Хьиндаллъи
Хьи́ндаллъи — авар историкиялгун географиял регионазул цояб, жиб Аваргун ГӀанди гӀоразул аххада расалъудаги Сулахъ лъарагӀлъуде лӀугьунеб бакӀалде щвезегӀанги бугеб. Историкияб рахъалъ Хьиндаллъи абулеб терминалда гъоркь бищун цебе бичӀчӀула хьиндалазул бодул территория, жиндир цӀикӀкӀанисеб жакъасеб Онсоколо мухълъун кколеб. Географияб рахъалъ Хьиндаллъи буго дагьабги гӀатӀидаб термин, жинца ахал гӀезариги цебетӀураб расалъуда бугеб кӀудияб территория данде бачунеб. Кавказалъул цогидал бакӀазда гьечӀеб гӀадинаб, чиясул кверца хисизе гьабураб мугӀрул расалъулаб ландшафтги бугеб Хьиндаллъи ккола жинда жаниб хасаб магӀишатиябгун маданияб типги лӀугьараб, жиндирго материалаб култураги, рукӀа-рахъинги, рукъ-цӀа бачинги бугеб этнокултурияб меслъун.
Историкияб рахъалъ Хьиндаллъи буго некӀсияб мехалдасаго нахъе чи рещтӀараб ва ахал гӀезариялъе, гӀоруца бачӀараб ракь кквезе ганчӀил буцрал къан, гъутӀби чӀун, къачӀараб бакӀ. Археологиял баяназда рекъон, 800-ниги га бугеб Иргьан расалъуда нилӀеде щвелалде 2000 соналдасаго рукӀун руго ахал.[1][2]
Жакъа къоялъ Хьиндаллъул регион бакътӀерхьудаса бакъаккуде ккола Болъихъ, Онсоколо, Хунзахъ, Хьаргаби мухъазда гъорлӀе; эб ккола популациялъул гъунки цӀикӀкӀараб ва чахӀиял росаби ругеб зоналъул. БакӀалъул чагӀи — хьиндалал — кӀалъала авар мацӀалъул хьондасеб тӀадгарул свералабазда.
Этимология
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦӀар бачӀиналъул буго чанго версия, жал хинлъиялда яги лълъеда хурхинарурал. Бищун цебесеб версиялда рекъон, рагӀи лӀугьун буго жибго авар хин(аб) абураб рагӀул кьучӀдаса.[3] Цогидаб версиялда рекъон цӀар хурхараб буго лъим рагӀуда.[4] Буго цогидаб бербалагьиги, жинда рекъон Хьиндаллъи термин буго МагӀаруллъи абулелъе антитеза гӀадинан баккараб;[5] кӀиябго регионги буго цоцадаса батӀи-батӀиял географиялги, магӀишаталъулалги шартӀал ругеб, тӀадежоялъе гьеб данделъеялъе буго историкияб кьучӀги.
История
[хисизабизе | код хисизабизе]Хьиндаллъул цӀикӀкӀанисеб территориялда букӀана хьиндалазул бо. Гьеб букӀана аваразул бищун чи гӀемерал боязул цояблъун, жинда гъорлӀе, XVIII гӀасрудул 70-абилел саназул баяназда рекъон, 15 росу унеб букӀараб,[6] 1500 рагъухъан вугев.[7]
География
[хисизабизе | код хисизабизе]Хьиндаллъул территориялъ ккола аслияб куцалъ Аварги, ГӀандиги, ЧӀегӀерги гӀоразул аххада расалъиги, Сулахъ лъаралгӀлъуде щвезегӀан бугеб месги. Авар гӀорккун Хьиндаллъи буго ГӀанди гӀоргун жабалеб бакӀалӀа Хунзахъ мухъалъул ЗагӀи росдаде гӀунтӀун, ГӀанди гӀорккун элъул территория буго ГӀортӀаколобе щун,[8] гьебго рахъалда буго ХӀебдареч ва ЭмитӀа лъаразулги эзулӀе чвахулел гӀаркьалабазулги расалъи, жиб гьедино Хьиндаллъуде кколеб. КӀиябго гӀор жабаралъуса ЧӀикӀа хӀорихъе щвезегӀанги бугеб ракь ккола Хьиндаллъул; цебе Сулахъ лъарагӀлъуде лӀугьунеб бакӀалде щвезегӀан букӀараб территория гъанкъана ЧӀикӀа гьидроэлектростанция байдал.
Релиефалъе характериял руго гъваридал расалъиги жанилъиги, жал эрозиялдалъунги тектоникиял процессаздалъунги лӀугьарал. Гьезул руго ритӀарал тӀинабиги танкалабиги, бакӀ-бакӀалда цӀакъго къварилъулел. Бищун чӀахӀияб расалъи буго Гену, Рихьуни, Хьаргаби, Хьиндахъ, жидер гӀеблъи лъабго-ункъго километралде рахунел ва дандеккун битӀараб тӀинуги бугел.[9]
Демография
[хисизабизе | код хисизабизе]Популациялъул рахъалъ Хьиндаллъи буго цӀакъ гъункел цӀикӀкӀараб мес, гьенир руго чӀахӀи-чӀахӀиял росабиги.[10]
Референсал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Атаев Д.М., Погребова М.Н. Поселение эпохи бронзы у с. Ирганай Унцукульского района (предварительное сообщение). МАД. Т. 3. гь. 28–35.
- ^ Агларов 2018, гь. 9.
- ^ Услар, П. К. (1889). Этнография Кавказа. Языкознание. III. Аварский язык [Кавказалъул этнография. МацӀлъай. III. Авар мацӀ]. Типлис. гь. 199.
{{cite book}}
: CS1 maint: location missing publisher (link) - ^ Сулейманов Я. (1964). Этимологические изыскания // УЗ ИИЯЛ. Том 13. гь. 414
- ^ Агларов 2018, гь. 21.
- ^ Гильденштедт, И. А. (1809). Географическое и статистическое описание Грузии и Кавказа из путешествия г-на Академика Гильденштедта через Россию и по Кавказским горам в 1770, 71, 72 и 73 гг. Санкт-Петербург.
- ^ Щербачев, А. В. (1958). Описание Мехтулинского ханства, койсубулинских владений и ханства Аварского. Около 1830 г. Москва: ИГЭД.
- ^ Агларов 2018, гь. 17.
- ^ Гюль, К; Власова, С; Кисин, И; Тертеров, А (1959). Физическая география Дагестанской АССР [Дагъистаналъул АССРалъул физикияб география]. МахӀачхъала.
{{cite book}}
: CS1 maint: location missing publisher (link) - ^ Агларов 2018, гь. 23.
Библиография
[хисизабизе | код хисизабизе]- Агларов, М.А. (2018). БакӀ: Институт истории, археологии и этнографии ДНЦ РАН. Хиндалал. Аварцы горных долин Центрального и Западного Дагестана [Хьиндалал. БакьулӀебги БакътӀерхьулги Дагъистаналъул мугӀрул расалъул Аварал]. МахӀачхъала: МавраевЪ. гь. 152. ISBN 978-5-4447-0057-0.
- Алиев, Б. Г. (2021). БакӀ: Институт истории, археологии и этнографии ДНЦ РАН. Историческая география Дагестана первой половины XIX в. [Дагъистаналъул историкибя география XIX гӀасрудул тӀоцебесеб бащалъул]. МахӀачхъала: АЛЕФ. гь. 574. doi:10.33580/9785001288909. ISBN 978-5-00128-890-9.
- Алиев, Б. Г.; Умаханов, М.-С. К. (1999). БакӀ: Институт истории, археологии и этнографии ДНЦ РАН. Историческая география Дагестана XVII — нач. XIX в. [Дагъистаналъул историкибя география XVII — XIX байб.]. МахӀачхъала: Типография ДНЦ РАНМ. гь. 370.