МахӀачхъала

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Тахшагьар  Дагъистан
МахӀачхъала
Байрахъ[d] Герб
Байрахъ[d] Герб
42°59′00″ ш. гӀ. 47°30′00″ бб. х.HGЯO
Пачалихъ  Россия
Федерациялъул субъект Дагъистан
Жанисеб бикьи

3 административияб район:

  • Ленинский,
  • Кировский
  • Советский
Мэр Салман Дадаев
Тарих ва ракьхъвай
КьучӀ лъей 1844
ГӀатӀилъи 468,13 (шагьаралъул округ)[1] км²
Централъул борхалъи 10 Метр
Климаталъул тайпа гьоркьохъеб
СагӀтазул зона UTC+3:00
Халкъ
Къадар
  • 662 600 чел. (2023)
Гъунки Жугьаялъулаб гъалатӀ: ракӀалда гьечӀеб < оператор . чи/км²
Конфессия(л) бусурбаби-суниял, ортодокс-христианал ва ягьудал
Катойконим махӀачхъалаялдасев, махӀачхъалаялдасей, махӀачхъалаялдасел
Цифрабазул идентификаторал
Телефоналъул код +7 8722
Почалъул индекс 367000–367999
ОКАТО код 82401000000
ОКТМО код 82701000001

mkala.ru  (гІурус)
МахӀачхъала (Россия)
ТӀанкӀ
МахӀачхъала
Москва
МахӀачхъала (Дагъистан)
МахӀачхъала
ТӀанкӀ
МахӀачхъала
 Медиафайлал Викигъамасалда

МахIачхъала (лъар. Анжикъала, Магьачкъала, гІур. Махачкала́) — ккола Россиялъул жанубалда бугеб шагьар, Дагъистан жумгьурияталъул тахшагьар, халкъалъул рикIкIеналъул рахъалъ Шималияб Кавказалъул регионалда лъабабизе иргаялда бугеб ва Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул чIахIиял шагьараздаса цояб.

Жакъа шагьар бугеб бакI гIуцIцIана 1844 соналъ, гIурусазул рагъул щулалъиялъул мурадалда ва гьелда цIар букIана Петровское. 1857 соналъ гьеб бакI кIодолъана ва гIадамал цIикIкIана, цинги гьелъие шагьаралъул статус щвана, ва цIарги кьуна порталъул шагьар Петровск абун, гьедин цIар кьеялъеги гIиллалъун лъугьана 1722—1723 соназда Персиялде кIанцIизе унаго, Пётр I-сесул аскариял гьанир чIеялда бан.

1918 соналъул 15 ноябралъ, гьеб заманаялъ вукIарав Дагъистаналъул бетIер Тарковскиялдаса НухI-Бегил амруялдалъун, шагьаралъул цIар хисун гьелъие кьуна Шамилил Хъала шагьар абураб цIар. Гьебги букIана кIудияв имам Шамил халкъазул рекIелъа инчIого вукIиналъул мурадалда гьабураб хIалтIи.[2].

1921 соналъул 14 маялъ Дагъистаналъул савраталъул комимтеталъул амруялдалъун МахIачхъала лъугьана ДАССРалъул тахшагьарлъун ва цIарги хисана МахIачхъала абун, Унсоколоса савратчи МахIач ДахIадаевги кIодо гьавун.[3]. Жакъа къоялда жаниб шагьар бугеб бакI, мугIрузул халкъазда гьоркьоб лъалеблъун букIана Гьоркьохъел гIасрабазул заманаялдасанго, Анжи-Хъала абураб цIаралда гъоркь[4] — гьелъул магIнаги ккола «луълуъалъул хъала» - абураб,[5] лъарагI мацIалдаса буссинабуни.

Халкъалъул къадар[хисизабизе | код хисизабизе]

Ошибка Lua в Модуль:Statistical на строке 76: attempt to index local 'RawData' (a nil value). Ошибка Lua в Модуль:Statistical на строке 76: attempt to index local 'RawData' (a nil value).

МахIачкала — ккола бищун гIадамал жанир цIикIкIараб шагьарлъун Шималияб Кавказалъул Федералияб Округалда, ва гьединго хеккого гIолел Россиялъул чIахIиял шагьараздасаги.

Динияб гIуцIцIи[хисизабизе | код хисизабизе]

Шагьаралда руго, киналниги дуниялалда ругелщинал динал ккурал гIадамал, цого-цо буддизмалъул гьечIо. ЦIикIкIунисеб бутIа (90 %) ккола бусурбаби суннитал. Шагьаралда буго, Европаялдаго бищун кIудияблъун рикIкIунеб ЖумгIа мажгит. Гьединго шагьаралда буго христианазул — Свято-Успенил кафедралияб килиса. Гьанже бан бахъана, Ермошкина къотIноб жугьутIазе магIбадги.

Миллияб рикьи[хисизабизе | код хисизабизе]

МахIачхъала шагьаралда гIумру гьабулеб буго 572 076 чияс[6]

# Миллат гIадамазул къадар 2010 с. %
1 МагIарулал 149 623 26
2 Даргиял 88 573 15
2 ЛъарагIал 86 503 15
3 Тумал 79 906 14
3 Куралал 84 479 14
4 ГIурусал 35 908 6
тIолго МахIачхъала шагьар 572 076 100

ХӀужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Подсчитано по базе данных муниципальных образований РФ на 2008 год
  2. ""Черновик" 15 июля 2005". Архивация оригинал (2014-09-03). Халагьи 2022-04-17. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  3. Марковин В. И. Махачкала - преддверие гор // Дорогами и тропами Дагестана. — М.: Искусство, 1974.
  4. Алиев К. М. (2005-06-27). "Еще раз об Анжи". Кумыкский мир. Архивация оригинал (2007-12-17). Халагьи 2011-03-12. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  5. "Анжи (Инжи)" (in русский). Кумыкский мир. Архивация оригинал (2012-02-12). Халагьи 2011-5-7. {{cite web}}: Check date values in: |accessdate= (квеки); Invalid |url-status=хвараб (квеки); Italic or bold markup not allowed in: |publisher= (квеки)
  6. "Перепись 2010 года. Дагстат. Том 3". Архивация оригинал (2017-10-11). Халагьи 2022-04-17. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)