Гъугъаб увуларияб аффрикат
| Гъугъаб увуларияб аффрикат | |
|---|---|
| qχ | |
| Аудио | |
| Кодификация | |
| X-SAMPA | q_X |
| Интенсивияб гъугъаб увуларияб аффрикат | |
|---|---|
| qχː | |
| Аудио | |
Гъугъаб увуларияб аффрикат — рагьукъаб гьаракь, жиб цо-цо кӀалъалеб мацӀалда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабизе хъвалеб симбол буго ⟨q͡χ⟩ ва ⟨q͜χ⟩, бащадабго X-SAMPA симбол буго q_X. ХӀучч гьечӀого букӀинеги бегьула, ⟨qχ⟩ ИФА-лда ваqX X-SAMPA-лда.
Стандартаб аваралда кибго данчӀвала цохӀо интенсивияб гъугъаб увуларияб аффрикат, ИФАлда эб бихьизабула ⟨q͡χː⟩ гӀадин.
Буго гьединго гъугъаб пре-увуларияб аффрикат[1] цо-цо мацӀазда, эб гьаракь бахъула дагьабго цебегӀан прототипаб гъугъаб увулариябаффрикат бахъулелъуса, прорототипаб гъугъаб веларияб аффрикат бахъулеб гӀадин цебегӀан гуреб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьечӀо батӀаяб симбол гьеб гьаркьие, бихьизабизени бегьула ⟨q̟͡χ̟⟩ яги ⟨q͡χ˖⟩ (кӀиябго симболалъ бихьизабула цебесеб ⟨q͡χ⟩) яги ⟨k̠͡x̠⟩ (гьунтӀараб ⟨k͡x⟩). Эквивалентиял X-SAMPA симболал руго q_+_X_+ and k_-_x_-.
Ружби
[хисизабизе | код хисизабизе]Гъугъаб увуларияб аффрикаталъул ружби:
- Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
- Элъул абул бакӀ буго увуларияб: бахъула мацӀалзул нахъисеб рахъ (дорсум) увулалда хъван.
- Элъул фонация буго гъугъаб: эб бахъула гьаркьил рухьадазул сороди гьечӀого. Цо-цо мацӀазда гьаркьил рухьадал активго рикь-рикьун рукӀуна, гьединлъидал гьаракь кидаго букӀуна гъугъаб separated; цогидазда рухьадал руго тамахал, гьез тӀаде босизе бегьула аскӀор ругезул гьаракьлъи.
- Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
- Эб буго централаб рагьукъаб: бахъулаго хӀухьалил чвахъи уна битӀун мацӀазул централтӀасан, хьолбохъан гуреб.
- ХӀухьел чвахул механизм буго пулмонияб: эб бахъула цохӀо интеркосталалги (хьалагӀучӀазда гьоркьосел) абдоминалалги (чохьол) ччорбаздалъун хӀухьел къватӀибе цун, цӀиккӀанисел гьаркьалго гӀадин.
Вариацияби
[хисизабизе | код хисизабизе]| IPA | Description |
|---|---|
| qχ | жибго qχ |
| qχː | интенсивияб |
| qχːʷ | лабиаллъараб |
ХӀалтӀизаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Увуларияб
[хисизабизе | код хисизабизе]| МацӀ | РагӀи | ИФА | МагӀна | Баянал | |
|---|---|---|---|---|---|
| Авар | Стандарт | хъарахъ | [q͡χːʰaˈraq͡χːʰ] | 'хъарахъ' | Стандартаб аваралда кидаго интенсивияб гьаракь, ралагье: Авар фонология |
| Алеманн | ЦӀикӀкӀанисел тӀасалеманн диалектал | Gschänk | [ˈkʃæɴq͡χ] | 'кьел' | Веларияб [k͡x] цогидал диалектазда. |
| Адигъ | Натухай | кхъэ | [q͡χa] | 'хоб' | Диалектияб. Дандеккола [qʰ] гьаркьиле цогидал диалектазда. |
| Инглис | Скаус[2] | clock | [kl̥ɒq͡χ] | 'сагӀат' | Батизе бегьула /k/ гьаркьил рагӀул финалияб реализация букӀин.[2] |
| Кабардин | кхъэ | [q͡χa] | 'хоб' | ||
| Парс | Цо-цо диалектазда | ﻗﻔل | [q͡χofl] | 'рахай' | РагӀул инициалаб /q/ гьаркьил фортиция. |
Пре-увуларияб
[хисизабизе | код хисизабизе]| МацӀ | РагӀи | ИФА | МагӀна | Баянал | |
|---|---|---|---|---|---|
| Узбек[3] | quruq | [q̟uɾ̪uq̟͡χ̟] | 'бакъвараб' | /q/ гьаркьил аллофон рагӀул финалалдаги рагьукъазда цебесеб позициялдаги.[3] | |
Баянал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ "Пре-увуларияб" рагӀул бакӀалда абун букӀине бегьула "цебесеб увуларияб", "пост-веларияб", "гьунтӀараб веларияб" яги "нахъисеб веларияб". Бигьалъиялъе гьаниб хӀалтӀизабун буго термин "пре-увуларияб".
- 1 2 Wells (1982), гьл. 372–373.
- 1 2 Sjoberg (1963), гь. 11.
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- Sjoberg, Andrée F. (1963). Uzbek Structural Grammar. Uralic and Altaic Series. Том 18. Bloomington: Indiana University. LCCN 63-62530. OCLC 4241028.
- Wells, John C. (1982). Accents of English. Том 2: The British Isles. Cambridge: Cambridge University Press. doi:10.1017/CBO9780511611759. ISBN 0-521-24224-X. OCLC 419896703.
КъватӀисел регӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Гьумерs къокъаб хъвайгун
- Short description is different from Wikidata
- ГӀадатаб ИФАгун гьумерал
- Аффрикатал
- Макъалаби explicitly cited авар-мацӀаб текстгун
- Макъалаби алеманнияб герман-мацӀаб текстгун
- Макъалаби адигъ-мацӀаб текстгун
- Макъалаби Kabardian-мацӀаб текстгун
- Макъалаби парс-мацӀаб текстгун
- Макъалаби узбек-мацӀаб текстгун
- CS1: long volume value
- Увулариял рагьукъал
- Гъугъал кӀалзулал рагьукъал
- Централал рагьукъал
- Пулмониял рагьукъал