Имам Шамил

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Шамил
Шамил
Байрахъ
Байрахъ
3-ев Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул имам
1834 — 25 сентябр 1859
Цеве вукІарав: ХІамзат-бек
Хадув вачІарав: Кавказ Россиялда рекІинабуна
 
Дин: ислам, сунияб мазгьаб
Гьави: 26.6.1797
Генуб, Дагъистан
Хвей: 4.2.1871
Мадина, ГІусманиязул Хилапат
Вукъун вуго: Мадиналда "Жаннат ал-БакъигІ" хобалазда
Гьавураб мехалъ
букІараб цІар:
ГІали
Эмен: Денгасул МухІаммад
Эбел: Баху-Меседу
Лъади: 1) ПатІимат
2) Жавгьарат
3) Загьидат
4) ШугІайнат-Анна Улуханова
5) Аминат
Лъимал: васал: Жамалудин, ГъазимухІаммад, СагІид, МухІаммадшапигІ ва МухІаммадкамил
ясал: Написат, ПатІимат, Нажават, Баху-Меседу, Сапият
Хъулухъ: Рагъул цевехъан


Имам Шамил нилъеда лъала Кавказалда, ва батIи-батIиял хасго бусурбабазул улкабазда цIар рагIарав, рагъул ва пачалихъалъул бажари бугев, гIакъилав бетIер ва сиясатчи вукIин.

Амма киназдаго лъалеб гуро гьесул умумул шал ва киса рукIаралали, хъванги гьечIо.

ГьоцIдерица бицуна Гьидалъа биде вахъун жодохъе вачIанила Денгав абурав чи, гьев вукъунги гьенивго вуго, Денгал нохъойилан абулеб бакIги буго. Денгал вас МухIамад гьенив гьавурав, гIурав, ГьоцIалъа ккана ГIашилтIа (Унсоколо мухъалъул) росулъе.

Гьениб гьес гьабула хъизан. Лъадилъун йачула гьебго росулъа Бахту-меседу абурай лъикIаб тухумалъул яс. ГIашилтIаса гьел уна Генуре. Генуб гьавула гьезие вас ГIали. Гьев ГIали унтарав загIипав вас вукIун вуго, гьесда цIар хисула Шамил абун. Гьеб мехалъ гьев вас Шамил гIунила сахав, зурбаяв гIолохъанчи. Гьев вуго вукIинесев Дагъистаналъулги, Кавказалъулго, дунялалдаго, хасго бусурбан хIукумтазда ва Россиялда цIар рагIарав пачаликъалъул бетIер, дунялалда цIар рагIарав бодул бетӏер.

Гьев Гьидалъа умумузул вукIин баян гьабула гьесул эбелалъул гIагарав чи (вацгIал) ГIашилтIаса Шагьав Шамилица Гьидалъе хъвараб ва цойгидалги кагътаз. [1]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "Имам Шамиль ва гьид". Архивация оригинал (2008-09-15). Халагьи 2010-12-15. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)

Литература[хисизабизе | код хисизабизе]