Перейти к содержанию

Лъ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Авар алфабет
Официалаб вариант
А Б В Г Гъ Гь ГӀ
Д Е Ё Ж З И Й
К Къ Кь КӀ Л Лъ ЛӀ
М Н О П Р С Т
ТӀ У Ф Х Хъ Хь ХӀ
Ц ЦӀ Ч ЧӀ Ш Щ Ъ
Ы Ь Э Ю Я
Полиграфал1
Гъв Гьв Дв Жв Зв Кв Кк
Ккв Къв Кьв КӀкӀ КӀкӀв Лълъ Лълъв
ЛӀв Св Сс Тв    ТӀв Хв Хх
Ххв Хъв Хьв Цц ЦӀв ЦӀцӀ Чв
Чч ЧӀв ЧӀчӀ ЧӀчӀв Щв
Реформат 2
Ць (Цьв) Чь (Чьв)
^1 Алфабеталда гьечӀел, хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизарулел.
^2 1952 соналъ тетраграфал хисизе рахъарал вариантал, рилӀинарун гьечӀел.

Лъ, лъМагӀарул мацӀалъул алфавиталъул хӀарп.

Старлингхъваялда рекъон – ʎ. Гьаб хӀарпица бихьизабула кӀалзул хьолболӀан бахъулеб гъугъаб гьаракь. Авар мацӀалъул рагӀабалӀ буго цоккун бахъулеб ʎ-ги, цинги кӀиккун бахъулеб ʎ:-ги. Авар мацӀалъул алфавит рекъезабунгутӀиялъул балагьалъ киб кидин гьеб хъвалебали жеги-жегицин гӀемерисел аваразда лъаларо.

Масала: лъар [Starling: ʎar] абураб рагӀулӀа гьеб тамахабун цӀалула, хӀо лълъим абураб рагӀулӀа гьеб къвакӀизабун цӀалула.

Гьебго балагь сабалъун, гьаб хӀарпица бихьизабула гьаздаго релъараб, хӀо батӀияб рижи бугеб гьаракь – ƛ: (цебе гьалъие лӀ-хӀарп гӀуцӀун букӀана, хадуб нахъеги босана). Масаладуе бачина гъобго ʎar абураб рагӀиги, цинги ƛ:ar абураб рагӀиги. ТӀоцебисеб – гьитӀинаб гӀор, кӀиабилеб – хӀайваналда букӀунеб бегӀераб хӀункеро. Хъвавуда гьезул батӀалъи бихьизабизейин абун гьел хъвала гьадин: лъар – лълъар, хӀо гьеб мекъаб жо буго.

Диалектазда, цохӀо Гьанцухъ диалектги, цо-цо Бакълъухъ сверелаздаги гурони, лӀ-гьаракь гьечӀо. Гьеза гьелъул бакӀалда лълъ абула. Хунз диалекталда, болмацӀалдаго гӀадин, лӀ-гьаракь хӀалтӀизабула.