Африка

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Африка
Бащдабдунялалъул картаялда Африка
Бащдабдунялалъул картаялда Африка
Ракь30 221 532 км²
Халкъалъул къадар1 032 532 974 (2011) чи
Гъунки30,51 чи/км²
Гъорлъе бачуна55[1] пачалихъал
Цогиязда рарал пачалихъал
МацІалбал. Африкаялъул мацІал
СагІтил рачелUTC-1-даса UTC+4-де щвезегІан
Африка

А́фрика (инг. Africa)— Евразиялдаса хадуб дунялалъул кІодолъиялъул рахъалъ кІиабилеб континент; хьундасеб рахъалъ Африка ккураб буго Ракьдагьоркьосеб ралъадалъ, БагІараб ралъадалъ — хьундасебгун бакъбаккул рахъалда, Атлантикияб ралъадалъа бакътІерхьудаса ва Гьиндустаналъул океаналъ бакъбаккудаса ва бакъда рахъалдасан. Африкаян гьединго абула дунялалъул бутІаялъул цоялде, жинде гъорлъе Африка метерикги ва гьелда аскІор ругел чІинкІиллъабиги унеб. ЧІинкІиллъаби рикІкІинчІого, Африкаялъул гІатІилъи буго 29,2 млн км², чІинкІиллъабигун цадахъ — 30,3 млн км²-ялде гІагарун[2]; гьелдалъун, Африкаялъ ккола дунялалъул гІаммаб тІадрахъалъул 6 %-ги ва ракъдаллъиялъул тІадрахъалъул 20,4 %-ги. Африкаялда буго 55 пачалихъ.

Африкаялъул халкъалъул къадар буго миллиард чиясде гІагарун. Африка рикІкІуна тІоцеве гІадан вижарав бакІлъун.

Африкалъул континент къотІула экваторалъ ва гІемерал гьава-бакъалъул зонабаз; гьеб ккола цІохІо бугеб континент, жибги шималияб субтропикияб зонаялдаса бахъараб жанубияб субтропикияб зонаялде щвезегІан бугеб. Гьоркьоса къотІулареб гІазу-цІадалги лъалъалъулги — гьединго цІоромугІрулги ва мугІрузул системаялъул лъел горизонталъулги — гІунгутІи букІиналъ, гьава-бакъалъул тІабигІияб рекъезаби ралъадазул ва океаналъул рагІаллъиязда хутІизегІан гьечІо кибиниги.

Маданияталъулал, экономикаялъулал, сиясаталъулал ва жамгІиял суалал лъазаби тІубазабула африканистика гІелму.

Бищун рагІалда ругел бакІал[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦІар бачІараб бакІ[хисизабизе | код хисизабизе]

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. How many countries in Africa? How hard can the question be?
  2. Африка // Ангола — Барзас. — М. : Советияб энциклопедия, 1970. — С. 435—451. — (КӀудияб советияб энциклопедия : [30 т.] / асл. ред. А. М. Прохоров ; 1969—1978, т. 2).