Хьиндахъ (Хунзахъ мухъ)
Росу | |
Хьиндахъ | |
---|---|
![]() | |
42°39′37″ ш. гӀ. 46°34′33″ бб. х.HGЯO | |
Пачалихъ |
![]() |
Федерациялъул субъект | Дагъистан |
Муниципалияб мухъ | Хунзахъ мухъ |
Росдал поселение | Хьиндахъ росдал бо |
Жанисеб бикьи |
4 авал:
|
Тарих ва ракьхъвай | |
ТӀоцебесеб рехсей | XVIII гӀасру |
СагӀтазул зона | UTC+3:00 |
Халкъ | |
Къадар | ↘560[1] (2010) чи (2010) |
Миллат(ал) | Аварал |
Конфессия(л) | Ислам |
Катойконим | Хьиндахъев, хьиндахъей, хьиндал |
Расмияб мацӀ | авар, гӀурус |
Цифрабазул идентификаторал | |
Почалъул индекс | 368267 |
|
Хьиндахъ — Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалъул Нахъа-Хьиндаллъиялда бугеб росу. Коло росдада цадахъ Хьиндахъ росдал боялде гъорлӀе уна ва гьелъул административияб марказги ккола.[2]
Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]
Росдада цIар бачIараблъун рикIкIуна «хинаб» абураб рагIудасан; гьеб ритIухъ гьабула Хьиндахъ росу бугеб бакI хинаб букIиналъ. Гьединго буго цоги пикру: росдал цӀар «хьин» абураб рагIудаса бачӀин, гьелъие гӀиллаги, росдал биценазда рекъон, буго некIо заманалъ Хьиндахъ росдада цере рукIун ругел хIуцIалъ гьеб хер гьарзаго бижулеб букIин, ва росдал гӀадамаз хӀалтӀизабулеб букӀин.
География[хисизабизе | код хисизабизе]
Бугеб бакI[хисизабизе | код хисизабизе]
Росу буго Хунзахъ мухъалъул шималиябгин бакътIерхьул рахъалда, мухъалъул марказ Хунзахъа 17 км-ялъ рикIкIад, Бакълъул мухъалъулгун гIорхъода. Росдал гIурхъи буго Хунзахъ мухъалъул ГIоротIа, МочӀохъ, ГӀочӀло росабигун.
Релйеф[хисизабизе | код хисизабизе]
Росу шартIияб къагIидаялъ бикьула кIиго бутIаялде — цIияб (ГьаматIа авал) ва басрияб рахъалде. Басрияб рахъалъ ккола къиблаялъул бакъбаккул рахъалдехун бугеб экспозицияги ва тIубанго гуреб лъар ккун эхебе бугеб лъарал ракьул террасаги. ГьаматIа авал буго росдадаса лъар ккун добехун, бакъбаккул рахъалде дагьабго гьетIи бугеб гохIда.
Кьер буго кIкIалахараб; руго иццалги. Тектоникияб планалда росу ккола ЧIалда синклиналалъул шималияб бакътерхьул кваркьиялде. Росу бугеб бакIалъул ракьбагъариялъул буго 7 балл. росдада цебесан чвахулеб ГIандигIоралъул гIаркьеллъун жиб кколеб лъар. Лъар буго силияб, ай, цIадал райдал, кIудияб лъар лъугьунеб. Лъараца бахъула рагIаллъи; рачIунел ганчIал рукIуна 2 метралде щолелги.
Росдал шималияб бакъбаккул рахъалда буго 300 метралъул лъар, гьелъулги кIудияб цIад байдал лъугьуна саламатилабго их.[3]
Хьиндахъ росу уна Сулахъалъул жаниблъиялде.
ТIабигIат[хисизабизе | код хисизабизе]
Хунзахъ тӀалъиялде дан ккун, тIабигIат гIемер бечедаб буго. Хинаб Хьиндалъиялда букIиналъги, регьелал букIиналъги, росулӀ ахал гIезари цебе тIураб буго. РукIуна батIи-батIиял пихъал: гIеч, гени, курак, микьир, кокон; камуларо цIибилги багIли-жагаги; букIуна цIулакьо (руго нусго сон барал гъутIбиги), амма ахирисел соназ цӀулакьудал гъутӀби ракъвалел руго.
Росдал территориялда буго цӀакъ батӀи-батӀияб ландшафт, гьелъие хасиятал тӀабигӀиял шартӀазда рекъон, территория бикьизе бегьула чанго зонаялде. Бакъбаккулги шималиябги рахъ, балалда цураб, буго лъагӀалида жаниб бищун гӀемерал къояз бакъул чӀоразукьеги кколеб. Релйеф гьениб буго аслияб къагӀидаялъ болъахараб гьетӀараб. Гьеб рахъалда бижьула бакъги бокьулеб, гӀемер лъимги къваригӀунареб гъветӀ-хер. ГъутӀбузул гьенир рижула пихъилал, дандчӀвала чӀегӀерзазил, гӀинтӀидал, гъарцӀидул хъархъазул батӀа-батӀаго ругел хъархъалги, гьединго тӀубарал массивалги. Хурдузул аслияб форма гьениб буго хӀет, цогидал навгӀазул хурдул дандчӀвала къанагӀат. Расалъуде перрпендикулярго ругед кӀкӀалахарал бакӀазда дандчӀвала тӀубанго батӀияб флора.
Росдадаса жанубиябгин бакъбаккул рахъалда буго накIкIил рохь. Жанубияб рахъалдехун кколел бакӀазда (бакӀалъул къагӀидаялъ хьонда) дандчIвала батӀи-батӀияб гъветӀ-хер. чIчIвад, мах, бигьаро, микк, рицI, ботI, батIи-батIиял хурдул, гьезда гьоркьор даруялги. Хъархъазул данде чIвала сани, гIонхъори, цIцIени, гIинтIи.
ГIалхул хIайваназул данде чIвала гIанкIал, цурдул, гIанграл, бацIал, болъонал, гIандокьал. ХIанчӀазул: цIумал, хъарчигъаби, гъудул, мокъокъал.
Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]
Росдал тарих лъазе гьабиялда тIад кинаб-букӀаниги гIелмияб хIалтIи гьабун гьечо. КъучIаб къагIидаялъ лъаларо, росуялъе чан сон бугебали. РикIкIине бегьула росу Ислам бачIиналдего букIараб бугилан, щай гурелъул гьелъие нугIлъи гьабулеб буго росдада аскIор ратун рукIарал хобаз. Гьел хобазда жанир гIадамал рукъун ратун руго исламияб къагIидаялъ гурел, гIадамазда цIадахъ рукъун ратун руго хъубиги пахьул цIарагIги. Батизе бегьулеб жо буго гьеб заманалда, аваразда гьоркьоб гIадин, росулъ политеизм букӀараблъи.
Гьанже бугеб росдал тарих байбихьула ГьацIалухъ росулъа рачIарал гӀадамаз ЦӀалъ абураб бакӀалда росуялъе кьучӀ лъуралдаса (гьецIел-хьиндалилан буго абиги). Росдае кьучӀ лъуразул цӀарал цӀунун хутӀун руго, гьелги руго: ГIаликIо, Сайид, ГIумардибир, ГIабдулмуъмин, Чакар, Залихай, ГIашурай, ГьитIинагIали; гьезул тухамалъул цӀарги букIун буго ГIалкIал абун. Жакъа къоялъги гьеб ЦIалъ, басрияб росу букIараб бакIалда, руго рукъзабазул хутIарал кьучӀал, жеги ратизе бегьула гьенир цIа бакулел рукIараб бакIазул лъалкIал.
XVӀӀ гIасруялъул ахиралда ЦIалъ букIараб росуги тун, гӀадамал рахъун руго гъоркьегIан, гьабсагIат бугеб росдал Гьажукь авал бугеб бакIалде. Биценал руго, рахъиналъе гIилла букIанин ЦIалъ борхьал гIемерлъи, гьез лъимал гъанкъи. Цоги гIилла букIун батизе бегула ЦIалъ лъим мукъсанлъи. Гьеб ритIухъ гьабизе бегьула гьабсагIат бугеб росдал Гажукь авалалъул бищун басрияб рохен лъаралде аскIобе кколедухъ бан букӀиналъ. Росдал анкьгоялде гIунтIун рукIун руго хабзалаби, амма гьабсагIат цо гурони гьечIо. Гьеб хабзалалъ батараб бищун басрияб заниялъе буго лъабнусидаса цIикIкIараб сон. Гьелдаса формалго рикIкIине бегьула гьабсагIат бугеб росдае ругел санал.
ЦIалъ бакI тедал, гIадамаз цIияб росу бана лъаралда аскӀоб, гьабсагIаб бугеб Гажукь авалалдаса гъоркегIан; абула, габсагIат бугеб мажгиталда гъоркъехун 50 рукъ букIанин (гьабсагIат буго 3–4 рукъ). 1845 соналъул риидал кIудияб лъар бачIун, рукъзалги, гьениб букIараб мажгитги хвезарун руго. ЦIияб мажгит бан буго 1847 соналъ (гьедин хъван буго мажгиталда жаниб), мажгит буго жакъа къоялъги.
1830–1835 саназда росулъ байбихьун буго батӀатӀ (картошка) гIезабизе. ТIоцебе гьеб байбихьун буго Чупалав абулев чияс; гьесие картошка битIун бачIун буго Хунзахъа Хъайтмаз абулев гьоболас, гьес, живго вачIун, малъунги буго картошка хIалтIизабизе.
Хьиндахъ росу букIана Авар нуцаллъиялъул гIадатияб росу. Росдаца нуцалзабазе кьолаан ккураб къадаралъул магъало; хасаб гьабун росдада лъураб магъало букIана цIулакьудал цIулал рахъу, жибги чередизе хIалIизе гьабулеб букIараб. Росулъ букIун буго кIудияб квенд, жаниб цIул бухIун рахъу бахъулеб.
Батараб хъвай-хъвагIиялда буго: гьижраялъул 1310 соналъ (1889 сон) росулъ ракь багъарун, гIемерал чагIи хванин.
Кавказалъул рагъда Хьиндахъа гIахьаллъун руго Чондотилавги Чухъилдибирги (гьел шагьидлъун руго АхIулгохIда). Имам Шамилги муридзабигун вачIун вукIун вуго Хьиндахъе; гьениб шаригIаталъе кьучIги батун, Шамил нахъвуссун вуго ЦIатанихъе.
Имаматалъул заманлда Хьиндахъ росу букӀана буго Нахъа-Хьиндалъиялъул наиблъиялде гъорлъ.
Хьиндахъ росу чангIо нухалъ бухIун буго. ГIемераб тунка-гIуси букIун буго ГIоротIа росдалгун. ГIарадерица дагIба балеб букIун буго Хьиндахъ росдлал ракьазда. ДандбитIун бугеб рахъалдасан Дидиколо аблеб магъил хIалтIулел чагIазде гулла балеб букIун буго гIарадерица, гьелъ хурзал рекьизе кколел рукIун руго къасе мехалъ, оцазул лъурдузда нартил чирахъалги ран. Рес къотIараб бакIалде ккараб мехалъ, хиндахъа руччаби ун руго рузман къоялъ Унсоколое, тIаса кIазалги рахъун гьарун буго гьезул жамагIатплда кумек гьабеян. Унсоколоса Хьиндахъе рачIун руго 50 рекIарав; гьез лъазабун буго гIарадерил жамагIаталда росдада хъвагеян.
Росдал бегавуллъун КIудив НухIи вугеб заманалда, гIарадерица дагIба бан буго Дергъвани ва Иццухъ ракьазда. КIудияв НухIица маслигIаталъе ахIун вачIун вуго Шураялдаса губернатор. МаслигIат гьабун, хьиндадерихъ жалго бетIергьанал ракьал хутIун руго. Амма XӀX гIасруялъул ахиралда гIарал цIидасан рахъана Дергъвани ракъ бахъизе. ГIарадерица ургъун буго хIила: хьитазде жаниб жидерго ракьги бан, гьел Къуръанги кодоб ккун гьедизе лъугьун руго жидер хIатIида гъоркь бугеб ракь жал бетIергьанаб бугилан. Амма гьезул хIила лъан буго, цинги хIатIида гIицIго гьедизе тIамун руго — гьезда кIун гьечIо гьерсидалъун гьедизе. ПалхIасил, ракьал хутIун руго хьиндадерихъ.
Граждан рагъул саназ росдаца большевиказде дандечIей гьабуна. 1919 соналъ большевикал рачIана МагIарул рагIалде, гьенисен росдаде тIаде базе байбихьана гIарадул гулла. ГIадамал росуги тун гочана Килалъе ва гьенир рукIана кӀиго моцIица. Большевикал лъугьана чIобоголъараб росулъе, росу тун инчIого ратарал гIадамалги чIван, бата-кIвараб жоги бикъун, гьез росу чIунтIизабун тана.
1920 соналъ росулъ байбихьана цIадул унти. 1920−1922 саназда росулӀ лъуна Совет низам. ВЦИКалъул 1921 соналъул 20 январалъул декреталдалъун гIуцIана Авар сверухълъиялъул ЦIатIанихъ бутӀаялде кколеб Хьиндахъ росдал шура. 1928 соналъ Хьиндахъ росу ана цIияб гIуцIараб Хунзахъ мухъалде гъорлӀе. 1930 соналъ росулӀ рагьана школа. 1936 соналъ гIуцIана Калининил цIаралда бугеб совхоз; гьениб букIана 148 цIараки, 35 гектар мегъалъул, 45 гектар ахазул, 125 хIайван, 220 чахъу-цIцIеги. ВДНХ-ялъул дугъги, чанго орденги босун букIана колхозалъ.
КIудияб ВатIанияб рагъде Хьиндахъаги Колосаги ана 68 чи, гьезул 36 чи нахъ вуссинчIо.
1948 соналъ росулъ рагьана анкьго соналъул школа-интернат, гьенир цIалулаан Колоса, Гьарадерихъа, ГIочIлоса лъимал.
П. В. С. ДАССРалъул 1954 соналъул 18 августалъул амруялдалъун Хьиндахъ росдал совет къана, росу бачана ГIоротIа росдал советалде гъорлӀе. 12 соналдаса гьебго П. В. С. ДАССРалъул 1966 соналъул 17 январалъул асруялдалъун Хьиндахъги Кологи гъорлӀеги унеб Хьиндахъ росдал шура букӀахъинабуна.
1965 соналъ кIиябго росдада гьоркьоб рагьана цIияб школа. Гьеб школа гьоркьохъеблъун лӀугьана 1975 соналъ. 2010 соналъ бана цIияб кIитIалаяб школа.
Демография[хисизабизе | код хисизабизе]
Халкъалъул рикӀкӀен | ||||||
---|---|---|---|---|---|---|
1888[4] | 1895[5] | 1926[6] | 1939[7] | 1970[8] | 1989[9] | 2002[10] |
266 | ↘254 | ↗266 | ↗347 | ↗352 | ↗394 | ↗732 |
2010[1] | ||||||
↘560 |
Жанисеб гӀуцӀи[хисизабизе | код хисизабизе]
Хьиндахъ росу бикьула ункъго авалалде: Гажукь, Бакьулъ авал, Онсоди, ГьаматӀа.
- Гажукь авал буго росдал бакътӀерхьун рахъалда, Гажула абулеб гохӀалда гъоркь. Гьеб ккола росдал бищун басрияб авал. Гьениб бугеб къватӀ — "Заречная".
- Бакьулъ авал буго бищун кӀудияб, гьениб буго мажгит; къватӀалда цӀар — "Центральная". Бакьулъ аваладаги Гажукь авалалдаги гьоркьоб буго кӀкӀал.
- Онсоди авал буго бакъбаккул рахъалда; гьениб буго "Онсодинская" къватӀ. Лъар ккун эхебе буго "Речная" къватӀ.
- ГьаматӀа авал буго лъар ккун цогияб рахъалда, гьебго цӀар бугеб гохӀда. Гьеб буго цӀияб авал; гьениб буго школаги администрацияги. КъватӀалда цӀар — "Школьная". [11]
Галерея[хисизабизе | код хисизабизе]
-
Хасалил тӀабигӀат
-
Росдада аскӀоб бугеб рохь
-
Росдал цӀияб школа
МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]
- ↑ 1,0 1,1 2010 соналъул ТӀолго Россиялъул агьлулъиялъул къадар рикӀкӀин. Табула № 11. Дагъистаналъул Республикаялъул шагьариял сверухълъиязул, муниципалиял районазул, шагьариял ва росдал поселениязул, шагьариял ва росдал чӀел-бакӀазул агьлулъиялъул риӀкӀен. (гІурус). Дата: 13 май 2014. Архивация: 13 май 2014 сон.
- ↑ "Дагъистаналъул Жумгьурияталъул 2005 соналъул 13 январалдаса къанун № 6: «Дагъистаналъул Жумгьурияталъул муниципалиял гӀуцӀабазул гӀорхъабазул ва статусалъул хӀакъалъулӀ»". Архивация: оригинал 2015-02-03. Боси: 2018-02-12. Unknown parameter
|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (кумек); no-break space character in|title=
at position 69 (кумек) - ↑ "О результатах инженерно-геологического исследования села Хиндах" из администрации сельского поселения "Сельсовет Хиндахский"
- ↑ Список населенных мест Дагестанской области. - Петровск : Типо-литография А.И. Михайлова, 1888. (гІурус).
- ↑ Памятная книжка Дагестанской области / Сост. Е.И. Козубский. - Темир-Хан-Шура : "Русская тип." В.М. Сорокина, 1895. - 724 с. разд. паг., 1 л. фронт. (портр.), 17 л. ил., карт.; 25. (гІурус).
- ↑ Районированный Дагестан : (адм.-хоз. деление ДССР по новому районированию 1929 г.). — Махачкала : Орготд. ЦИК ДССР, 1930. — 56, XXIV, 114 с.
- ↑ Список населённых мест с указанием численности населения по переписи 1939 года по Дагестанской АССР . — Махачкала, 1940. — 192 с.
- ↑ Состав населённых пунктов Дагестанской АССР по данным Всесоюзной переписей 1970 (статистический сборник) . — Махачкала: Дагестанское республиканское управление статистики Госкомстата РСФСР, 1971. — 145 с.
- ↑ Национальный состав населения городов, посёлков, районов и сельских населённых пунктов Дагестанской АССР по данным Всесоюзных переписей 1970, 1979 и 1989 годов (статистический сборник) . — Махачкала: Дагестанское республиканское управление статистики Госкомстата РСФСР, 1990. — 140 с.
- ↑ Всероссийская перепись населения 2002 года
- ↑ http://index.kodifikant.ru/ru/0503900004700