Перейти к содержанию

Алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикат

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикат
tɬʼ
ИФА номер103 (148) 401
Гьедингоƛ’, ƛ̣
Аудио
Кодификация
Рижа (децимал)t͡ɬʼ
Юникод (hex)U+0074U+0361U+026CU+02BC
Интенсивияб алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикат
tɬːʼ
Гьедингоƛ̣:
Аудио

Алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикатрагьукъаб гьаракь, жиб цо-цо кӀалъалеб мацӀалда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабизе хъвалеб симбол буго t͡ɬʼ (яги tɬʼ), Американистияб фонетикияб нотациялда хӀалтӀизабула ƛʼ.

Алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикаталъул ружби:

  • Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
  • Элъул абул куц буго алвеоларияб: эб гьаракь бахъулаго мацӀалзул тӀогь яги ракьан алвеоларияб агӀида хъван, гьелда рекъон апикалаб–илан ва ламиналаб–илан абула.
  • Элъул фонация буго гъугъаб: эб бахъула гьаркьил рухьадазул сороди гьечӀого.
  • Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
  • Эб буго латералаб рагьукъаб:эб бахъула хӀухьалил чвахи мацӀалзул хьолбохъан битӀиялдалъун, бакьулӀан гъоркье гуреб.
  • ХӀухьел чвахул механизм буго эйективияб (глотталаб эгрессив): хӀухьел къватӀибе цула гьаркьил кьватӀел (глоттис) эххеде хӀалуцинабун.
МацӀРагӀиИФАМагӀнаБаян
АваркьӀад[t͡ɬʼäd]'тӀад'Фонема данчӀвала диалектазулӀ, ралагье Авар свералаби.
Гьайдаsttluujagadang[st͡ɬʼuːt͡ʃakataŋ]Sphyrapicus тайпадул хӀинчь
Ираку[1]hatlʼáʼ[hat͡ɬʼáʔ]'цогидаб'
КабардиБесленлӏы[t͡ɬʼə] 'чи'Дандеккола цогидал диалектазда бугеб [ɬʼ] гьаркьие.
Клалламƛ̕əm̕éʔqʷnəxʷ[t͡ɬʼ(ə)ˈmˀeʔqʷn(ə)xʷ]'лъачӀого бетӀер кьабизе'
Лиллуэтst'át'imcets[ˈst͡ɬʼæt͡ɬʼjəmxət͡ʃ]'лиллуэт мацӀ'
Навагьоtłʼóoʼdi[t͡ɬʼóːʔtɪ̀] 'къватӀиб'
Сагьаптинƛ’ɨƛ’k[mɨˈt͡ɬʼɨt͡ɬʼk]'хӀарщ'
Шишалъ ch'álhch'ílh [tʃʼat͡ɬ.tʃʼet͡ɬ] 'Erithacus rubecula хӀинчь'
Лъинкитtlʼeex[t͡ɬʼix] 'кьищни'
Лушуцидsq̓aƛ̕[sqʼɑt͡ɬʼ]'пурх'
ЦӀунтасезулкьиш[t͡ɬʼɪʃ] 'рекел'

Прото-семитияб *ṣ́ рикӀкӀуна алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикат букӀун бугилан.

Авар стандарталда гьоркьосахъи гьечӀого данчӀвала алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикаталъул интенсивияб форма.

МацӀРагӀиИФА
Аваркьалаб[t͡ɬʼalab]
  1. Mous, Maarten. 1993. A grammar of Iraqw. Hamburg: Buske.

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • [tɬʼ] гьаракь бугел мацӀал PHOIBLE сайталда