Перейти к содержанию

Авар гӀажам

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Авар гӀажам — гӀараб графикаялъул аслуялда бугеб хъвай-хъвагӀи, жибги 1928 соналде щвезегӀан авар мацӀ хъваялъе хӀалтӀизабулеб букӀараб. Бищун цересел авар гӀажамалда хъварал хъвай-хъвагӀабазул цогидаб буго Къорода мажгиталъул къадалӀ бугеб ганчӀида батараб, гьелъие къо-моцӀ чӀезабун буго XV гӀасруялдалъун. Авар гӀажамалъе кьучӀ лъурав чилъун рикӀкӀунев вуго ГӀандиса ГӀалимирза; гьесул квералъ 1485 соналъ хъвараб ГӀандуникӀил васигаталда буго 16 гӀараб хӀарпаздалъун хъвараб авар рагӀи.

Къородаса хъвай-хъвагӀай

[хисизабизе | код хисизабизе]
Къородаса хъвай-хъвагӀаялъул эскиз

Жакъа къоялъ лъалеб, авар мацӀалда гӀараб хӀарпаздалъун гьабураб эпиграфияб хъвай-хъвагӀайлъун ккола 1977 соналъ Айтберилазул Тимуридаги, А. Ивановасдаги батараб Къородаса хъвай-хъвагӀай.[1] Гьеб буго Гъуниб мухъалъул Къорода росдал мажгиталъул къадалӀ лъураб ганчӀида бикӀун гьабураб хъвай-хъвагӀи,[2] палеграфиял цӀех-рехелазда ва хатӀалъул анализалда рекъон, гьеб гьабураб заман кколеб буго XIV гӀасру.

Хъвай-хъвагӀаялъул тӀоцебесеб мухъ байбихьулеб буго бисмилаялдаса, хадусеб лъабго жумла буго авар мацӀалда хъван насх хатӀалъ куфиялъул цо-цо элементалгун. Тексталъул транслитерация буго хадусеб:

Бисмиллагьи ррахӀмани ррахӀим! ГӀакӀа гьабуге мазгит [мажгит] гьабаразе [гьабуразе] // Росдаеги мазгит вакъву [вакъфу] гьабаразе [гьабуразе] ГӀакӀа гьабуге бусурбаби!

ГӀандуникӀил васигаталда

[хисизабизе | код хисизабизе]

СагӀидиласда рекъон, бищун цебесеб гӀараб хӀарпаздалъун авар рагӀаби хъвай дандчӀвалеб буго аваразул нуцал ГӀандуникӀица жиндирго ирсилав Булач-нуцалие хъвараб васияталда. Документ хъван буго 1485 соналъ машгьурав гӀалимчи, Аваристаналъул къади ГӀандиса ГӀалимирзаца гӀараб мацӀалда, ва гьениб, цӀалиялъулӀ мекъи ккунгутӀиялъе ва бакӀалъул цӀаразул абулеб къагӀида мухӀканго кьеялъе хъван буго 16 авар топоним ва хасаб цӀар.

Хъван руго гьел гӀараб алифбаялда ругел хӀарпаз; авар мацӀалда ругел хасал гьаркьал рихьизаризе ГӀали-мирзаца хӀалтӀизарун руго авар гьаркьазде бищун гӀагараб абулеб къагӀида бугел хӀарпал, диакритикал гьечӀого.[3] Мисалалъе: بقتللل (бакътлулал) — бакълъулал, عندل (гӀандал), خجددسل (хуждадисел) — хуштадисел, هلق (Гьулукъ) — Гьолокь, бакълъал, СаламегӀер, ва ц.

Бакълъухъа хъвай-хъвагӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьеб хъвай-хъвагӀай уго Гъоркьа Бакълъухъ росдал мажиталъул къадалӀ бугеб ганчӀида. Гьеб эпитафиялда буго къокъабго гӀажам хӀарпаз гьабураб авар хъвай-хъвагӀи: «Масжид (мажгит) бана 973 соналъ» (грегориянияб къагӀидаялъ 1565–1566 сон).[4]

Дибир-къадил реформа

[хисизабизе | код хисизабизе]
ب  - б ر  - р ف  - п ڸ  - лъ
ت  - т ز  - з ڣ  - пӀ ڷ  - лълъ
ج  - ж س  - с ق  - къ م  - м
ڃ  - чӀ ص  - сс ڨ  - кь ن  - н
ڄ  - чӀчӀ  ش  - ш ك  - к ه  - гь
چ  - ч ۺ  - щ ڭ  - кк و  - в
ڿ  - чч ښ  - ц گ  - кӀ ي  - й
ح  - хӀ ڛ  - цц ڴ  - кӀкӀ ا  - а
ځ  - х ڝ  - цӀ ڬ  - г ێ  - и
خ  - хх ڞ  - цӀцӀ ڮ  - хь ې  - е
څ  - хъ ط  - тӀ ل  - л ۇ  - у
د  - д ع  - гӀ ڶ  - лӀ ۈ   - о
غ  - гъ ئ  - ъ

Гьел гурелги, руго «в»-ялъул кумекалдалъун рихьизарулел лабиалиял /кӀутӀби цӀутӀизарун рахъулел / гьаркьал:

Гв - ڬو , гъв - غو , гьв - هو , дв - دو , зв - زو , кв - كو , къв - قو , кьв - ڨو , кӀв - گو , тв - تو , тӀв - طو , хьв - ڮو , хъв - څو , хв - ځو , хӀв - حو , цӀв - ڝو , чв -چو ,

чӀв - ڃو , щв - ۺو, лълъв - ڷو , кӀкӀв - ڴو , чӀчӀв - ڄو , ккв - ڭو , ссв - صو , ххв - خو, цӀцӀв - ڞو .

Гьамза - ئ  хъваялъул къагӀидаби.

[хисизабизе | код хисизабизе]

РагӀул байбихьуда:

[хисизабизе | код хисизабизе]

а - ТӀоцебесеб хӀарп а - ا , масала,

алжан - الجان

ахбазан - اځبازان

б - и, у, о, э(ъе)  хӀарпазде цебе  ئ  хъвала, масала,

иту (ъиту) - ئێتۇ

ургъел (ъургъел) - ئۇرغېل

охцер (ъохцер) - ئۈخݭېر

эркенлъи (ъеркенлъи) - ئېركېنڸێ

кӀиго гьаркьилал хӀарпал (а, и, у) нахъ-цебе хъван рукӀани, масала, гьабилаан, гьезда гьоркьоб гьамза хъвазе буго

гьабилаан  (гьабилаъан) - هابێلائان

беэнаб  (беъенаб)  - بېئېناب

РагӀул ахиралда

[хисизабизе | код хисизабизе]

кӀиго гьаркьилал хӀарпазда гьоркьоб гьамза хъвала, масала, -

рии (риъи) - رێئێ

Й ي хӀарп хъваялъул къагӀида.

[хисизабизе | код хисизабизе]

РагӀул байбихьуда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кирилицаялда хъвалаго нилӀеца, масала, юргъан хъвала, гӀажамалда хъвалаго буго يۇرغان йургъан, элъул магӀна ккола, тӀоцересел хӀарпал я, ё, ю рагӀул байбихьуда рукӀани, хъвазе ккола йо - يۈ , йу - يۇ , йа - يا . Масала,

ёхарай (йохарай) - يۈخاراي

екеризе (йекеризе) - يېكېرێزې

ячизе (йачизе) - ياچێزې

РагӀи бакьулӀ нахъаги кӀиго гьаркьилаб хӀарп (я, ё, ю) нахъ-цебе букӀани гьоркьоб й хъвазе ккола, масала,

Цее (цейе) - ڛېيې

диеги (дийеги) - دێيېڬێ

дуеги (дуйеги) - دۇيېڬێ

Гьаркьикъал хӀарпазда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьаркьикъал хӀарпазда нахъ я(йа) хӀарп букӀани, масала, дунял (дунйал), хъвазе ккола دۇنيال

Дунял (дунйал) - دۇنيال

ГӀараб мацӀалъул рагӀабиги

[хисизабизе | код хисизабизе]

хъвазе буго рагӀулеб куцалда, масала,

Низам ( نظام ) хъвазе буго نێزام

Рамазан (رمضان )  хъвазе буго رامازان

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦӀияб гӀажам

  1. ↑ Айтберилазул М. Т. Къорода росулӀа Аварги -гӀараб хъвай-хъвагӀай (XIII–XIV гӀасраби) // Машрикъалъул Эпиграфика. М., 1985. XXIII.
  2. ↑ Айтберов, Т. М.; ХӀапизов, Ш. М. (2016). МагӀарулалъ хъварал тарихиял асарал. МахӀачхъала: АЛЕФ. гь. 300.
  3. ↑ Саидов М.-С.Дж. Из истории возникновения письменности у народов Дагестана // Языки Дагестана. Махачкала. 1948. Вып. III.
  4. ↑ Айтберов Т.М., Абдулкеримов М.О. О древних записях на аварском языке // Литературный Дагестан. 1990. № 4. С. 123–124.