ГӀахьвалазул мацӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Akhvakh
Ашвaлъи мицIи
Территория Хьундасеб Кавказ, Азарбижан
РегионБакътӀерхьул Дагъистан, хьундасеб Азарбижан (ЦӀор)
ЭтниклъиГӀахьвалал
КӀалъалел
210 чи Дагъистаналда (2010 сон)[1]
МацӀалъул кодал
ISO 639-3akv
Glottologakhv1240  Akhvakhic
ELPAkhvakh

ГӀахьвалазул мацӀ — Нахгин дагъистанияб хъизамул авар гӀаркьалил мацӀ, уна гӀандиял мацӀазул къокъадулӀе.

Сверелал[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀахьвалазул мацӀ тӀибитӀул буго кӀиго ареал: хьундасеб — ГӀахьвахъ мухъалда (ЦӀунта-ГӀахьвахъ), бакъдасеб — Шамилил мухъалда (Ракьу-ГӀахьвахъ: Кьаниб, ЦӀекӀоб, Ракьуб). Гьеб географияб рикьуда рекъон руго гӀахьвалазул мацӀалъул сверелалги, жал кӀиго тӀагаруде цолхизарурал: хьундасеб (цӀунтӀа-гӀахьвалазул ва ракьусезул сверелал) вп бакъдасел (кьанисезул ва цӀекӀосезул сверелал); цӀуна-гӀахьвалазул диалект буго ЦӀоралдаги. Гьел свералабазда гьоркьоб буго цӀикӀкӀараб батӀалъи, цоялда кӀалъалезда цогидазул бичӀчӀулареб, гьелда хурхун цоцада кӀалъазе хӀалтӀизабула авар мацӀ.[2][3] ГӀахьвалазул мацӀ, цогидал гӀандиял мацӀалго гӀадин, буго авар мацӀалъул цӀикӀкӀараб асаралъукь, тӀоцебесеб иргида лексикадул рахъалъ.

Фонология[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагьукъал[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀахьвалазул мацӀалъул рагьукъал фонемаби[4]
Лабиал Дентал Алвеолар Палатал Велар Увулар Фарингеал Глоттал
Централияб латерал
lenis sib. фортис ленис фортис ленис фортис ленис фортис ленис фортис
Насал m n
Плосив/
Аффрикат
зирараб b d d͡ʒ ɡ (ɢ͡ʁ)
гъугъаб p t t͡s t͡sː t͡ʃ t͡ʃː t͡ɬ t͡ɬː k q͡χ q͡χː ʔ
эджектив t͡sʼ t͡sːʼ t͡ʃʼ t͡ʃːʼ t͡ɬʼ t͡ɬːʼ kːʼ q͡χʼ q͡χːʼ
Фрикатив гъугъаб s ʃ ʃː ɬ ɬː ç x ħ/ʜ [1] h
зирараб v z ʒ ɣ ʕ/ʢ [1]
Вибрант r
Аппроксимант l j

Аваралдаго гӀадин, буго батӀалъул кӀиго анализ таблода бихьизабураб ⟨ː⟩ гӀужрал. Халалъи ккола батӀалъул бутӀа, элдаго цадахъ артикулациялъулаб кӀвел, гьединлъидал гьеб анализе бегьула фортисги ленисги гӀадин.[5] Фортисиял аффрикатал халаталлъун ккола контуралъул фрикативияб бутӀалда, [tsː] (tss), итал яги япон гӀадинал мацӀазул геминатал аффрикативазул стоп бутӀалда гуреб, [tːs] (tts). Ливерица (1994) анилиз гьабулеб буго t͡ɬːгьаркьил кӀи-сегментаб аффрикат–фрикативияб ирга /t͡ɬɬ/ (/t𐞛ɬ/ = /tɬɬ/) гӀадин.[6]

Рагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀахьвалазул мацӀалъкл буго стандартаб щуго рагьаралъулаб система /i e a o u/ халалъул рахъалъ батӀалъигун.[5]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Akhvakh: Ethnologue (25леб ред., 2022) Closed access icon
  2. Коряков 2006, p. 29.
  3. Алексеев 2002, p. 38.
  4. Consonant Systems of the North-East Caucasian Languages on TITUS DIDACTICA
  5. 5,0 5,1 Magomedbekova (1967)
  6. Laver 1994, p. 371.