Дагъистаналъул вилаят

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Дагъистаналъул вилаят гІур. Дагестанская областьРоссиялъул империялъул ва Совет Россиялъул административиябгин территориалияб гӀуцӀи, жиб шималиябгин бакъбаккул Кавказалда букӀараб, ГӀурахъа шималалдехун. Административный центер букӀана Темир-Хан-Шура.

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Россиялъул империялъул административияб цвел хӀисабалда Дагъистаналъул вилаят гӀуцӀана 1860 соналъул 30 маялда Чор губерниялдаса (1846 соналъ гӀуцӀун букӀараб). Вилаяталъул марказлъун 1866 соналде щвезегӀан букӀана Чор шагьар, 1866 соналдаса — Темир-Хан-Шура.

Вилаяталъул бетӀерлъуда вукӀана россиялъул рагъулав губернатор.

География[хисизабизе | код хисизабизе]

БукӀана Кавказалъул бетӀераб щобалъул шималиябгин бакъбаккул рахъалда ва Каспий ралъадалъул бакътӀерхьул рагӀаллъуда.

Административияб рикьи[хисизабизе | код хисизабизе]

Дагъистаналъул вилаят, 1913 соналъул карта
Дагъистаналъул вилаят, 1913 соналъул карта

1860 соналъ Дагъистаналъул вилаяталъул букӀана хадусеб административияб рикьи:

1861 соналъ гӀуцӀана ГӀанди сверухълъи. 1863 соналъ тӀагӀинабуна Чор шагьаралъул нухмалъи. 1864 соналъ Аварское ханлъи ликвидинабуна, гьелъул бакӀалда гӀуцӀанаАвар сверухълъи. 1866 соналъ Курал ханлъи буссинабуна сверухълъиялде. 1867 соналъ тӀаӀгӀинаруна Магьдилазул ханлъи, Сулахъ наиблъи ва Таргъуялъул шамхаллъи, гӀуцӀана Темир-Хан-Шура сверухълъи.

XX гӀасруялъул байбихьуда вилаяталда гъорлӀ букӀана 9 сверухълъи,[1][2] жиб наиблъиязде бикьараб, 3 шагьар ва 1214 цогидаб чӀел-бакӀ:

Сверухълъи ГӀурус цӀар Центер Агьлулъи[3]
(1897), чи
ГӀатӀилъи Карта
1897 1916
Авар Аварскій округъ Хунзахъ (1587 чи) 37,639 35,749 1,148.27 кв. верстs (1,306.80 km2)
ГӀанди Андійскій округъ Болъихъ (1225 чи) 49,628 57,875 3,152.17 кв. верстs (3,587.37 km2)
Гъуниб Гунибскій округъ Гъуниб (685 чи) 55,899 76,175 3,422.33 кв. верстs (3,894.82 km2)
Дарги Даргинскій округъ Леваши (1343 чи) 80,943 85,131 1,525.25 кв. верстs (1,735.83 km2)
Гъумекиб Казикумухскій округъ Гъумекиб (621 чи) 45,363 51,250 1,270.80 кв. верстs (1,446.25 km2)
Хайдакъгин Табасаран Кайтаго-Табасаранскій округъ Мажалис (1327 чи) 91,021 82,154 2,896.54 кв. верстs (3,296.44 km2)
Курал Кюринскій округъ Къасумкент (1013 чи) 77,680 117,218 3,066.85 кв. верстs (3,490.27 km2)
Самур Самурскій округъ Ахтиб (3190 чел.) 35,633 71,556 3,258.87 кв. верстs (3,708.80 km2)
Темир-Хан-Шура Темир-Хан-Шуринскій округъ Темир-Хан-Шура (9214 чел.) 97,348 136,234 5,464.01 кв. верстs (6,218.38 km2)

Гьединаб административияб рикьи букӀана 1921 соналъ вилаят ликвидинабизегӀан.

Гьералдика[хисизабизе | код хисизабизе]

Ралагье гьединго[хисизабизе | код хисизабизе]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

Комментариял
Иццал
  1. Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб :1 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  2. Кавказский календарь на 1917 год [Caucasian calendar for 1917] (in Russian) (72nd ред.). Tiflis: Tipografiya kantselyarii Ye.I.V. na Kavkaze, kazenny dom. 1917. гь. 186–193. Архивация оригинал (4 November 2021). {{cite book}}: Check date values in: |archive-date= (квеки)CS1 maint: unrecognized language (link)
  3. "Первая всеобщая перепись населения Российской Империи 1897 г." (in русский). Архивация оригинал (2011-09-16). Халагьи 2009-11-28. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)

Халип:Россиялъул империялъул административияб рикьи