Перейти к содержанию

Рагьараб

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Рагьараб гьаракь ккола каламалъул гьаркьлъун, жал абулаго каламалъулаб нухалда кинаб букӀаниги квал-квал лӀугьунарел.[1] Рагьарал ккола каламалъул гьаркьазул кӀиго аслияб тайпаялдаса цояб, цогидалб тайпа ккола рагьукъал. Рагьарал ратӀа гьарула сипаталда, гьаракьил кӀодолъиялда ва гьединго халалъиялда рекъон. Гьел гӀемерисел зирараллъун лӀугьуна ва гъункун хурхарал рукӀуна просодиялъул тон, интонация ва тӀадецуй гӀадал вариациязда.

Рагьарал гьаркьазул артикуляция акустикияб хӀалалъ бихьизабула кинабниги спектралда зама-заманалъулал хьвагӀиял гӀадин, гьелъ рагьарал гьаркьал ккола ккола музыкалиял гьаркьаллъунги.[2][3] Рагьаразул артикуляциялъул батӀалъиялде щола резонаторалъул форма хисиялдалъун: гьеб лӀугьинабизе бегьула мацӀалъул лагадул яги кьибилалъул бугеб бакӀ хисиялдалъун, ва гьединго кӀутӀбузул. Гьеб гуребги, рагьразул букӀине бегьула тӀадеги артикуляцияби (мисалалъе, магӀарзухъан) ва фонациял.

Рагьаралилан гьединго цо-цо мехалда абула гьел гьаркьал рихӀизарулел хӀарпаздеги, мекъе ккечӀого рукӀине хӀалтӀизарула терминал «рагьарал хӀарпал», «рагьарал гьаркьал».

Буго кӀиго комплементарияб рагьаразе баян кьей, цояб фонетикияб, цогидаб фонологияб.

  • Фонетикияб баяналда рекъон, рагьарал руго каламалъулаб нухги рагьун лӀугьунел гьаркьал, авар a яги u, Ингилис "ah" /ɑː/ or "oh" /oʊ/ гӀадал; гьел гьаркьал руго медиалиял (гьава бачӀуна мацӀалъул бакьулӀ бакӀккун), кӀалзул (гьаваялъул чвахиялъул бащщадабгӀаги бачӀине ккола кӀалдисан), лӀуричӀел ва континуантал.[4] ГьечӀо кинаб букӀаниги кӀудияб гьаваялъул тӀадецуй мукъулукъалда тӀадехун бугеб бокьараб бакӀалда. Гьел данде лъола рагьукъазде, жал абулаго кинаб букӀаниги лахӀзаталда каламалъулаб нухалда чӀедерлъи яги даднекъай лӀугьунел, мисалалъе Авар "ш", Ингилис "sh" [ʃ].
  • Фонологияб бяналда рекъон, рагьаразе баян кьола силлабияб къагӀидаялъ: жидеца рагӀул къотӀелалъул тӀогь лӀугьинабулел гьаркьал абун.[5] Фонетикияб рахъалъ рагьаразда релълъарал, амма силлабиял гурел (рагӀул къотӀел гӀуцӀуларел) гьаркьал ккола бащдарагьарал. КӀалзул калмалда фонетикиял рагьараз аслияб хӀалалъ гӀуцӀула гӀемерисел яги киналго рагӀул къотӀалабазул тӀогь (гӀищ), рагьукъаз абуни гӀуцӀула байбихьи ва (гьел ругел мацӀ бугони) ахир. Цо-цо мацӀазда рес буго цогидал гьаркьазги рагӀул къотӀелалъул гӀищ гӀуцӀизе, мисалалъе, силлабияб (вокалияб) l Инглис table [ˈtʰeɪ.bl̩] ‘таблица’ абураб рагӀулӀ (загӀипаб рагьараб гьаракь гьечӀин рикӀкӀунеб мехалъ: [ˈtʰeɪ.bəl]) яги силлабияб r Сербгун Хорват vrt [ʋr̩̂t] ‘ах’ абураб рагӀулӀ.

Рагьараб гьаракьалъе фонетикияб баян кьей (ай калмалхулаб нух бацичӀого/чӀедерлъичӀого лӀугьунеб гьаракь) кидаго гуро данде кколеб фонологияб бян кьеялда (ай жинца рагӀул къотӀелалъул тӀогь гӀуцӀулеб гьаракь).[6] Гьеб бихьизабула [j] ва [w] аппроксимантаз: кӀиялъулго гьечӀо кӀудиябго чӀедерлъи каламалъулаб нухалда (фонетикияб рахъалъ гьел ккола рагьарал ругилан), амма гьел дандчӀвала рагӀул къотӀалабазул авалалда ("йиго" ва "вуго" рагӀабазулӀ), гьениса загьирлъула фонологияб рахъалъ гьел рагьукъал рукӀин.

Гьединабго бахӀс буго ингилис bird ‘хӀинчӀ’ гӀадинаб рагӀулӀ бугеб ротикияб гьаракь r-кьераб рагьараб /ɝ/ яги силлабияб рагьукъаб /ɹ̩/ букӀинлд тӀасан. мерикаялъул лингвист Кенет Пайкица (1943) бахъана "вокоид" (vocoid) абураб термин фонетикиял рагьарал гьаркьазе, жибго рагаьараб абураб термин — фонологиял рагьаразе,[7] гьединлъидал, гьеб терминалогия хӀалтӀизбулаго, [j] ва [w] гьаркьазе кклассификация гьабула рагьарал гурел, вокоидал гӀадин. Амма лингистал Мэдсонгун Эмирица (Maddieson and Emmory, 1985) демонстрация гьабуна чанго мацӀаздаса бащдарагьарал рагьаразде данде ккун каламалъулаб нух дагьабги чӀедерлъун абулел рукӀин, ва гьеб хӀужжаги далиллъун босун, гьел рагьукъаллъун рикӀкӀине бегьи.[8] БукӀаниги, table рагӀулӀ бугеб силлабияб /l/ гьаракьалъе, яги button ‘кнопка’ ва rhythm ‘ритм’ рагӀабазулӀ ругел /n/ ва /m/ силлабиял гьаркьазе фонетикияб ва фонологияб баян кьеялда букӀине бегьула дандеккунгутӀи.

Даниел Джонсил [i, u, a, ɑ] гьаркьазул рентген.
Джонсил рагьаразул артикуляциялъул оригиналияб ункъбокӀон. Гьанжесеб ХФА-ялъул рагьаразул трапеция, гьаб макъалаялъул байбихьудаги бихьизабун буго гьаб диаграммаялъул бигьалъизбураб вариант.ТӀанкӀал руго кардиналиял рагьаразул. (Параллелияб диаграммаялъ ккола цересел ва централиял лабиалия ва нахъисел лабиаликъал). КъотӀелабаз бихьизбулеб буго артикуляциялъул диапазонал, жидее транскрипция гьабизе бегьулел хадусел кардиналиял рагьараздалъун [i, e, ɛ, a, ɑ, ɔ, o, u, ɨ] ва кардиналияб гуреб [ə] гьаракьалдалъун. МцӀалда гьел гьаркьаздаса дагьал кардиналиял гьаркьазе гурони батӀалъи гьабулеб гьечӀони, [e, ɛ] цолъизаризе бегьула ⟨e⟩ гьаракьалде, [o, ɔ] — ⟨o⟩ гьаракьалде, [a, ɑ] — ⟨a⟩ гьаракьалде ва г. ц. МацӀалда цӀикӀкӀун батӀлъи гьабулеб батани, ⟨ɪ⟩ тӀадежубазе бегьула [i, e, ɨ, ə] гьаркьазул диапазонан жубалеб бакӀалде, [u, o, ɨ, ə] журале бакӀалде — ⟨ʊ⟩ ва ⟨ɐ⟩ [ɛ, ɔ, a, ɑ, ə] журалел бакӀалде.

Рагьарал абиялде бугеб билӀараб бербалагьи, жибги, мисалалъе, Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялъул терминалогиялда бихьизабураб, ккола жидеца цогидал рагьарал гьаркьаздаса цогидаб рагьаралъул сипат баян гьабулел артикуляциялъулал гӀаламатаздаса цояб. Даниел Джонсица бахъана кардиналиял рагьаразул система, жиб мацӀалъул борхиялда (вертикалияб роцен), мацӀалъул гьодалъулги (горизонталияб роцен) ва гургинлъиялъул (кӀутӀбузул артикуляция) хаслъалабазда рекъон рагьараб гьаракьалъе сипат-сурат гьабизе хӀалтӀизабулеб. Гьеб лъабабго параметр бихьизабун буго кваранидехун бугеб ХФА-ялъул рагьаразул ункъбокӀонаб диаграммаялда. Рагьаразул сипатазул руго жеги тамахб хвенхил позиция (назализация), гьаракьалъулаб сукӀелалъул гьар-гьадиялъул тайпаби (фонация) ва мацӀалъул кьибилалъул позиция гӀадал тӀадеги характеристикаби.

Рагьаразул артикуляциялъул гьеб концепция лъалеб букӀана битӀараб гуреб хӀисабалда 1928 соналдаса. Питер Лейдфогдица абун букӀана "цересел фонетикчагӀазул... пикру букӀана жидеца мацӀалъул бищун борхатаб бакӀалъе сипат сурать гьабулеб бугилан, амма гьеб гьедин букӀинчӀо. Гьез сипат-сурат гьабулеб букӀана формантиял ризлъалабазеян".[9] (Балагье гъоркьегӀан). ХФА-ялъул баянтӀахьалъ рикӀкӀунеб буго "рагьаразул ункъбокӀоналъул халгьабизе кколин мацӀлъул позицияб бихьизабулеб гуреб, гӀицӀго абстракция хӀисабалда" абун.[10]

БукӀаниги, рагьаразул сипаталъе баян аслияб къагӀидялъ мацӀалъ кколеб бакӀалъги кӀутӀби гургинлъиялъги кьолин абураб концепция хӀалтӀизабулеб буго педагогикаялда, щай абуни гьелъ рес кьолеб буго рагьаразда гьоркьоб батӀалъи гьабиялъе интуитивияб баян.

Теориялд, рагьаразул борхи (яги борхалъи) ккола яги мацӀалъул тӀалъиялде яги чанагъалъул апертураялде данде ккун мацӀалъ яги чанагъалъ(бараб букӀун) кколеб вертикалияб позициялъе. Практикаялда абуни гьеб ккола тӀоцебесеб форманталъе (гьаракьалъул лӀухъаб резонанс), къкокъго F1, жибги мацӀалъул борхиялда хурхараб. ТӀасияб борхиялъул рагьарал гьаркьазда, мисалалъе [i] ва [u] гӀадал, тӀоцебесеб формант дандеккола хвенехалда гӀагарлъухъ, калдиб борхиялд мацӀалъул букӀунеб позициялъе, гъоркьияб борхиялъул рагьаразда, мисалалъе [a] гӀадал, F1 дандеккола чанагъ рагьун букӀинлъе ва ва кӀалдиб мацӀалъул лӀухъаб позициялда букӀиналъе. Борхиялъе баян гьабула F1-ялдаса гӀаксаб магӀнаялъ: тӀоцебесеб форманталъул борхи цӀикӀкӀун бугогӀан лӀухъаб (тӀасияб борхиялъул) букӀуна рагьараб гьаракь.[a]

Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялда баян гьабун буго рагьаразул борхиялъул анкьго даража, амма, цониги мацӀазда гьел ратӀа гьаруларо, цадахъ цогидаб сипат батӀа гьабичӀого:

  • тӀасияб
  • тӀасияб хӀалуцинчӀеб
  • тӀасияб-гьоркьохъеб
  • гьоркьохъеб
  • гъоркьияб-гьоркьохъеб
  • гъоркьияб хӀалуцинчӀеб
  • гъоркьияб

ГӀемерисеб, [e, ø, ɵ, ɤ, o] хӀарпал хӀалтӀизарула тӀасиял-гьоркьохъел яги хӀакъикъиял гьоркьохъел рагьарал гьаркьазе. Амма, дагьабги дуруслъи хӀажалъани, хӀакъикъияб гьоркьохъеб борхиялъул рагьарал рихьизаризе гьел хӀарпал хӀалтӀизаризе бегьула гъоркь хӀаракабиги лъун: [e̞, ø̞, ɵ̞, ɤ̞, o̞].

ЖакъалъагӀан гӀелмияб цӀех-рех гьабуралщинал кӀалъаялъул мацӀаз хӀалтӀизабула борхи контрастивияб сипат хӀисабалда рекъон рагьаразул борхиялъул параметр буго аслияб мацӀаздагьоркьосеб рагьаразул сипатлъун. Кьер яги лабиаллъи гӀадаб цониги батӀияб параметр хӀалтӀизабуларо киналниги мацӀазда. Цо-цо мацӀазул буго рагьаразул вертикалияб система, жинда жаниб, фонемаялъулаб мартабаталдагӀаги, рагьарал цоцадаса ратӀа гьаризе гӀицӀго борхалъи хӀалтӀизабулел.

Кардиналиял цересел рагьаразул мацӀалъул идеаллияб позиция, цӀикӀкӀараб борхиялъул бакӀал рихьизарун руго тӀанкӀаздалъун.

Рагьаразул кьер-илан бизе бугьул рагьараб гьаракьалъул артикуляциялъул заманалда кӀалалъул нахъисеб рахъалде данде ккун мацӀалъул букӀунеб бакӀалда. Амма борхиялъе гӀадинго гьелъие баян кьезе бегьула гьаракьалъул форманталдалъун, гьаб нухалда кӀиабилеб, F2, мацӀалъул позициялдалъун гуреб. Цересел рагьаразда, мисалалъе, [i] гӀадал, F2 такрарлъи буго цогидазде дандеккун борхатаб, гьеб дандеккола кӀалалъул цебесеб рахъалда мацӀалъул позициялъе, амма нахъисеб кьералъул рагьаразе, [u] гӀадал, F2 буго лӀухъаб, жиб мацӀалъ кӀалалъул нахъисеб рхъалда кколеб бакӀгун рекъолеб.

Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялъ баян гьабун буго рагьаразул кьералъул щуго даража:

  • цебесеб
  • цебес гӀагараб
  • бакьулӀ (централияб)
  • нахъе гӀагараб
  • нахъисеб

Гьезде тӀаде жубазе бегьула цересел-централиял ва нахъисел централиял, жал ХФА-ялъул чанго диаграммаялда цересел ва нахъисел рагьаразул бакӀаздас бакьулъиялъул рагьарал ьарулел вертикалиял мухъазе данде кколел. Амма букӀаниги, цересел-централиял ва нахъисел централиял гьединги хӀалтӀизаризе бегьула цебе гӀагараб ва нахъе гӀагараб терминазул синонимал хӀисабалда. Цониги мацӀалда, лъалеб жо, кьералъул лъабго даражаялдаса цӀикӀкӀун данде лъоларо, ва гьечӀо цониги мацӀ, жидеца цере цере гӀагарал яги нахъа нахъе гӀагарал данде лъолел.

Цо-цо ингилис диалектазда кьералъул щуго даража бугел рагьарал рукӀаниги, цониги мацӀ лъаларо, цадахъ борхи яги лабиаллъи гьечӀого жинца кьералъул щуго даражаялъе батӀалъи гьабулеб.

Цересел, рорхизарурал, нахъе цӀарал

[хисизабизе | код хисизабизе]

МацӀалъул кьибилалъул позиция

[хисизабизе | код хисизабизе]

Фарингализация

[хисизабизе | код хисизабизе]

Ротикиял рагьарал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагьаразул редуция

[хисизабизе | код хисизабизе]

Просодия ва интонация

[хисизабизе | код хисизабизе]

Монофтонг, дифтонг, трифтонг

[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагьарал хъвай

[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагьарал гьечӀел рагӀаби

[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀицӀго рагьараздаса гӀуцӀарал рагӀаби

[хисизабизе | код хисизабизе]

Балагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ↑ According to Peter Ladefoged, traditional articulatory descriptions such as height and backness "are not entirely satisfactory", and when phoneticians describe a vowel as high or low, they are in fact describing an acoustic quality rather than the actual position of the tongue.[11]
  1. ↑ Ladefoged & Maddieson 1996, гь. 281.
  2. ↑ глава 50, § 3 // Фейнмановские лекции по физике. — М.: Мир, 1967. — Т. 4.
  3. ↑ глава II, § 24-25 // Элементарный учебник физики / под ред. академика Г. С. Ландсберга. — 8-е изд. — М.: Наука, 1972. — Т. 3.
  4. ↑ Cruttenden, Alan (2014). Gimson's Pronunciation of English (Eighth ред.). Routledge. гь. 27. ISBN 9781444183092.
  5. ↑ Cruttenden, Alan (2014). Gimson's Pronunciation of English (Eighth ред.). Routledge. гь. 53. ISBN 9781444183092.
  6. ↑ Laver, John (1994) Principles of Phonetics, Cambridge: Cambridge University Press, p. 269.
  7. ↑ Crystal, David (2005) A Dictionary of Linguistics & Phonetics (Fifth Edition), Maldern, MA/Oxford: Blackwell, p. 494.
  8. ↑ Ladefoged, Peter; Maddieson, Ian (1996). The Sounds of the World's Languages. Oxford: Blackwell. гь. 323. ISBN 978-0-631-19815-4.
  9. ↑ Ladefoged & Disner (2012) Vowels and Consonants, 3rd ed., p. 132.
  10. ↑ IPA (1999) Handbook of the IPA, p. 12.
  11. ↑ Ladefoged, Peter (2006) A Course in Phonetics (Fifth Edition), Boston, MA: Thomson Wadsworth, p. 189.

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Articulation navbox