Перейти к содержанию

Гъуниб мухъ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Административияб мухъ
{{{1}}}
Герб
Герб
Герб
ПачалихъРоссия
СтатусАдминистративияб мухъ
Административияб центрГъуниб росу
БетІерПахрудин МухІамадов
Халкъалъул къадар26 899 чи 
Гъунки44 чи/km²
МиллаталМагIарулал
Расмияб мацІмагIарул ва гІурус мацІал
ДиналИслам
СагІтил рачелUTC+4
Телефоналъул код+7 87257
Почалъул индекс----
Автомашинаялъул код05
Расмияб сайтhttp://www.gunib.ru
 (гІурус)

Гъуниб мухъ (гІур. Гунибский райо́н) - Дагъистан жумгьурияталъул мухъ.

Тахросу - Гъуниб.

Гъуниб мухъ буго МугӀрузулаб Дагъистаналда бакьулӀ. Гьелъул руго гӀорхъаби хадусел мухъалгун: Хьаргабиб, Лавашиб, Тум, ЧӀарада, Шамил ва Хунзахъ. Гъуниб мухъалъул ракьалъул роцен ккола — 609,5 км².

ДагъЦИКалъул 4-б сессиялда (22.11.1928 сон) Гъуниб округалда ГӀандалал ва КӀуяда мухъаздаса гӀуцӀун букӀана Гъуниб кантон. Жегиги гьелде тӀаде рехана Лак округалдаса Бухтиб росдал шура. ВЦИКалъул къотӀиялда рекъон (3.06.1929 сон) Гъуниб кантон хисана Гъуниб мухъалде. 1937 соналда мухъалъул тахбакӀлъун тана Ругъжаб росу, 1944-б соналда - ЧӀохъ. РСФСР-алъул 1.02.1963 къабул гьабураб къотиялда рекъон гӀуцӀана Гъуниб мухъ Гъуниб росулӀ тахбакӀги тун ва гьелде тӀаде биххизабураб ЧӀарада мухъалъул ракьги тӀаде жубан.  12.01.1965 с. Гъуниб мухъ цере рукӀарал гӀорхъабиги цӀунун цӀигьабун букӀана.

Миллияб рикьи

По данным Всероссийской переписи населения 2010 года[1] :

Миллат Къадар,

чи.

БутӀа, %
магӀарулал 24 381 96,36 %
даргиял 628 2,48%
лъарагӀал 43 0,17 %
тумал 29 0,11 %
гӀурусал 25 0,10 %
цогидал 36 0,14 %
лъазабичӀел 161 0,64 %
ХӀисаб 25 303 100,00 %

Административияб рикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гъуниб мухъалде гъорлӀе уна 18 муниципалияб гӀуцӀи[2]:

  1. БацӀада росдал шура (БацӀада, Куллаб росаби)
  2. Бухтиб росдал шура (Бухтиб росу)
  3. Гьонода росдал шура (Гьонода росу)
  4. Гъуниб росдал шура (Гъуниб росу)
  5. КӀкӀогьориб росдал шура (КӀкӀогьориб ва Гъоркь КӀкӀогьориб)
  6. Къорода росдал шура (Къорода ва Къорода)
  7. Кудалиб росдал шура (Кудалиб ва СилтӀа росаби)
  8. МохӀоб росдал шура (МохӀоб росу)
  9. ГӀобохъ росдал шура (ГӀобохъ росу)
  10. Ругъжаб росдал шура (Ругъжаб, Мадала, Мучула, ГӀункӀида, Хьопор)
  11. СалтӀа росдал шура (СалтӀа росу)
  12. Сугъралъ росдал шура (Сугъралъ ва НакӀкӀазухъ росаби)
  13. Кьогьоб (КӀкӀуяда) росдал шура (Кьогьоб, Агъада, ГӀурала,  ГӀвала, Балануб, КӀудияб ГӀурала, ГӀамургьариб, АсхӀабил-Кули, Балдукь, Басар, БацӀикъварихъ, Гъазилазда, Гъодобериб, Гарбилазда, ЗазикӀкӀал, МачӀада, ГӀумайласулазда, ХӀенда, Чарахъ, Шубада, ГьитӀинаб ГӀурала, Дадулазда, Ивайлазда, Кукер , Лахчайда, Мугъдаб, ГӀобонуб, РосулӀ, Сех, Хамагъиб, ХӀацуноб, ХӀебдиб, ЦӀамла, ЦӀалада, Чоноб, Эгъеда ва ГӀенсеруда)
  14. Хьиндахъ росдал шура (Хьиндахъ росу)
  15. ХӀоточӀ росдал шура (ХӀоточӀ росу)
  16. ЧӀохъ росдал шура (ЧӀохъ, ГӀурулгьоцӀиб ва Гъамсукь росаби)
  17. Шамгъуда росдал шура (Шамгъуда ва Шитлиб росаби)
  18. Щуланиб росдал шура (Щуланиб ва ГӀунтӀиб росаби)
  1. ↑ "Перепись 2010 года. Дагстат. Том 3". Архивация оригинал, 2017-10-11. Щвей 2015-07-11. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. ↑ ЗАКОН РЕСПУБЛИКИ ДАГЕСТАН ОТ 13.01.2005 N6 О СТАТУСЕ И ГРАНИЦАХ МУНИЦИПАЛЬНЫХ ОБРАЗОВАНИЙ РЕСПУБЛИКИ ДАГЕСТАН


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.