БакьулӀеб рагьараб
Внешний вид
ИФА: Рагьарал | ||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
| ||||||||||||||||||||||||||||||||
Легенда: гургинлъичӀел • гургинлъарал |
Бакьулъ кьералъул рагьарала яги централиял, церегІан жеги журарал рагьаралин жидеда абулел рукІарал, кІалълел мацІазда хІалтІизабулел рагьаразул цо класс. Бакьулъ кьералъул рагьаразе баян гьарулеб сипат-сурат буго гьезул артикуляциялда мацІалъул позициялъ цебесеб ва нахъисеб кьеразда гьоркьоб бакІ кквей. (Практикаялда абуни, централиял лабиаликъал рагьаразул тененция букІуна церегІан рукІине, лабиалиязул тенденция — нахъегІан рукІине).
СияхІ
[хисизабизе | код хисизабизе]Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялда жидее хасал ишараби ругел гьоркьохъеб кьералъул рагьарал ккола:
- тІасияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаликъаб рагьараб [ɨ]
- тІасияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиалияб рагьараб [ʉ]
- тІасияб-гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаликъаб рагьараб [ɘ] (басриял басмабазда хІалтІизабун букІине бегьула ⟨ë⟩)
- тІасияб-гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиалияб рагьараб [ɵ] (басриял басмабазда хІалтІизабун букІине бегьула ⟨ö⟩)
- гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул рагьараб щакаб лабиаллъигун [ə]
- гъоркьияб-гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаликъаб рагьараб [ɜ] (басриял басмабазда хІалтІизабун букІине бегьула ⟨ɛ̈⟩)
- гъоркьияб-гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиалияб рагьараб [ɞ] (басриял басмабазда хІалтІизабун букІине бегьула ⟨ɔ̈⟩)
- гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул хІалуцинчІеб лабиаликъаб рагьараб щакаб лабиаллъигун [ɐ] (гІемерисеб хІалтІизабула лабиликъаб рагьаралъе; дагьабги дуруслъи къварегІани, лабиаликъалъе хІалтІизабизе бегьула ⟨ɜ̞⟩, лабиалияб гьаракьалъе — ⟨ɞ̞⟩)
ХФА-ялда гьединго руго жидее хасал ишараби гьечІел цересел рагьарал:
- тІасияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаликъаб рагьараб [ÿ]
- тІасияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул хІалуцинчІеб лабиаликъаб рагьараб [ɨ̞], [ɪ̈], [ɪ̠] or [ɘ̝] (расмияб гуреб ишара: ⟨ᵻ⟩)
- тІасияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул хІалуцинчІеб цебе цутІараб рагьараб [ʉ̞], [ʊ̈], [ʊ̟] or [ɵ̝] (расмияб гуреб ишара: ⟨ᵿ⟩)
- тІасияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул хІалуцинчІеб данде къараб рагьараб [ʏ̈]
- гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаликъаб рагьараб [ɘ̞] яги [ɜ̝] (гІаммго хъвала⟨ə⟩)
- гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиалияб рагьараб [ɵ̞] яги [ɞ̝] (гІамго хъвала⟨ɵ⟩ гьеб тІасияб-гъоркьохъеб бугеб гІадинан)
- гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул данде къараб рагьараб [əᵝ]
- гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаликъаб рагьараб [ä] (гІаммго хъвала ⟨a⟩ гьеб цебесеб кьералъул бугеб гІадинан)
- гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиалияб рагьараб [ɒ̈]
Библиография
[хисизабизе | код хисизабизе]- International Phonetic Association (1999), Handbook of the International Phonetic Association: A guide to the use of the International Phonetic Alphabet, Cambridge: Cambridge University Press, ISBN 0-521-65236-7