Хьондакавказиял мацӀал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Нахгин дагъистаниял мацӀал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Хьондакавказиял мацӀал
Бакъаккул кавказиял
Нах–дагъистанияб
Хьонда-баккул кавказиял
Каспиял
Географияб
тӀибитӀи
Кавказ
Лингвистикияб классификацияТӀоцереял мацӀазул хъизамазул цояб
Инс-мацӀИнс-хьондакавказияб
Гъоркьрикьи
Glottolognakh1245
  Тум

Хьондакавказиял мацӀал, гьединго Бакъаккул кавказиял, Вайнахгин дагъистаниял, цо-цо Каспиял мацӀал (Хьонда-тӀерхуьла кавказиял мацӀазде абулебПонтиял мацӀал терминалде данде лъун) — мацӀазул хъизан, жиб тӀибитӀун бугеб Кавказалъул бакъаккул рахъалда ругел республикабазда: Дагъистаналда, Чечнялда, Ингушетиялда, гьединго Хьондасеб Азарбижаналдаги, Гуржиялдаги; гьединго эл мацӀазда кӀалъала Бакъаккул Европалда ва БакътӀерхьула Азиялда ругел кавказиязул диспораби. КӀалъалезул рикӀкӀен, батӀи-батӀиял баяназда рекъон, буго 2,6-даса 4,3-де щун миллион чи. Эл мацӀазул цо-цоял руго жидела чанго нусго гурони чи кӀалъаларелги.

Хьондакавказиял мацӀал рикьала цо инс-мацӀалдаса НЩ III азарсонил ахиралдехун. Руго чанго гьипотезаби, жидеца хьондакавказиял мацӀал кӀудахъизаналде рачунеб, энибго Кавказалъул мацӀазда цадахъги, хӀо эзул цониги гьечӀо киназго риккӀараблъун. Хъизамуда жаниб генеалогияб классификациялда ва мацӀаздеги диалектаздеги бикьиялдаги сверун буго гӀелмияб диспут. Традиционго хъизан бикьула анкьго яги анлӀго (авар–гӀандиялги цӀунтӀиялги мацӀал цойида риккӀани) гӀаркьалиде. Хьондакавказиял мацӀазда буго рагьукъал гьаркьазул бечедаб система, гӀатӀидго тӀибитӀун буго фарингализация, лабиализация. Грамматикалда батӀахъул рижа буго вербалаб аргументазул эргатив–абсолутив кодификати, хӀалатазул кӀиго система (гӀадаталги бакӀалъулги), цӀарсилаб классалъул категория.

ЦӀар[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьеб хъизаналде абизе хӀалтӀизабула чанго цӀар. Бищун гӀаммаб буго Хьондасеб бакъаккул кавказияб, элъ данде лъола Кавказиял мацӀазул лъабго рикӀкӀараб хъизан: Хьондасеб бакъаккул кавказияб, Хьондасеб бакътӀерхьул (Абхаз–адигъ) ва Бакъдасеб кавказияб (картвел). Эдинго элде абизе бегьула хьондакавказияб яги бакъаккул кавказияб онги. Нах(о)-дагъистанияб яги вайнах-дагъистанияб цӀаруца нахъихьизабула хъизамул тӀоцебеяб бикьи вайна ва дагъистанияб гӀаркьалабазде, хӀо гьеб цӀар тӀокӀалъ гӀатӀидго хӀалтӀизабулеб гьечӀо, щай гурелъул дагъистанияб гӀаркьел унгоги ккола чангояззул конгломерат. Дагьо хӀалтӀизабулеб термин буго Хьондасеб каспияб (Каспи ралъдал рагӀаллъи), эб данде лъола Хьондасеб понтияб терминалъе (ЧӀегӀер ралъал рагӀаллъи), жиб Хьондасеб бакътӀерхьул кавказиял мацӀазда абулеб.

ТӀибитӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

География[хисизабизе | код хисизабизе]

Хьондакавказиял мацӀазул ареал

Хьондакавказиял мацӀазул цӀиккӀанисел тӀиритӀун руго Дагъистаналъул цохӀо мугӀрузулаб рахъалда.[1] Авар–гӀандиял мацӀазул босал руго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, эзул Авар мацӀ ккола бищун тӀибитӀараблъун, элда кӀалъала мугӀрузда гуребги, лъарагӀлъудаги, гьединго ЦӀоралдаги (жакъа къоялъ Азарбижаналда), гӀандиял ва цӀунтӀиял мацӀ рахьдалаблъун кколезе авар мацӀ буго лингва франкалъун. цӀунтӀиял мацӀазда кӀалъалел руго бакъда-тӀерхьудехун, тум ва даргин — централда. Лезгин мацӀал тӀиритӀун руго Дагъистаналъул бахъдухун.[2].

Чачанги гъалгъайги мацӀал руго ЧачаналӀ ва Ингушетиялда. Курал, рутул, хъалтагъ мацӀал тӀиритӀун руго Азарбижаналдаги, будух, къирицӀ ва хиналуг мацӀал — цохӀо Азарбижаналда, удин — Азарбижаналдаги Гуржиялдаги. Бацби мацӀ буго Гуржиялда бугеб цо росулӀ.[3].

Хьондакавказиял мацӀазда кӀалъалезул диаспораби руго цогидал бакӀаздаги. ТуркалӀ руго аваралдаги куралалдаги кӀалъалел. агъул, даргин ва цогидал мацӀазда кӀалъалезул цодагьаб рикӀкӀен буго ХъиргъизалӀ — 1937–1939 соназ доре депортинарун рукӀарал чагӀазда гьоркьоб; ХЪазахстаналда чачан ва гъалгъай мацӀалда кӀалъала 1944 соналъ депортинарун рукӀаразул дораго чӀарал чагӀи. ГьитӀи-гьитӀинал къокъаби руго Россиялъул цогидал регионаздаги. [4].

РиккӀен[хисизабизе | код хисизабизе]

Хьондакавказиял мацӀазул процент кӀалъалезда рекъон

  Чачан (33.6%)
  Авар (18.9%)
  Курал (16.3%)
  Даргва (12.1%)
  Гъалгъай (8.0%)
  Тум (3.8%)
  Цогидал (7.3%)

Цо-цо хьондакавказияб мацӀалда кӀалъалезул рикӀкӀен буго нус-нус чи.[5] 1989 сонил цензалда рекъон, СССРалда чачан мацӀалда кӀалъалезул риккӀен букӀун буго 958 309 чи, гъалгъаялда — 237 438, аваралда — 604 200, даргвалда — 365 800, тумалда — 118 400, куралалда — 466 800, агъулалда — 19 900, рутулалда — 20 700, табасараналда — 98 400, хъалтагъалда — 20 100 чи. Цогидал хъондакавказиял мацӀазул босазул риккӀен буго щунусидаса чанго азар чиясде бахунеб.[6]. 2011 сонил баяназда рекъон, хьондакавказияб хъизамул мацӀазда кӀалъалезул риккӀен буго гӀ-ш. 4.3 миллион чи, Россиялда 2010 сонил цензалда рекъон вуго около 3.6 миллион чи.[7] Бищун тӀиритӀарал хьондакавказиял мацӀал руго авар (гӀ-ш 800,000–1,000,000 босор) ва чачан (гӀ-ш. 1.3 миллион босор).[8]

ГӀемерисел мацӀалги диалекталги руго тӀагӀиналъул хӀинкъаликь. Будух, бацби, хьондасел даргин мацӀал ва цогидал мацӀазул цо-цо диалектал руго критикияб ралълида: эзда кӀалъалел руго хералги чӀахӀиялги, гӀун бачӀунеб гӀел гуреб, гьелъ цинги гьел кватӀичӀого тӀагӀиналъул кӀудияб хӀинкъи буго.[9]

Социолингвистика[хисизабизе | код хисизабизе]

МацІалгІемерлъи[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъвай-хъвагІи[хисизабизе | код хисизабизе]

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Цогидал хъизаналгун ва мацІалгун бухьен[хисизабизе | код хисизабизе]

Лингвистикияб характеристика[хисизабизе | код хисизабизе]

Фонология ва фонетика[хисизабизе | код хисизабизе]

Морфология[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦІарал[хисизабизе | код хисизабизе]

Синтаксис[хисизабизе | код хисизабизе]

Лексика[хисизабизе | код хисизабизе]

Классификация[хисизабизе | код хисизабизе]

Гь. балагье[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Алексеев 1999, p. 156.
  2. Ganenkov & Maisak 2021, p. 88–89.
  3. van den Berg 2005, p. 149.
  4. Ganenkov & Maisak 2021, p. 89–90.
  5. Ganenkov & Maisak 2021, p. 87.
  6. van den Berg 2005, p. 150.
  7. БРЭ 2013.
  8. Comrie 2008, p. 132.
  9. Ganenkov & Maisak 2021, p. 90.
  10. Коряков, Юрий. Даргин языки ва их классификация // Дурхъаси хазна. Сборник статей к 60-летию Р. О. Муталова / ред. Т. А. Майсак, Н. Р. Сумбатова, Я. Г. Тестелец. — М.: Буки Веди, 2021. — С. 139—154. — ISBN 978-5-6045633-5-9.
  11. Муталов Р. О. Классификация даргинских языков ва диалектов // Социолингвистика. — 2021. — № 3 (7). — С. 22. — doi:10.37892/2713-2951-3-7-8-25.

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. REDIRECT Шаблон:Таржама гьабичIо 5, 2008. — P. 25—94. — ISBN 978 90 272 3100 0.

РегІелал[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:ВС Халип:Шималкавказалъул мацІал Халип:Нах-дагъистаниял мацІал Халип:Евразиялъул мацІазул хъизан