Перейти к содержанию

Гъоркьияб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Гъоркьияб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб
a
ИФА номер304
Аудио
Duration: 1 секунда.
Кодификация
Рижа (decimal)a
Юникод (hex)U+0061
X-SAMPAa яги {_o

Гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб[1] ккола рагьарал гьракьазул цо тайпа, жиб цо-цо кӀалъалел мацӀазда хӀалтӀизабулеб. Гьеб буго микьго кардиналияб рагьараб гьаракьалдаса цояб, жиб цо мацӀалъул рагьараб гьаракьаже дурусго данде ккезе кколареб, аслияб къагӀидаялъ, фонетикияб роценалъул системаялда байбихьул бакӀлъун бугеб.[2]

  • Гьелъул борхалъи буго гъоркьияб: артикуляциялда мацӀ букӀуна кӀалалъу тӀасияб рахъалдаса рикӀкӀад — кӀалалъул гӀодоблъиялда.
  • Гьелъул кьер буго цебесеб, кӀалдиб мацӀ букӀуна цебегӀан, кинаб букӀаниги чӀедерлъи гьабичӀого. Гьенибго гъорлъе рачуна централиял рагьаралги (гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул), щайгурелъул мацӀалъул гьезул ртикуляциялде букӀунеб позициялде гьечӀо гьоркьохъел ва тӀасияб борхиялда букӀунеб гӀадаб гьетӀари; гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъулги нахъисеб кьералъул рагьаразда гьоркьоб батӀалъи буго тӀасияб борхиялъул цебесеб ва гьоркьохъеб кьералъул рагьаразда гьоркьоб бугеб яги гьебго борхиялъул гьоркьохъел ва нахъисел рагьаразда гӀоркьоб гӀадаб.
  • Гьеб буго лабиаллъичӀеб, ай жиб абулаго кӀутӀби гургинлъун цебе цутӀуларел.

ГӀемерисел мацӀазда буго гъоркьияб борхиялъул лабиаллъичӀеб рагьаралъул цо чанго форма. Гъоркьияб кьералъул цохӀо гурони рагьараб гьаракь гьечӀел мацӀазда, гьеб рагьаралъул ишара ⟨a⟩ хӀалтӀизабизе бегьула, щай абуни гьеб аслияб латин алипбаялда гьеб буго гъоркьияб борхиялъул рагьаралъе цо бугеб ишара букӀиналъ. Гьедин бихьизабуралъ гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъул рагьаралдасаги ([a]) гӀемер кьола гъоркьияб борхиялъул централияб рагьарб [ä]. ХӀакъикъаталдаги, цо кӀудияб батӀалъи гьечӀого букӀинеги бегьула. (Балагье Акустикаялде).

МацӀ РагӀи ХФА МагӀна Баян
Африкаанс Стндарт[3] dak [da̠k] 'тӀалъел' Цебе гӀагараб.[3] Балагье африкаансалъул фонология
ГӀараб Стндарт[4] أنا [anaː] 'дун вуго' Балагье ГӀараб фонология
Къажар[5] Стндарт səs [s̪æ̞s̪] 'гьаракь' ГӀемерсиеб транскрипция гьабула ⟨æ⟩ ишараялдалун.
Булгъар[6] най [n̪a̠j] 'цӀикӀкӀун' Цебе гӀагараб.[6]
Син Син[7] / ān [ʔan˥] 'хӀинкъи гьечӀолъи' /n/ гьаракьалда цебе /a/ гьаракьалъул аллофон.[7] балагье стандартияб син фонология
Голландиязул Стандарт[8][9] aas [aːs] 'къор' Цебеселдаса централиялда гьоркьоб букӀуна.[10] Балагье голландиязул фонология
Утрехт[11] bad [bat] 'хӀавуз' Шималияб стандартияб голландизул мацӀалъул [ɑ] гьаракьалъе дандеккола. Балагье голландиязул фонология
Ингилис Австралиялъул[12] hat [hat] 'тӀагъур' Балагье Австралиялъул ингилисалъул фонология
Калифорниялъул[13][14] [æ] гьаракьалдаса дагьабги рагьараб цогидал Шималияб Америкаялъул вариантазда.
Канадалъул[14][15]
Цо-цо техасалъул ингилисалда кӀалъалел[14]
Йоханнесбургалъул шималиял шагьарсверухълъабазда[16] [æ] гьаракьалде гӀагараб гӀаммаб Жанубияб Африкаялъулin ингилисалда
Received Pronunciation[17]Халип:Dubious Ралагье: ингилис фонология
Бакъбаккул Англиялъул[18] bra [bɹaː] 'бра' Гьоркьохъеб классалъул кӀалъалез абула централияб [äː] гӀажин.[18]
ЦӀияб Зеландиялъул[19] [bɹa̠ː] Гъоркьияб кьералъул цебе гӀагараб [a̠ː]-ялдаги, централияб [äː]-ялдаги цебе гӀагараб хӀалуцинчӀеб [ɐ̟ː]-ялдаги централияб хӀалуцинчӀеб [ɐː]-ялдаги гьоркьосеб вариант.[19] ХФА-ялда хъвазе бихьизабизе бегьула ⟨ɐː⟩-ялдалъун.
Паранс Парижалъул консервативияб[9][20] patte [pat̪] 'квачӀ' Контрастлъула /ɑ/ гьаракьгун, амма гӀемерисел кӀалъалезуд буго цохӀо гъоркьияб борхиялъул рагьараб (фонетикияб къагӀидаялъ централияб [ä]).[21] Ралагье: Паранс фонология
Квебекалъул[22] arrêt [aʁɛ] 'чӀей' Контрастлъула /ɑ/ гьаракьгун.[22] Ралагье: Квебекалъул парансалъул фонология
Герман Алтбайерналъул акцент[23] Wassermassen [ˈʋɑsɐmasn̩] 'лъел массаби' Гьединго бихьизабула нахъисеб кьералъул /ɑ/, жинде данде гьеб лъолеб.[23] Ралагье: Стандартияб германиязул мацӀалъул фонология
ГӀемерисел Австриялъул акцентал[23] nah [naː] 'аскӀоб' Дагьаб цебесеб кьералъул.[23] Ралагье: Стандартияб герман мацӀалъул фонология
Игбо[24] ákụ [ákú̙] 'kernal'
Курд Палевани (Жанубияб) گه‌ن [gan] 'квешаб' Сорани (Централияб) [æ]-ялда бащадаб. Ралагье: Курд фонология
Норвег Ставангерск[25] hatt [hat] 'тӀагъур' Ралагье: Норвег фонология
Трондгьеймск[26] lær [læ̞ːɾ] 'тӀом'
Пол[27] jajo [ˈjajɔ] 'хоно' Палаталиял ва палаталлъарал рагьукъазда гьоркьоб /a/ гьаракьалъул аллофон. Ралагье: Пол мацӀалъул фонология
Испан Бакъбаккул Андалусиялъул[28] las madres [læ̞ˑ ˈmæ̞ːð̞ɾɛˑ] 'улбул' Цогидал диалектазул [ä]-ялъе днде ккола, амма диалектазда гьел батӀи-батӀиял руго. Балагье Испан фонология
Мурсиялъул[28]
Швед Central Standard[29][30] bank [baŋk] 'банк' Кьерлъи букӀана батӀи-батӀисахъе бихьизабун цебесеб [a],[29] цебе гӀагарб [a̠][30] ва централияб [ä] гӀадин.[31] Ралагье: Швед фонологиял
  1. ^ Халип:Vowel terminology
  2. ^ John Coleman: Cardinal vowels
  3. ^ Перейти обратно: a b Wissing (2016), section "The unrounded low-central vowel /ɑ/".
  4. ^ Thelwall & Sa'Adeddin (1990), гь. 38.
  5. ^ Mokari & Werner (2016), гь. ?.
  6. ^ Перейти обратно: a b Ternes & Vladimirova-Buhtz (1999), гь. 56.
  7. ^ Перейти обратно: a b Mou (2006), гь. 65.
  8. ^ Collins & Mees (2003), гьл. 95, 104, 132–133.
  9. ^ Перейти обратно: a b Ashby (2011), гь. 100.
  10. ^ Collins & Mees (2003), гь. 104.
  11. ^ Collins & Mees (2003), гь. 131.
  12. ^ Cox & Fletcher (2017), гь. 179.
  13. ^ Gordon (2004), гь. 347.
  14. ^ Перейти обратно: a b c Thomas (2004:308): A few younger speakers from, e.g., Texas, who show the Халип:Sc2/Халип:Sc2 merger have Халип:Sc2 shifted toward [a], but this retraction is not yet as common as in some non-Southern regions (e.g., California and Canada), though it is increasing in parts of the Midwest on the margins of the South (e.g., central Ohio).
  15. ^ Boberg (2005), гьл. 133–154.
  16. ^ Bekker (2008), гьл. 83–84.
  17. ^ "Case Studies – Received Pronunciation Phonology – RP Vowel Sounds". British Library. Архивация оригинал (2018-12-25). Щвей 2022-01-16. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  18. ^ Перейти обратно: a b Trudgill (2004), гь. 172.
  19. ^ Перейти обратно: a b Bauer ва цгд. (2007), гь. 98.
  20. ^ Collins & Mees (2013), гьл. 225–227.
  21. ^ Collins & Mees (2013), гьл. 226–227.
  22. ^ Перейти обратно: a b Walker (1984), гь. 53.
  23. ^ Перейти обратно: a b c d Dudenredaktion, Kleiner & Knöbl (2015), гь. 64.
  24. ^ Ikekeonwu (1999), гь. 109.
  25. ^ Vanvik (1979), гь. 17.
  26. ^ Vanvik (1979), гь. 15.
  27. ^ Jassem (2003), гь. 106.
  28. ^ Перейти обратно: a b Zamora Vicente (1967), гь. ?.
  29. ^ Перейти обратно: a b Bolander (2001), гь. 55.
  30. ^ Перейти обратно: a b Rosenqvist (2007), гь. 9.
  31. ^ Engstrand (1999), гь. 140.

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • [a] гьаракь бугел мацӀал PHOIBLE сайталда