ГӀурахъ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

ГӀурахъ, БетӀераб Кавкалъулаб бал — гьоркьоса къотӀичӀеб мугӀрул рахас, жибги 1100-ялдаса цӀикӀкӀун км-ялъ шималиябгин бакътӀерхьудаса жанубиябгин бакъбаккудехун, ЧӀегӀераб ралъдахъа (Анапаялъул район) Каспий ралъдахъе (Илхъидагъ) бегараб. Кавказалъул балалъ Кавказ бикьула кӀиго бутӀаялде: Шималияб ва Жанубияб Кавказалде.

ГӀурахъалъ рикьизарула гӀоразул хӀавузал: шималалда Кубаналъул, Теркалъул, Сулахъалъул ва Самуралъул ва жанубалда Ингуриялъул, Риониялъул ва Коралъул.