Авар фонология
Авар фонология — авар мацӀалъул стандартияб абулеб къагӀида яги акцент. Гьаб макъалаялда хал гьабулеб буго стандартияб авар мацӀалъулъ фонологиялъулаб системаялъул. Авар мацӀалъул сверелазул фонологиял хаслъиял ралагье Авар мацӀалъул свералалмакъалаялда.
Рагьаразулги рагьукъазулги къадаралъул рахъалъ цогидал кавказалъулал мацӀазда гьоркьоб авар мацӀалъ ккола гьоркьохъеб бакӀ. Авар мацӀалда рагьарал гьаркьал цӀикӀкӀун руго абхаз ва адигъ мацӀазде данде ккун, амма гӀандисезул, цӀунтӀисезул, лезгиязул ва чачаназул мацӀазде данде ккун гьел руго дагьал; картвел, нах, ва дагъистаналълал мацӀазде данде ккун, рагьукъал руго гӀемерал, амма абхаз ва адигъ мацӀаздаса дагьал[1].
Рагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]
Борхи | Кьер | ||
---|---|---|---|
Цебесеб | Гьоркьохъеб | Нахъисеб | |
ТӀасияб | i | u | |
ТӀасияб-гьоркьохъеб | e | o | |
Гъоркьияб | ä |
Рагьараб фонема авар мацӀалда буго щуго: /i/, /u/, /e/, /o/, /ä/. Гьезул цобутӀаби данде лъеял мухӀканго загьирлъула кӀиго параялъул хутӀизегӀан: /e/ — /i/ ва /o/ — /u/ параязул цобутӀаби данде лъей кидаго гуро мухӀканаб букӀунеб.
РагӀул байбихьуда рагьарал рацӀцӀадго дандчӀваларо, гьеб позициялда гьезда цебе букӀуна глотталияб ккураб рагьукъаб (яги плозив, яги жибго гьамза) /ʔ/, жиндир гьеб бакӀалда, цо-цо лингвистаз рикӀкӀухъе, фонетикияб магӀна букӀунареб, мисалалъе: эбел /ʔe.ˈbel/, анкьго /ˈʔäntɬːʼ.ɡo/, ине /ˈʔi.ne/. Амма гьамза мухӀканго загьирлъула рагӀабазул бакьулӀ, кӀиго рагьараб аскӀобе ккун, гьиатус лӀугьинчӀого букӀиналъе: рии /ri.ˈʔi/, роол /ro.ˈʔol/ (ген.), беэнаб /be.ˈʔe.nabl/. Гьединго гьиатус лӀугьинчӀого букӀиналъе, гьамза гуребги, хӀалтӀизабула зирараб палаталияб аппроксимант /j/: цӀияб /ˈt͡sʼi.jäb/, лъабгоял /ˈɬäb.ɡo.jäɫ/, дие /ˈdi.je/.[1]Гьеб къагӀида гӀемерисеб дандчӀвала морфемабазул рацӀцӀиялда.
Рагьаразул классификация[хисизабизе | код хисизабизе]
Рагьаразе классификация гьабула чанго батӀияб къагӀидаялъ. Артикуляция лӀугьунаго кӀутӀбузул позициялде балагьун, авар мацӀалъул рагьарал рикьула лабиаллъараздеги (кӀутӀбузулал) лабиаллъичӀездеги (кӀутӀбузулал-гурел). Лабиаллъарал ккола /u/, /o/. КӀутӀбузул позициялъул рахъалдаса, гьезде данде лъола кӀутӀбузулал-гурел: /i/, /e/, /ä/.
Артикуляциялда мацӀалъул гьоризонталалда рекъон бугеб позициялъ баянлъизабула цебесеб кьералъул /i/ ва /e/ рагьаралги нахъисеб кьералъул /u/ ва /o/ рагьаралги данде лъей. Гьезде данде ккуна /ä/ буго гьоркьохъеб кьералъул.
Вертикалалда рекъон мацӀалъул позицияллъ баянлъизабула тӀасияб борхиялъул /i/ ва /u/ рагьаралги гъоркьияб борхиялъул /ä/ рагьарабги данде лъей. Гьеб кӀибго борхиялда гьоркьор руго тӀасияб-гьоркьохъеб борхиялъул рагьарал: /e/ ва /o/.
Палатализация ва назализация[хисизабизе | код хисизабизе]
Адабияталъулаб авар мацӀалъе палатализация хасиятаб гьечӀо, амма гьеб дандчӀвала цӀоралъулаб сверелалда позиционияб палатазизация хӀисабалда. Мисалалъе: адаб. тӀад /tʼad/ — цӀор. кӀ´ад /tʼʲad/, адаб. бетӀер /be.ˈtʼer/ — цӀор. бикI´ер /bi.ˈtʼʲer/, адаб. дуца /ˈdu.t͡sːä/ (эрг.) — цӀор. духьхь´а /ˈdu.t͡sːʲä/, адаб. гени /ˈɡe.ni/ — цӀор. г´ени /ˈɡʲe.ni/ ва ц.
Назализация авар адабияталъулаб мацӀалъе буго дагьго хасиятаб, дандчӀвала дагьалго рагӀабазулъ: у /ʔũ/, у(н)гьи /ˈʔũ.hi/. Аслияб хӀалалъ, назализация дандчӀвала гьаркьазул къагӀидаби кьолел рагӀабазулъ: гьа /hã/, хIе /ħẽ/ (хӀама хъамизе абулеб).
Кьабизаби[хисизабизе | код хисизабизе]
Авар мацӀалъул кьабизабиялъе хасиятал сипатал руго хадусел: хьвадарулеб (динамикияб) букӀин, эспираторияб букӀин, гӀезегӀан мухӀканго загьираб ва рагӀул цоккураб гьижаялде тӀаде кколеб букӀин. Кьабизаби кидаго тӀаде ккола рагӀиялъул тӀоцебесеб яги кӀиабилеб гьижаялде; ва киданиги рагӀул байбихьудаса бугеб кӀиабилеб гьижаялдаса добегӀан унаро: на́ку, кере́н, бéрцинаб, квара́наб, гьабу́ларо, у́на.
Кьабизабиялъул хьвадари (динамика) загьирлъула рагӀи хисулелъуб, ва гьелъул хӀасилалда рагӀулӀ лӀугьуна батӀи-батӀиял хиса-басиял. Кьабизаби лъабабилеб гьижаялде тӀаде бачӀунеб бугони, кьабизабиялда цебесеб рагьараб тӀагӀуна (синкопа): бетӀе́р (ном.) — ботӀро́-л (ген.), кагъа́т (ном.) — кагъти́ца (ген.), гомо́г (ном.) — гонги́ца (ген.) ва ц.
РагӀиялъул гӀемерлъул форма лъугьунелъул, кьабизаби тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде ккани, тӀагӀуна кӀиабилеб гьижаялъул рагьараб: гама́чӀ — га́нчӀал; гIере́къ — гIе́ркъал, лъеле́хь — лъе́лхьал ва ц.
Кьабизабиялъ хасаб роль хӀала рагӀиялъул хъвалсараб аслу лъугьиналда, мисалалъе, аблаутияб хисунккей, рагӀулъ кьабизабиялъул бакӀалда бараб гьечӀониги, цадахъ регӀула кьабизаби хьвадигун: тӀехь (ном. ц. ф.) — тӀахь-а́л (ном. гӀ. ф. — тӀохь-а́л (ген.), гъе́ду (ном. ц. ф.) — гъуд-у́л (ном. гӀ. ф.) — гъад-и́л (ген.).
Кьабизабиялъ хӀала батӀи-батӀиял релъарал рагӀабазул магӀна батӀа бахъиялъул роль: рагъи́ (цӀар.) — ра́гъи (масд.), лъикӀлъи́ (цӀар) — лъи́кӀлъи (масд.), рикьи́ (цӀар) — ри́кьи (масд.).
Гьединго кьабизабиялъ хӀала рол номинативалъулги хъвалсараб аслуялъул форма релълъарал рагӀабазул магӀна батӀа бахъиялъеги: лъар (ном.) — лъа́рал (ном. гӀ. ф.) — лъара́л (ген.); тIул (ном.) — тIу́лал (ном. гӀ. ф.) — тIула́л (ген.); цIул (ном.) — цIу́лал (ном. гӀ. ф.) — цIула́л (ген.).
Кьабизабиялъул бакӀалда бараб чӀедерал ва гӀатӀидал рагьарал данде лъей ккола батӀи-батӀиял категориалиял формаби лӀугьиналъул къагӀидалъун: рухье́н (цӀар) — ру́хьин (масд.), къотIе́л (цӀар) — къо́тIи (масд.), рате́л (цӀар) — ра́ти (масд.). Кьабизабиялъул бакӀ ккола гьел рагӀабазул статус мухӀкан гьабиялъул критерияздаса цояб. Жубараб рагӀиялъул кӀиабилеб компоненталъул кьабизаби тӀагӀуна, щай гурелъул гьеб кӀиабилеб гьижаялдаса хадуса букӀине бегьуларо, мисалалъе: на́хъарукъ, бетӀе́рчIахъад, бетӀе́ргьанчи. Цогидал мацӀаздаса рачӀарал лъаб- яги цӀикӀкӀун журарал рагӀабазулъ кьабизаби бачӀуна кӀиабилеб къотӀелалде тӀаде: теле́пон, гене́рал.
Рагьукъал[хисизабизе | код хисизабизе]
Лабиал | Дентал | Альвеолар | Палатал | Велар | Увуляр | Фарингал | Глоттал | ||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
централ | летрал | ||||||||||||||
ленис | фортис | ленис | фортис | ленис | фортис | ленис | фортис | ленис | фортис | ||||||
Назалиял | m | n | |||||||||||||
Плозивал | зирарал | b | d | ɡ | |||||||||||
гъугъал | p | t | k | kː | ʔ | ||||||||||
абруптивал | tʼ | kʼ | kːʼ | ||||||||||||
Аффрикативал | гъугъал | t͡s | t͡sː | t͡ʃ | t͡ʃː | t͡ɬː | q͡χː | ||||||||
абруптивал | t͡sʼ | t͡sːʼ | t͡ʃʼ | t͡ʃːʼ | t͡ɬːʼ | q͡χːʼ | |||||||||
Фрикативал | гъугъал | s | sː | ʃ | ʃː | ɬ | ɬː | x | (xː) | χ | χː | ħ | |||
зирарал | z | ʒ | ʁ | ʕ | h | ||||||||||
Вибрантал | r | ||||||||||||||
Аппроксимантал | j | w | |||||||||||||
Латералиял аппроксимантал | l/ɫ |
Халалъиялъул ⟨ː⟩ ишараялдалъун рагьукъазе транскрипция гьабиялъул анализалъул буго кӀиго батӀияб къагӀидаю. Халалъи ккола батӀабахъилъул бутӀалъун, амма гьединго гьеб ккола артикуляциялъулаб къуватлъунги, гьединлъидал рагьукъал гьанир баян гьарун руго фортис ва ленис хӀисабалда. Фортис аффрикатал, ай къуватал аффрикатал халатал руго фрикативияб бутӀаялда, мисалалъе [tsː] (tss), контуралъул плозивияб бутӀаялда гуреб, итал мацӀ гӀадазда геминатиял аффрикатазда гӀадин [tːs] (tts). Лейверица (1994) анализ гьабулеб буго, мисалалъе, t͡ɬː гьаракьалъе кӀисегментияб аффрикативиябгин фрикативияб тартиблъи кинниигин /t͡ɬɬ/ (/tɬɬ/)[3].
Дентал | Альвеоляр | Веляр | Увуляр | Глоттал | |||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
централ | летрал | ||||||||||
ленис | фортис | ленис | фортис | фортис | ленис | фортис | ленис | фортис | |||
Плозивал | зирарал | dʷ | ɡʷ | ||||||||
гъугъал | tʷ | kʷ | kːʷ | ʔʷ | |||||||
абруптивал | tʼʷ | kʼʷ | kːʼʷ | ||||||||
Аффрикативал | гъугъал | t͡ʃʷ | t͡ɬːʷ | q͡χːʷ | |||||||
абруптивал | t͡sʷ | t͡sːʼʷ | t͡ʃʼʷ | t͡ʃːʼʷ | t͡ɬːʼʷ | q͡χːʼʷ | |||||
Фрикативал | гъугъал | sːʷ | ʃʷ | ʃːʷ | xʷ | xːʷ | χʷ | χːʷ | |||
зирарал | zʷ | ʒʷ | ʁʷ | hʷ | |||||||
Аппроксимантал | w |
Рагьукъазул классификация[хисизабизе | код хисизабизе]
Авар мацӀалъул рагьукъал гьаркьал рикьула кӀиго тӀелалде: обструэнтал (хъуй-бугел) ва соноратал. Жиндирго иргаялда обструэнтазул аслияб система бикьула жеги лъабго системалде: 1) окклюзивазул лъабилаб система; 2) аффрикатазул ункъилаб система; 3) спирантазул лъабилаб система.
Соноратал[хисизабизе | код хисизабизе]
Сонориял рагьукъал, ай жал гьаракьалъул тракталда хӀухьелалъул турбулентияб чахи гьечӀого лӀугьунел, руго хадусел: /m/, /n/, /l/, /r/, /w/, /j/.
Фонологиял процессал[хисизабизе | код хисизабизе]
Рагьаразул системаялда лӀугьунел хиса-басиял[хисизабизе | код хисизабизе]
Анаптиксис[хисизабизе | код хисизабизе]
Анаптиксис, яги тӀаде рагьараб гьаракь бачӀин, загьирлъула жибго рагьараб бачӀиналдулъунги рагьукъалда цадахъ гьижаялъулъ гьеб ккеялдалъунги рагӀи хисулелъуб: оц — оц-о-ца (эргатив), АхIмад — АхIмад-и-ца (эргатив) ва ц.
Аблаут[хисизабизе | код хисизабизе]
Аблаут (рагьарал хиси) — форма яги рагӀи лӀугьунаго, рагӀи хисулаго: [i]/[u]: налъи — налъуца (эргатив); [i]/[e]: тиризе — терезе (гӀахьалаб заман); [i]/[o]: кьили — кьолоца (эргатив); [u]/[e]: тункизе — тенкезе (гӀахьалаб заман); [u]/[o]: нус — носоца (эргатив); [e]/[i]: хleтle — хIатIица (эргатив); [e]/[u], кету — кутул (гӀем. ф.); [e]/[o]: пер — пороца (эргатив); [e]/[a]: бече — бачица (эргатив); [o]/[i]: чохтIо — чахтIица (эргатив); [o]/[a]: гьоло — гьалица (акт. игӀр.); [a]/[i]: бугъа — бугъица (эргатив); [a]/[u]: хъала — хъулби (гӀем. ф.); [a]/[o]: гIаштIи — гIоштIоца (эргатив) ва ц.
Рагьаразул элизия[хисизабизе | код хисизабизе]
Элизия, яги рагьарал тӀагӀин, загьирлъула рагӀи хисулаго, форма ва рагӀи лӀугьунаго, кьабизаби лъабабилеб гьижаялде тӀаде ккеун, кӀиабилеб гьижаялъул рагьараб тӀагӀиналдалъун (кӀижурарал рагӀабазул хъвалсараб аслуялъул кӀидаго ккола кьабизабиялъулаблъун): буру́тI — буртIи́ца (эргатив), гомо́г — гонги́л (ген.), кагъа́т — кагъти́ца, гlepeтl — гIертIица (эргатив) ва ц.
Рагьаразул ассимиляция[хисизабизе | код хисизабизе]
Ассимиляция, яги цо гьаракь цогидалда релъин, авар мацӀалда дандчӀвала прогрессивиябги регрессивиябги ассимиляция хӀисабалда.
Прогрессивияб ассимиляция, яги цебе бугеб гьаракьалъ хадуб бугелде асар гьаби, лӀугьуна:
- гӀемерлъул формаялъулъ кӀижурарал рагӀабазул, гьел игӀрабияб ва цолъул яги гӀемерлъул формаялъулаб къагӀидаялъ хисулаго, кӀиабилеб гьижа тӀагӀиналъ (кьабизаби бачӀуна тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде): бетIе́р — бу́тIрул (гӀем. ф.), кьенсе́р — кьу́нсрул (гӀем. ф.), лаче́н — лу́чнул (гӀем. ф.), габу́р — га́рбал (гӀем. ф.), тIагъу́р — тIа́гърал (гӀем. ф.). Аслуялъул рагьаразул элизия лъугьине бегьула гӀемерлъул формаялъулъ кьабизаби тӀоцебесеб гьижаялде бачӀинчӀогоги: кьиби́л — кьалба́л (гӀем. ф.), хьиби́л — хьалба́л (гӀем. ф.), миччи́л — маччли́л (гӀем. ф.), ва ц.
- гӀемерлъул формаялъул цожурарал рагӀабазул кьибилалъул рагьаразе хъвалсараб аслуялъулъ (аслуялъул рагьараб гьениб тӀагуна): кечӀ — ку́чӀдул (гӀем. ф.), тӀегь — тӀу́гьдул (гӀем. ф.), хӀехь — хӀу́хьдул (гӀем. ф.), ва ц.
Регрессивияб ассимиляция, яги хадуб бугеб гьаракьалъ цебе бугелде асар гьаби, лӀугьуна:
- цолъцъул формаялъулъ, кӀижурарал рагӀабазул, игӀрабияб ва цолъул яги гӀемерлъул формаялъулаб къагӀидаялъ хисулаго, кӀиабилеб гьижа тӀагӀиналъ (кьабизаби бачӀуна тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде): бетIе́р — ботIро́л (ген.), кьенсе́р — кьонсро́л (ген.), лаче́н — лочно́л (ген.), габу́р — горбо́л (ген.), тIагъу́р — тIогъро́л (ген.).
- цолъул формаялъул цожурарал рагӀабазул кьибилалъул рагьаразе хъвалсараб аслуялъулъ: кечӀ — кочӀо́л (ген.), тӀегь — тӀогьо́л (ген.), хӀехь — хӀохьо́л (ген.).
- рагӀи хисулаго кьабизаби тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде бачӀинчӀони: тӀехь — тӀохьо́л (ген.), чехь — чохьо́л (ген.), кьили́ — кьоло́л (ген.), ва ц.
Хъвалсараб аслуялъулъ ва гӀемерлъул формаялъул ассимиляиялъул данде кколел формаби кидаго гуро рукӀунел, ва гьеб процесс лӀугьуна гӀицӀго цолъул формаялъул хъвалсараб аслуялъулӀ, гӀемерлъул формуялъул рагьараб абуни хисуларо: гIус — гIосо́л (ген.) — гIуса́л (гӀем. ф.), гIучI — гIочIо́л (ген.) — гIучIа́л (гӀем. ф.), рукъ — рокъо́б (лок. V) — рукъза́л (гӀем. ф.), ракI — рекIе́л (ген.) — ра́кIал (гӀем. ф.), цIа — цIе́л (ген.) — цIа́ял (гӀем. ф.), лъим — лъел (ген.) — лъи́нал (гӀем. ф.), ва ц.
Цо-цо букӀине бегьула гӀемерлъул формаялда ассимиляцияги, цолъул формаялда — диссимиляцияги загьирлъи, гьениб байбихьулаблъун рикӀкӀуна хъвалсараб аслуялъул формаби: гьоко́ — гьаки́л (ген.) — гьака́л (гӀем. ф.), сордо́ — сарди́л (ген.) — сарда́л (гӀем. ф.), чӀорто́ — чӀарти́л (ген.) — чӀарта́л (гӀем. ф.), ва ц.
Редукция[хисизабизе | код хисизабизе]
Авар мацӀалда редукциялъул, ай кьабизабуларел рагьаразул гьаркьилаб тӀабигӀат хисиялъул даража буго дагьа-макъаб, гӀаммго абуни, редукция буго къадаралъулаб. Гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ä/ кьабизабуларел гьижабазда редуцилъула загӀипго: рахIáт, хали́ча, рачéл, вáчIана . Цогидал рагьаразеги лӀугьуна гьединалго загӀипал хиса-басиял, жидеца гьезул фонологияб статусалъе асар гьабуларел: къебéд, керéн, векéрухъан, тIокъó, бусéн, бигьáро ва ц.
Сингармонизм[хисизабизе | код хисизабизе]
Сингармонизм, ай кьералдалъул ва лабиализациялдалъун загьирлъулеб прогрессивияб ассимиляция, авар мацӀалда загьирлъула ахиралда бугеб рагьараб кьибилалда бугеб рагьаралда релъиналдалъун: кечI — кочIол (ген.) — кучӀдул; цер — царал (ген.) — цурдул, ва ц.
Рагьукъазул системаялда лӀугьунел хиса-басиял[хисизабизе | код хисизабизе]
Рагьукъазул ассимиляция[хисизабизе | код хисизабизе]
Ассимиляция [m] > [n] лӀугьуна мацӀалъул цересел ва нахъисел рагьукъазда цебе рагӀи ва форма лӀугьунагоги, рагӀи хисулелъубги: гъамас — гъансил (ген.), гамачI — ганчIил (ген.), тамахьу — танхьил, чIимих — чIинхал (гӀем. ф.); цо-цо мехалъ гьел гьаркьал хисичӀогоги хутӀула: ханжар — хонжроца (эрг.) ва ц.
Диссимиляция[хисизабизе | код хисизабизе]
Диссимиляция [n] > [m] лӀугьуна [r] гьаракьалда хадуб: гъаран — гъармил (генетив); чаран — чармил (генетив) ва ц.
Лабиализация[хисизабизе | код хисизабизе]
Лабиализация, яги артикуляциялъулъ кӀутӀби цебе цутӀи, буго авар мацӀалъе гӀемер хасиятаб ва дандчӀвала кидаго рагӀабазул байбихьуда (журарал рагӀабазулӀ гьоркьобги букӀине бегьула): гвай, гвенд, квар, кквезе, квер, кӀвар, свак, ххвел, хъвазе ва ц.
Делабиализация[хисизабизе | код хисизабизе]
Делабиализация, яги лабиализация тӀагӀин, лӀугьуна рагӀи хисулаго лабиалиял рагьукъазда хадур лабиалиял, яги гургинлъарал рагьарал /u/ ва /o/ рачӀиналъ: кlветl — кIутIби (гӀем. ф.); гъветI — гъутIби (гӀем. ф.), гъотIоца (эргатив) ва ц.
Метатеза[хисизабизе | код хисизабизе]
Метатеза лӀугьуна диссимиляциялъул аслуялда лабиалияб гьаракьалдаги соноранталдаги гьоркьоб бугеб рагьараб тӀагӀун ва гьеб кӀиябго рагьукъалъ тартибияб бакӀ хисун (лабиалияб + сонорияб > сонорияб + лабиалияб): габур — гарбал (гӀем. ф.); хабар — харбил (генетив); тIамур — тIармил (генетив); цIибил — цIолбол (генетив) ва ц.
Рагьукъазул элизия[хисизабизе | код хисизабизе]
Элизия, яги гьаракь тӀагӀин, лӀугьуна [n], [m], [d], [t] рагьукъазе рагӀи хисулаго, форма ва рагӀи лӀугьунаго: рехъен — рехъаби (гӀем. ф.); бусен — бусадул (ген.); хIалтIухъан — хIалтIухъаби (гӀем. ф.), лъим — лълъел (ген.) — лъадаца (акт.), гӀaтӀид (тӀадрагӀи) — гӀатӀилъи (цӀар); къебед — къебелъи, щулат(го) (тӀадр.) — щулалъи (цӀар) ва ц.
Эпентезис[хисизабизе | код хисизабизе]
Эпентезис, яги тӀаде рагьукъаб гьаракь бачӀин, загьирлъула гӀицӀго рагьарабгун цадахъ, ай гьижа хӀисабалда, рагӀи хисулелъуб: рахь — рахь-да-ца (эргатив); моцI — моцI-ро-ца (эргатив); бер — бер-зу-ца (эргатив) ва ц.
Ралагье гьединго[хисизабизе | код хисизабизе]
МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]
- ↑ 1,0 1,1 ЦӀадаса ХӀамзатил цӀаралда бугеб мацӀалъул, адабияталъул ва гьунаралъул институталъул журнал "Вестник", № 6, 2014, 14 гьум.
- ↑ Consonant Systems of the North-East Caucasian Languages on TITUS DIDACTICA
- ↑ Laver (1994) Principles of Phonetics p. 371.
Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]
ГӀурусалда:
- М.Е. Алексеев, Б.М. Атаев, М.А. Магомедов, М.И. Магомедов, Г.И. Мадиева, П.А. Саидова, Дж.С. Самедов. Современный аварский язык.
- Алексеев М. Е., Атаев Б. М. Аварский язык. М., 1997.
РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]
- Мадиева Г. Аварский язык (из: Языки народов СССР)
- Алексеев М. Е. Аварский язык (из: Языки мира: Кавказские языки)
- Аварский язык / М.Е.Алексеев // Большая российская энциклопедия : [в 35 т.] / гл. ред. Ю. С. Осипов. — М. : Большая российская энциклопедия, 2004—2017.
- Аварский язык