Перейти к содержанию

Балъхъадерил мацӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Балъхъадерил мацӀ
буйхалъи мицӀцӀи/bujxałi mic’c’i
Территория Кавказ
РегионБакътӀерхьул Дагъистан[1]
ЭтниклъиБалъхъал (2020)
КӀалъалел
5,073 (2020 census)[2]
Хьондакавказияб
МацӀалъул кодал
ISO 639-3bph
Glottologbotl1242
ELPBotlikh
Балъхъадерил мацӀалъул классификация гьабун буго тӀагӀиналъул хӀинкъи бугеб мацӀ гӀадин ЮНЕСКОялъул ХӀинкъаликь ругел дунялалъул мацӀазул атласалда рекъон (2010)


Балъхъадерил мацӀ (буйхалъи мицӀцӀи) — хьондакавказияб хъизамул авар–гӀандияб групалъул мацӀ, жибги Дагъистаналъул Болъихъ мухъалъул Болъихъ ва МигӀарсо росабалӀ тӀибитӀараб. 2010 соналъул тӀолго россиялъулаб халкъалъул къадар рикӀкӀинулӀел, балъхъадерил мацӀалда кӀалъалезул къадар ккана 206 чи[3].

Балъхъадерил мацӀалъул буго кӀиго гаргар, жидеда гьоркьоб фонетикияб ва морфологияб батӀалъи гӀемер гьечӀел. МацӀалъул гьечӀо хъвай-хъвагӀи.

  • Гудава Т. Е. Балъхъадерил мацӀ. Тп., 1962 (гуржиялда);
  • Гудава Т. Е.  Балъхъадерил мацӀ // СССР-алъул халкъазул мацӀ. Т.IV. Ибериялги кавказалъулал мацӀал. М., 1967;
  • Азаев Х. Г. Балъхъадерил мацӀалъул лексика ва рагӀи лӀугьин: Автореф. дис… филол. гӀелмабазул. канд. Туплис, 1975;
  • МухӀаммадбекилазул З. М. Балъхъадерил мацӀ // ЯМ:КЯ.