Перейти к содержанию

Веларияб эйективияб аффрикат

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Веларияб эйективияб аффрикат
kxʼ
Аудио

Веларияб эйективияб аффрикат буго рагьукъаб гьаракь, цо-цо кӀалъал мацӀазда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда эб гьаракь бихьизабизе хӀалтӀизабула kxʼ. [kxʼ] буго гӀаммаб реализация веларияб эйективалъул, жиб цӀиккӀаниселъ /kʼ/ гӀадин хъвалеб, ва мацӀазе къанагӀатаб жо буго /kʼ/ ва /kxʼ/ батӀабахъи, цо-цо мацӀаздани, Нгуни мацӀал гӀадал, эл гьаркьал ратӀарахъула,[1] гьединго Хьондакавказияб хъизамалъул авар–гӀандияб кӀкӀаралазул мацӀалдаги.

Веларияб эйективияб аффрикаталъул ружби:

  • Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
  • Элъул абул бакӀ буго веларияб, эб бахъула мацӀалзул мугъаб рахъ (дорсум) тамахаб хвенхида цун.
  • Элъул фонация буго гъугъаб: эб бахъула гьаркьил рухьадазул сороди гьечӀого.
  • Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
  • Эб буго централаб рагьукъаб: бахъулаго хӀухьалил чвахъи уна битӀун мацӀазул централтӀасан, хьолбохъан гуреб.
  • ХӀухьел чвахул механизм буго эйективияб (глотталаб эгрессив): хӀухьел къватӀибе цула гьаркьил кьватӀел (глоттис) эххеде хӀалуцинабун.
МацӀРагӀиИФАМагӀна
Гьадзаdlaggwa[cʎ̝̥ʼakxʷ’a]'кини'
Гьайдаttsanskkaagid[tsʼanskxʼaːkit]'чӀалаби'
Косаkrola[kxʼola]'жанихъвазе '

Ралагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. The ejective articulation of the Nguni consonants is however quite light.

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • [kxʼ] гьаракь бугел мацӀал PHOIBLE сайталда