Авар алфабет

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Авар алипба
Тайпа
МацӀал Авар
Заман
1928 соналдаса нахъе жакъа къоялъги
Хурхарал системаби
Эбелаб система
ISO 15924
Хъвалеб къагӀида КвегӀидаса квараниде
ISO 15924 Cyrl, 220
Юникод
Юникодалъул диапазон
Cyrillic

Авар алфабет (романизация: avár álphabet) — 1928 соналъ авар хъвай-хъвагӀи кириллицалде бачаралдаса нахъе бугеб авар мацӀалъул хӀарпазул тартиб. Авар алфабеталда буго 45 хӀарп.[2] [3] Алфабеталде гъорлӀе рачун гьечӀо гӀезегӀанго полиграфал, жал гӀатӀидго хӀалтӀизарулел. Руго жеги 1952 соналъ гъорлӀе рачине хӀукму гьабун рукӀарал, амма рилӀинаричӀел диграфалги.

История[хисизабизе | код хисизабизе]

1938 сонил 5 январалда Дагъистаналъул вилаяталъул комитеталъ лъазе гьабуна Дагъистаналъул мацIазул алфабетал кирилицалде руссине гьаби. 8 фебруаралда гьеб хӀукму тасдикъ гьабуна Дагъистаналъул АССР-лъул ЦКалъ.[4] 10 фебруаралда цӀияб авар алипба басма гьабуна Дагъистаналъул "ХӀакъикъат" газеталда.

Гьелдаса хадуб алипбаялда хис-бас гьабуна (тӀаде жубана Ё[5], тӀаса бахъана Тл диграф). 1952 соналъул декембералда Тарихалъулги, мацӀалъулги адабияталъулги институталъул (АН СССР-алъул Дагъистаналъул филиал) гIелмияб сесиялда хӀукму гьабуна авар алипбаялде тIаде ЛI, хIарп жубазе, ЦӀцӀ, ЧӀчӀ ва КӀкӀ тетраграфазул бакIалда Ць, Чь ва Ӏк диграфал хӀалтIизаризе, амма гьеб хIукму гӀумруялде бахъинабун гьечӀо жеги.[6] 1993 соналъ гьебго суал цIидасанги борхун букIана ИЯЛИ ДНЦ РАН-алъул хъвай-хъвагIи бугел мацIазул рукIалиде ккезариялъул конференциялда, амма гьенибги жо ккечIо.[7]

Алфабет[хисизабизе | код хисизабизе]

Аслияб авар алфабеталда буго кинабниги 45 кириллияб хӀарп (ЛӀ хӀарпги рикӀкӀун), гьезул 31 буго гӀадатаб, ай цогидаб гӀаламат жинда цадахъ гьечӀеб, хӀутӀараб 14 хӀарп буго жубараб, цогидаб ишара цадахъ бугеб (Гъ, Гь, ГӀ, Къ, Кь, КӀ, Лъ, ЛӀ, ТӀ, Хъ, Хь, ХӀ, ЦӀ, ЧӀ).

Алипбаялда бугеб 16 гӀужра́л квекудалъун (тӀаде гӀучӀгун — Ӏ) лӀугьуна:

  • 30 диграф (алфабеталда кьун буго цохӀо анцӀила ункъго аслияб);
  • 13 триграф;
  • 4 тетраграф;
  • 2 пентаграф.

Гьел киназго бихьизабула авар фонетикалда бугеб кинабниги 72 гьаракь, лабиаллъаралги гъорлӀе рачун.

Микьго хӀарпалъ бихьизабула 5 рагьараб гьаракь ва йотахарал вариантал (/j/ + рагьараб гьаракь). Алипалда гъорлӀ гьечӀел, амма къватӀиса рачӀарал рагӀабазулӀ хъвалел хӀарпал руго Ё ва Ы. Тамахаб ишара Ь хӀалтӀизабула цогидал хӀарпазда цадахъги цогидал мацӀаздасан рачӀарал рагӀабазулъги; гьелъ гӀурус мацӀалда бихьизабулеб гьаракь тамахлъи авар стандартмацӀалда гӀечӀо. Ортографияб рахъалъ авар рагӀаби абулеб ва хъвалеб къагӀидабазда гьоркьоб буго дагьабго батӀалъиги, жиндица гӀемера квалквал гьабулеб битӀунцӀалуе (ралагье: Авар ортография).

ХъвагӀ ЦӀар ИФА ХъвагӀ ЦӀар ИФА ХъвагӀ ЦӀар ИФА ХъвагӀ ЦӀар ИФА
1 А а а /a/ 13 Й й йи /j/ 25 Р р эр /r/ 37 Ч ч че /t͡ʃ/
2 Б б бэ /b/ 14 К к ка /k/ 26 С с эс /s/ 38 ЧӀ чӀ чӀе /t͡ʃʼ/
3 В в вэ /w///v/ 15 Къ къ къа /q͡χːʼ/ 27 Т т тэ /t/ 39 Ш ш ша /ʃ/
4 Г г гэ /ɡ/ 16 Кь кь кьэ /t͡ɬːʼ/ 28 ТӀ тӀ тӀэ // 40 Щ щ ща /ʃː/
5 Гъ гъ гъэ /ʁ/ 17 КӀ кӀ кӀа // 29 У у у /u/ 41 Ъ къараб ишара /ʔ/
6 Гь гь гьэ /h/ 18 Л л эл /ɫ///l/ 30 Ф ф эф /f/ 42 Ь (тамахаб ишара)
7 ГӀ гӀ гӀе /ʕ/ 19 Лъ лъ элъ /ɬ/ 31 Х х ха /χ/ 43 Э э э /e/
8 Д д дэ /d/ 20 (ЛӀ лӀ) /t͡ɬː/ 32 Хъ хъ хъа /q͡χː/ 44 Ю ю йю /j/ + /u/
9 Е е йе /e//j/+/e/ 21 М м эм /m/ 33 Хь хь хьа /x/ 45 Я я йа /j/ + /a/
10 Ж ж жэ /ʒ/ 22 Н н эн /n/ 34 ХӀ хӀ хӀа /ħ/
11 З з зе /z/ 23 О о о /o/ 35 Ц ц це /t͡s/
12 И и и /i/ 24 П п пэ /p/ 36 ЦӀ цӀ цӀе /t͡sʼ/

Рагьаразе хӀарпал[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацӀалда рагьараб гьаракь буго щуго; гьел рихьизарула И, У, Е/Э, О, А хӀарпаздалъун. Рагьараб гьаракьалдаса авар мацӀалда я рагӀи, я гьижа байбихьуларо, гьелда цебе букӀуна рагьукъаб /ʔ/ гьаракь, амма хъвалаго гьеб бихьизе гьабуларо (рагӀул ахиралда жибго бугеб мехалъ гурони), гӀицӀго рагьарал хӀарпал хъван тола. Мисалалъе: авар, ине, унголъи, эбел.

Е ва Э хӀарп[хисизабизе | код хисизабизе]

Е хӀарп авар хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизабула лъабго батӀияб куцалъ, гьебги бараб буго гьелда сверун ругел хӀарпазда:

  • Рагьукъал рихьизарулел хӀарпазде гьоркьобе, рагӀул яги гьижаялъул ахиралде ккараб бакӀалда Е хӀарпалъ бихьизабула /e/ гьаракь, ва гьелъ кин букӀаниги цогидал гьаркьазул къагӀида хисизабуларо, /l/ гьаракьалъул хутӀун: берцинаб, гьелизе, бече;
  • РагӀул байбихьуда ва цогидал рагьарал гьаркьазда хадуб бугони, гьелъ бихьизабула йотахараб гьаракь, ай /j/+/e/ гьаркьазул дандрай: екеризе, ессари, елъи;
  • И хӀарпалда цадахъ (ИЕ) рагьукъал хӀарпаздаса хадуб цогидал мацӀазул фамилиязулӀ, цӀаразулӀ: Алигиери, Киеркегор, Киелдал.

Э хӀарп хӀалтӀизабула гьебго /e/ гьаракь бихьизабизе, амма цадахъ гьамзагун, киданиги букӀунаро гьелда цадахъ /j/ гьаракь. ДандчӀвала рагӀабазул байбихьуда ва къанагӀат рагьарал гьаркьазда хадуб, ай рагӀабазул бакьулӀ: эбел, эмен, беэнаб ц.

Ё хӀарп[хисизабизе | код хисизабизе]

Ё хӀарп авар хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизабиялъе гӀурхъи чӀвараб буго къватӀисел мацӀаздалъун, хасго гӀурусалдаса рачӀарал рагӀабаздалъун, жал хӀалтӀизариялъеги гӀурхъи лъурал. Гьелъ бихьизабула /jo/ гьаракь ва хӀалтӀизабула:

  • гӀурус рагӀабазулӀ гьел хӀалтӀизарулел ругони яги стилистикияб куц цӀунизе: ёлка, Пётр (аваралда Петро);
  • цогидал мацӀаздача рачӀарал хасал ва гӀаммал цӀаразулӀ œ, ə, ø гӀадал лабиаллъарал рагьаразул бакӀалда: Гёте, Сёрен (дан Søren) ва ц.

Авар рагӀабазулӀ /jo/ гьаракь бихьизабизе щибаб позициялда хӀалтӀизабула ЙО дандрай: йокьулей, йорхатай, йортизе.

Ю ва Я хӀарпал[хисизабизе | код хисизабизе]

Ю ва Я хӀарпалъ бихьизабула йотахарал гьаркьал: /ju/ ва /ja/. Ю хӀарп жалго авар рагӀабазулӀ дандчӀвала гӀицӀго байбихьуда: юссине, юкъаризе; цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабазулӀ дандчӀвала цогидал позицияздаги: юстиция, тюнинг, нюанс. Я хӀарп дандчӀвала гӀатӀидго батӀи-батӀиял позициязда: яс, батӀияб, гьаят.

Ы хӀарп[хисизабизе | код хисизабизе]

Ы хӀарп Авар мацӀалъул битӀунхъваязулӀ кьун бугеб алфабеталда гъорлӀ хъван гьечӀо, амма ошкол грамматикалъул тӀахьазда гьеб бихьизабула. Авар мацӀалъул цохӀониги рагӀиялъулӀги гьеб хъваларо, ва гьелъул хӀалтӀизабиги буго цӀакъ къанагӀатаб: хъвала гӀицӀго гӀурус мацӀалъул рагӀабазулӀ, гьезул транслитерация гьабулаго.

Гьаркьилал-гурел ишараби[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьанжесеб авар хъвай-хъвагӀиялда буго кӀиго ишара, жиндир хасаб гьаркьилаб магӀна гьечӀеб: Ь ва Ӏ; гьеб кӀиябго хӀалтӀизабула цогидал хӀарпазда цадахъ полиграфазулӀ.

Ь яги тамахаб ишара хӀалтӀизабула полиграфазулӀ графикияб элемент хӀисбалда, жинца гӀадатаб хӀарпалда цадахъ гьелъул букӀаралдаса батӀияб гьаракь бихьизабулеб: Г — Гь, К — Кь, Х — Хь. Гьединго хӀалтӀизабула гӀурус рагӀабазул транслитерациялъулӀ.

Ӏ ишара яги кириллияб гӀучӀ (палочка) буго гьединго жиндир я гьаркьилаб магӀна гьечӀеб, я жибго батӀаго хӀалтӀизаби гьечӀеб ишара. Цадахъ хӀалтӀизабулел хӀарпазул байбихьул гьаракь гьелъ гьабула яги абруптивияблъун (КӀ, ТӀ, ЦӀ, ЧӀ), яги тубан хисизабула (ГӀ, ЛӀ, ХӀ). Гьеб хӀалтӀизабулел полиграфал кьун руго гъоркьегӀан.

Рагьукъазе хӀарпал[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацӀалда бугеб 72 рагьукъаб гьаракь бихьизабизе хӀалтӀизабула алипбаялде гъорлъе бачараб 36 хӀарп (гьезул 14 жубараб, яги диграф) ва гъорлӀе бачинчӀеб 33 полиграф, гьенирго гъорлӀ лабиаллъарал рагьукъалги (ралагье гъорькегӀан).

Рагьукъал гьаркьал данде лъола гьезул халалъиялда яги къуваталда рекъон (фортис ва ленис). Фартисалъул (ялъуни къуватаб, ялъуни геминат) рагьукъаб буго 14, амма алипбаялда гьелъул ункъго гурони бихьизабун гьечӀо: лъабго диграф — Къ /q͡χːʼ/, Кь /t͡ɬːʼ/, Хъ /q͡χː/ ва цо гӀадатаб хӀарп — Щ /ʃː/; хутӀарал рихьизаризе хӀалтӀизарула кӀирекъарал, ай кӀи-кӀи цадахъ хъварал хӀарпал: диграфал ва тетрагафал, амма киналго рагӀабазулӀ гуро. Жидеца хасал гьаркьал рихьизарулел рукӀаниги, гьел алипалда рихьизарун гьечӀо.

Лабиаллъарал гьаркьал гьединго рихьизарун гьечӀо алипбаялда, гьел киналго хъвала диграфал, триграфал ва пентаграфал гӀадин, В хӀарпги хӀалтӀизабун.

ГӀадатал хӀарпал (монографал)[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀадатал хӀарпал ккола жал цо ишараялдалъун рихьизарулел. Рагьукъал гьаркьал рихьизабизе гьединаб хӀарп авар алипбаялда буго 22:

ХӀарп Б В Г Д Ж З Й К Л М Н П Р С Т Ф Х Ц Ч Ш Щ Ъ
Фонема /b/ /w/ /ɡ/ /d/ /ʒ/ /z/ /j/ /k/ /l/ /m/ /n/ /p/ /r/ /s/ /t/ /f/α /χ/ /t͡s/ /t͡ʃ/ /ʃ/ /ʃː/ /ʔ/
Авар мацӀалда гьечӀо /f/ гьаракь, гьеб гьаракь бихьизабулеб Ф хӀарп хъвала цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабазулӀ.

Халалъарал гьаркьал рихьизарулел хӀарпал[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀадатал хӀарпаз авар мацӀалда аслияб къагӀидаялъ рихьизарула гӀадатал гьаркьал, амма руго гӀадатал хӀарпал, жидеца гӀадатал гьаркьал гурелги, фортисалъул, яги халалъарал гьаркьал рихьизарурел. Гьел хӀалтӀизарула гьелго халалъарал гьаркьал рихьизарулел полиграфаздасаги гӀатӀидго. Полиграфал хӀалтӀизабулеб къагӀидаялъухъ ралагье гъоркьегӀан.

Хадусел гӀадатал хӀарпаз рихьизарула цо гьаракьалъул кӀиго вариант (фортис ва леннис):

Ъ хӀарп[хисизабизе | код хисизабизе]

Ъ хӀарп яги гӀурус къагӀидаялъухъе къараб ишара хӀалтӀизабула авар мацӀалда лъабго бакӀалда:

  • Жиндирго магӀна гьечӀого, цогидал хӀарпалгун, полиграфазда гъорлӀ;
  • Жибго авар мацӀалъул глотталияб плозив яги гьамза гьаракь /ʔ/ бихьизабизе (рагӀул яги гьижаялъул ахиралда), мисалалъе: вабаъ /wä.ˈbäʔ/, гьуърул /huʔ.ˈrul/; гьеб гьаракь рагӀул байбихьудаги дандчӀвала, амма бихьизабуларо, рагьарал хӀарпал хъван тола: абизе /ˈʔä.bi.ze/; кӀиабилеб гьижаялъул байбихьуде ккани, гьаракь бихьизабизе Ъ хъвала: Къуръан /q͡χːʼur.ˈʔän/, масъала /mäs.ˈʔä.ɫä/, яги хӀалтӀизабула Э хӀарп: беэнаб /be.ʔe.näb/;
  • Цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабазулӀ рагьукъаб гьаракьалда хадуб бугеб Е хӀарп ЙЕ гӀадин цӀалулеблъи бихьизабизе[8]; субъект /sub. jekt/ (субйект–йилан хъвачӀого), конъюнктура kon.junk.ˈtu.rä ва ц..

Диграфал[хисизабизе | код хисизабизе]

Диграфал ккола кӀиго ишараялдаса гӀуцӀарал хӀарпал, жал цо-цо гьаракь бихьизабизе хӀалтӀизарулел. Авар хъвай-хъвагӀиялд диграфал, гьединго хутӀарал полиграфалги лӀугьуна аслуялда Г, К, Л, Т, Х, Ц, Ч хӀарпазулги, гьезда цадахъ Ъ, Ь, Ӏ, В хӀарпазулги кумекалдалъун, гьединго диграфал лӀугьуна Д, Ж, З, С, Ш, Щ хӀарпазулги, цадахъ В хӀарпгун.

Авар алипбаялда гъорлӀ буго 14 диграф:

Диграф Гъ Гь ГӀ Къ Кь КӀ Лъ ЛӀα ТӀ Хъ Хь ХӀ ЦӀ ЧӀ
Фонема /ʁ/ /h/ /ʕ/ /q͡χːʼ/ /t͡ɬːʼ/ // /ɬ/, /ɬː/ /t͡ɬː/ // /q͡χː/ /x/ /ħ/ /t͡sʼ/, /t͡sːʼ/ /t͡ʃʼ/, /t͡ʃːʼ/
/t͡ɬː/ гьаракь бихьизабизе бахъараб буго ЛI хIарп, амма гьеб алипалда де факто тасдикъ гьабун гьечIо, гьелъул бакIалда гIемерисеб хIатIизабула кIирекъараб Лълъ, амма хIакъикъаталда кIирекъаб лълъ данде ккола халалъараб /ɬː/ бихьизабизе (гьеб гьаракь хъвай-хъвагIиялда бихьизабула релълъине абураб рагӀулӀ ва гьелъул цогидал формабазулӀ. Википедиялда бичӀчӀунгутӀи ккечӀого букӀиналъе гӀоло ЛӀ хӀалтӀизабула /t͡ɬː/ гьаракь бихьизабизе).

Алипбаялда гъорлӀ хъван гьечӀел, амма хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизарулел диграфал руго (16):

Диграф Гв Дв Жв Зв Кв Кк Св Сс Тв Хв Хх Цц Чв Чч Шв Щв
Фонема /ɡʷ/ // /ʒʷ/ // // // /sːʷ/ // // /χʷ/ /χː/ /t͡sː/ /t͡ʃʷ/ /t͡ʃː/ /ʃʷ/ /ʃːʷ/

Лабиаллъарал гьаркьал рихьизарулел диграфал гьанжесел орфографиялъул асасазда рекъон хъвала щибаб позициялда (гӀемериселъ гьел дандчӀвала рагӀабазул байбихьуда, къанагӀат бакьулӀ, рагӀаби журарал ругони). РагӀулебщинаб бакӀалда гьединго хъвала кӀиго диграф: Кк // (ккал /kːäɫ/, баккизе /ˈbä.kːi.ze/) ва Чч /t͡ʃː/: ччугӀа /t͡ʃːu.ˈʕä/, биччизе /ˈbi.t͡ʃːi.ze/, ччобори /t͡ʃːo.ˈbo.ri/ ва ц.

ХутӀарал халалъарал рагьукъал рихьизарулел диграфал хъвала гӀицӀго хадусел бакӀазда:

  1. Халалъараб гъугъаб альвеолярияб сибилант бихьизабулеб Сс диграф — ссан /sːän/, буссине /ˈbu.sːi.ne/, бессизе /ˈbe.sːi.ze/, руссун /ru.ˈsːun/, сси /sːi/ рагӀабазулӀ, гьезул сигъабазулӀ ва гьездаса лӀугьарал рагӀабазулӀ.
  2. Халалъараб гъугъаб увулярияб фрикатив бихьизабулеб Хх диграф — биххизе /ˈbi.χːi.ze/, махх /mäχː/, раххан /rä.ˈχːän/, ххам /χːäm/, ххезе /ˈχːe.ze/, ххенезе /ˈχːe.ne.ze/, ххине /ˈχːi.ne/ рагӀабазулӀ, гьезул сигъабазулӀ ва гьездаса лӀугьарал рагӀабазулӀ.
  3. Халалъараб гъугъаб альвеолярияб аффриката бихьизабулеб Цц диграф — беццизе /ˈbe.t͡sːi.ze/, ицц /ˈʔit͡sː/, ццин /t͡sːin/ рагӀабазулӀ, гьезул сигъабазулӀ ва гьездаса лӀугьарал рагӀабазулӀ.

ЛъабхӀарпал (триграфал)[хисизабизе | код хисизабизе]

Триграфал, ай лъабго ишараялдалъун рихьизарурал хӀарпал авар мацӀалда руго дагьал, гьел киналго руго лабиаллъарал гьаркьал рихьизаризе хӀалтӀизарулел, алипбаялде гъорлӀе рачун гьечӀо.

Триграф Гъв Гьв Ккв Къв Кьв КӀв ЛӀв ТӀв Ххв Хъв Хьв ЦӀв ЧӀв
Фонема /ʁʷ/ // /kːʷ/ /q͡χːʷʼ/ /t͡ɬːʷʼ/ /kʷʼ/ /t͡ɬːʷ/ /tʷʼ/ /χːʷ/ /q͡χːʷ/ /xːʷ/ːʷ}} /t͡sːʷʼ/ /t͡ʃʷʼ/

Гьв триграфалъ бихьизабула гъугъаб глотталияб фрикативалъул лабиаллъараб вариант; хъвала цохӀо гьве /hʷe/, гьвелцӀибил /hʷel.t͡sːʼi.bil/ рагӀабазулӀ ва гьезул сигъабазулӀ;

Ххв триграфалъ бихьизабула гъугъаб увулярияб фрикативалъул лабиаллъараб вариант; хъвала цохӀо ххвел χːʷel рагӀиялъулӀ, гьелъул сигъабазулӀ ва гьелдаса лӀугьарал рагӀабазулӀги.

УнкъхӀарпал (тетраграфал)[хисизабизе | код хисизабизе]

Ункъго ишараялдалъун бихьизабулеб хӀарп, ай тетраграф, буго ункъго:

Тетраграф КӀкӀ Лълъ ЦӀцӀ ЧӀчӀ
Фонема /kːʼ/ /ɬː/, /t͡ɬː/ /t͡sːʼ/ /t͡ʃːʼ/

Жинца велярияб абруптивияб гьаракь бихьизабулеб тетраграф КӀкӀ хъвала рагӀулебщинаб бакӀалда: кӀкӀуй /kːʼuj/, кӀкӀал /kːʼäɫ/, рикӀкӀине //ˈri.kːʼi.ne// ва ц. ХутӀарал тетраграфал хъвай мутӀигӀлъула хадусел асасазе:

  • Лълъ тетраграфалъ бихьизабула: 1) гъугъаб альвеолярияб латералияб фрикатив, ва хъвала релълъине /ˈre.ɬːi.ne/ рагӀиялъулӀ ва гьелъул сигъабазулӀ; 2) гъугъаб альвеолярияб латералияб аффриката ва хъвала: билълъине /bi.ˈt͡ɬːi.ne/, лълъар /t͡ɬːär/ рагӀабазулӀ ва гьезул сигъабазулӀ;[9]
  • ЦIцI тетраграфалъ бихьизабула халалъараб альвеолярияб абруптивияб аффриката, ва гьеб хъвала бацIцIине /ˈbä.t͡sːʼi.ne/, бецIцIизе /ˈbe.t͡sːʼi.ze/, буцIцIине /ˈbu.t͡sːʼi.ze/, цIцIе /t͡sːʼe/, рицӀцӀ /rit͡sːʼ/ рагӀабазулӀ, гьезул сигъабазулӀ ва гьездаса лӀугьарал рагӀабазулӀ;
  • ЧIчI тетраграфалъ бихьизабула халалъараб палато-альвеолярияб абруптивияб аффриката, ва гьеб хъвала бечIчIизе /ˈbe.t͡ʃːʼi.ze/, бичIчIизе /ˈbi.t͡ʃːʼi.ze/, речIчIизе /ˈre.t͡ʃːʼi.ze/, ричIчI /rit͡ʃːʼ/, ричӀчӀи /ri.ˈt͡ʃːʼi/, чӀчӀичӀчӀидизе /ˈt͡ʃːʼi.t͡ʃːʼi.di.ze/ рагӀабазулӀ, гьезул сигъабазулӀ ва гьездаса лӀугьарал рагӀабазулӀ.

Пентаграфал[хисизабизе | код хисизабизе]

Щуго ишараялдалъун хъвалеб хӀарп, ай пентаграф, буго авар мацӀалда кӀиго, гьелги хӀалтӀизарула лабиаллъарал гьаркьал рихьизаризе:

Пентаграф КӀкӀв ЧӀчӀв
Фонема /kːʷʼ/ /t͡ʃːʷʼ/

КӀкӀв пентаграфалъ бихьизабула халалъараб велярияб абруптивалъул лабиаллъараб вариант, ва хъвала гьеб гьаракь рагӀулебщинаб бакӀалда: кӀкӀвазе /kːʷʼä.ze/, кӀкӀвелараб /kːʷʼe.lä.rab/, кӀкӀвин /kːʷʼin/. ЧӀчӀв пентаграфалъ бихбизабула халалъараб палато-альвеолярияб абруптивалъул лабиаллъараб вариант, ва гьеб хъвала цохӀо чӀчӀвад /t͡ʃːʷʼäd/ рагӀиялъулӀ, гьелъул сигъабазулӀ ва гьелдаса лӀугьарал рагӀабазулӀ.

Гьанжесеб авар хъвай-хъвагӀиялъул киналниги ишараби[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацӀалда буго 77 гьаракь, гьел киналго рихьизабизе хӀалтӀизабула 83 графема/хӀарп, гьезул:

  • 10 хӀарп рагьаразе:
    • 5 — бацӀцӀадаб гьаракь бихьизабизе: А, И, О, У, Э
    • 3 — йотахараб: Ё, Ю, Я
    • 1 — кӀиго батӀияб къагӀидаялъ хӀалтӀизабулеб: Е
    • 1 — гӀурус рагӀабазе гурони хӀалтӀизабулареб: Ы
  • 71 хӀарп рагьукъазе:
    • 22 гӀадатаб: Б, В, Г, Д, Ж, З, Й, К, Л, М, Н, П, Р, С, Т, Ф, Х, Ц, Ч, Ш, Щ, Ъ
    • 30 диграф:
      • 11 — В хӀарпгун: Гв, Дв, Жв, Зв, Кв, Св, Тв, Хв, Чв, Шв, Щв;
      • 4 — Ъ хӀарпгун: Гъ, Къ, Лъ, Хъ
      • 3 — Ь хӀарпгун: Гь, Кь, Хь;
      • 7 — Ӏ ишарагун: ГӀ, КӀ, ЛӀ, ТӀ, ХӀ, ЦӀ, ЧӀ;
      • 5 — кӀирекъараб: Кк, Сс, Хх, Цц, Чч
    • 13 триграф: Гъв, Гьв, Ккв, Къв, Кьв, КӀв, Лъв, ТӀв, Ххв, Хъв, Хьв, ЦӀв, ЧӀв;
    • 4 тетраграф: КӀкӀ, Лълъ, ЦӀцӀ, ЧӀчӀ;
    • 2 пентаграф: КӀкӀв, ЧӀчӀв;
  • 1 — квекул хӀарп: Ь
  • 1 — квекул ишара: Ӏ
А Б В Г Гв Гъ Гъв Гь Гьв ГӀ Д Дв
Е Ё Ж Жв З Зв И Й К Кв Кк Ккв
Къ Къв Кь Кьв КӀ КӀв КӀкӀ КӀкӀв Л (ЛӀ) (ЛӀв) Лъ
Лъв Лълъ М Н О П Р С Св Сс Т Тв
ТӀ ТӀв Ф Х Хв Хх Ххв Хъ Хъв Хь Хьв ХӀ
Ц Цц ЦӀ ЦӀв ЦӀцӀ Ч Чч ЧӀ ЧӀв ЧӀчӀ ЧӀчӀв Ш
Шв Щ Щв Ъ Ы Ь Э Ю Я

РилӀинарун гьечӀел диграфал ва триграфал[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар алипбаялъе рахъарал, амма жеги рилӀинарун гьечӀел ва хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизарулел гьечӀел, амма хӀалтӀизабиялъе санагӀалъи бугел диграфал руго Ць ва Чь, жидеца ЦӀцӀ ва ЧӀчӀ тетраграфал, гьединго цо-цо бакӀалда ЦӀ ва ЧӀ хисулел. Мисалалъе: мацӀмаць, цӀцӀецье; хӀинчӀхӀинчь, бичӀчӀизебичьизе. Гьелдаго релълъун Цьв ва Чьв триграфаздалъун хисула ЦӀв, ЧӀв, ЧӀчӀв хӀарпалги: цӀвацьва, чӀвачьва, чӀчӀвадчьвад.

Гьединго, теориялда, бегьула хӀалтӀизабиялъе Ль диграф, жиндалъун Лълъ тетраграф ва ва цо-цо бакӀалда лъ диграф хисизе бегьулеб: релълъарабрельараб, лъимльим.

Диакритикал[хисизабизе | код хисизабизе]

Диакритикал ругел хӀарпал авар алипалда гьечӀо, амма хассаб литератураялда, мисалалъе, къамусазда хӀалтӀизарула хадусел:

  • кьабизабиялъул ишара, Юникодалда: U+0301 ◌́ COMBINING ACUTE ACCENT — гьомографал, ай хъваялъулӀ релълъарал, амма цӀалулеб къагӀида батӀи-батӀиял рагӀаби ратӀа гьаризе: ра́гӀи — рагӀи́, гьа́ризе — гьари́зе.
  • макрон (Юникодалда: U+0304 ◌̄ COMBINING MACRON) — гьелъ бихьизабула рагьукъаб гьаракьалъул халалъараб вариант ва хӀалтӀизабула рагӀи цӀалиялъул мухӀканлъи бихьизабизе: вац̄, яц̄, л̄ъим, ч̄Ӏел.

Ралагье гьединго[хисизабизе | код хисизабизе]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Himelfarb, Elizabeth J. "First Alphabet Found in Egypt", Archaeology 53, Issue 1 (Jan./Feb. 2000): 21.
  2. МикагӀилилазул, Ш. И. Авар мацӏалъул битӀунхъваялъул рагӀиро. МахӀачхъала.
  3. Школабазда малъулеб грамматикаялда рекъон 46.
  4. Исаев А. А. О формировании и развитии письменности народов Дагестана // Социологический сборник. — Мх., 1970. — Вып. I. — С. 173—232.
  5. Гьеб хӀарп буго школалъул грамматикаялда кьураб алипбаялдаги, амма сий бугеб авар мацӀалъул битӀунхъваязул къамусалда кьун бугеб алипбаялда гъорлӀ гьеб кьун гьечӀо, щай абуни гьеб гӀицӀго гӀурус рагӀабазулӀ гурони хъваларо.
  6. ХӀажилазул МухӀамад, Ильясил Шигьабудин. Дагъистаналъул адабияталъулал мацӀазе нормализация гьабиялъул суалазда хурхараб гӀелмияб сессия // Лингвистикаялъулс суалал. — 1953. — № 3. — С. 159–162. Error in Webarchive template: Empty url.
  7. Атаев 1996.
  8. Гьаб асас гӀемерисеб хӀалтӀула латин мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазе, жал рагьукъаб гьеракьалдалъун лӀугӀулел префиксаздаги, /je/ гьаркьалдалъун байбихьулеб кьибилалаздасаги гӀуцӀарал.
  9. Гьаб кӀиябго бакӀалда Википедиял хӀалтӀизабулеб къагӀидаялда хъвазе ккола ЛӀ диграф: билӀине, лӀар.