Хундерил сверел

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ху́ндерил сверел, гьединго гьоркьохъеб яги централаб[1]авар мацӀалъул диалект, жиб хьондасеб тӀадгаруде гъорлӀе унеб бакътӀерхьулги бакъаккулги сверелалда цадахъ. Ккола батӀи-батӀиял гаргаразул конгламератлъун, жиб тӀибитӀун бугеб Централаб Авариялда: аслияб куцалъ Хунзахъги Онсокологи мухъазда, гьединго гьезулгун гӀорхъоде кколел Бакълъул мухъалъул цо-цо росабалӀги. Гьелъ гъорлӀе бачунеб конгламерат бикьизе бегьула магӀарулги, нахъахьиндалги, хьи́ндалги гаргаразде.

ГӀемериселъ жиб болмацӀалъулги стандартмацӀалъулги кьоччӀокь бугилан рикӀкӀунеб хундерил сверел буго авар мацӀалъул жибго жиндаго чӀараб сверел, лексикаги морфологияги стандарталде цӀакъ гӀагараб, фонетика абуни батӀияб. Рагьукъазул стандарталъулго гӀадинаб система букӀаго, хундерил сверелалда буго гӀатӀидаб рагьаразул система, жиндица халаталги назаллъаралги рагьарал, гьединго полифтонгал гъорлӀе рачунеб. ГӀатӀидго данчӀвала рагӀабазулӀ ва га́рулӀ классиял ва гьезда релълъарал рагьукъал тӀагӀин, гьеб буго кинабниги стандарталдаса батӀалъиялъул кьучӀда бугеб феноменон.

ТӀибитӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

Хундерил сверел тӀибитӀун буго Централаб Авариялда, аслияб куцалъ Онсокологи Хунзахъги мухъазда. Бакъдасеб рахъалда элъул ареалалъул гӀурхъи буго Шамилил мухъалда, гьениб диалекталда кӀалъалеб лъабго росу буго: ДатунатӀа, Къваниб, НитӀаб. Гьениса тӀадехун бугеб Хунзахъ мухъалъул киналниги росаби руго эб свералида кӀалъалел, жал бакъаккул сверелалда кӀалъалел ГьитӀинаб ГьоцӀалӀ, КӀудияб ГьоцӀалӀ, ТӀагьада, Уздалросо, ХъахӀикӀкӀал хутӀизегӀан. Онсоколо мухъалъул кӀиго росу — Рихьуни (жубараб сверел) ва ГьаракӀуни (бакъаккул сверел) — хутӀизегӀан киналго ккола хундерил свералида кӀалъалеллъун. Гьединго хундерил сверел буго Бакълъул мухъалъул Игьалибги, Гьарадерихъги.

Жанисеб рикьи[хисизабизе | код хисизабизе]

Хундерил сверел унгоги буго жидеда гаргаразул конгламерат. Гаргарал руго цоцаде цӀакъ гӀагарал, жидер цо-цо хаслъи бугел, кӀалъалелъул гьел риччӀула, хӀо цоялъул цогиялдаса батӀалъи букӀинги лъала. Жидер фонетикияб батӀалъуда рекъон, гьел гаргарал рикьизе бегьула лъабиде:

Фонология[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]

Борхи Кьер
Цебесеб Гьоркьохъеб Нахъисеб
ТӀасияб i, u,
ТӀаса-бакьулӀеб e, o,
Гъоркьияб ä, äː

Хундерил свералида буго стандартмацӀалде данде ккун дагьабги гӀатӀидаб рагьаразул система, жиндица гъорлӀе рачунеб халатал рагьаралги, дифтонгалги. Цо-цо гаргаразулӀ дандчӀвала назалиял рагьаралги, назалиял дифтонгалги.

Хундерил свералил рагьаразул системалъулӀ цӀикӀкӀаниселъ данчӀвала тӀасиял, яги рорхатал рагьарал /i, u/. Гьединлъидал гьел ккола удулел, У гьаракь абулел, бакъдасел свералаби гӀадин.

Руго гаргарал тӀаса-бакьулӀеб /o/ гьечӀеб, элъул бакӀалда кибго тӀасияб /u/ гьаракь хӀалтӀизабулел, гьезде гъорлӀе уна игьелдерилаб, гьарадерилаб.

Нахъахьиндалазул гаргарал руго одулел (игьелдерил хутӀизегӀан), гьезулӀ кибгогӀадин абула тӀаса-бакьулӀеб /o/, стандарталда /u/ абулелъубцин.

МагӀарул (игьелдерил
гьарадерил)
Нахъахьиндал Стандарт
ро́су ру́су ро́со ро́су
ке́ту ке́ту ке́то ке́ту
оц уц оц оц

МагӀарул гаргаразулӀ гьединго гӀемериселъ батула /i/. Стандарталда /e/ батулелъуб, мисалалъе, инфинитивазулӀ, каузативазулӀ, дативазулӀ ва цогидазулӀ, магӀарул гаргаразда кибго абула /i/, нахъахьиндалазул гаргаразда абула стандарталда гӀадин /e/ (цо-цо бакӀалда стандартаб /i/ бугелъубги):

МагӀарул
Хьиндал
Нахъахьиндал Стандарт
хӀа́лтӀизи хӀа́лтӀизе хӀа́лтӀизе
букӀинизи букӀинайзе букӀинабизе
бу́ги бу́ге бу́геб
ва́сас̄и ва́сас̄е ва́сас̄е
къас̄и́ къас̄е́ къас̄и́

Халалъарал рагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]

Халалъараллъун букӀине бегьула щуябго рагьараб // (Ӣ), // (Ӯ), // (Е̄ ), // (О̄ ), // (А̄ ). Хундерил свералида рагьарал гьаркьал халалъула кӀиго релълъараб рагьараб гьаркьида гьоркьоса рагьукъаб тӀагӀун, гьеб кӀиябго аскӀобе ккеялдалъун. Гьез хӀала магӀна батӀахъул рол: эл (цӀарубакӀ) — э̄л (эбел), чӀар — чӀар (чӀабар), лал — лал (лабал).[2]

Халатаб борхатаб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб // букӀуна стандарталда кӀиго -и- гьаркьида гьоркьоб хундерилалда тӀагӀунеб рагьукъаб бугелъуб:

Хундерил ИФА Стандарт
ц̄Ӏӣл t͡sːʼiːl ц̄Ӏиби́л
кьӣл t͡ɬːʼiːl кьиби́л
хьӣл xiːl хьиби́л

Яги гьеб букӀине рес буго -ий- конструкт цолъун, цожварал рагӀабазул дативалъулӀ ва щий гьикъул цӀарубакӀалъулӀ. Нахъахьиндалазул гар-гаразулӀ гьединго 2-абилеб классалъул рачӀул 5 сериялъулӀги.

Хундерил ИФА Стандарт
дӣ diː ди́е
л̄ъӣ ɬːiː л̄ъи́е
щӣ ʃːiː щий
хурӣ χu.riː хури́бе

Гьеб гьаракь батулел хассал бакӀалги руго, гьанибго рехсезе бегьула позиционияб халалъиги. Мисалалъе, херехьдерил гаргаралда гьеб гьаракь батула гьикъул цӀарубакӀазулъ, жиб лӀугьараб -ниги комплекс гьоркьоса -г- тӀагӀун цолъиялдалъун, мисалалъе, щунӣ, щинӣ — станд. щивниги, щийниги. ГӀарадерил гаргаралда лъалалъараб и лӀугьуна цолъул формалъул дативазда: бацӀии (бацӀие), тӀанчӀии (тӀанчӀие), хӀатӀии (хӀатӀие).[a][2]

МагӀарул гаргаразда данчӀвазе гьединго позиционияб халалъараб /i/], жиб рекъонкколеб хьиндал ва нахъахьиндал гаргаразул дифтонгазе. Гьеб лӀугьуна хадусеб куцалда стандарталдаса магӀарулалде: /ä.bi/ > /äi̯/ > /e/ > /iː/. Халалъиги гьениб букӀуна кӀиабизе лӀугьараб.

Хундерил Нахъахьиндал Стандарт
/iː/ ~ /i/ /äi̯/ /а.Ci/
гьӣзе гьаи̯зе гьаби́зе
щӣзе щаи̯зе ~ щайзе

Халатаб борхатаб нахъисеб гургинлъараб рагьараб данчӀвала гьанщадерилги, гӀарадерилги, хьинда́дерилги гаргаразда, гьединго игьелдерилалда адвербазулӀ, жал стандарталда классазулал кколел:

Хундерил ИФА Стандарт
щӯ /ʃːuː щив
жӯ /ʒuː/ жив
ас̄кӀӯ /ʔäsː.kʼuː/[b] аскӀо́в

ТӀаса-бакьулӀеб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб [] цӀикӀкӀаниселъ букӀуна гьоркьоса рагьукъаб тӀагӀун кӀиго Е цодецӀаралъуб.

Хундерил ИФА Стандарт
э̄л /eːl/ эбе́л
э̄н /eːn/ эме́н
э̄х̄а /ʔeː.χːa гьемехалъ

Халатаб Е данчӀвала цо-цо гаргаразул ниж цӀарубакӀул хъвалсарал формабазулӀ, мисалалъе, нахъахьиндалазул не̄ц̄а — стандарталда ниже́ца. Свералида /ʒ/ гьаракь тӀагӀин билӀараб жо гуро, амма гьаб бакӀалда гьеб фонетикияб процессалъул хал гьабизе бегьула: /ʒ/ > /j/ ин гӀадин, жиб хассго данчӀвалеб нахъахьиндалазул гаргаразулӀ. Жибго гьеб j гьаракь тӀагӀин буго тайпадулаб процесслъун.

ТӀаса-бакьулӀеб нахъисеб гургинлъараб рагьараб [o] данчӀвала цӀикӀкӀаниселъ кӀиго О гьаракь цоцаде цӀаялдалъун.

Хундерил ИФА Стандарт
гьо̄л /hoːl/ гьобо́л
хӀо̄да /ħoː.dä/ хӀобо́да
ччо̄ри /t͡ʃːoː.ri/ ччобо́ри

Халатаб О данчӀвала цогидал бакӀазлаги:

  • Нахъахьиндалазул гаргаразул цо-цо вариантазул гьанжесеб гӀахьалаб мехалъул гьечӀолъул формабазулӀ, мисалалъе, стандартаб бегьу́ларокьахъадерил бегьо̄ро, гьанщадерил бегьо̄рой.
  • Чиясул классалъул адвербги гьанжесеб мехалъул вербги цолъаралъуб: ас̄кӀо̄го — станд. аскӀо́в вуго.

Гъоркьияб гьоркьохъеб гургинлъичӀеб рагьараб [ä] букӀуна кӀиго А гьаркьида гьоркьоса рагьукъаб тӀагӀун, гьел цолъулелъуб:

Хундерил ИФА Стандарт
чӀа̄р /t͡ʃʼäːr/ чӀабар
рукъза̄хъ /ruq͡χːʼ.zäːq͡χː/ рукъзабахъ
хурза̄хъ /χur.zäːq͡χː/ хурзабахъ
цӀа̄л /t͡sʼäːl/ цӀа́ял

Назалиял рагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]

Жибго жиндаго бугеб назализацион данчӀвала, мисалалъе, хьиндадерил гаргаралда: гьу́ᵸкъизе /ˈhũ.q͡χːʼi.ze/ ("лъелӀе тӀерхьине"), гьенибго назализациялъул буго магӀна батӀахъул кӀварги, гьу́ᵸкъизегьукъизе. Гьединго хьиндадерил, игьелдерил гаргаразда назаллъула цӀикӀкӀанисел -VnC- комплекс бугел рагӀаби:

Игьелдерил Хьиндадерил Стандарт
а́ᵸлӀу а́ᵸлӀо анлӀго
у́ᵸкъу у́ᵸкъо у́нкъго

Дифтонгал[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагьаразул халалъи кӀиго цохӀого рагьараб цоцаде цӀан лӀугьунеб батани, дифтонгизация букӀуна, гьоркьоса рагьукъаб тӀагӀун, кӀиго батӀияб рагьараб аскӀобе ккедал. Хундерил свералида дифтонгизация данчӀвала хьи́ндал ва нахъахьиндал гаргаразулӀ, магӀарул гаргаразда абуни дифтонгазул бакӀалда ратула халалъарал рагьарал, гьеб риккӀине бегьула кӀиабизесеб процесслъун.

Рагьукъал[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагьукъазул система буго болмацӀалда бугеб гӀадинаб, цо-цо гар-гаразулӀ дандчӀвазе бегьула батӀиял рагьукъалги.

Морфология[хисизабизе | код хисизабизе]

Морфологияб рахъалъ хундерил сверел гӀемер батӀияб гьечӀо стандарталдаса. Бугеб батӀалъиги лӀугьараб буго классалъул гӀаламатал тӀагӀиналдалъун. Хундерил сверелалда дагьабги гӀатӀидго хӀалтӀизабула кӀиабилеб свери. ГӀемерлъул формаби рукӀуна яги -ай (-зай) суффиксаз гьарурал. Аналитикиял вербалиял формаби цоцаде цӀан лӀугьуна синтетикиял формаби.

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

Комментариял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Цогидал гаргаразда, мисалалъе, мадугьалихъ бугеб хьиндадерилалда гьебго позициялда халалъи данчӀваларо.
  2. Нахъахьиндал гаргаразулӀ гьеб бакӀалда букӀун халалъараб /o/: /ʔäsː.kʼoː/.

Иццал[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. МикагӀилилазул 1959, p. 483.
  2. 2,0 2,1 МухӀамадилазул, И. Самира (2011). "Долгие гласные в оротинском говоре аварского языка" [Авар мацӀалъул гӀарадерил гаргарул халалъарал рагьарал]. Вестник Университета Российской академии образования (5): 139–142. Халагьи 2024-03-06.

Библиография[хисизабизе | код хисизабизе]

  • МикагӀилилазул, Ш. И. (1959). Бокарев, Е. А. (ред.). Очерки аварской диалектологии [Авар диалектологиялъул хъвай-хъвагӀаял]. Ленинград: СССРалъул гӀелмабазул академиялъул пресс. гь. 510.
  • СагӀидилазул, М. (1953). Нахахиндалальсие говоры аварского языка [Авар мацӀалъул нахъахьиндал гаргарал]. МахӀачхъала: Рукописный фонд ДНЦ РАН.