Хунзахъ тӀалъи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ТІалъи
Хунзахъ тӀалъи?
ТІалъиялъул Хунзахъ росу
ТІалъиялъул Хунзахъ росу
Сипат-сурат
Халалъи25 км
Борхалъи
Борхалъи1700–2000 м
Локация
42°32′38″ ш. гӀ. 46°42′06″ бб. х.HGЯO
Пачалихъ
Россия
ТӀанкӀ
Хунзахъ тӀалъи
Дагъистан
ТӀанкӀ
Хунзахъ тӀалъи


Ху́нзахъ тІа́лъиХунзахъ мухъалда бугеб тІалъи, жиб Дагъистаналда ругел тІалъабазул бищун гІатІидаб ва кІудияб. ГІатІилъи гьелъул буго 250 км². ТІалъи гІуцІараб буго къвакІараб гамачІ-къоноялъ, бутІаккун къвакІараб гачигамачІалъ. Релиефалъул рахъалъ гьеб буго гьетІи бугеб, бакІ-бакІалда гохІахараб ритІел.

Географияб сипат-сурат[хисизабизе | код хисизабизе]

Бугеб бакІ[хисизабизе | код хисизабизе]

Хунзахъ тІалъи буго Жанисеб Дагъистаналъул бакьулӀ, ралъдал гьумералдаса тІалъул борхалъи буго 1700–2200 м. Гьелъул халалъи буго 25 км, гІеблъи — 8–10 км; гІаммаб къагІидаялъ тІалъиялъул гІатІилъи буго 250 км2. ТІалъиялъул рельеф буго гІодобе буссараб ритІел, гьитІинал гохІалги, балкабиги, гІиссинал кІкІалабиги ругеб. Хьундасебгун-бакъбаккул рахъалда тІалъиялъул гІорхъилъун буго ТІанусдерил бал, жибги Макьасде щвезегІан бугеб, бакъдасебгун-бакъбаккул рахъалда рахъалда — ГІакаро. Бакъбаккул рахъалдехун кколеб бакІалда тІалъиялъул гІурхъилъун буго 100–1200 м. борхалъуда бугеб ЦІолокь каньон, ГІарани хъаладухъа байбихьун Шамилил мухъалъул Гьолокь росдаде щвезегІан, 22 км халалъиги бугеб. Гьениб тІалъиялдаса чвахулеб Тобтилги Тиронлъаралъулги лъугьуна чвахубакІал (чвахиялъул борхалъи 70 ва 120 м)[1]

Геология[хисизабизе | код хисизабизе]

Хунзахъ тІалъиялъул ракьал аслияб къагІидаялъ ккола лъикІ жо бижулеб бечедаб щелоч гъорлъ бугел мугІрузул чІегІер-ракьаллъун. РорхалъудегІан ругел чІегІер-ракьазда гъорлъ щелочалъул къадар дагьлъула ва гумусалъул къадара бахуна 7 проценталде.

Климат[хисизабизе | код хисизабизе]

Гъуниб тІалъиялде данде ккун, Хунзахъ тІалъиялда климаталъул шартІал руго кьварарал, лъагІалил гьоркьохъеб температура бащалъула 6,60. ГІазу-цІадал къадар бащщалъула 532 мм (гьебго борхалъиялда бугеб ТІасияб Гъуниб, гьоркьохъеб температура бащалъула 8,1°, гІазу-цІадал къадар — 507 мм).

Хунзахъ тІалъиялда рукІуна гІезегІан къуваталъул гьурал, цо-цо мехалда 8 балл къуваталда ругел. Хунзахъ тІалъиялда гьединаб хасаб климат букІиналъе гІиллалъун ккола тІалъи рагьараб букІин, хасго бакъбаккудаса ва бакътІерхьудаса, ва гьелдалъун щибаб рахъалдасан гІадин гьавадул массаби рачІин.[2]

Гьидрология[хисизабизе | код хисизабизе]

Тобтил чвахи

ТІалъиялда ругел лъаразул чІахІияллъун рикІкІине бегьула Тобот, Хундерил лъар, Илъа-лъар; гьел киналго лъар чвахула ЦІолокье, гІизаІан кІудияб борхалъудаса. ЦІадал райда, гьел лъарал гІемерго кІодолъула.

ТІалъиялъул бакътІерхьун рахъалдаги буго дагьабго гьитІинаб лъар, жиндир чвахиялъул борхалъи 50 метраялдаси бугеб.

ТІалъиялъул гІодорегІан ккарал бакІазда, Сиухъ, Гъонохъ, Шотода ва Макьасда росабазда аскІор цере рукІана гьитІиналго хьуцІал. Гьел ахираб заманалда ракъвазарулел руго.

Шотода росдата цебе буго квералъ гьабураб хІор, жанибе биччан буго ччугІа.

Рижел[хисизабизе | код хисизабизе]

ТІалъидул рижел цІакъго бечедаб гІечІо. НекІсиял рохьал хутІун гьечІо. Хурдузул данчІвала харибакІазул, ва мугІрузул хурдул: шалфей, рехъеб, чебрец, харибакІазул ва мугІрузул лъабгІин, люцерна ва цогидалги.

ХІайванал[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІайваназулги гІемерал тайпаби данде чІваларо. Рахьхахулезул гІемерисеб данде чІвала гІанхвара Радде (Дагъистаналъул эндемик). Цо-цо данде чІвала гІанкІал, цурдул, гІондокьал, цо-цо — бацІал.

ХІанчІазул тайпабазул ратула альпазул чІегІерхІанчІи, гІалхул маккал; данде чІвала чІоролаби, мокъокъал ва чанахъанхІанчІазул чанго тайпа.[3]

Халкъ[хисизабизе | код хисизабизе]

Хунзахъ тІалъи ккола Дагъистаналда ругел бищун халкъ ризаб бакІазул цояблъун.[4]

Росдал магІишат[хисизабизе | код хисизабизе]

ТІалъиялъул чІегІерракьал, гьетІи букІаниги, кьерзал гьарун ва рекьун хІалтІизарула. Аслияб къагІидаялъ гІазабула картошка, чІегІер гьоло, лъелъ во цогидалги.

Сурат бахъараб буго ЦІада росдаде тІаде балагьараб кІудияб ганчІидасан.
Хунзахъ тІалъиялъул панорама

Галерея[хисизабизе | код хисизабизе]

Хунзахъ тІалъи борхалъудаса

МугъчІваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. [1] Archived 2019-10-10 at the Wayback Machine
  2. "Archive copy". Архивация оригинал (2019-10-10). Халагьи 2019-10-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)CS1 maint: archived copy as title (link)
  3. "Archive copy". Архивация оригинал (2019-10-10). Халагьи 2019-10-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)CS1 maint: archived copy as title (link)
  4. "Archive copy". Архивация оригинал (2019-10-10). Халагьи 2019-10-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)CS1 maint: archived copy as title (link)