Гъугъаб веларияб аффрикат
Гъугъаб веларияб аффрикат | |
---|---|
kx | |
ИФА номер | 109 140 |
Аудио | |
Кодификация | |
X-SAMPA | k_x |
Гъугъаб веларияб аффрикат буго рагьукъаб гьаркьил тайпа, жиб цо-цо кӀалъалел мацӀазда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабулеб симбол буго ⟨k͡x⟩ ва ⟨k͜x⟩, эквивалентияб X-SAMPA симбол ккола k_x
. Бухьинабулеб хӀучч гьечӀого бегьула букӀине, ⟨kx⟩ ИФАлдаги kx
in X-SAMPA-ялдаги.
Авар мацӀалда буго гъугъаб веларияб аффрикаталъул интенсивияб вариант ⟨k͡xː⟩, гьеб гьаракь кибго бихьизабула ⟨кк⟩ диграфалдалъун. Гьединго буго эб гьаркьил лабиаллъараб формаги: ⟨k͡xːʷ⟩, жиб ⟨ккв⟩ триграфалдалъун хъвалеб.
Цо-цо мацӀазул буго гъугъаб пре-велария аффриката,[1] жиб бахъулеб бакӀ дагьаб цебегӀан бугеб прототипияб гъугъаб веларияб аффрикаталъул бахъулеб бакӀалде данде ккун, амма прототипияб гъугъаб палаталаб аффрикаталъулгӀан цебегӀан гуреб.
Дандеги, цо-цо мацӀазул буго гъугъаб пост-веларияб аффрикат,[2] жиб бахъулеб бакӀ дагьаб нахъегӀан бугеб прототипияб гъугъаб веларияб аффрикаталъул бахъулеб бакӀалде данде ккун, амма прототипияб гъугъаб увуларияб аффрикаталъулгӀан нахъегӀан гуреб.
Ружби
[хисизабизе | код хисизабизе]Гъугъаб веларияб аффрикаталъул ружби:
- Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
- Элъул абул бакӀ буго веларияб, эб бахъула мацӀалзул мугъаб рахъ (дорсум) тамахаб хвенхида цун.
- Элъул фонация буго гъугъаб: эб бахъула гьаркьил рухьадазул сороди гьечӀого. Цо-цо мацӀазда гьаркьил рухьадал активго рикь-рикьун рукӀуна, гьединлъидал гьаракь кидаго букӀуна гъугъаб separated; цогидазда рухьадал руго тамахал, гьез тӀаде босизе бегьула аскӀор ругезул гьаракьлъи.
- Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
- Эб буго централаб рагьукъаб: бахъулаго хӀухьалил чвахъи уна битӀун мацӀазул централтӀасан, хьолбохъан гуреб.
- ХӀухьел чвахул механизм буго пулмонияб: эб бахъула цохӀо интеркосталалги (хьалагӀучӀазда гьоркьосел) абдоминалалги (чохьол) ччорбаздалъун хӀухьел къватӀибе цун, цӀиккӀанисел гьаркьалго гӀадин.
ХӀалтӀизаби
[хисизабизе | код хисизабизе]МацӀ | РагӀи | ИФА | МагӀна | Баянал | |
---|---|---|---|---|---|
Герман | Стандартаб австер[3] | Kübel | [ˈk͡xyːbœl] | 'bucket' | Батизе рес буго цересел рагьаразда цебе /k/ гьаркьил реализациялъун.[3] Ралагье Стандартаб герман фонология |
Тиролалъул бавар диалектал | Kchind | [ˈk͡xind̥] | 'лъимер' | ||
Бакъдасеб Баден-Вюрттембергалъул швейцар диалектал ва алеманн | Sack | [z̥ɑk͡x] | 'таргьа' | Унгоги букӀине увуларияб [q͡χ] цо-цо диалектазда. | |
Коре[4] | 크다 (keuda) | [k͡xɯ̽da] | 'кӀудияб' | /kʰ/ гьаркьил аллофон /ɯ/-да цебе.[4] | |
Лакота | lakhóta | [laˈk͡xota] | 'Лакота' | /kʰ/ гьаркьил аллофон /a/, /ã/, /o/, /ĩ/, /ũ/ рагьаразда цебе. | |
Навагьо | kǫʼ | [k͡xõʔ˩] | 'цӀа' | /kʰ/ гьаркьил аллофон /o, a/ нахъисел рагьаразда цебе. | |
Словен | sikh | [ˈs̪îːk͡x] | 'Сикгь' | ЦӀакъ лъедерго, цохӀо къватӀиса рачӀарал рагӀабазулӀ. Ралагье: Словен фонология | |
Коса | Халип:Example needed | Бихьазубал <krh>-далъун. Контраслъула /kʼ, kʰ, ɡ̊ʱ, kxʼ, kxʰ, x, ɣ̈/. | |||
Таа | [ǁ͡kxʼâã] | 'хер' | ХӀалтӀизабула пулмоник-контураб чӀинкьвилӀ. |
ХӀалуцараб
[хисизабизе | код хисизабизе]МацӀ | РагӀи | ИФА | МагӀна | Баянал | |
---|---|---|---|---|---|
Авар | хьул/xul | [k͡xːuɫ] | 'хьул' |
Лабиаллъараб
[хисизабизе | код хисизабизе]МацӀ | РагӀи | ИФА | МагӀна | Баянал | |
---|---|---|---|---|---|
Авар | хьвазе/xwaze | [k͡xːʷä.ze] | 'хьвазе' |
Ралагье гьединго
[хисизабизе | код хисизабизе]Референсал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Пре-веларияб" бакӀалда, элда абун букӀинеги бегьула "цебецураб веларияб", "цебе-веларияб", "палато-веларияб", "пост-палаталаб", "нахъецӀараб палаталаб" яги "нахъа-палаталаб" илан.
- ^ "Пост-веларияб" хисун рукӀине бегьула "нахъецӀараб веларияб", "нахъа-веларияб", "пре-увуларияб", "цебецураб увуарияб" яги "цебе-увуларияб" абунги.
- ^ a b Moosmüller, Schmid & Brandstätter (2015), гь. 341.
- ^ a b Shin, Kiaer & Cha (2012), гь. 77.
Едно
[хисизабизе | код хисизабизе]- Bauer, Laurie; Warren, Paul; Bardsley, Dianne; Kennedy, Marianna; Major, George (2007), "New Zealand English", Journal of the International Phonetic Association, 37 (1): 97–102, doi:10.1017/S0025100306002830
- Cruttenden, Alan (2014), Gimson's Pronunciation of English (8th ред.), Routledge, ISBN 9781444183092
- Moosmüller, Sylvia; Schmid, Carolin; Brandstätter, Julia (2015), "Standard Austrian German", Journal of the International Phonetic Association, 45 (3): 339–348, doi:10.1017/S0025100315000055
- Penhallurick, Robert (2004), "Welsh English: phonology", Гъоркь: Schneider, Edgar W.; Burridge, Kate; Kortmann, Bernd; Mesthrie, Rajend; Upton, Clive (редл.), A handbook of varieties of English, Том 1: Phonology, Mouton de Gruyter, гьл. 98–112, ISBN 3-11-017532-0
- Peters, Jörg (2010), "The Flemish–Brabant dialect of Orsmaal–Gussenhoven", Journal of the International Phonetic Association, 40 (2): 239–246, doi:10.1017/S0025100310000083
- Shin, Ji-young; Kiaer, Ji-eun; Cha, Jae-eun (2012), The Sounds of Korean, Cambridge University Press, ISBN 9781107030053
- Wells, John C. (1982), Accents of English 2: The British Isles, Cambridge: Cambridge University Press, ISBN 0-521-24224-X
КъватӀисел регӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Страницы, использующие расширение JsonConfig
- Гьумерs къокъаб хъвайгун
- Short description is different from Wikidata
- ГӀадатаб ИФАгун гьумерал
- Аффрикатал
- Макъалаби Герман-мацӀаб текстгун
- Макъалаби Bavarian-мацӀаб текстгун
- Макъалаби Alemannic German-мацӀаб текстгун
- Макъалаби Коре-мацӀаб текстгун
- Макъалаби Lakota-мацӀаб текстгун
- Макъалаби Навахо-мацӀаб текстгун
- Макъалаби Slovene-мацӀаб текстгун
- Макъалаби цитация Авар-мацӀаб текстгун
- CS1: long volume value
- Велариял рагьукъал
- Пулмониял рагьукъал
- Гъугъал кӀалзулал рагьукъал
- Централал рагьукъал