Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул имам
Внешний вид
Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул имам — Шималияб Кавказалъул ракьал эркенгьариялъул хІаракаталъул рухІияв цевехъан, Шималияб Кавказалъул имаматалъул цевехъан.
Имамзаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул тІоцевесев имам — ГъазимухІаммад — Шималияб Кавказалъул имаматалъе кьучІ лъурав.
- Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул кІиабилев имам — ХІамзат-бег
- Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул лъабабилев имам — Имам Шамил — XIX гІасруяллъул тІоцебесеб бащалъиялда, Шималияб Кавказалъул имаматалъул цевехъан. Гьев асир гьавиялдаса хадуб, Шималияб Кавказалъул имамат лъугІана.
- Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул ункъабилев имам — Сугъралъа МухІаммад-ХІажи — 1877 соналъ Дагъистаналда лъугьараб, гІурусазда данде рахъиналъул цевехъан. Машгьурав гІалим Сугъралъа ГІабдурахІман-ХІажиясул вас.
- Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул щуабилев имам - ХӀоцоса Нажмудин - Кавказалда инкъилабалда данде рахъиналъул цевехъан. БагІараб армиялда данде вагъана жиндирго рагъул гьалмагъ Узун-ХІажигун.
- Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул анлъабилев имам - Узун-ХІажи - дагъистаналъул рухІияв ва политикияв цевехъан, Шималияб Кавказалъул имираталъул амир.
¹ Имамлъун вукІана 1918 соналъул май моцІалдаса сентябр моцІалде щвезегІан. 1919 соналъ Шималияб Кавказалъул имираталъул амирлъун вищана |