Перейти к содержанию

Ингилис мацӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Ингилис мацӀ
The English language
English
Абулеб куц/ˈɪŋɡlɪʃ/[1]
РегионБританиялъул чӀинкӀиллъаби (байбихьуда)
ТӀолго дунялал
ЭтниклъиАнглалгин саксонал (тарихияб къагӀидаялъ)
КӀалъалел
360–400 million (2006)[2]
КӀиабилеб мацӀ хӀисабалда: 750 млн чиясе;
къватӀисеб мацӀ хӀисабалда: 600–700 млн чиясе[2]
Цесел формаби
Ингилисалъул кверзул кодификация
(чанго система)
Официалаб статус
Официалаб мес
МацӀалъул кодал
ISO 639-1en
ISO 639-2eng
ISO 639-3eng
Glottologstan1293
Linguasphere52-ABA
  Ингилис мацӀ рахьдалаблъун кколел икълимал
  Ингилис мацӀ расмияблъун бугел, амма рахьдалаблъун кколарел икълимал
Гьанир руго ИФАлъул фонетикиял симболал. Кколеб кверчӀвай гьечӀони, нужеда бихьизе бегьула гьикъул гӀужур, ункъбокӀон, яги цогидал симболал Юникодалъул гӀужразул бакӀалда. ИФА симболазе байбихьул нухмалъи балагье гьаниб: Квеки:ИФА.

Халип:English language

Ингилис мацӀ (инг. English, The English language, ХФА: ˈɪŋɡlɪʃ) ккола гьиндгин европияб хъизаналъул герменияб къокъаялъул бакътӀерхьул германияб мацӀ, жибги тӀоцебе цебесеб гьоркьогӀасрулъиялъул Ингландалъул гӀадамаз бицунеб букӀараб.[3][4][5] Гьелъул цӀар бачӀараб буго некӀсиял герман халкъазул англал абураб халкъаздаса, жал гочун рачӀарал КӀудияб Британиялъул ракьалде, жинде гьанже Ингланд–илан абулеб (Ингракь). КӀиябго цӀар бачӀараб буго Англия абураб Балтик ралъадалда бугеб бащдабчӀинкӀиллъиялдаса. Ингилис бищунго хурхараб буго фриз ва гъоркьасаксон мацӀазда, гьелъул лексикаялдени кӀудияб асар гьабун буго цогидал германиязул мацӀаз, бутӀаккун некӀсияб норвег мацӀалъ (шималияб герман мацӀ), ва гьединго латин ва паранс мацӀаз.[6][7][8]

Ингилис мацӀ цебетӀолеб букӀана 1400-ялдаса цӀикӀкӀун соналъ. Ингилисалъул бищун цересел формабазде, жалги англо-саксоназ V гӀасруялда КӀудияб Британиялде рачӀарал бакътӀерхьул германиял (инвгеон) сверелазул къокъалъун кколел, гӀаммго абула басрияб ингилис мацӀилан. Гьоркьохъеб ингилис байбихьана XI гӀасруялъ норманаз Ингланд бахъиялдаса, гьеб букӀана период инглисалде басрияб паранс мацӀалъ, бутӀаккун жиндирго басрияб норман сверелалдасан асар гьабураб.[9][10] Цебесеб модерн ингилис байбихьана XV гӀасруялдаса хадуб Лондоналда басмаялъул пресс хӀалтӀизабигун, Джеймс къираласул библия басма гьабигун ва кӀудияб рагьаразул хъущтӀигун цадахъ.[11]

Гьанжесеб ингилис тӀибитӀизе байбихьан дунялалда XVII гӀасруялдаса байбихьун Британиялъул империялъул ва Цолъарал Штатазул асаралда гъоркь. Гьел улкабазул басмаяб ва электронияб медиаялъул киналниги тайпабаздасан ингилис лъугьун буго халкъаздагьоркьосеб дискурсалъул бетӀераб мацӀлъунги, гӀемерал икълимазда лингва франкалъунги ва профессионалияб контексталдаги, гӀелму, навигация ва къанун гӀадал.[3] Гьанжесеб ингилисалъул грамматика буго бечедаб инфлективияб морфология ва дандеккун эркенаб рагӀул тартиб бугел тайпадул гьиндгин европиял цогиязда бараб паттерналдаса аслияб хӀалалъ аналитикияб паттерналде, жиндилъ гьитӀинабго инфлекцияги, гӀезегӀан цоккураб субъект–верб–объект (SVO) рагӀул тартибги жубараб синтаксисги бугеб.[12] Гьанжесеб ингилисалъ гӀемерисеб мугъчӀвай гьабула кумекалъул фигӀлабазде ва рагӀул тартибалде журарал заманаби, аспект ва буссинаби бихьизабизе, гьедиго пассивияб конструкциял, интеррогативал (суалиял жумлаби) ва цо-цо негатион (гьечӀолъи) бихьизабизеги.

Ингилис мацӀ буго бищун кӀудияб кӀалъалезул къадаралъул рахъалъги,[13] ва лъабабилеб бищун тӀибитӀараб рахьдал мацӀги, стандартияб син ва испан мацӀаздаса хадуб.[14] Гьеб буго бищун цӀикӀкӀун жиб лъазабулеб кӀиабилеб мацӀ ва хӀалтӀизабула расмияб мацӀ ялъуни кӀиабилеб мацӀ гӀадин 60-гӀанасеб суверенияб пачалихъалда. Ингилис кӀиабилеб мацӀ хӀисабалда лъазабулезул къадар буго гьеб рахьдал мацӀлъун кколезул къадаралдаса цӀикӀкӀараб. 2005 соналде бугеб хӀалалда рекъон, ингилис мацӀалда кӀалъалезул къадар кколеб буго 2 миллиард.[15] Ингилис буго аслияб рахьдал мацӀлъун Цолъараб Къираллъиялда (КӀудияб Британия), Цолъарал Штатазда, Канадаялда, Австралиялда, ЦӀияб Зеландиялда ва Ирландиялда, ккола Сингапуралъул расмияб ва аслияб мацӀлъун, ва гьеб гӀатӀидго хӀалтӀизабула Карибазул территориялда, Африкаялда, Жанубияб Азиялда ва Океаниялда.[16] Гьеб буго Цолъарал Миллатазул ГӀуцӀиялъул, Европаялъул цолъиялъул ва цогидал тӀолгодунялалъулал ва икълимиял халкъаздагьоркьосел организациязул расмиял мацӀазул цояб. Гьеб буго бищун тӀибитӀараб германиязулаб мацӀ, гьиндгин европиял мацӀазул гьеб гӀаркьелалда кӀалъалезул къадаралъул 70 % ккола ингилисалда кӀалъалел. Ингилис мацӀалда кӀалъалезда абула анлофонал–илан. Руго гӀемерал вариантал батӀи-батӀиял пачалихъазда ва икълимазда хӀалтӀизабулеб ингилисалъул гӀемерисел акцентазда ва сверелазда гьоркьоб — фонетикаялъул ва фонологиялъул рахъалъ, ва цо-цо лексикаялъул, идиомазул, грамматикаялъул ва абулеб къагӀидаялъул рахъалъ, амме гьез гӀемерисеб квал-квал гьабуларо батӀиял сверелазда ва акценталда кӀалъазел ричӀчӀиялъе.

Прото-германияб мацӀалдаса Басрияб ингилис мацӀалде

[хисизабизе | код хисизабизе]

Цебесеб модернияб ингилис мацӀ

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьанжесеб инггилис мацӀалъул тӀибитӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Географияб ареал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Ингилисалда кӀалъаялъул пачалихъазул лъабго горсвери

[хисизабизе | код хисизабизе]

Плюрицентрияб ингилис мацӀ

[хисизабизе | код хисизабизе]

Ингилис глобалияб мацӀ хӀисабалда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагьукъал гьаркьал

[хисизабизе | код хисизабизе]

ТӀадецуй, ритм ва интонация

[хисизабизе | код хисизабизе]

Икълимиял батӀалъаби

[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦӀар ва цӀаргун рагӀабазул дандрай

[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦӀарубакӀ, игӀраб ва сипат-куц

[хисизабизе | код хисизабизе]

ФигӀлаби ва фигӀлияб лапсал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Лапсиял фигӀлаби

[хисизабизе | код хисизабизе]

Жумладул синтаксис

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кумекалъулал фигӀлиял конструкцияби

[хисизабизе | код хисизабизе]

Дискурсалъул мартабаталда синтаксис

[хисизабизе | код хисизабизе]
Авар Ингилис ХФА
1 дун I [aɪ]
2 мун you [juː]
3 гьев, гьей, гьеб he [ˈhiː]
4 ниж, нилӀ we [wiː]
5 нуж you [juː]
6 дол they [ðeɪ]
7 гьаб this [ðɪs]
8 доб that [ðæt]
9 гьаниб here [hɪə]
10 доба, гъоба there [ðɛə]
11 щив who [huː]
12 щиб what [wɒt]
13 киб where [wɛə]
14 кида when [wɛn]
15 кин how [haʊ]
16 гуро not [nɒt]
17 киналго, кинабго all [ɔːl]
18 гӀемер, гӀемераб, гӀемерал many [ˈmɛni]
19 чанго some [sʌm]
20 дагь, дагьаб, дагьал few [fjuː]
21 батӀияб other [ˈʌðə]
22 цо one [wʌn]
23 кӀиго two [tuː]
24 лъабго three [θriː]
25 ункъго four [fɔː]
26 щуго five [faɪv]
27 кӀудияб big [bɪg]
28 халатаб long [lɒŋ]
29 гӀатӀидаб wide [waɪd]
30 бицатаб thick [θɪk]
31 бакӀаб heavy [ˈhɛvi]
32 гьитӀинаб small [smɔːl]
33 къокъаб short [ʃɔːt]
34 чӀедераб narrow [ˈnærəʊ]
35 тӀеренаб thin [θɪn]
36 чӀужугӀадан woman [ˈwʊmən]
37 бихьинчи, чи man [mæn]
38 гӀадан, инсан person [ˈpɜːsən]
39 лъимер child [ʧaɪld]
40 лъади, чӀужу wife [waɪf]
41 рос husband [ˈhʌzbənd]
42 эбел mother [ˈmʌðə]
43 эмен father [ˈfɑːðə]
44 рухӀчӀаголъи, хӀайван animal [ˈænɪməl]
45 ччугӀа fish [fɪʃ]
46 хӀинчӀ bird [bɜːd]
47 гьой dog [dɒg]
48 нацӀ lousw [laʊs]
49 борохь snake [sneɪk]
50 хӀапаро worm [wɜːm]
51 гъветӀ tree [triː]
52 рохь forest [ˈfɒrɪst]
53 тӀил stick [stɪk]
54 пихъ fruit [siːd]
55 хьон seed [siːd]
56 тӀамах leaf [liːf]
57 кьибил root [ruːt]
58 хъал bark [bɑːk]
59 тӀегь flower [ˈflaʊə]
60 хер grass [grɑːs]
61 квар rope [rəʊp]
62 тӀом skin [skɪn]
63 гьан meat [miːt]
64 би blood [blʌd]
65 ракьа bone [bəʊn]
66 беэнлъи, кьаралъи, тӀатӀи fat [fæt]
67 хоно egg [ɛg]
68 лълъар (лӀар) horn [hɔːn]
69 рачӀ tail [teɪl]
70 хӀули feather [ˈfɛðə]
71 рас hair [hɛə]
72 бетӀер head [hɛd]
73 гӀин ear [ɪər]
74 бер eye [aɪ]
75 магӀазукъалал nose [nəʊz]
76 кӀал mouth [maʊθ]
77 гӀус, ца tooth [tuːθ]
78 мацӀ tongue [tʌŋ]
79 малъ fingernail [ˈfɪŋgəneɪl]
80 хӀетӀе foot [fʊt]
81 бох leg [lɛg]
82 наку knee [niː]
83 квер, хъат hand [hænd]
84 кваркьи wing [wɪŋ]
85 чехь belly [ˈbɛli]
86 бакь-кӀач, ургьимес guts [gʌts]
87 габур neck [nɛk]
88 мугъ back [bæk]
89 керен breast [brɛst]
90 ракӀ heart [hɑːt]
91 тӀул liver [ˈlɪvə]
92 гьекъезе to drink [drɪŋk]
93 кваназе to eat [iːt]
94 хӀанчӀизе to bite [baɪt]
95 цӀункӀизе to suck [sʌk]
96 тузе ro spit [spɪt]
97 лагӀизе to vomit [ˈvɒmɪt]
98 пузе to blow [bləʊ]
99 хӀухьел цӀазе to breathe [briːð]
100 релъизе to laugh [lɑːf]
101 бихьизе to see [siː]
102 рагӀизе to hear [hɪə]
103 лъазе to know [nəʊ]
104 ургъизе, пикру гьабизе to think [θɪŋk]
105 махӀ чӀвазе, сунтӀизе to smell [smɛl]
106 хӀинкъизе to fear [fɪə]
107 кьижизе to sleep [sliːp]
108 гӀумру гьабизе to live [lɪv]
109 хвезе to die [daɪ]
110 чӀвазе to kill [kɪl]
111 къеркьезе, рагъизе to fight [faɪt]
112 чан гьабизе to hunt [hʌnt]
113 кьабизе to hit [hɪt]
114 къотӀизе to cut [kʌt]
115 бикьизабизе, бикьизе to split [splɪt]
116 къазабизе, хӀунчизабизе to stab [stæb]
117 хъарсине to scratch [skræʧ]
118 бухъизе to dig [dɪg]
119 лъедезе, лъим ххазе to swim [swɪm]
120 роржине to fly [flaɪ]
121 рилӀине, ине, хьвадизе to walk [wɔːk]
122 рачӀине to come [kʌm]
123 регизе to lie [laɪ]
124 гӀодор чӀезе to sit [sɪt]
125 рахъун чӀезе to stand [stænd]
126 сверизаризе, руссинаризе to turn [tɜːn ]
127 бортизе, щапизе to fall [fɔːl]
128 кьезе to give [gɪv]
129 кквезе to hold [həʊld]
130 данде къазе, тӀаде цузе to squeeze [skwiːz]
131 лӀулӀазе to rub [rʌb]
132 чуризе to wash [wɒʃ]
133 бацIцӀине to wipe [waɪp]
134 цӀазе to pull [pʊl]
135 цузе to push [pʊʃ]
136 рехизе to throw [θrəʊ]
137 бухьине to tie [taɪ]
138 букъизе (гурде) to sew [səʊ]
139 рикӀкӀине to count [kaʊnt]
140 абизе to say [seɪ]
141 кечӀ ахӀизе to sing [sɪŋ]
142 хӀазе to play [pleɪ]
143 лъедон ине, лъедине (гама) to float [fləʊt]
144 чвахизе to flow [fləʊ]
145 цӀорозе to freeze [friːz]
146 гьорозе to swell [swɛl]
147 бакъ sun [sʌn]
148 моцӀ moon [muːn]
149 цӀва star [stɑː]
150 лъим water [ˈwɔːtə]
151 цӀад rain [reɪn]
152 гӀор river [ˈrɪvə]
153 хӀор lake [leɪk]
154 ралъад sea [siː]
155 цӀам salt [sɔːlt]
156 гамачӀ stone [stəʊn]
157 сали sand [sænd]
158 хӀур dust [dʌst]
159 ракь earth [ɜːθ]
160 накӀкӀ cloud [klaʊd]
161 хьухь, гIодонакIкI fog [fɒg]
162 зоб sky [fɒg]
163 гьури wind [wɪnd]
164 гӀазу snow [snəʊ]
165 цӀвер ice [aɪs]
166 кӀкӀуй smoke [sməʊk]
167 цӀа fire [ˈfaɪər]
168 рахъу, бухIун ash [æʃ]
169 цӀа рекӀине, бухӀизе to burn [bɜːn]
170 нух road [rəʊd]
171 мегӀер mountain [ˈmaʊntɪn]
172 багӀараб red [rɛd]
173 гӀурччинаб green [griːn]
174 тӀогьилаб yellow [ˈjɛləʊ]
175 хъахӀаб white [waɪt]
176 чӀегӀераб black [blæk]
177 сордо night [naɪt]
178 къо day [deɪ]
179 сон, лъагӀел year [jɪə]
180 хинаб warm [wɔːm]
181 цӀорораб cold [kəʊld]
182 цӀураб full [fʊl]
183 цӀияб new [njuː]
184 басрияб old [əʊld]
185 лъикӀаб good [gʊd]
186 квешаб bad [bæd]
187 махӀцараб rotten [ˈrɒtən]
188 чорокаб, хъубаб dirty [ˈdɜːti]
189 битӀараб, цӀанбитӀараб straight [streɪt]
190 гургинаб round [raʊnd]
191 бегӀераб sharp [ʃɑːp]
192 тӀехIараб dull [dʌl]
193 цӀвакараб, битӀараб smooth [smuːð]
194 биччараб wet [wɛt]
195 бакъвараб dry [draɪ]
196 битӀараб, ритӀухъаб correct [kəˈrɛkt]
197 гӀагараб, аскӀосеб near [nɪə]
198 рикӀкӀадаб far [fɑː]
199 кваранаб right [raɪt]
200 квегӀаб left [lɛft]
201 аскӀоб, -хъ, -да at [æt]
202 жаниб, -лъулӀ, -улӀ, -об, -иб in [ɪn]
203 цадахъ, -гун with [wɪð]
204 ва, -ги and [ænd]
205 нагагь, -ани, -ни if [ɪf]
206 щайгурони, щай абуни, щай гурелъул because [bɪˈkɒz]
207 цӀар (инсанасул) name [neɪm]

РагӀи лъугьиналъул процессал

[хисизабизе | код хисизабизе]

РагӀаби рачӀин

[хисизабизе | код хисизабизе]

Ингилис мацӀлдеги мацӀалдасаги рачӀарал рагӀаби

[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъваялъул система

[хисизабизе | код хисизабизе]

Диалектал, акцентал ва ратӀалъаби

[хисизабизе | код хисизабизе]

Цолъараб Къираллъи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Шималияб Америка

[хисизабизе | код хисизабизе]

Австралия ва ЦӀияб Зеланд

[хисизабизе | код хисизабизе]

Жанубиябгин бакъбаккул Азия

[хисизабизе | код хисизабизе]

Африка, Карибал ва Жанубияб Азия

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ^ Oxford Learner's Dictionary 2015, Entry: English – Pronunciation.
  2. ^ a b Crystal 2006, гьл. 424–426.
  3. ^ a b The Routes of English.
  4. ^ Crystal 2003a, гь. 6.
  5. ^ Wardhaugh 2010, гь. 55.
  6. ^ Finkenstaedt, Thomas; Dieter Wolff (1973). Ordered profusion; studies in dictionaries and the English lexicon. C. Winter. ISBN 978-3-533-02253-4.
  7. ^ Bammesberger 1992, гь. 30.
  8. ^ Svartvik & Leech 2006, гь. 39.
  9. ^ Ian Short, A Companion to the Anglo-Norman World, "Language and Literature", Boydell & Brewer Ltd, 2007. (p. 193)
  10. ^ Crystal 2003b, гь. 30.
  11. ^ "How English evolved into a global language". BBC. 20 December 2010. Щвей 9 August 2015. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|date= (help)
  12. ^ König 1994, гь. 539.
  13. ^ English at Ethnologue (22nd ed., 2019)
  14. ^ Ethnologue 2010.
  15. ^ Crystal, David (2008). "Two thousand million?". English Today (in американский английский). 24 (1): 3–6. doi:10.1017/S0266078408000023. S2CID 145597019.
  16. ^ Crystal 2003b, гьл. 108–109.