулел руго. Гьединго авар мацӀ лъазе гьабулел къокъаби руго Дагъистаналъул вузаздаги.

Авар мацӀалда къватӀире риччала гьунарияб ва социалабгин политикия литература: «ХӀакъикъат», «Цолъи», «Кьоял» ва 14 мухъалъул газетал, журналал, буго гьединго радио ва телебихьи. ХӀалтӀула авар мацӀалда музыкалиябгин драматикияб театр ЦӀадаса ХӀамзатил цӀаралда бугеб (1935 соналдаса).

ЮНЕСКО-ялъул классификациялда рекъон авар мацӀ буго жиб тӀагӀине бегьулеб мацӀлъун[4].

История

Авар мацӀалъул тарихалъул хӀакъалъулъ хасал гӀелмиял хӀалтӀаби гьечӀо; XVII—XVIII гӀасрабазул авар мацӀалъул хъвай-хъвагӀиялъул памятникаазул лингвистикияб рахъалъ гӀелмияб цӀех-рехги гьабун буго загӀипго. Жанисеб реконструкциялъул кумекалдалъун цебесеб (прото-) авар мацӀалъул цо-цо сипатал руго баян гьарун[5]: халатал ва къокъал латералиял абруптивиял аффрикатал данде лъей, ункъабилеб грамматикияб класс букӀин, жиндир гӀаламатлъун р- суффикс бугеб ва ц.

XVII—XIX гӀасрабазда шималияб тӀадкаламалъул аслуялда лъугьана болмацӀ — мацӀазул свералабазда гьркьоб бугеб кӀалзул калам. Гьениб аслияб роль буго хундерил диалекталъул, жиб бищун камилаблъун рикӀкӀунеб букӀараб. БолмацӀ лъугьиналъе рукӀана рагъулабгун сиясатияб ва экономикиял гӀиллаби, авар миллат цолъи, нуцаллъиялъул къуват цӀикӀкӀин.

Гьеб мацӀалда, цо-цо свералабузул сипаталги жинда гъорлъ дандчӀвалеб, хъвалел рукӀана XVII—XVIII гӀасрабазул хъвадарухъабаз ва шагӀирзабаз жидерго асарал, гьебго мацӀ хӀалтӀизабулаан XIX ва XX гӀасруялъул байбихьуда рукӀарал шагӀирзабаз, жал шималияб тӀадкаламалъул кколел рукӀарал: БакьайчӀиса ЧӀанкӀа, ХъахӀабросулъа МахӀмуд, Ругъжаса Элдарилав, МестӀерухъа НурмухӀамад, Инхоса ГӀалихӀажияв ва цогидалги. Халкъиял кӀучӀдулги, мисалалъе Хочбарил хӀакъалъул гӀадинал, хъварал руго болмацӀалда.

XX гӀасрулъул кӀиабилеб бащалъиялдаса авар адабияталъулаб мацӀ цебетӀеялъе кӀудияб хӀалтӀи гьабула ЦӀадаса ХӀамзатица. Гьеб заманалда авар мацӀалъул къамусияб гӀуцӀиги терминалогияги бечелъулеб букӀана жиндаго жаниб цӀиял рагӀаби лъугьиналдалъунги, цогидал мацӀаздаса рагӀабазул тармажа гьабиялдалъунги, семантикияб рахъалъ лъугьунел хис-басалдалъунги.

Нилъер заманалда адабияталъулаб мацӀ цебетӀеялъе кӀудияб хӀалтӀи гьабуна ХӀамзатил Расулил, ГӀалилазул Фазул ва цогидал аваразул шагӀирзабазул ва хъвадарухъабазул прозаялъ ва асараз.

Хъвай-хъвагӀи ва ортография

ТӀоцебесеб авар мацӀалъ хъварал хъвай-хъвагӀаби ккола гуржи хатӀалъ хъанчазда гьарурал. XV гӀасаруялдаса байбихьула гӀараб хатӀги кьучӀалъе лъун гьабураб гӀажам алипба хӀалтӀизабизе. 1928–1938 соназда авар мацӀалъе хӀалтӀизабулаан латин алипба. 1938 соналъ гьеб алип бачана кирилицалде, ва жакъа къоялъги гьелдаго буго.

Алфабет

ХъвагӀ ЦӀар ИФА ХъвагӀ ЦӀар ИФА ХъвагӀ ЦӀар ИФА ХъвагӀ ЦӀар ИФА
А а а /ӓ/ И и и /i/ П п пе /p/ ЦӀ цӀ цӀе /t͡sʼ/
Б б бе /b/ Й и йи /j/ Р р эр /r/ Ч ч че /t͡ʃ/
В в ве /w/ К к ке /i/ С с эс /s/ ЧӀ чӀ чӀе /t͡ʃʼ/
Г г ге /ɡ/ Къ къ къе /qχː/ Т т те /t/ Ш ш ша /ʃ/
Гъ гъ гъе /ʁ/ Кь кь кье /tɬːʼ/ ТӀ тӀ тӀе /tʼ/ Щ щ ща /ʃː/
Гь гь гье /h/ КӀ кӀ кӀе /kʼ/ У у у /u/ Ъ ъ /ʔ/
ГӀ гӀ гӀе /ʕ/ Л л эл /l/ Ф ф эф /f/ ы
Д д де /d/ Лъ лъ элъ /ɬ/ Х х ха /χ/ ь
Е е йе /j/ ЛӀ лӀ лӀа /t͡ɬː/ Хъ хъ хъа /q͡χː/ Э э э /e/
Ё ё йо /jo/ М м эм /m/ Хь хь хьа /x/ Ю ю йю /ju/
Ж ж же /ʒ/ Н н эн /n/ ХӀ хӀ хӀа /ħ/ Я я йа /ja/
З з зе /z/ О о о /o/ Ц ц це /t͡s/

Аслияб авар алипбаяалда буго кинабниги 46 кирилликияб хӀарп, гьезул 33 буго гӀадатаб, ай цогидаб гӀаламат жинда цадахъ гьечӀеб хӀарп, хӀутӀараб 13 хӀарп буго жуараб: Гъ, Гь, ГӀ, Къ, Кь, КӀ, Лъ, ЛӀ, ТӀ, Хъ, Хь, ХӀ, ЦӀ, ЧӀ. Алипбаяалъул 40 хӀарп хӀалтӀизабул авар мацӀалъул 51 гьаракь, лабиаллъи бихьизабизе хӀалтӀизабула В: гв, кв, дв цги. Ункъго хӀарпалъ бихьизабула /j/ + рагьараб гьаракь (Е, Ё, Ю, Я), гӀицӀго гӀурус мацӀалдаса рачӀарал хассал рагӀабазулӀ хъвала Ы. Щуго рагьараб гьаракь бихьизабула А, Е/Э, И, О, У хӀарпаз. Е хӀарпалъ рагӀул байбихьуда ва рагьараб гьаркьидаса хадуб бихьизабула /j/+/e/, хутӀарал бакӀазда — жибго /e/ гьаракь; Ъ хӀарпалъ бихьизабула /ʔ/ гьаракь, гьединго хӀалтӀизабула рагӀулӀ рагьукъаб гьаракьалдаса хадусеб рагьараб гьаракь батӀа гьабизе.

КъвакӀарал рагьукъал гьаркьал авар мацӀалда гӀемерал рагӀабазулӀ руго, амма хъвалаго гьел киналго гаркьал кӀирекъарал хӀарпаздалъун рихьизаруларо. Гьанжесел орфографиял асасазда рекъон, рагӀулебщинаб бакӀалда хъвала Кк, КӀкӀ ва Чч (//, /kːʼ/ ва /t͡ʃː/ фонемаби), хутӀарал кирекъарал хӀарпал хъвала хадусел бакӀазда:

  1. кӀирекъараб лълъ хъвала релълъине (/ɬː/) рагӀудаги элъул цогидал формазда.
  2. кӀирекъараб сс хъвала ссан, буссине, бессиз, руссун ва гьезул цогидал формазда.
  3. кӀирекъараб хх хъвала биххизе, махх, раххан, ххвел, ххине, ххезе, ххам, буххизе ва гьезул цогидал формазда.
  4. кӀирекъараб цц хъвала беццизе, ицц, ццин ва гьезул цогидал формазда.
  5. кӀирекъараб цӀцӀ хъвала бацӀцӀине, бецӀцӀизе, буцӀцӀине, цӀцӀе ва гьезул цогидал формазда.
  6. кӀирекъараб чӀчӀ хъвала бечӀчӀизе, чӀчӀвад, речӀчӀизе, ричӀчӀ, бичӀчӀизе ва гьезул цогидал формазда.

Ишарабазул табло

А а Б б В в Г г Гв гв Гъ гъ Гъв гъв Гь гь гӀ гӀ Д д
Дв дв Е е Ё ё Ж ж З з Зв зв И и Й й К к Кв кв
Кк кк Ккв ккв Къ къ Къв къв Кь кь Кьв кьв кӀ кӀ кӀв кӀв кӀкӀв кӀкӀв Л л
ЛӀ Лъ Лъв Лълъ М м Н н О о П п Р р С с
Св св Сс сс Т т тӀ тӀ У у Ф ф Х х Хв хв Хх хх Ххв ххв
Хъ хъ Хъв хъв Хь хь Хьв хьв хӀ хӀ Ц ц Цц цц цӀ цӀ цӀв цӀв цӀцӀ цӀцӀ
Ч ч Чв чв Чч чч чӀ чӀ чӀв чӀв чӀчӀв чӀчӀв Ш ш Щ щ Щв щв ъ
ы ь Э э Ю ю Я я

Фонология

Рагьарал

Борхи Кьер
Цебесеб БакьулӀеб Нахъисеб
ТӀасияб i u
Гьоркьохеб e o
Гъоркьияб ä

Стандартаб Авар мацӀалда буго 5 рагьараб гьаракь: [i], [u], [e], [o], [ä], гьез гӀуцӀцӀула щубутӀаяб лъабокӀонаб система. КӀиго гьаракь: /o/, /u/ ккола гургинлъарал. Руго гьединго назаллъарал рагьарал: , õ, ũ, ã.[6] Гьел данчӀвала дагьалго рагӀабазул, гӀемериселъ, гьаркьихъе абулел рагӀабазулӀ яги интерйекциябазулӀ:[7] агь, угь, гьа, хӀе, гӀоло цги. Цо-цо бакӀалда назаллъарал рагьараздалъун батӀа гьабула магӀнаги: унго (адверб) — унго (ине вербалъул перфектияб конверб энклитикгун), угьизе 'хӀухьел биччазе' — угьизе 'ххамида расен лъезе'. Рагьарал гьаркьал данчӀваларо рагӀул байбихьуда, гьезда цебе кидаго букӀуна глотталаб гьаракь /ʔ/. Авар диалектазда рагьаразул система гӀемер батӀияб гьечӀо, хӀо хундерил свералида данчӀвала халалъарал рагьаралги дифтонгалги.

Рагьукъал

Рагьукъал фонемаби[8]
Лабиал Дентал Алвеолар Палатал Велар Увуляр Фарингал Глоттал
Централ Летрал
ленис фортис фортис фортис ленис фортис ленис фортис ленис фортис
Насалал m n
Плозивал зирарал b d
ɡ
ɡʷ
гъугъал p t
k

kːʷ
ʔ
эйектив
tʷʼ

kʷʼ
kːʼ
kːʷʼ
Аффрикатал гъугъал t͡s
t͡sʷ
t͡sː
t͡sːʷ
t͡ʃ
t͡ʃʷ
t͡ʃː
t͡ʃːʷ
t͡ɬː
t͡ɬːʷ
q͡χː
q͡χːʷ
эйектива t͡sʼ
t͡sʷʼ
t͡sːʼ
t͡sːʷʼ
t͡ʃʼ
t͡ʃʷʼ
t͡ʃːʼ
t͡ʃːʷʼ
t͡ɬːʼ
t͡ɬːʷʼ
q͡χːʼ
Фрикативал гъугъал s
sːʷ
ʃ
ʃʷ
ʃː
ʃːʷ
ɬ
ɬʷ
ɬː
ɬːʷ
x
χ
χʷ
χː
χːʷ
ħ
ħʷ
зирарал z
ʒ
ʒʷ
ʁ
ʁʷ
ʕ
ʕʷ
h
Вибрантал r
Аппроксимант j w
Латерал аппроксимантал l/ɫ

Бахъулеб бакӀалде багьалун, авар мацӀалъул рагьукъал гьаркьал руго:

  1. кӀутӀбузулал: [m], [p], [b], [v]
  2. цабзазулала: [d], [t], [tʼ], [s], [sː], [z], [t͡s], [t͡sː], [t͡sʼ], [t͡sːʼ]
  3. дабзазулал: [ʃ], [ʃː], [ʒ], [t͡ʃ], [t͡ʃː], [t͡ʃʼ], [t͡ʃːʼ], [r]
  4. мацӀалъул хьолбохъ рахъалдаса рахъулел: [ɬ], [ɬː], [l], [ɫ], [t͡ɬː]
  5. мацӀалъул гьоркьохъеб бутӀаялдасан рахъулел: [j]
  6. мацӀалъул нахъисеб бутӀаялдасан рахъулел: [k], [kː], [kʼ], [kːʼ], [ɡ]
  7. тамахаб хвенехалдалъун рахъулел: [ʁ], [q͡χʼ], [χ], [χː], [q͡χː]
  8. щокъросан рахъулел: [ħ], [ʕ]
  9. мукъулукъалдасан рахъулел: [h], [ʔ]

Бахъулеб куц хӀисабалда рагъукъал рикьула 6 тӀелалде:

  1. магӀазухъан рахъулеле: [m], [n]
  2. гьаракь бахъулаго лугби цуцалъ гъункун рахъулел: [b], [p], [d], [t], [tʼ], [ɡ], [k], [kː], [kʼ], [kːʼ], [ʔ]
  3. аффрикатал: [t͡s], [t͡sː], [t͡sʼ], [t͡sːʼ], [t͡ʃ], [t͡ʃː], [t͡ʃʼ], [t͡ʃʼː], [t͡ɬː], [t͡ɬʼː], [q͡χː], [q͡χːʼ]
  4. ричӀи ккун рахъулел: [v], [z], [s], [s], [ʒ], [ʃ], [ʃ], [ɬ], [ɬ], [x], [χ], [χ], [ʁ], [ʕ], [ħ], [h]
  5. aппроксимантал: [Ӏ], [j], [w]
  6. сородулел: [r]

Гъугъал лугби гъункун рахъулел кӀутӀбузулалги дабзазул бакьулӀ бакӀалъулалги рагьукъал руго аспиратиял, ай жал абулаго акустикияб гьаракь лъугьунел (хӀухьелалде тӀадецуй), амма авар мацӀалда аспирация лезгин мацӀазде данде ккун, буго загӀипаб.

Авар мацӀалда буго гьединго рагьукъал гьаркьазул лабиализаци, гьеб букӀуна цӀиккӀаниселъ рагӀул байбихьуда, букӀине бегьула кӀиабилеб жубалдаги, киданиги данчӀваларо рагӀул ахиралда. Гургинлъарал рагьарал гьаркьазда цебе лабиализация тӀагӀуна: гъветӀ — гъутӀби (гӀ. ф.).

Кьабизаби

Авар мацӀалда кьабизаби буго эспираторияб; гӀемериселъ гьеб тӀаде ккола рагӀул тӀоцебесеб яги кӀиабилеб яги лъабабилеб къотӀалиде. ГӀемерисел рагӀабазулъ кьабизби букӀуна хьвадулеб, ай рагӀул бокьараб къотӀелалде тӀаде ккезе бегьулеб: гомог — гонги́л. Кьабизабилъул хьвадиялдалъун хисула лексикияб магӀна: ра́гӀи — рагӀи́, кьабизабиялъ хисизабизе бегьула грамматикияб магӀнаги: ру́гънал (гӀ. форма) — ругъна́л (ругъун рагӀул хаслъул игӀраб), лъикӀлъи́ (цӀар) — лъи́кӀлъи (масдар).

Фонетикиял процессал

  • Аблаут (рагьарал хиси) — форма яги рагӀи лъугьунаго, рагӀи хисулаго: [i]/[u]: налъи — налъуца (эргатив); [i]/[e]: тиризе — терезе (гӀахьалаб заман); [i]/[o]: кьили — кьолоца (эргатив); [u]/[e]: тункизе — тенкезе (гӀахьалаб заман); [u]/[o]: нус — носоца (эргатив); [e]/[i]: хleтle — хӀатӀица (эргатив); [e]/[u], кету — кутул (гӀем. ф.); [e]/[o]: пер — пороца (эргатив); [e]/[a]: бече — бачица (эргатив); [o]/[i]: чохтӀо — чахтӀица (эргатив); [o]/[a]: гьоло — гьалица (акт. игӀр.); [a]/[i]: бугъа — бугъица (эргатив); [a]/[u]: хъала — хъулби (гӀем. ф.); [a]/[o]: гӀаштӀи — гӀоштӀоца (эргатив);
  • Элизия (рагьарал тӀагӀин) — рагӀи хисулаго, форма ва рагӀи лъугьунаго: бурутӀ — буртӀица (эргатив); гомог — гонгица (эргатив); гlepeтl — гӀертӀица (эргатив);
  • Ассимиляция [m] > [n] — мацӀалъул цересел ва нахъисел рагьукъазда цебе (лъугьуна рагӀи ва форма лъугьунагоги, рагӀи хисулелъубги): гъамас — гъансил (генетив); гамачӀ — ганчӀил (генетив); тамахьу — танхьил, чӀимих — чӀинхал (гӀем. ф.); цо-цо мехалъ гьел гьаркьал хисичӀого хутӀула: ханжар — хонжроца (эргатив);
  • Диссимиляция [n] > [m] ([r] гьаракьалда хадуб): гъаран — гъармил (генетив); чаран — чармил (генетив);
  • Метатеза лъугьуна диссимиляциялъул аслуялда лабиалияб гьаракьалдаги соноранталдаги гьоркьоб бугеб рагьараб тӀагӀун ва гьеб кӀиябго рагьукъалъ тартибияб бакӀ хисун (лабиалияб + сонорияб > сонорияб + лабиалияб): габур — гарбал (гӀем. ф.); хабар — харбил (генетив); тӀамур — тӀармил (генетив); цӀибил — цӀолбол (генетив);
  • [n], [m], [d], [t] рагьукъал гьаркьал тӀагӀин (рагӀи хисулаго, форма ва рагӀи лъугьунаго): рехъен — рехъаби (гӀем. ф.); бусен — бусадул (генетив); хӀалтӀухъан — хӀалтӀухъаби (гӀем. ф.); лъим — лъел (генетив), лъадаца (акт. пад.); гlaтlид (тӀадрагӀи) — гӀатӀилъи (цӀар); къебед — къебелъи ; щулат (тӀадрагӀи) — щулалъи (цӀар);
  • Сингармонизм (ахиралда бугеб рагьараб кьибилалда бугеб рагьаралда релъин): къили — къолоца (эргатив); кечӀ — кочӀоца (эргатив); цер — цараца (эргатив);
  • Эпентезис, яги аслуялда тӀаде рагӀул къотӀел яги гьаракь бачӀин (рагӀи хисулаго): рахь — рахь-да-ца (эргатив); моцӀ — моцӀ-ро-ца (эргатив); бер — бер-зу-ца (эргатив); оц — оц-о-ца (эргатив); АхӀмад — АхӀмад-и-ца (эргатив);
  • Лабиализация: свак, ххвел, гвенд, квер, хъвазе, кквезе;
  • Делабиализация (рагӀул форма ва рагӀи лъугьунаго): кlветl — кӀутӀби (гӀем. ф.); гъветӀ — гъутӀби (гӀем. ф.), гъотӀоца (эргатив).

Авар мацӀалъул жиндирго рагӀабазул байбихьуда киданиги букӀунаро кӀиго рагьукъаб гьаракь цадахъ, лъабго яги гьелдаса цӀикӀкӀун рагьукъал рагӀул ахиралдаги рукӀунаро (къанагӀатал гьоркьоса рахъиял — н-C тайпаялъул комплексал: тӀонтӀро, жинжра, къункъра). РагӀуда жаниб лъабго рагьукъаб букӀуна кӀиго морфема цураб бакӀалда яги редукция лъугьараб бакӀалда: данд-базе, ханжар — хунжрул.

Морфонология

Авар мацӀалда буго анкьго рагӀул къотӀелалъул тайпа, гьезул кӀиго ккола рагьараб (V), хутӀараб щуго — къараб (C). Рагьараб рагӀул къотӀел ккола ахиралда рагьараб хӀарп бугеб; гьеб гӀуцӀун букӀуна цо рагьаралдаса (Р): а (ине глаголалъул тӀалабияб наклонение), у; рагьукъабги рагьаралдасаги (КъР): къо, кьо. Къараб рагӀул къотӀел гуцӀун букӀуна: рагьараб ва рагьукъаб (РКъ) — ах, их, иц; рагьукъаб, рагьараб ва кӀиго рагьукъаб (КъРКъКъ) — гӀемерисеб ахиралда бугеб рагьукъазул цояблъун букӀуна сонорияб м, н, л, р яги й — къверкъ, пинкь. ТӀоцебесеб ункъго тайпа буго бищун гӀемер дандчӀвалеб.

Грамматика

Морфологияб рахъалъ авар мацӀ ккола аглютинативияблъун, жиндилӀ фузиялъулги[9]} аналитизмалъулги элементги бугеб.[10]. Элъул руго инфлексиониялги деривациониялги категорияби, жал ратӀахъулел гӀемерал суффиксаздалъунги префиксаздалъунги. Инфиксал хӀалтӀизарула класс рекъонккезабизе.

Авар мацӀалъул кӀалъал бутӀаби рикьула кӀиде групалде. ТӀоцебеселъ гъорлӀе рачуна жалго жидедаго чӀарал: цӀар, адверб, цӀарубакӀ, рикӀкӀен, верб ва адверб, кӀиабилелъ — квекул: конюнкцияби, энклитикал, хадурегӀел, интерйектив.

ЦӀарис

ЦӀарсил категорияби авар мацӀалда руго хадусел: класс (чиясул, чӀужуялъул, гьоркьохъеб), рикӀкӀадулаб форма (цолъул, дагьлъул, гӀемерлъул) ва хӀалат: (абсолутив, эргатив, генитив, датив, инструменталис ва локативазул серияби).[11]

Класс ава мацӀалда буго лъабго; тӀоцебеселде гъорлӀе ккола бихьинчиясда хурхарал цӀарсал, кӀиабилелъ гъорлӀе рачуна чӀужуялда хурхарал. ХутӀарал цӀарсал, чӀагоялги, чӀагоял-гурелги рихьизарулел, уна лъабабилеб классалде гъорлӀе.

Жинсиял гӀаламатал
Класс Жинс Цолъул форма Мисал ГӀемерлъул форма Мисал
I чиясул в вас вачӀана р/л васал рачӀана
II чӀужуялъул й яс ячӀана ясал рачӀана
III гьоркьохъеб б чу бачӀана чуял рачӀана

ЦӀарсазул буго цолъул, дагьлъул ва гӀемерлъул формаби. Руго цо форма гурони гьечӀел, мисалалъе, цолъул гурони букӀунаро рокьи, сахлъи гӀадинал абстрактивиял цӀарсазул. Рluralia tantum рагӀабиги данчӀвала: кагътал (хӀай, цолъул формаялда кагъат — жинда тӀад хъвадаризе хӀалтӀизабулеб жо), цӀороберал, цӀадираби. Гьабго тӀелалде гъорлъе рачине бегьула рос-лъади, эбел-эмен гӀадал рагӀабиги. Гьенирго руго батӀи-батӀиял росабазул гӀадамазде абулел цӀаралги, щай гурелъул гьезул коррелаталлъун цолъул формаялда рукӀуна адйективал, жал топонимаздаса лӀугьарал. Гьнб гуребги, авар мацӀалда буго паукалаб, дагьлъул рикӀкӀенги,[12] жиб плуралалде жанде лъолеб,[13] хӀалтӀизабула рикӀкӀен дагьаб бугелъуб: борохь — цо, борхал — гӀемерал, борохьал — цо чанго.[14] Цо-цо цӀаразул цолъул формаялъул рукӀине бегьула цадахълъиялъул магӀнаги: гамачӀ — цо яги гӀемерал цадахъ, материал хӀисабалда.

ГӀемерлъул форма лӀугьунеб супплетивияб къагӀида бихьизабун буго чӀужу — руччаби паралда. Жибго гӀемерлъул формаялъул категория гуребги, авар мацӀалда буго дистрибутивияб гӀемерлъи бихьизабиялъул къагӀидаги (цӀарул аслу такрарлъиялдалъун): рокъо-рокъоре, рахъ-рахъалде.

ХӀалаталъул категория

Авар мацӀалда кинабниги буго 24 хӀалат, гьезул ункъго ккола гӀадатаблъун, хутӀараб 20 — бакӀалъул. ГӀадатал хӀалатазде гъорлӀе уна аслияб, жиб цӀаралъул битӀараб аслулъун кколеб, актив, хаслъул ва кьовул хӀалатал, жал хъвалсараб аслуялдаса лӀугьунел.

ЦӀаралъул свери

Авар мацӀалъул цӀарал, жидер актив игӀрабалда букӀунеб ахиралде балагьун, рикьула лъабго свериялде; I свериялъул ахиралда букӀуна -с, II свериялъул — -лъ, III свериялъул — -ца.

Адйектив

Адйектив ккола жиндица куц-мухъ, рижа, букӀаниги сипат-сурат жинца бихьизабулеб ва кинаб?, кинай?, кинаб?, кинал? абураб гьикъ лъезе бегьулеб кӀалъал бутӀа. Жинца роцӀцӀинабулеб рагӀухъ балагьун, адъективазул рукӀине бегьула классиялги гӀаламаталги гӀемерлъул формаги: хирияв эмен, хирияй эбел, хирияб тӀалъи, хириял тӀахьал. Цо-цо адйективазулӀ классияб гӀаламат букӀуна кьолболӀги: ворхатав, йорхатай, борхатаб, рорхатал.

Авар адйективал рикьула лъабго тӀелалде:

  • Кинлъи бихьизабулел — жалго жедедаго ругел адйективал: берцинаб, цӀакъаб, халатаб цги.
  • ГӀахьалал — номиназул генитивал форма кьучӀда бугел: маххулаб, ганчӀилаб цги.
  • Хаслъул — тӀасияб групалъул тайпа: вацасулаб, дираб, чиясулаб цги.

Суперлативлъи бихьизабизе хӀалтӀизабула аналитикияб конструкция бищун + адйектив: бищун берцинаб, бищун гъваридаб. Буго хасаб, батӀа гьабун бихьизабул форма, жиб лӀугьунеб адйективалъул гӀадатаб формалде тӀаде -аб, -ав, -ай журан: багӀарабаб, кӀудиявав. Дандекквеялъулаб хасаб форма адйективазул гьечӀо, гьеб бихьазабизе хӀалтӀизабула конструкция: цӀар-абл + адйектив: гьелдаса кӀудияб.

ЦӀарсида цадахъ бугел адйектив рекъонккола гьебгун цохӀого-цо классияб яги гӀемелъул формалда, хӀалатазде хисуларо: лебалав чи (абс), лебалав чияс (эрг), лебалав чиясул ген. Адйективазул субстантиватал, цӀар лӀугьарал, хисула чияс классалъулал — I сверуда, чӀужуялъулги гьоркьохъебги — II сверуда рекъон.

РикӀкӀен

Авар рикӀкӀеназул руго хадусел тайпаби: кардиналал, ординалал, дистрибутивиял, групиял, мултипликативиял ва коллективиял. Авар мацӀалъул буго вегестималаб (къоцӀалияб) нумералаб система 40 (=2×20), 60 (=3×20) and 80 (=4×20). Цо-ялде хутӀизегӀан киналго кардиналал рикӀкӀеназде жубала энклитика -го. Журарал рикӀкӀенал лӀугьуна суффиксазул -ила (анцӀила), -ло (къоло), -алда (лъебералда, кӀикъоялда) квекудалъун.

Формалда рекъон рикӀкӀенал рикьула лъабиде:

  • ГӀадатал: цо, анцӀго, къого, лъеберго, нусго цги;
  • Журарал: кӀикъого, лъабнусго цги;
  • ГӀуцӀарал: анцӀила цо, къоло лъабго, лъебералда ункъго цги.
РикӀкӀеназул тайпаби
Тайпа Суффикс Мисалал Гьикъ
1 БацӀцӀадаб кьучӀ цо, кӀи
2 Кардиналал (тӀолабго цадахъ) -го цо, кӀиго, анцӀго, нусго чан?
3 Дистрибутивиял (цада-цадахъ боси) Редупликация цо-цо, кӀи-кӀи, анцӀ-анцӀ, нус-нус чан-чан?
4 Коллективияб групияб (рихьизарула цвелал) -(й)абго кӀиябго, лъабабго, анцӀабго, нусабго чан?
5 Коллективияб групияб (тӀолалъул бутӀа) -го + -яб цояв, кӀигояв, анцӀгояв, нусгояв
6 Индефинитал (рикӀкӀиналъул роцӀцӀен гьечӀолъи) цо-кигӀо, лъабго-ункъго, щуго-анлӀго
7 Мултипликативал (чан нухалъ букӀин) -цӀул цоц1ул (цин), к1иц1ул, анц1ул, нусц1ул чанцӀул?
8 Ординалал (цоцада хаду-цере рукӀин) -абилеб цоабилеб, кӀиабилеб, анцӀабилеб чанабилеб?

РикӀкӀенал хӀалтӀизарула номиналияб модификатор гӀадин цӀарсазда цебе, гьедин бугелъул цӀарисги букӀуна цолъул формалда. ЦӀиккӀанисел рикӀкӀеназул буго адйективазулаб морфосинтактикияб рижа, гьезул субстантиватал хисула II-б сверуда рекъон.[15]

ЦӀарубакӀ

Авар мацӀалда руго хадусел типазул цӀарубакӀал: персоналиял (гьумералъул), демонстративиял (бихьизабул), рефлексивиял, реципрокалиял, интеррогативиял (гьикъул) ва индефинитал.[16]

Перосоналиял цӀарубакӀазул буго кӀиго гьумер: 1-себ — дун, эксклюзивияб ниж, инклюзивияб нилӀ; 2-леб — мун, нуж.

Персоналиял цӀарубакӀазул парадигма
ХӀалат 1сг 2сг 1пл.инкл 1пл.экскл 2пл
Абсолютив дун мун нилӀ ниж нуж
Эргатив ди-ца ду-ца нилӀе-ца ниже-ца нуже-ца
Генитив ди-р ду-р нилӀе-р ниже-р нуже-р
Датив ди-е ду-е нилӀе-е ниже-е нуже-е
Эссив ди-да ду-да нилӀе-да ниже-да нуже-да
Латив ди-де ду-де нилӀе-де ниже-де нуже-де
Аблатив ди-даса ду-даса нилӀе-даса ниже-даса нуже-даса
Транслатив ди-дасан ду-дасан нилӀе-дасан ниже-дасан нуже-дасан
Инструментал ди-далъун ду-далъун нилӀе-далъун ниже-далъун нуже-далъун

Лъабабилеб гьумералъе хӀалтӀизарула демонстративиял цӀарубакӀал, жал ратӀа гьарулел классалдалъун, рикӀкӀадалъун, кӀалъалезде бугеб гӀагарлъуд ва гъоркьа-тӀаса ккеялдалъун (вертикаллъи). Жалго жидедаго хӀалтӀизарулел ругони, демонстративиял цӀарубакал хӀалатазде хисула I ва II сверуда рекъон.

Бихьизабул цӀарубакӀал
Чиясул ЧӀужуялъул Гьоркьохъеб ГӀемерлъул Комментарий
гьа-в гьа-й гьа-б гьа-л кӀалъалезде гӀагарда; цого борхалъи
гье-в гье-й гье-б гье-л адресатазде гӀагарда; кӀалъалесдаса двегӀан
до-й до-й до-б до-л кӀалъалездаса рикӀкӀад
гьада-в гьада-й гьада-б гьада-л кӀалъалездаса рикӀкӀад
гъо-й гъо-й гъо-б гъо-л кӀалъалездаса рикӀкӀадги гъоркьегӀанги
гьагъа-в гьагъа-й гьагъа-б гьагъа-л кӀалъалездаса рикӀкӀадги гъоркьегӀанги
лъо-в лъо-й лъо-б лъо-л кӀалъалездаса рикӀкӀадги эххедегӀанги
гьалъа-в гьалъа-й гьалъа-б гьалъа-л кӀалъалездаса рикӀкӀадги эххедегӀанги

Рефлексивиял цӀарубакӀазул, щибалъулӀ классги, рикӀкӀенги, хӀалатӀги бугеб лъабго батӀияб тип буго:

  • гӀадатал: жи-в, жи-й, жи-б, жа-л;
  • журарал: жи-в-го, жи-й-го, жи-б-го, жа-л-го;
  • кӀилъарал: живго жинцаго, жийго жинцаго, жибго жинцаго, жалго жедецаго.

Рефлексивиял конструкциябазда рефлексивал ккола цохӀо лъабабилеб гьумералъе. ТӀоцебеселъеги кӀиабилелъеги хӀалтӀизарула персоналиял цӀарубакӀал эмфатикияб энклитик -го: дун-го, ди-ца-го, ниж-го, ниже-цаго.[17]

Интеррогативиял (гьикъул) цӀарубакӀал ккола:

  • щи-в, щи-й, ща-л
  • щи-б
  • ща-й
  • чан
  • кин
  • кигӀан
  • кида
  • кина-в, -й, -б, -л
  • кисса
  • ки-в, -й, -б, -р

Индефинитал яги баян-гьечӀе цӀарубакӀал лӀугьуна интеррогативиязул кьучӀде яги цо рикӀкӀеналде суффиксалги энклитикалги журан.[18]

Индефинитал цӀарубакӀал
Тип ЛӀугьин Мисал
спецификиял -али + -го щивалиго
кинабалиго
тӀасарищул -ни + -ги щибниги
кибниги
универсалал -го[a] щивго
кибго
дистрибутивиял редупликаци + -ни + -ги щиб-щибниги
киб-кибниги
негативиял -ни + -ги[b] щибниги
кибниги
негативиял -го[c] щибго
кибго
кинабголъул -аб щибаб
тӀолголъул тӀолабго
тӀолгояв
  1. Позитивияб поларлъи бугеб клаузалда
  2. ЦохӀо негативияб поларлъи бугел клаузазда
  3. Позитивияб поларлъигун клаузабазда гьал цӀарубакӀал цӀалула универсалал баян-гьечӀеллъун

Верб

Авар мацӀалда вербазул руго хадусел категорияби: поларлъи (гьечӀолъи), мехх, модус, модаллъи, аспект, эвиденциаллъи. Рекъонккей буго классияб ва рикӀкӀадулаб, гьечӀо персонияб (гьумерияб). Буго цӀакъ гӀатӀидаб хисулаб система, батӀи-батӀиял финитиял-гурел формаби.[19]

ГьечӀолъул форма

Фреквентатив ва каузатив

Авар мацӀалъул вербал аспектияб категориялде гъорлӀе ккола фреквентативияб (такрарлъул) форма. Гьелъ жидеца цо-цо ишазул цадахълъи ялъуни цоцада хадуб ккей бихьизабула. Фреквентативазул суффиксал руго: -ар, -дар, , -ахъд, -де, -анхъ; гьединго фреквентативал лӀугьуна аблауталдалъунги: кӀанцӀизекӀанцӀезе, пирххизеперххезе, кьабизабуца бакӀ хисунги: кӀа́нцӀанакӀанцӀа́на.

Каузатив, яги жо гьабизе тӀами биччӀизабулеб вербалаб форма лӏугьуна инфинитив ва гьа-б-изе форма цоцалъӀиналдалъун: гьабизе — гьабизабизе, хӀалтӀизе — хӀалтӀизабизе, хъвазе — хъваз-а-б-изе.

Мехх

Авар мацӀалъул фигӀлуялъул системаялда руго синтетикиял ва аналитикиял заманалъул формаби. Синтетикиязде гъорлъе ккола:

  • гьанжесеб гӀаммаб заман, жинца кидаго лъугьунеб ялъуни жиндир заманаялъул гӀурхъи гьечӀеб иш бихьизабулеб (суффиксал -(у)ла/-уна);
  • бачӀунеб заман, жинца лъугьине бугеб иш бихьизабулеб (суффиксал: -(и)ла/-ина);
  • араб заман (аорист), жиндица цебе лъугьараб иш бихьизабулеб (суффиксал: -(у)на, -(а)на);

Аналитикиял формаби лъугьуна гьанже заманалъул сипат-фигӀлу (бутӀагьаби, яги причастие), араб заманалъул трансгрессив ва инфинитив «букӀине» фигӀлуялъул финитияб формагун цадахъ лъун. Аналитикиял формабазде гъорлъе уна:

  • Гьанжесеб баянаб заман (гьанже заманалъул сипат-фигӀлу + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула иш, жиб гьабулеб бугеб каламалъул заманалда лъугьунеб бугеб: дун вухӀулев вуго!; гьанжесеб гӀаммаб заманалъул формаялде бугеб кумекалъул фигӀлуялъ аналитикияб формаялъе кьола итеративияб магӀна: Кинабго жо хисулеб-сверулеб букӀуна.
  • Перфект (араб заманалъул трансгрессив + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула цебеккун гьабун бахъараб иш, жиндир хӀасил гьанжесеб заманалде бугеб: дун гьанже сахлъун йиго; кӀиявго хутӀун вуго.
  • Имперфект (гьанже заманалъул сипат-фигӀлу + араб заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула иш, жиб араб заманалъул цо къотӀелалда лъугьунеб букӀараб: Балеб букӀана цӀад.
  • Плюсквамперфект (араб заманалъул трансгрессив + араб заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула араб заманалъул цо параялде гьабун лъугӀараб иш яги гьелъул хӀасил (араб заманалдаго): Ахирал соназ эмен захӀматго унтун вукӀана.
  • БачӀунеб баянаб заман (инфинитив + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабул иш, жиб бачӀунеб заманалда лъугьине кватӀичӀого лъугьине бугеб (гӀемерисеб букӀуна гьабизе ялъуни лъугьине ккеялъул сипат): Ясалъ ретӀел хисизе буго.

Араб заманалъул формаби гьединго лъугьине бегьула гьанжеселдаса -ан суффиксалъул кумекалдалъун[20]: Дун хонжрокьа хӀинкъулаан.

Модус

  • Индикатив — бичӀчӀизабула процесс реалияб букӀин; хӀалтӀизабула киналниги меххалъулал формабигун: гьабуна, гьабула, гьабила, гьабулеб букӀана, гьабулеб буго, гьабулеб букӀина, гьабун букӀана, гьабуна буго, гьабун букӀина, гьабулаан, гьабизе буго.
  • Субюнктив (-ни) — субйективияб бербалагьудалъун бихьизабула лӀугьине рес бугеб, шартӀияб гьабел: гьабу-ни, вачӀани, хъвани.
  • Ирреалаб субюнктив (пптцп + -ани) — субюнктивалъул тайпа: гьабурабани, вачӀарабани, хъварабани.
  • Концессив (субю + -ги) — бихьизабула кӀалъалесул рекӀел мурадалда, къасдалда, гьабелалда, лӀугьа-бахъиналъул гӀаксалда кколеб жо: гьабуниги, хӀалтӀаниги, хъваниги.
  • Интеррогатив (-ищ) — фигӀлияб ишалъул цӀехей, гьикъи бичӀчӀизабула: гьабунищ, вачӀунищ, хъвалищ.
  • Парафразив (-ин) — хъвалсараб гаруда хӀалтӀизабула: гьабилин, вачӀанин, хъвалин.
  • Императив ( / / / -0) — бичӀчӀизабула тӀалаб гьаби, малъи, гьелъул суффиксал ккола -е, -а: гьаб-е, вачӀ-а, хъвай.
  • Прогьибитив (-ге / -уге / -унге) — гьукъулеб букӀин биччӀизабулеб: гьабуге, вачӀунге, хъваге.
  • Оптатитв (имп + -ги) — гьара-рахьи гьабулеб букӀин, хьами: гьабеги, вачӀаги, хъваги.
  • Гьортатив (инф/фут + -ин) — оптативияб форма: гьабизин, вачӀинин, хъвазин.
  • Ирреалаб оптатив (фут + -ан) — оптативияб форма, шартӀияб цебелъалида хӀалтӀизабулеб: гьабилаан, вачӀинаан, хъвалаан.

Транзитивлъи

Транзитивияб вербалъе букӀине ккола пациенс, жинде тӀаде агенсалъул гьабел кколеб: васас (агенс, акт. и.) кагъат (пациенс) хъвана (гьабел). Вербазда бан букӀуна агенсалъул хӀалатги. Жиб кидаго транзитивияблъун букӀунеб ккола каузативияб форма: гьабизабуна, букӀинабуна, хъвазабуна.

Интранзитивияб вербалъе къваригӀунаро битӀараб тӀадежубай, жибго агенс букӀуна абсолутивалда, гьелдего буссараб букӀуна предикатги: ихх тӀаде щвана. Кидаго интранзитивияллъун букӀуна вербазул фреквентативияб форма: хъвадарана, цӀехолдула цги.

ЦӀиккӀанисел вербазул транзитивлъи букӀин лъазе бегьула императивалда эзул букӀунеб формалда рекъон: суффикс бугел ккола транзитивиял (гьаб-е — гьабизе, те — тезе, къотӀе — къотӀизе), суффикс бугел ккола транзитив-гурел (а — ине, бачӀа — бачӀине, бега — бегизе), хӀо руго гьоркьосарахъабиги: чӀвазе, базе цги.

Финит-гурел формаби

Инфинитив
Масдар
Партицип
Конверб

Адверб

МагӀнаялъул рахъалъ авар адвербал рикьула хадусезде:

  • Кинлъи бичӀчӀизабулел (кин? щиб куцалда?): циндаго, гьартӀан, гьединго, лъикӀ, квеш;
  • Меххалъул (кида? кидалъагӀан?): сон, жакъа, нолъ, риидал, метер, сезе, лезе, гьанже, кидаго, рогьинегӀан;
  • БакӀалъул (киб? кибе? кисан?): квараниса, квегӀиса, рикӀкӀад, тӀасан, добасан;
  • РикӀкӀадул (кигӀан? кигӀаналъ?): гӀемер, дагь, миркалъ;
  • ГӀилла-мурадалъул (щай? щибизе?): щайго, чӀалгӀаде, махсараде;

Цо-цо адвербал классалде, цолъул яги гӀемерлъул формалде балагьун, хисула, гьезулӀ бачӀуна суффикс, адйективазда гӀадин гуро: хадув, хадуй, хадуб, хадур.

Суал Мисал
кибе? рикӀкӀаде
киса(н)? рикӀкӀадаса(н)
киб? рикӀкӀад
кида? радал
кидаялде? радалалде
кидаялдаса(н)? радалалдаса(н)

Лъугьарал наречиял ккола жал цоги каламалъул бутӀазабаздасан лъугьарал:

КьучӀ Суффикс Мисал
ЦӀаралдаса
  • кин?
  • кида?
  • кин?
  • -къ
  • -дал
  • -са
  • ретӀел — ратӀликъ; квен — кваникъ; куц — коцокъ
  • рии — риидал; их — ихдал; кьин — кьиндал
  • хьибил — хьибил+са; дегӀен — дегӀен+са
ЦӀарубакӀаздаса
  • киб?
  • кин?
  • суффиксалъул кумекалдалъун
  • -ин суффиксалъул кумекалдалъун
  • доб — доб+а; лъоб — лъоб+а
  • гьаб — гьадин; доб — додин; гъоб — гъодин
РикӀкӀеназдаса
  • кин?
  • -ихъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • кӀиго — кӀийхъе; лъабго — лъабихъе
Конвербаздаса
  • кин?
  • -иса суффиксалъул кумекалдалъун
  • -хъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • битӀун — битӀуниса; бегун — бегуниса
  • бицун — бицухъе; вижун — вижухъе

Дандраял

Авар мацӀалда дандраял хӀалтӀизарула рагӀаби яги жумлаял дандразе; гьел рикьула чанго тайпаялде:

Дандрай ХӀалтӀизабула Хаслъи Мисал
Цолъизарул
-ги[a] кӀиго рагӀи, ялъуни кӀиго жумла цоцазда бухьинабизе ккола авар мацӀалъул жиндирго букӀараб дандбай; кӀиябго рагӀулъ, я жумлаялъулъ гьеб такрарлъула, ва рагӀуда рекӀун хъвала Вас гьечӀого кавуги хутӀутеги, яс гьечӀого эбелги хутӀутеги (К.)
ва[b] кӀиябго рагӀулъ, я жумлаялъулъ такрарлъуларо, цохӀо нухалъ рехсон букӀуна кӀиябго жиндица бухьун бугеб рагӀулъ; хъвала батӀаго. Гьениб Нажмудиница гьесие къого тумен кьела ва цо лъагӀелалъ бид вахъун балъго Чачаналъе витӀила (ГӀ. Ш.)
жеги[c] Хъвадаро, тӀамач, жеги къаламги хӀажалъула
гьединго ГӀали, МухӀамад, гьединго дун экскурсиялъ ун рукӀинчӀо.
Гьоркьоса бахъиялъул
я кӀиго рагӀи, я кӀиго жумла цоцазда данде кквезе яги гьоркьоса бахъизе кӀиябго цоцазда данде лъолеб рагӀуда цебе лъун такрар гьабула ва батӀа тӀун букӀуна Я нижее, я машинаялъе кӀудияб зарал ккечӀо (Р. хӀ.)
ялъуни Дуца гьеб иш тӀубай, ялъуни тӀаде босуге.
Данде ккунгутӀиялъул дандраял
амма кӀиго рагӀи, я жумла данде ккунгутӀи бихьизабизе Живго жинцаго чӀвазе захӀматаб амру гуро,

Амма яхӀ бугес гӀумру гӀаламалъе цӀунула (цӀ. хӀ.)

Релълъенлъиялъул дандраял
гӀадин цо рагӀи цогиялда релъараб букӀин бихьизабизе жубараб нахъбиллъараб жумлаялъулъ релълъенлъиялъулаб магӀна кьола КвачӀида бахъун чӀараб гьалагаб барти гӀадин, гӀурул лъимер, щай ралъад, мун речӀчӀанхъулеб бугеб? (М. Гъ.)
киниги Чед бортараб таргьа кинигин (К.)
Нахъбилълъиналъул дандраялъулал рагӀаби
щай абуни Жубараб нахъбилълъараб жумлаялъулъ бетӀерабги, гьелда барабги жумла бухьине гӀилла-мурадалъулаб магӀна кьола Метер дарсиде рачӀуне кколаро, щай абуни метер байрам буго.
щай гурелъул Машина бачун бажаруларо, щай гурелъул нухда биццатаб гӀазу буго.
гьелъие гӀоло хӀасил бичӀчӀизабулеб магӀна кьола ГӀиял магӀарде рагъарана, гьелъие гӀоло гӀи тӀобитӀизе гӀолохъаби къватӀир рахъана.
гьединлъидал Микьго тӀубана, гьединлъидал нижги школалде ана.
гьелдалъун Доб мехалъ орденги цӀарги цӀакъ къанагӀатаб ва гьелдалъун къиматаб букӀана (хӀ. Р.)
гьебмехалъ заманияб магӀна бичӀчӀизабулеб магӀна кьола МухӀамадихъе хабар щвана, гьебмехалъ гьев къватӀив вахъана.
гьеб заманалда Дица университет лъугӀизабила, гьебмехалда лъугьина хӀалтӀизе
  1. Авар мацӀалъул жиндиргояб дандбай, гьелъул басриял формабилъун рукӀана -гиму/-гимо, халкъиял кучӀдузулъ жеги дандчӀвалел
  2. Ккола гӀараб мацӀалдаса бачӀараб дандбайлъун.
  3. жеги союзалда хадуб бачӀунеб рагӀуда хадуб гӀемерисеб -ги союзги хъвала.

Энклитикал

Авар энклитикал рикьула хадусел тӀелазед:

  1. адвербазул магӀна кьолел: -гӀан, -го, -са, -лъул, -духъ, -лъун, -ги
  2. дандекквеялъул магӀна кьолел: -гӀан, -гӀанаб, -гӀадинаб (гӀадаб), гӀадин, кинигин
  3. рикӀкӀен бихьизабулел: -гӀан, -го
  4. батӀагьабиялъул: -цин, -ни, -ин, -йин
  5. баян гьечӀолъи бичӀчӀизабулел: -алиго, -ялиго
  6. цадахълъи бихьизабулел: -гун -гин
  7. гьикъул: -ищ, -йищ, -дай
  8. цитатиял: -ан, -ян, -илан, -йилан
  9. рагӀул магӀна гучлъизабулел: -ин, -йин, -али, -яли, -гӀаги, -го, -цин, -ха, , -щинаб.

Гьел тӀадехун рехсаразде гьорлӀе унарел бутӀаби:

  • -лъун
  • гӀоло (мурад бихьизабула)
  • хӀакъалъулъ (лъил яги сундул бицунеб бугебали баян гьабула)
  • -хӀа (гьедиялъул форма лъугьине хӀалтӀизабула)
  • -ани (анищалъул магӀна кьола).

ХадурегӀел

ХӀадурегӀелал рукӀуна цӀаразда хадур, эз цадахъ гӀуцӀула цоккураб рагӀабазул дандбай — хадурегӀалилаб конструкция. ХӀалтӀизарула цӀикӀкӀаниселъ эссивалда цадахъ.

ЦохӀо гӀоло ккола жибгояб хадурегӀеллъун, хутӀарал формабаздалъун релълъерал рукӀуна адвербазда, хӀо хадурегӀелал рукӀуна эссивгун, цо-цо бакӀазда эб конструкциялъ хисула цогидал локативал: ганчӀида тӀад — ганчӀитӀа, ганчӀида гъоркь — ганчикь, ганчӀида аскӀоб — ганчихъ. Адвербалъун ругони эл хурхун рукӀуна предикаталда.

Жидер семантикаялда рекъон хадурегӀелал рикьула лъабго тайпаялде:[21]

  1. жидеца сундул букӀаниги ориентиралдда хурхараб чӀей бугеб бакӀ бихьизабулел: тӀад, гъоркь, гъорлӀ, жаниб цги.
  2. жидеца сунда букӀаниги гьоркьоб бугеб манзил бихьизарулел: гӀагарда, рикӀкӀада, аскӀоб цги.
  3. жидеца цогидаб жоялде дандеккун сундул букӀаниги багъа-бачари бихьизабулел: эхебе, эхеде, гӀебеде, данде, квегӀиса, квараниса цги.

Буссинабул хадурегӀелазе гьечо хӀалатазулаб аналог, гьединазе къваригӀуна эссив гуребги цогидал хӀалатал яги энклитикагун формаби: щибккун эхебе, эхеде, кисса гӀебеде, сунда квегӀиса. Цо-цо хадурегӀелазул буго хӀалатияб ва классияб форма: аскӀоб, аскӀобе, аскӀоса, аскӀосан.

Интерйекцияби

Интерйекциябазде гъорлӀе уна ле, огь, я, ия, ияхӀ, вай, гьа, огьо-гьой, вала-лай, ваба-бай, гьай залин, унго, вахӀ, гьуя, гьая. Гьел рикьула хадусел групазде:

  • батӀи-батӀиял рекӀел асарал: вабабай — гӀузру букӀин, гӀажаиблъи, ия — щаклъи, огь — ургъел, роххи, вай — хӀинкъи, къварилъи, ракӀбуссин, ияхӀ, вахӀ — гӀажаиблъи;
  • цо жоялде гьуси: воре — цӀодорлъи гьаби;
  • хитӀаб: ле — бихьинчиясле, йо — чӀужугӀаданалде;
  • аскӀоре ахӀи (хӀайванал ахӀизе/хъамизе).

Интерйекциябилъун ккола гьединго алхӀамдули-лагь, шукру Аллагьасе! гӀадал цочӀарал фразабиги. РукӀуна гӀадаталги журалралги (гьа-гьа, ваба-бай). Цоцада хадуб чанго гьоркьоберех хъван бугони, гьезда гьоркьоб рачӀ-тӀанкӀ (лъалхъул ишара) лъола. Интерйекциябазда хадур хӀалтӀизарун ругони эклитикал, гьел рекӀун хъвала: унхале, огьха.

Синтаксис

Синтаксисалда руго бетӀер-тӀарамагъадияб ордер, жинсияб аргумент, жиб абсолутивияб аргументалдалъун роцӀцӀараб, вербазул финитиял-гурел формабаздалъун комплексияб клауза лӀугьин.[22] РагӀабазул цебе-нахъа лъей буго кьудаб, цӀикӀкӀаниселъ данчӀвала субйект-обйект-верб (SVO) ордер: лъица (S) щиб (O) гьабураб (V).

Фразаби

ЦӀарсилаб фраза ккола бетӀер-тӀарамагъадияб, модификаторазул киналниги типал рукӀуна цӀарсида церехун: демонстративиял цӀарубакӀал, рикӀкӀеналги цогидал квантификаторалги, адйективал, генитив ва гӀахьалал клаузаби. Эзул цоцада цебе-хадур ккей букӀине бегьула кьудаб, хасго адйективаллъун ругони, ва бутӀаккун бараб фразадул семантикалда. Демонстративиял цӀарубакӀалги генитивалги рукӀуна байбихьуда, адйективазда церехун, ва гьениб хӀалтӀула принцип цебеселъ хадусеб роцӀцӀинабулеб. Адйективал, релативиял клаузаби яги генитивиял модификаторал рукӀине бегьула бетӀералда хадубги: кӀиго квацӀи тӀугьдузул бетӀана.[23]

Лексика

РагӀи лӀугьин

Авар мацӀалда раги лъугьунеб къагӀидаялде гъорлъе уна морфологияб, рагьарал хиси (аблаут), сифатазул ва сифат-фигӀлабазул субстантивация, рагӀиккун буссинаби,[24] рехсон буго гьединго метатония, жиб цо-цо рагӀабазулъ гурони данде чӀвалареб.[25] Суффиксация буго бищун гӀемер дандчӀвалеб рагӀи лъугьиналъул къагӀида; цӀарал лъугьиналъул бищун кӀвар бугеблъун рикӀкӀуна аслу жубай[26].

Аслиял суффиксазде гьоркьоре уна:

  • цӀарулал суффиксал, жидеца персоналияб магӀнадул рагӀаби лъугьинарулел: -гьан (гьобо — гьаби-гьан), -ко (вац — ваца-ко), -хъан (хъвадари — хъвадару-хъан, хӀалтӀи — хӀалтӀу-хъан), -чи (илхъи — илхъи-чи, хъулухъ — хъулухъ-чи, гӀолохъан-чи); чӀужуялъул жинсалъе хӀалтӀизабула суффикс -чӀужу: гӀолохъан-чӀужу, хъулухъ-чӀужу;
  • экспрессивиял магӀна бугел рагӀаби лъугьинарулел: (тӀехӀ — тӀохӀо-к, чӀехӀ — чӀохӀо-к), (хӀинкъи — хӀинкъу-ч);
  • абстрактивиял цӀарал лъугьинарулел (цӀаразул, къокъал сифатазул ва тӀадрагӀабазул битӀараб аслуялдаса): -лъи (бакъ — бакъ-лъи, гьобол — гьобол-лъи, цо — цо-лъи).
  • цогидал цӀарал лъугьинарулел: -(р)ко (къед — къада-ко, гъветӀ — гъотӀор-кӀо), кӀо (яс — яси-кӀо).
  • цӀарулал суффиксал, жидеца батӀи-батӀияб предметиял магӀнаби кьолел: -ел/-ен (инфинитиваздаса; ретӀине — ретӀел, хвезе — хвел, рикӀкӀине — рикӀкӀен), -ро (фигӀлабаздаса алатазул цӀарал лъугьинабизе: хъухъадизе — хъухъади-ро, борлъизе — борлъа-ро, гьищтӀизе — гьещтӀе-ро),[27] -ло (фигӀлабаздаса алатазул цӀарал лъугьинабизе: кӀерезе — кӀеле-ро, гиризе — гере-ло; цӀараздаса: сума-ло).[28]
  • сифатал лъугьинарулел суффиксал: -а-/-я-, -ия- (лъугьуна аслияб яги хаслъул игӀрабалда бугеб царалдаса, цӀарубакӀаздаса ялъуни тӀадрагӀабазул къокъал формабазул: жага — жага-ду-л-а(б), гьереси — гьереси-я(б), гӀелму — гӀелм-ия(б)/гӀелму-я(б)[29]), -се-/-исе- (тӀадрагӀабаздаса: жакъа — жакъа-се-б, метер — метери-се-б, гӀадада — гӀадада-се-б), -укъ- (цӀараздаса: гӀин — гӀинз-укъ-аб, нах — нах-укъ-аб, суффиксалъ кьола гьечӀолъиялъул магӀна).

Авар мацӀалда буго рагӀи хисулеб конверсиялъулаб форма, гьеб бихьизабун букӀуна лексемаздалъун: гӀалилав, бахӀарай, рекӀарав. Гьеб ккола тӀубараб субстантивация, амма гьеб гуребги дандчӀвала тӀубараб гуреб ва окказиалияб субстантивация.[30]

Синтаксисгун-морфологияб къагӀидаялдалда лъугьуна жубураб рагӀи, ай кӀиго рагӀи тӀатӀалде жубан. Гьединал журарал рагӀабазул авар мацӀалда буго 30-гӀанасеб тайпа; гьезда гъорлъ:

  • ЦӀарал лъугьунел:
    • асл. цӀар + асл. цӀар: гъалбацӀ (гъал+бацӀ), варанихӀинч
    • хъва. цӀар + асл. цӀар: гьакибер (гоко>гьакил — хас. и.), гъадиражи (гъеду>гъадил + ражи);
    • сиф. + цӀар: беццабакь (беццаб + бакь);
    • рикӀкӀ. + цӀар: ичӀгьод (ичӀго + гьод);
    • тӀадр. + цӀар: тӀадрагӀи (тӀад + рагӀи), нахъарукъ (нахъа + рукъ).
    • фигӀ. (с-фигӀ.) + цӀар: цӀурачед (цӀураб + чед);
    • цӀар + фигӀ. (аслу): гӀакълугьечӀ (гӀакълу + гьечӀо);
  • Сифатал лъугьунел:
    • цӀар + сиф.: лахӀчӀегӀераб (лахӀ + чӀегӀераб);
    • сиф. + сиф.: бецӀбагӀурччинаб (бецӀаб + гӀурчӀинаб);
    • рикӀкӀ. + цӀар: ункъбокӀонаб (ункъго + бокӀон);
  • ФигӀлаби лъугьунел:
    • тӀадр. + фигӀ.: тӀадкъазе (тӀад + къазе);
    • цӀар + фигӀ.: гӀинтӀамизе (гӀин + тӀамизе).

Гьел цере рехсарал гурелиги руго рагӀаби лъугьунел къагӀидаби: семантикиял рахъалъ гӀагар рагӀаби журан лъугьарал фигӀлаби лъугьинари, рагьарал гьаркьал хиси (рикӀкӀин — рикӀкӀен, квин — квен) ва калькирование — батӀиял мацӀазул рагӀаби авар мацӀалде рагӀиккун руссинаби: маххул нух (гӀур. 'железная дорога'), цеберагӀи (гӀур. 'предисловие')[31].

Сводешил сияхӀ

Халип:Сводешил сияхӀ/Авар

Жиндирго лексика

Авар мацӀалъул гӀизагӀанго бечедаб лексика буго. Киназего гӀахьалаб лексикалъул, ай жал адабияталъул мацӀалъул кколел, жал щулаго ва халатаб заманалъда ругеб, жидедеса цӀиял рагӀаби лъугьинеги рес бугел рагӀабазде гьоркьоре уна инсанасул черхалъул, лугбузул цӀарал (квер, бер, кӀал, мегӀер, гӀин ва гь. ц.), хъизаналъул ва гӀагарлъиялъул цӀарал (вац, яц, эбел, эмен, вас, яс, вацгӀал, яцгӀал, чӀужу, рос ва гь ц.), хӀалтӀул цо-цо алатазул цӀарал (пуруц, рукь, хъухъадиро, квартӀа, гъецӀ ва ц.), тӀорщалил ва пихъазул цӀарал (ролъ, цӀоросоролъ, пурчӀина, гӀеч, гени, курак, цӀибил, цӀулакьо ва ц.), рукъалъул ва цо-цо гмалхул хӀайваназул цӀарал (гӀака, оц, цӀцӀе, чу, хӀама, куй, кету, гьой, гӀанкӀ, цер, бацӀ ва ц.), хӀинчӀ-гъедуялъул ва хӀутӀ-хъумуралъул цӀарал (гъеду, цӀум, микки, цӀунцӀра, тӀутӀ, оцхӀутӀ ва ц.), кванил тӀагӀамазул цӀарал (чед, хинкӀ, лъим, гӀатӀ, рахь, нису, нах, гьан, гьоцӀо ва ц.), мина-къаялъул, рукъалъул цӀарал (рукъ, гордо, нуцӀа, тӀох, хӀуби, чӀалу, рахи, къед, бокь ва ц). Гьединго авар мацӀалъул жиндирго рагӀабилъун ккола цӀарубакӀал (дун, ниж, нилъ, мун, дов, ав, щив ва ц), рикӀкӀенал (цо, кӀиго, лъабго, ункъго, щуго, анлъго, анкьго, микьго, ичӀго, анцӀго, къого, лъеберго, нусго, азарго ва ц.). Киназего гӀахьалал рагӀаби авар мацӀалда руго цо хасаб пиша-махщелалда хурхаралги.

Цогидал мацӀазул рагӀаби

Авар мацӀалъул жиндир цебетӀеялда жаниб цогидал мацӀалгун гӀемерал хурхенал рукӀанлъ авар лексикаялде рачӀана цогидал мацӀазул гӀезегӀан рагӀаби. Аслияб къагӀидаялъ, къватӀисеб лексика бачӀана авар мацӀалде гӀараб, парс, тюрк ва гӀурус мацӀаздасан (ай цоги мацӀаздаса гьездеги рачӀун, гьездласа аваралде щварал), цӀакъго некӀсияб къватӀисеб лексика буго гуржи мацӀалдасан бачӀараб. Гьанжесеб заманалда цӀияб лексика буго ингилис мацӀалдасаги бачӀараб.

Свералаби

Авар мацӀалъул сверелал адабияталъул мацӀалдаса гӀемерго ратӀалъарал руго.[32] Гьел рикьула шималияб ва жанубияб тӀадкаламазде. тӀоцӀебеселде гъолъе уна салатавиялъул, хундерил ва бакъбаккул рахъалъул свералаби. кӀиабилелде гъорлъе уна гьидерил, анцухъдерил, закаталисезул, къарахъдерил, гӀандалазул, къехӀдерил ва гьочотӀисезул мацӀалъул свералаби. Гьезда гьоркъохъеб бакӀ ккола бакълъухъезул мацӀалъул свери. МацӀалъул свералабазда гьоркьоб буго фонетикалъулги, морфологиялъулги, лексикалъулги батӀалъи.

Шималияб тӀадкаламалъул мацӀалъул свералаби — бакъбаккул (Шургьиб, Хьаргаби ва Лаваши мухъалъул), нахъбакӀалъулаб (НахъбакӀ, Бакълул ва цогидалги мухъал), хундерил (Хунзахъ ва Унсоколо мухъал) — руго адабияталъул мацӀалде бищун гӀагарал (адабияталъул мацӀалъе кьучӀаб буго хундерил диалект). Гьезул дагьаб батӀалъи буго: хундерил. ва бакъбаккул свералабазда у, салатавиялъулазда о хӀалтӀизаби, п хӀарпалъул бакӀалда гь хӀалтӀизаби, цо-цо рагьарал гьаркьазда гьоркьоб рагьукъаб б тӀагӀин; хундерил диалекталда жинсиял гӀаламатал (рагӀул ахиралда ругел) гьоркьор риччай.

Къиблаяб рахъалъул тӀадкалам бикьула 6 мацӀалъул сверелалде, гьезул адабияталъул мацӀалдаса кӀудияб батӀалъиги буго.

Балагье гьединго

Баянал

МугъчӀваял

  1. Avar: Ethnologue (25леб ред., 2022) Closed access icon
    Басрияб авар: Ethnologue (25леб ред., 2022) Closed access icon
  2. Информационные материалы об окончательных итогах Всероссийской переписи населения 2010 года
  3. Неверовский, А. А. (1847). Краткий взгляд на Северный и Средний Дагестан до уничтожения влияния лезгинов на Закавказье. Санкт-Петербург: Типография военно-учебных заведений. Оригиналалдаса архивация: 2019-07-19. Халагьи 2019-07-20. Так как Аварцы составляли всегда самое сильное племя в горах, всегда занимали средину Дагестана, то и язык их сделался господствующим между обитателями описываемого края. Почти все горцы умеют говорить по-аварски и употребляют этот язык при изустных сношениях между собою.{{cite book}}: CS1 maint: bot: original URL status unknown (link)
  4. "UNESCO Atlas of the World's Languages in Danger". UNESCO. Халагьи 19 Април 2015.
  5. Микаилов 1958; 1964; Алексеев 1988
  6. Оксфорд 2020, p. 244.
  7. (Алексеев et al. 2012, p. i)
  8. Consonant Systems of the North-East Caucasian Languages on TITUS DIDACTICA
  9. Окфорд 2020, p. 248.
  10. «Аварский язык», Михаил Алексеев, Борис Атаев, Москва, 1997
  11. Oxford 2020, p. 248.
  12. Корбетт 2000, p. 22.
  13. Корбетт 2000, p. 92.
  14. Сулеманов, Я. Г. (1985). МикагӀилилазул, Ш. И. (ред.). О формах ограниченного и неограниченного множественного числа имён существительных в аварском языке (Категория числа в дагестанских языказ: сборник статей ред.). МахӀачхъала. гь. 114–19.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)
  15. Oxford 2020, p. 266.
  16. Оксфорд 2020, p. 251.
  17. Окфорд 2020, p. 252.
  18. Окфорд 2020, p. 253.
  19. Оксфорд 2020, p. 254.
  20. Аварский язык. (Михаил Алексеев, Борис Атаев)
  21. Маллаева, З. М (1989). "Система временных и пространственных отношений в аварском языке". Туплис: 19. {{cite journal}}: Cite journal requires |journal= (квеки)
  22. Оксфорд 2020, p. 269.
  23. Оксфорд 2020, p. 270.
  24. Мадиева 1981: 56
  25. Алиханов 1994: 5
  26. Г. И. Мадиевалда рекъон.
  27. Микаилов 1965
  28. Алиханов 1994
  29. гьединго цогидал суффиксабигун, хасал магӀнаби кьезе
  30. [см. Алиханов 1994: 16].
  31. Аварский язык (Мадиева)
  32. http://lingvarium.org/raznoe/publications/caucas/alw-cau-reestr.pdf

Библиография

  • Полински, Мария, ред. (2020). "Chapter 6: Avar" [БетӀер 6: Авар]. The Oxford Handbook of Languages of the Caucasus [Кавказалъул мацӀазул Оксфордияб квертӀехь]. Oxford Handbooks. Оксфорд, Цолъараб Къиралат; Ню-Йорк, Цолъарал Штатал: Оксфорд Университеталъул пресса. гь. 1158. ISBN 978-0-19-069069-4. LCCN 2020021155.
  • Корбетт, Гревилл Г. (2000). Number [РиккӀен]. Cambridge Textbooks in Linguistics. Кембридж, Цолъараб Къиралат: Кембридж Университеталъул пресса. гь. 358. ISBN 0-511-03610-8. OCLC 559571720.
  • Алексеев, М. Е; Атаев, Б. М.; Магомедов, М. А.; Магомедов, М. И.; Мадиева, Г. И.; Саидова, П. А.; Самедов, Дж. С. (2012). Современный аварский язык [Гьанжсеб авар мацӀ]. МахӀачхъала: ИЯЛИ ДНЦ РАН: АЛЕФ. гь. 420. ISBN 978-5-91431-110-7.

КъватӀисел регӀелал

Халип:Ӏnterwiki

«Викикъамусалъул» логотип
«Викикъамусалъул» логотип
Викикъамусалда буго Авар мацӀалъул рагІабазул сияхІ категориялда «Авар мацӀ»

Халип:Россиялъул мацӀал Халип:Азарбижаналъул мацӀал