Харахьи
Росу | |
Харахьи | |
---|---|
42°38′43″ с. ш. 46°31′16″ в. д.HGЯO | |
Пачалихъ |
![]() |
Федерациялъул субъект | Дагъистан |
Муниципалияб мухъ | Хунзахъ мухъ |
ЖамагӀат | Росдал поселение Харахьи |
Халкъ | |
Халкъалъул къадар | ↘1160 чи |
Катойконим | Харахьисев, харахьсей, херехь. |
|
Хáрахьи — Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалда бугеб росу. Харахьи росдал поселениялъул марказ ва цо бугеб росу. Хунзахъ мухъалъул Харахьи участокалъул марказ.
ЦІар бачІараб бакІ[хисизабизе | код хисизабизе]
Росдал цІар бачІараблъун рикІкІуна «хвараб лъим» абураб рагІудаса. Биценазда рекъон, цебе заманалъ, КъвекІада ва ЩулалъутІа абулеб бакІалада букІун буго кІиго гьитІинаб росу, гьабсагІат росу бугеб бакІалда букІун буго хьуцІ, жиндир лъиналда, гьекъезе бегьунгутІиялъ, абулеб букІун буго «Хвараб лъим». Цогидаб къагІидаялъ, цІар бачІун буго «хваразухъе» абураб рагІиялдасан. ХьуцІалде аскІорегІан, харибакІал хвезаричІого рукІине, гьарун рукІун руго хабзалаби, ва гІадамазда гьоркьоб, хабзалъа руссараз, кир рукІарал-ян цІехедал, абулеб букІун буго «хваразухъе ун рукІанин».
Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]
Харахьи росу ккола аваразул некІсиял росабазул цояблъун, жиб гІарабал рачІиналдего букІараб. КъвекІада букІараб росу, букІун буго щула гьабураб росулъун. Гьенир рукІарал гІадамазул дин цин хъанчи лагълъи гьаби, хадуб насранияб дин букІиналъе нугІлъи гьабула гьенир ратарал хъанчаз. КъвекІада ва ЩулалъутІа росабазда гьоркьоб букІун буго кьал. КъвекІадисел тІаде кІанцІун руго ЩулалъутІа росдаде, амма гьелъул гІадамал къезаризе кІун гьечІо, ва цинги къвекІадисез ургъун буго хІилла: биценазда рекъон, гьез гІодобе бак буго гІодобе гІеч, ва гІеч бакІаризе лъугьарал ЩулалъутІа росдал гІадамазде тІеги кІанцІун, гьел къезарун руго. Гьелдаса хадуб кІиябго росу цолъун буго. ГІага-шагарго XV гІасруялъ, хІуцІ бакъвазабун, гІадамал гьенире рахъун руго.
Байбихьуда гІемерисел гІадамазул чІей букІун буго «ГохIда кавудахъ» абулеб бакІалда, жибги тушманасде данде чІезе санагІалъи бугеб. Гьенир рукІун руго кІудиб каву, къасе мехалъ рахалеб; бицен буго, гьеб каву къалеб гьаракь Гьарадерихъ росулъецин рагІулеб букІанин.
Харахьи росу гъорлъе унаан Авар ханлъиялде. Росу букІана узденаб. Щибаб лъагІелалъ росдаца кьезе кколеб магъало букІун буго 264 къали тІорщалил. Жиндир заманалда гьеб кьечІони, конфискация гьабулеб букІун буго рукъалъул ялъуни бекьулеб ракьалъул. Нуцаласе вас гьавидал, гьесие сайгъаь хІимабалда кьезе кколеб букІун буго бекьулеб ракьалъул ялъуни харибакІалъул бутІа. Гьединго херехьдерица кьезе кколеб букІун буго нуцалалсе магъало, Текида боцІи кваназабуралъухъги Харикь ругел харибакІал хІалтІизаруралъухъги.
Халкъ[хисизабизе | код хисизабизе]
Машгьурал чагІи[хисизабизе | код хисизабизе]
ХІужжаби[хисизабизе | код хисизабизе]
![]() |
Гьаб тІубачІеб макъала буго Дагъистаналъул ракьхъваялъул хӀакъалъулъ. Нужеца кумек гьабизе бегьула проекталъе, гъалатІ битІизабун ва макъалаялда тIад жо жубан. |
Халип:Категория гӀицӀго макъалабазулъ