Бакълъухъезул сверел
Бакълъухъезул сверел — авар мацӀалъул диалектазул цояб, жиб бакъдасеб тӀадгаруде гъорлӀе унеб.[1][2] Бакълъухъезул сверел ккола тайпадулаб гьоркьохъеб диалектлъун, бакъдасел свералабазул куц-мухъ гуребги, элъул руго хундерил сверилил гӀадал ружбиги.[3]
ТӀибитӀи
[хисизабизе | код хисизабизе]Бахълъухъезул свералида кӀалъала Шамилил мухъалъул хадусел росабалӀ: Гъоркьбакълъухъ, ТӀасабакълъухъ, ЗанатӀа, Могьохъ, Гьолокь. Гьединго эб свералиде ккола Гъуниб мухъалъул Къородаги.
Хьондехун элъул гӀурхъи цураб буго хундерил сверел тӀибитӀул ареалгун, бакъдехун — гьидерил сверелгунги къахӀисезул гаргаргунги. Бакъда-баккудехун элъул мадугьалихъ буго гӀандалазул сверел.[3]
Куц-мухъ
[хисизабизе | код хисизабизе]Фонология
[хисизабизе | код хисизабизе]СтандартмацӀалде дандеккун, бакълъухъезул свералида гьечӀо сибилантал фрикативал /s/ (С), /z/ (З), сибилантаб аффрикат /t͡s/ (Ц), абруптивияб /t͡sʼ/ (ЦӀ), интенсивиял /ʃː/ (Щ), /t͡ʃː/ (Чч), /t͡ʃːʼ/ (Чь), гьединго латералаб /t͡ʃːʼ/ (Лъ) ва увуларияб /kː/ (Кк).[3]
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ МикагӀилилазул 1959.
- ^ Атаев, Б. М (2020). "Некоторые фонетико-морфологические особенности диалектов аварского языка" (PDF). Вестник Института языка, литературы и искусства им. Г. Цадасы (22). ДФИЦ РАН: 8–13. doi:10.31029/vestiyali22/1. Щвей 2024-03-02.
- ^ a b c МикагӀилилазул 1959, гь. 285.
Библиография
[хисизабизе | код хисизабизе]- МикагӀилилазул, Ш. И. (1959). "Батлухский диалект Южного наречия" [Бакъдасеб тӀадгарул бакълъухъезул сверел]. Гъоркь: Бокарев, Е. А. (ред.). Очерки аварской диалектологии [Авар диалектологиялъул хъвай-хъвагӀаял]. Ленинград: СССРалъул гӀелмабазул академиялъул пресса. гь. 510.