А (кириллица)
А | |
---|---|
(Ралагье гъоркьегӀан) | |
ХӀалтӀизаби | |
Хъвавул система | Кирилликияб хъвай-хъвагӀи |
Тайпа | Алипбаяб |
ЛӀугьараб мацӀ | Басрияб килисаялъулаб славян мацӀ |
Фонетикияб хӀалтӀизаби | [a] [ɑ] [ə] |
Юникод | U+0410, U+0430 |
Алфабетияб позиция | 1 Нумерияб кӀвар: 1 |
История | |
ЦебетӀей | |
Период | ~900 to present |
Хадусел | • Я |
Бацал | A Α α א ا ܐ አ Ա ա 𐌀 A ᴀ |
Транслитерационияб эквивалент | A (Латин хъвай-хъвагӀи) |
Вариацияби | (Ралагье гъоркьегӀан) |
Цогидаб | |
Цадахъ хӀалтӀизарулел | аң |
Хурхараб рикӀкӀен | 1 |
Хъвалеб куц | КвегӀидаса квараниде |
А | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Фонетика | ä | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
ЦӀар | а | |||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Расмияб вариант | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
| ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
Полиграфал1 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
| ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
ЦӀиял 2 | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
| ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
^1 Алфабеталда гьечӀел, хъвай-хъвагӀиялда хӀалтӀизарулел. ^2 1952 соналъ тетраграфал хисизе рахъарал вариантал, рилӀинарун гьечӀел. | ||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||||
А, а — кириллицаялда гӀуцӀарал киналниги алипбаязул тӀоцӀебесеб хӀарп.[1] БачӀин буго н.-грек α (альфа) хӀарпалдаса, жибги финикияб «алеф» хӀарпалдаса лӀугьараб. ГӀемерисеб бихьизабула гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ä/ гьаракь.
Тарих
[хисизабизе | код хисизабизе]Кириллияб А хӀарп лӀугьараб буго грек альфа (Α α) хӀарпалдаса. Басрияб славян алипбаялда гьелде абула азъ–илан, азъ (azǔ), "Дун" абураб магӀнаги бугеб. Кириллияб рикӀкӀеназул системаялда А хӀарпалъул магӀна буго 1.
Форма
[хисизабизе | код хисизабизе]Тарихалда жаниб, кириллияб А хӀарпалъул букӀана батӀи-батӀияб форма. Россиялда I Пётрица граждан шрифт билӀинабуралдаса нахъе, кириллияб А хъвала латин варианталда релълъун; курсивги, мухъил формаги гьединго.
ХӀалтӀизаби
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀемерисел мацӀазда, жидеца кириллица хӀалтӀизабулел, — авар, булгар, украин, белорусс, гIурус, русин, серб, македон ва черногор мацӀал гӀадал, — кириллияб А хӀарпалъ бихьизабула рагьараб гьаракь /a/. Ингуш ва чачан мацӀазда бихьизабула гъоркьияб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ɑ/ ва гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералул рагьараб /ə/. Тувин мацӀалда гьеб хӀарп хъван букӀине бегьула диграф гӀадинги.[2][3]
Авар мацӀалда
[хисизабизе | код хисизабизе]Авар мацӀалда киса-кибего хӀалтӀизабула гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ä/ гьаракь бихьизабизе, мисалалъе: анцӀго, гӀадан, вац. РагӀул байбихьуда гьеб гьаракь дандчӀваларо, гьелда цебе букӀуна гьамза, амма гьеб бихьизабуларо, гьединлъидал киса-кибего рагӀабазул байбихьуда хъвала А хӀарп. Гьелдаса байбихьулеб бищун къокъаб рагӀи буго авар мацӀалда ине фигӀлуялъул тӀалабияб буссинаби: а.
ГӀурус мацӀалда
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀурус адабияталъулаб мацӀалда А хӀарп, рагӀулӀ бугеб позициялда рекъон, цӀалула батӀи-батӀиял къагӀидабазда:
- кьабизабиялъукь (рука́ ‘квер’) — [а] гьаракь гӀадин;
- кьабизабиялда цебесеб гьижаялъулӀ (паро́м) — [ʌ] гӀадин; гьединго -ао-, -оа- ва ц. хӀарпазул дандраязда: баоба́б, коагуля́нт;
- цогидал кьабизабиялъукь гьечӀел позициязда (кьабизабиялда хадуб ва кьабизабиялде щвелалде цоялдаса цӀикӀкӀун гьизаялъе цебе) — [ə] гӀадин
- цоц-о кьабиязабул гуреб позициялда — [ɪ] гӀадин: ч'асы́ сагӀат', к сожале́нию ‘талихӀъиналъе’.
- Кьабизабиялъукь гьечӀел гьижабазда А цӀалула О хӀарпго гӀадин: «пора́» [пʌра́] 'ригь', «росла́» [рʌсла́] 'гӀолеб букӀана'.
ГӀурус рагӀаби А хӀарпалдаса байбихьулел, аслияб къагӀидаялъ руго цогида мацӀаздаса рачӀарал, цо-цо гьоркьоберехал яги гьаркьахъе абулел рагӀаби ва "а" рагӀи хутӀизегӀан.
Хурхарал хӀарпал ва цогидал релълъарал ишараби
[хисизабизе | код хисизабизе]- A a : латин A хӀарп
- Α α : грек Α хӀарп
- Ă ă : латин A хӀарп бревисгун
- Â â : латин A хӀарп циркумфлексгун
- Ā ā : латин A хӀарп макронгун
- Æ æ исланд Æ хӀарп
Кодал
[хисизабизе | код хисизабизе]Цебихьи | А | а | ||
---|---|---|---|---|
Юникод цӀар | CYRILLIC CAPITAL LETTER A | CYRILLIC SMALL LETTER A | ||
Кодификация | дек | гьекс | дек | гьекс |
Юникод | 1040 | U+0410 | 1072 | U+0430 |
UTF-8 | 208 144 | D0 90 | 208 176 | D0 B0 |
Нумериял симболазул референс | А |
А |
а |
а |
Named character reference | А | а | ||
KOI8-R and KOI8-U | 225 | E1 | 193 | C1 |
CP 855 | 161 | A1 | 160 | A0 |
Windows-1251 | 192 | C0 | 224 | E0 |
ISO-8859-5 | 176 | B0 | 208 | D0 |
Mac Cyrillic | 128 | 80 | 224 | E0 |
Ралагье гьединго
[хисизабизе | код хисизабизе]Баянкьелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Большая российская энциклопедия : [в 35 т.] / гл. ред. Ю. С. Осипов. — М. : Большая российская энциклопедия, 2004—2017.
- ^ "Tuvan language, alphabet and pronunciation". omniglot.com. Щвей 14 June 2016.
{{cite web}}
: Check date values in:|access-date=
(help) - ^ Campbell, George L.; King, Gareth (24 July 2013). Compendium of the World's Languages. Routledge. ISBN 9781136258459. Щвей 14 June 2016 – via Google Books.
{{cite book}}
: Check date values in:|access-date=
ва|date=
(help)
Адабият
[хисизабизе | код хисизабизе]- А // Большая российская энциклопедия : [в 35 т.] / гл. ред. Ю. С. Осипов. — М. : Большая российская энциклопедия, 2004—2017.
- А // А — Ангоб. — М. : Советияб энциклопедия, 1969. — (КӀудияб советияб энциклопедия : [30 т.] / асл. ред. А. М. Прохоров ; 1969—1978, т. 1).
- Карский Е. Ф. Славянская кирилловская палеография / Отв. ред. акад. В. И. Борковский. — 2-е изд., факсимильное. — Л., М. (факс.): Из-во АН СССР; из-во «Наука» (факс.), 1928, 1979 (факс.). — Гь. 181—182. — 494 с. — 2700 экз.
КъватӀисел регӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Страницы, использующие расширение WikiHiero
- Страницы, использующие расширение JsonConfig
- CS1 errors: dates
- ГӀадатаб ИФАгун гьумерал
- Макъалаби НекӀсияб грек (1453-де)-мацӀаб текстгун
- Макъалаби Грек-мацӀаб текстгун
- Articles with hAudio microformats
- Articles with EMU identifiers
- Pages with red-linked authority control categories
- Рагьарал хӀарпал
- Кириллицаялъул хӀарпал
- Авар алипба
- Украин алипба
- Македон алипба
- Булгъар алипба
- Басрияб славян алипба
- ГӀурус алипба
- Белорус алипба
- Чуваш алипба
- А хӀарпалдаса лӀугьарал
- Вуковица