Перейти к содержанию

ТӀасияб рагьараб

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ТІасияб борхиялъул рагьарал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

ТӀасияб борхиялъул рагьарал ккола кӀалъалел мацӀазда хӀалтӀизарулел рагьарал гьаркьал. Гьеб класс баян гьабулеб тӀабгӀ ккола мацӀ кӀванагӀан хвенехалде гӀагарлъи, амма каламалъул нух чӀчӀедерлъизабичӀого.

Бокьараб конкретияб мацӀалъул фонологиялъул контексталда, тӀасияб борхиялъул рагьараллъун ккола бокьарал, гьоркьохъеб борхиялъулаздаса тӀадегӀан ругел, ай, тӀасияб-гьоркьохъеб борхиялъулги, тӀасияб борхиялъул хӀалуцинчӀелги рагьарал рикӀкӀун рукӀине бегьула тӀасияб борхиялъул рагьаралъун.

ТӀубачӀеб сияхӀ

[хисизабизе | код хисизабизе]

Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялда жидее хасал ишараби ругел тӀасияб борхиялъул рагьарал руго хадусел анлӀгоял:

Лабиаллъарал рагьаразе, лабиаллъи цутӀи яги данде къай кеялда бан, ХФА-ялъул гӀечӀо цоккурал ишараби. Ва амма дунялалъул мацӀазул транскрипциялда бугеб тенденция ккола тӀадегӀан бугеб халип хӀалтӀизаби.

Руго гьединго ХФА-ялда жидее хасал ишараби гьечӀел тӀасияб борхиялъул рагьарал.

Цогидал тӀасияб борхиялъул рагьаразе бегьула транскрипция гьабизе релятивияб артикуляциялъул жал аскӀор ругел рагьаразеги хӀалтӀизарулел диакритиказул кумекалдалъун, мисалалъе ⟨⟩ яги ⟨ɪ̝⟩ гӀадал цере гӀагаразде гӀагарал гургинлъарал рагьаразе.

Ралагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]