Перейти к содержанию

Зирараб алвеоларияб латералаб аффрикат

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Зирараб алвеоларияб латералаб аффрикат
λ
ИФА номер104 (149)
Аудио
Кодификация
Рижа (decimal)d​͡​ɮ
Юникод (hex)U+0064 U+0361 U+026E

Зирараб алвеоларияб латералаб аффрикатрагьукъаб гьаракь, жиб цо-цо кӀалъалеб мацӀалда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабизе хъвалеб симбол буго ⟨d͡ɮ⟩ (яги ⟨⟩), Американистияб фонетикияб нотациялда хӀалтӀизабула ⟨λ⟩.

Зирараб алвеоларияб латералаб аффрикат:

  • Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
  • Элъул абул куц буго алвеоларияб: эб гьаракь бахъулаго мацӀалзул тӀогь яги ракьан алвеоларияб агӀида хъван, гьелда рекъон апикалаб–илан ва ламиналаб–илан абула.
  • Элъул фонация буго зирараб, эб бахъулаго гьаркьил рухьадал сородула.
  • Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
  • Эб буго латералаб рагьукъаб:эб бахъула хӀухьалил чвахи мацӀалзул хьолбохъан битӀиялдалъун, бакьулӀан гъоркье гуреб.
  • ХӀухьел чвахул механизм буго пулмонияб: эб бахъула цохӀо интеркосталалги (хьалагӀучӀазда гьоркьосел) абдоминалалги (чохьол) ччорбаздалъун хӀухьел къватӀибе цун, цӀиккӀанисел гьаркьалго гӀадин.

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]