Кавказалъул халкъал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Кавказияб регионалда Этнолингвистикияб къокъа (2007)[1]

Кавказалъул халкъалКавказалда гӀумру гьабун ругел халкъал, жал 50-ялдаса цӀикӀкӀун батӀи-батӀияб этникияб къокъаялде рикьарал.[2]

МацӀазул къокъабазда рекъон[хисизабизе | код хисизабизе]

Кавказалъул кьолболал халкъазул мацӀазулал хъизанал[хисизабизе | код хисизабизе]

ТӀинди росу, Дагъистан, 1890-л сонал

ГӀодосанго регионалда тӀиритӀун ругел мацӀазда кӀалъалел халкъал, ай кавказиял гӀаммаб къагӀидаялъ рикьула лъабго къокъаялде: Шималбакъбаккул кавказиял, шималбакътӀерхьул кавказиял ва картвел халкъал.

Кавказияб мацӀазулаб хъизаналъул мацӀазда кӀалъалел ва жакъа къоялъ Кавказалда гӀумру гьабун ругел чӀахӀиял халкъал ккола гуржиял (3 200 000), чачанал (2 000 000), аварал (1 500 000), куралал (гӀ-ш. 1 000 000) ва къабардиял (600 000), гьебго заманалда Кавказ тун къватӀиб бугеб бищун кӀудияб кавказияб халкъ, жиндир диаспораби 40-ялдаса цӀикӀкӀун пачалихъазда (Урдун, Туркия, Сурия, Цолъарал Штатал, Европаялъул пачалихъал гӀадал) ругеб, буго адигъазул, кӀалъалезул къадар3–4 млн. чиун. ГьабсагӀат гуржиял ккола жидер дагӀба-гьечӀеб чиядбачӀеб пачалихъ — Гуржия — бугеб цохӀого цо кавказияб халкълъун. Абхазиялъул статус буго бахӀсикь. Цогиял кавказиял халкъазул руго республикаби Россиялда гъорлӀ: адигъал (Адигъия), черкесал (Къарачайгин Черкесия), гъабардал (Къабардагин Балкъария), ингушал (Ингушетия), чачанал (Чачан). ГӀурус оккупатионалде щвелалде жиде-жидер пачалихъал рукӀарал шималкавказиял: аварал, даргиял, куралал ва гьел гьединго цогидал гӀумру гьабун руго Дагъистаналда.

ТӀадеги цӀалиялъе[хисизабизе | код хисизабизе]

  • "The morphological specificity of Caucasian peoples according to craniological materials". V.P.Alekseev. Journal of Human Evolution.
  • "Central Ciscaucasia in Antiquity and Early Middle Ages: Caucasian Substratum and Migrations of the Iranic-Speaking Tribes." (1988).

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "ECMI - European Centre For Minority Issues Georgia". Ecmicaucasus.org. Архивация оригинал (4 Септембер 2014). Халагьи 11 Январ 2018.
  2. "Caucasian peoples". Britannica.com. Халагьи 11 Январ 2018.

Халип:Кавказалъул халкъал