Гъоркьияб рагьараб
ИФА: Рагьарал | ||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
| ||||||||||||||||||||||||||||||||
Легенда: гургинлъичӀел • гургинлъарал |
Гъоркьияб борхиялъул рагьарал ккола кІалъалел мацІазда хІалтІизарулел рагьарал гьаркьал. Гьеб класс баян гьабулеб тӀабгӀ ккола мацІ кІванагІан хвенехалдаса рикІкІад букІин, амма каламалъул нух чІчІедерлъизабичІого.
Бокьараб конкретияб мацІалъул фонологиялъул контексталда, гъоркьияб борхиялъул рагьараллъун ккола бокьарал, гьоркьохъеб борхиялъулаздаса гъоркьегІан ругел, ай, гъоркьияб-гьоркьохъеб борхиялъулги, гъоркьияб борхиялъул хІалуцинчІелги рагьарал рикІкІун рукІине бегьула гъоркьияб борхиялъул рагьаралъун.
ТІубачІеб сияхІ
[хисизабизе | код хисизабизе]Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялда жидее хасал ишараби ругел гъоркьиял борхиялъул рагьарал руго хадусел:
- гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъичІеб рагьараб [a]
- гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [ɶ][1]
- гъоркьияб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъичІеб рагьараб [ɑ]
- гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [ɒ]
Руго гьединго ХФА-ялда жидее хасал ишараби гьечІел гъоркьияб борхиялъул рагьаралги:
- гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичІеб рагьараб [ä] яги [ɐ̞] (гІесерисеб хъван букІуна [a], цебесеб кьералъул букІараб гІадин)
- гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [ɒ̈]
ГьечІо цоккураб къагІида гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул рагьарал транскриплъизариялъул (амма ᴀ басралъараб/стандартияб-гуреб ХФА-ялда). Диарезисалъ бихьизабула "централизация", гьединлъида ⟨ä⟩ хІарпалдалъун бихьизабун букІине бегьула цебе гІагараб ва ⟨ɒ̈⟩ хІарпалдалъун нахъе гІагараб рагьарал. Амма практикаялда гІемериселъ диарезисалдалъун бихьизабула гьоркьохъеб рагьараб, ⟨a̠⟩ ва ⟨ɒ̟⟩ хІарпаз абуни рекъон лъун цебесеб ва нахъисеб кьералъул артикулция.
ЦІакъго къанагІатаб контраст цебесеб, гьоркьохъеб ва нахъисеб кьералъул лабиаллъичІел рагьаразда гьоркьоб, ругел баяназда рекъон, дандчІвалеб буго лимбург мацІалъул Гьамонт-Ахел сверелалда, жиндица цебесел ва нахъисел рагьаразул къокъал ва халатал версиял гъорлъе рачунеб. Къокъал рагьарал жалго контрастлъуларо гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул рагьарабгун, жиб кидаго халатаблъун букІунеб[2].
Балагье гьединго
[хисизабизе | код хисизабизе]ХІужжаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Гьаб рагьарараб /œ/ фонемаялдаса батІияб хІисабалда, лъалеб жо, дандчІваларо кинаб букІаниги мацІалда.
- ^ Verhoeven (2007), гь. 221.
Библиография
[хисизабизе | код хисизабизе]- Verhoeven, Jo (2007), "The Belgian Limburg dialect of Hamont", Journal of the International Phonetic Association, 37 (2): 219–225, doi:10.1017/S0025100307002940