ХӀоцоса Нажмудин

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ХӀоцоса Нажмудин
ХӀоцоса Нажмудин
Байрахъ
Байрахъ
6-ев Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул имам
август 1917 — 1920
Цеве вукІарав: Зандакъаса ГІалибег-ХІажи
Хадув вачІарав: Узун-ХІажи
 
Дин: ислам, суннияб мазгьаб
Гьави: 1859
ХІоцо, Авар округ, Дагъистаналъул вилаят
Хвей: 28.09.1925
Ростов-на-Дону, РСФСР, СССР
Вукъун вуго: Ростов шагьар.
Эмен: Доногъол МухIаммад
Лъимал: ПатIимат,Сагӏидат,ХIамидат
Хъулухъ: Рагъул цевехъан

ХӀоцоса Нажмудин ялъуни Имам Нажмудин (гӀурус мацӀалда Нажмуд[д]ин Гоцинский ; 1859 - 1925), сиясатчи, гӀалимчи ва инсан. [1]

Дагъистаналъул тарихалда ХӀоцоса Нажмудинил хӀакъалъулъ гӀадин жинда тӀасан гӀемерал гьерсал рицарав, чорокал бугьтанал лъурав чи тӀокӀав батӀияв ватизе рес гьечӀо. Дагъистаналъулги Чачаналъулги имам ХӀоцоса Нажмудин кидаго рикӀкӀунаан ва жеги рикӀкӀуневги вуго жиндирго ватӀаналда хӀукуматалъулги халкъалъулги кӀудияв тушманлъун.

Совет тарих гӀелмуялда ХӀоцосев рикӀкӀунаан гьересияв имамлъун, хъачагъазул цевехъанлъун, хӀарамаб бечелъиялъул бетӀергьанлъун ва гь.ц.

Совет хӀукуматалъе гӀоло гьабураб къеркьеялъул хӏакъалъулъ тӀасан хъварал гӀелмиял хӀалтӀабаздаги цӀализе хъварал асараздаги ХӀоцоса Нажмудинил хӀакъалъулъ хъвалаан кӀудияб рокьукълъигун, гӀадада гӀемераб халкъ гъуризабурав хӀарамзадал хӀакъалъулъ гӀадин. Дагъистаниязул чанго наслуялъул пикруялъулъ куцана Нажмудинасдехун рокьукълъи. Гьелдаса хадуб цӀакъ захӀмат букӀана ва гьанжеги буго гӀадамазда къабул гьабизабизе гьесул хӀакъалъулъ абураб ритӀухъаб рагӀиги гьезул пикруялъулъ лъугьараб гьесул чӀегӀераб сураталъухъ гьел батӀайиса ралагьизаризеги.

Жакъа Дагъистаналда цӀакъ гӀемераб адабият, асарал, гӀелмиял хӀалтӀаби руго хъван Совет хӀукуматалъе гӀоло къеркьарал инкъилабчагӀазул хӀакъалъулъ. Гьезул хӀакъалъулъ рахъун руго кинопилмал, гьарун руго телевидениялда рахъарал параграмаби, гьезул цӀарал кьун руго шагьаразул къватӀазе, росабазе ва гь. ц.

1917 соналъул 5 ноябралда чачаназул гьариялда рекъон, ХӀоцоса Нажмудин вачӀуна Гудермесалде, Чачанистаналда цӀакъго тӀибитӀун букӀараб хъачагълъиялдеги зинаялдеги данде вагӀза гьабизе. Гьеб вагӀзаялда гьес абулеб букӀана:

«Жиндир мадугьаласул, гӀагарасул мал-мулкалде квер бегьарал бусурбаби рикӀкӀине ккола капурчагӀилъун. Гьел, жамагӀаталъул хъурумусахъалгун къеркьей ккола щивав муъминчиясул мукъадасаб налъилъун. ШаригӀаталъ бихьизабун буго бищун кьварараб тамихӀ гьединал чагӀаздехун, дица гьеб тамихӀ гьабизе буго кьварун, щибго рахӀму гьечӀого. Биччанте лъазе киназдаго, гӀурусасул ялъуни хъазахъасул магӀишаталде квешаб къасд лъурав щинав чӀвазе вуго, бусурабабазул жо бикъарав чиясул къотӀизе буго квер, чӀварал талавурчагӀи ва гъачагъал бусурбан къагӀидаялда рукъизе гьечӀо, гьел, балкан киниги, хабалазда аскӀор ракьулъ рукъун тезе руго. Дица цойги нухалъ такрар гьабулеб буго, гӀурусаздехун, нилъер гьудулзаби – хъазахъаздехун зина гьабуразе дица цӀоб тун тамихӏ гьабизе буго, щай гурелъул гьаб захӀматаб заманаялда нилъеца цӀунизе ккола мадугьалзабигун лъикӀаб гьоркьоблъи. Мадугьалзабигун бугеб нилъер ракълилаб гӀумру хвезабизе ва нилъер ракьалда гIадлу-низам гьечIолъи чӀезабизе бокьарал чагӀи ккола исламалъул тушбабилъун…».

Октабиралъул инкъилабги Россиялда коммунистазул хӀакимият чӀезабиги ХӀоцоса Нажмудиница къабул гьабичӀо, хӀатта гьелдехун гьесул букӀана тушманлъиялъулаб бербалагьи.

1919 соналъул марталда гӀуцӀана МугӀрузулаб Жумгьурияталъул цӀияб хӀукумат Пишемахо Коцевгун бетӀерлъуда. Гьениве гъорлъе, шаргӀалъул ишазул нухмалъулев хӀисабалда вачана ХӀоцоса Нажмудинги.

1919 соналъул апрелалда МугӀрузулаб Жумгьурияталъул мажлисалъул хӀукмуялда рекъон ХӀоцоса Нажмудин шаргӀалъул ишазул идараялъул бетӀер хӀисабалда вачун вукӀана хӀукуматалъул вакилзабазул гъорлъе Деникинил аскаргун гарачӀвари гьабизе.

МугӀрузулаб Жумгьурият биххун ва хӀукуматалъул бетӀерлъуде генерал МикагӀил Халилов вачӀун хадув Нажмудин данде чӏеялъул рахъалде уна. Гьес къабул гьабичӀо Халиловасул хӀукуматги гьелда хадуб бачӀараб коммунистазул низамги.

1920-1921 соназда имам Нажмудин вукӀана Совет хӀукуматалде данде Дагъистаналъул халкъаз гьабулеб рагъулаб хӀаракаталъул гӀуцӀарухъанги нухмалъуливги. Гьеб хӀаракат БагӀар Аскаралъ къинабун хадуб ва Дагъистаналда Совет хӀукумат тӀубан щулалъаго, 1921 соналъул маялда ХӀоцоса Нажмудин лъазавун вукӀана Дагъистан халкъалъул тушманлъун ва гьев вахчарилев вукӀана Дагъистаналъулги Чачанистаналъулги ракьалда.

1925 соналда имам Нажмудин ккуна ва Хьундасеб Кавказалъул караялъул ОГПУ-ялъул хӀукмуялда рекъон гьесие чӀвазе къотӀула.

Дагъистаналъул тарихияб адабияталда ахираб заманалде щвезегӀан букӀинчӀо ХӀоцоса Нажмудинил гӀумруялъеги хӀаракаталъеги битӀараб ва хӀакъикъияб къимат кьураб асар.

ГӀицӀго 2005 соналда бахъана басмаялда Нажмудинил хӀакъалъулъ лъикӀаб, рагӀа-ракьанде щун, гьесул бечедаб гӀумруги, гӀелмуги, хӀаракатги баян гьабураб тӀехь – «ХӀоцоса Нажмудин: ХХ гӀасруялъул тӀоцебесеб ункъил бутӀаялда Дагъистаналда жамгӀиябгун сиясияб къеркьей». Гьеб къиматаб хӀалтӀи хъварав чи ккола тарихиял гӀелмабазул доктор ХӀажи-Мурад Доногъо.

Живго имам Нажмудин чӀвана Ростов шагьаралда 1925 соналъул 15 октябралда.

КигӀан коммунистазул заманалда Нажмудин халкъалда кӀочон тезавизе хӀаракат бахъаниги, гьев кӀудияв мужагьид, гьунар тӀокӀкӀав гӀалимчи, чилъи кӀудияв инсан, гӀагараб халкъалда кӀочон течӀо ва тезе гьечӀо. Щибниги щаклъи гьечӀо, гьесул цӀаралъги, гӀумруялъги, хӀаракаталъги гӀагараб заманалда жаниб жиндирго мустахӀикъаб бакӀ кквелеблъи Дагъистаналъулги Кавказалъулги тарихалда.

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. АхӀмад МуртазагӀалиев, ХӀоцоса Нажмудин: Политик, ГӀалим ва Инсан

Цойги сайтал[хисизабизе | код хисизабизе]