Перейти к содержанию

Гъуниб сверухълъи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
сверухълъи
Гъуниб сверухълъи
Пачалихъ Халип:Флаг / Россиялъул империя
Сардарат Кавказалъул
Вилаят Дагъистаналъул
ГъорлӀе бачуна 5 наиблъи
Центер Гъуниб
Территория
ГӀатӀилъи 3 894,82 км² (0,13 %)
БакӀ 2-б 
Тарих
ГӀуцӀи 1860
ТӀагӀинаби 1928
Демография
Къадар 76 175 чи  (1916 сон)
10,68 %
Гъунки 20 чи/км²
Росдалаб агьлулъи 100 %
Миллат(ал) аварал
Конфессия(л) бусурбаби (суниял)
Тартиблъи
Гъуниб кантун →
Гъуниб сверухълъи картаялда

Гъуниб сверухълъи (гІур. Гуни́бскій о́кругъ) — Дагъистаналъул вилаяталда ва Совет Дагъистаналда гъорлӀ букӀараб административияб цвел (округ), жиб 1864–1928 соназда букӀараб. Административияб центер букӀана Гъуниб.[1]

Дагъистаналъул вилаяталда гъорлӀ Гъуниб сверухълъи гӀуцӀана 1860 соналъ, гӀурусаз оккупатинарурал Авар болмухъаздаза. 1921 соналъ гьеб ана Совет Дагъистаналде гъорлӀе.

1928 ноябралда Дагъистаналъул АССРалда гьабуна кантуниябе рикьи ва киналго сверухълъаби гӀадин, Авар сверухълъиги тӀагӀинабуна.

Административияб рикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Сверухълъи бикьулаан наиблъабазде, жал 1899 соналъ бутӀабазде (гӀур. участок) руссинарурал. БутӀаби рикьулаан жамагӀатазде.

1895 соналъ сверухълъиялда букӀана 6 наиблъи: ГӀандал (центр — СугъралӀ), Анцухъгин Хъапуча (центр — Кьадал), Бугьнада (центр — ЛъаратӀа), КӀкӀуяда (центр — Къорода), Телекь–ГьидалӀ (центр — ГӀурада), Кьенсерухъ (центр — ГӀириб).[2]

БутӀа ГӀурус цӀар Агьлулъи (1912) ГӀатӀилъи
ГӀандал Андаляльскій участокъ 14,623 355.86 км²
Анцухъгин Хъапуча Анц.-Капучинскій участокъ 15,607 804.90 км²
КӀкӀуяда Куядинскій участокъ 10,076 112.91 км²
ТӀелекь–ГьидалӀ Тилитлъ-Гидатлинскій участокъ 18,829 356.80 км²
Кьенсерухъ Тлейсерухскій участокъ 14,443 487.26 км²

1926 соналде сверухълъи бикьулаан 7 бутӀаялде: ГӀандал (центр — Гъуниб), Анцухъгин Хъапуча (центр — ЧӀадаколоб), Бугьнада (центр — ЛъаратӀа), Къарахъ (центр — Кьахъ), КӀкӀуяда (центр — Дарада), Телекь–ГьидалӀ (центр — Телекь), Кьенсерухъ (центр — ГӀириб).

1926 декембералда сверухълъиялъул жанубияб рахъалдаса батӀаго гӀуцӀана ЛъаратӀа мухъ.

Россиялъул империялъул ценз (1897)

[хисизабизе | код хисизабизе]

1897 соналъул Россиялъул империялъул агьлулъиялъул къадар рикӀкӀиналъул бяназда рекъон, Авар сверухълъиялъул агьлулъи букӀана 55 899 чи. Халкъалъул цӀикӀкӀанисезул рахьдал мацӀлъун букӀана Авар.[3]

Авар сверухълъиялъул лингвистикияб гӀуцӀи (1897 сон)[3]
МацӀ КӀалъалезул къадар %
Авар 52 227 93.43
Тум 2,113 3.78
Дарги 774 1.38
ГӀурус 376 0.67
Украин 159 0.28
Пол 84 0.15
Татар[a] 35 0.06
ЖугьутӀ 33 0.06
ЛъарагӀ 17 0.03
Лит 16 0.03
Армен 10 0.02
Герман 8 0.01
Гуржи 7 0.01
Беларус 1 0.00
Цогидал 39 0.07
КИНАВНИГИ 55 899 100.00

Сверухълъиялъул марказ Гъуниб гӀумру гьабун вукӀана 685 чи.[4]

Кавказияб Календар (1917)

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кавказияб Календаралъул 1917 соналъулаб басмаялда рекъон, 1916 соналъ Авар сверухълъиялда гӀумру гьабун вукӀана 76175 чи, гьезул 38,079 бихьинчи ва 38,096 чӀужугӀадан, гьел киназдасаго 76,088 чи вукӀана кидаго гӀумру гьабун вугев, 87 чи вукӀана заманалъ чӀарав:[5]

Халкъ Къадар %
Шималкавказиял 76,088 99.89
ГӀурусал[b] 75 0.10
Арменал 6 0.01
Цогидал европиял 6 0.01
КИНАЛНИГИ 76,175 100.00
  1. ^ Хадуб КъажрмацӀилан гьабураб.
  2. ^ Кавказияб Календаралъ ратӀа гьарун гьечӀо гӀурусал, украинал, ва белорусал.
  1. ^ Цуциев, Артур (2014). Atlas of the Ethno-Political History of the Caucasus [Кавказалъул этно-политикияб тарихалъул атлас]. Буссинаби: Нора Селигман Фаворов. Ню Гьавен: Йел Университеталъул басма. ISBN 9780300153088.
  2. ^ Памятная книжка Дагестанской области / Е. И. Козубскій. — Темиръ-Ханъ-Шура: "Русская типографія", 1895.
  3. ^ a b "Демоскоп Weekly - Приложение. Справочник статистических показателей". www.demoscope.ru (in русский). Щвей 2022-07-03.
  4. ^ Демоскоп Weekly — Приложение. Справочник статистических показателей (гІурус). Дата: 24 декембер 2009. Архивация: 16 септембер 2011 сон.
  5. ^ Кавказский календарь на 1917 год [Кавказияб календар 1917 соналъе] (in гӀурус) (72nd ред.). Туплис: Кавказалда Е.I.V. канцеляриялъул типография, пачалихъалъулаб рукъ. 1917. гьл. 186–193. Архивация оригинал (4 Новембер 2021). {{cite book}}: Check date values in: |archive-date= (help)CS1 maint: unrecognized language (link)