Авар нуцаллъи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Тарихияб пачалихъ
Авар нуцаллъи
БацӀбайрахъ (тӀад свердиро бахъараб дугъ ккураб бацӀ)[1]
БацӀбайрахъ (тӀад свердиро бахъараб дугъ ккураб бацӀ)[1] Аваразул герб
Нуцаллъи XIX гӀасруялъул байбихьуда
Нуцаллъи XIX гӀасруялъул байбихьуда
 
 

 

Тахшагьар Хунзахъ
Щулалъаби Хунзахъ, ТӀануси, Гъуниб, Аргъвани, МелъелтӀа
МацӀ(ал) БолмацӀ
Дин
Ислам
ХӀакимлъиялъул форма Монархия
Наслу Нуцаби
Ирс
← Сарир
Россиялъул империя →
 Медиафайлал Викигъамасалда

Ава́р нуца́ллъи[2] яги Авар ханлъиXIXIX гӀасрабазда Кавказалда букӀараб феодалияб пачалихъ. Жиндир заманалда Авар нуцаллъи букӀана Дагъистаналъул гурелги, цогидал ракьаздеги кверщел щвезабураб къуватаб пачалихълъун.

Авар нуцаллъи гӀуцӀана Сарир пачалихъ биххун хадуб (XI гӀасру), гьелъул ирсилаб пачалихъ хӀисабалда. Жиндир байбихьуда Авар нуцаллъиялъул динлъун букӀана насранияб (гьединго росабалъ букӀана тӀибитӀун аваразул некӀсияб динги). Хадуб кьучӀаб динлъун лъугьана Ислам.

Авар нуцаллъи чияда бачӀеб пачалихълъун букӀана магъулазул заманалдаги, Тимурил заманалдаги. Авар нуцаллъи мукӀур гьабизе кӀвечӀо Надир-шагьидаги.

XVIII гӀасруялда Авар нуцаллъи лъугьана бакъбаккул Кавказалда бищщун къуватаб пачалихлъун; гьелъул кверщаликь рукӀана Дагъистан гуребги гуржиязул хан ГьиракӀли II, Дербенталъул, Кубаялъул, Шекиялъул, Бакиялъул, Ширваналъул, Саланалъул, Эриваналъул ханзаби, Ахалцихлъул паша, чачаназул къавмал, ва тӀолго ЦӀор[3].

Кавказалъул рагъул заманалда Авар нуцаллъи ана Шималияб Кавказалъул имаматалде гъорлъе; ХӀамзатица Баху-бикал лъималги чӀван, тӀагӀинабуна некӀсияб нуцалзабазул тухум.

1863 соналъ Авар нуцаллъи ана Россиялъул империялде гъорлъе, гьелъул бакӀалда гӀуцӀана Дагъистаналъул областалъул Авар округ.

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьоркьохъел гӀасраби[хисизабизе | код хисизабизе]

Нуцаллъи гӀуцӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

Нуцаллъиялъул хӀакъалъулъ лъала тарихиял хроникабаздасаги фольклоралдасаги. ГӀарабал рачӀиналдего, Хунзахъ ТӀалъиялда лъугьана кӀудияб хӀукумат, жиндир бетӀерасул нуцал абун титулги бугеб, жиндир тахшагьарги ТӀануси бугеб. ТӀануси бикьулаан кӀиго бутӀаялде: ТӀа-нуси ва Гъоркь-нуси; гьеб кӀиябгоги букӀана аскӀоб цун. Гьенисан букӀун буго ГӀакаро магӀарде цӀан рахас цӀумурги бугеб, тӀаде чи кӀанцӀараб мехалъ ахӀи базе букӀараб. Рахас цӀараб бакӀалъан рукӀун руго цо чанго сиял. Гьенир хъаравуллъуда ругел гӀадамал эркенал рукӀуе руго магъалоялдаса.[4]

Аваристан бугеб ракь кколеб букӀун буго Хун абураб ракьалде гьоркьобе. М.Чамчианица жиндирго «Тарихалда» рехсон буго ункъго вилаят: 1) Алан, 2) Бас лас, 3) Гаптаг и 4) Хун. «Дербент-наме» рехсолеб буго Исфандиярицаги и Нушираваницаги гьеб улка бикьун букӀанин ункъго рахъалде: 1) Гулбах, 2) Туман-шагьасул ракь, 3) Кайтаг 4) МугӀрузул Гъумекиб. Гьеб рикьи данде ккола Аваристанги Гъазигъумекибги гьорлъе кколеб букӀараб Хун ракьалъе[5]. Дионисий Периегетица — II-леб гӀасруялъул греказул гӀалимчияс — хъвалеб «уннал» (хуннал) гӀумру гьабун ругин Каспиялдаса бакътӀерхьун рахъалдехун, скифаздаса бакъдасеб ва капияздазагун албанадаса хьудндасеб рахъалда[6].

VI гӀасруялда гуннал (аварал?), цоги къавмазул тӀадецуй цӀикӀкӀиндал, Дагъистаналъул мугӀрузде гочине ккун руго, ва гьенир мугӀрузда рукӀарал халкъазда цадахъ гьез гӀуцӀун буго Тавйяк абулеб пачалихъ (Сарир хӀисабалда цӀар рагӀараб).[7] МугӀрузда гьезул чӀей бугеб бакӀлъун лъугьун буго Хунзах и Гумик.[8]

МухӀамад Рафил тарихияб хроникаялда Саратан I нуцаласул умумузул халатаб сияхӀалда рехсон вуго Ар_скан (ГӀарацхан). Гьенибго буо: Аваралъул султӀанзаби, жалги урус султӀанзабазул тухумалъул... гьев ханасе магъало кьолаан гьесда рарал ханзабаз. ракьаз ва гӀадамаз тӀолго Дагъистналъул, (гьединго) Черкас вилайяталдаса бахъараб Шамах шагьаралде щун" [9]. Саратан XIII гӀасруялъул кӀиабилеб бащалъиялда вукӀун ватани, ГӀарацханил ханлъиялъул заман ккола VII гӀасруялде, ГӀарабал рачӀараб заманалде.

1032 соналъ къотӀи-къай хъван буго Хунзахъ шагьаралдаги аланаздаги гьоркьоб, жалги жидерго церехъазу бетӀерлъиялда хъватӀир рахъал, Тмутараканалъул русазда цадахъ. Гьел цадахъ тӀаде кӀвнцӀана Ширваналда ва къуваталдалъул бахъана гьелъул тахшагьар Язидия, гьабсагӀат бугеб Шемахаялда аскӀоб гӀадин букӀараб. Тахшагьаралдаги цогидал бакӀаздаги хьундасеб рахъалдаса рачӀарал рагъухъабаз гъурана 10 азар. -гӀанасев чи. Гьез гьениб бан буго 10 къо, давла гьабулаго, гьелдаса хадуб нахъ руссун руго. Аваразулги, аланазулги русазулги аскаралъ, ЧӀоралъул амирасул ракьалдасан рокъоре нахъ руссунаго, хӀукму гьабун буго, гӀодоблъиялдаса инчӀого, мугӀруздасан ине. Амма Хучни росулъе щвараб мехалъ, гьезде тӀаде кӀанцӀун ЧӀоралъул бусурбаби, Мансур ибн Маймун амирасул бетӀерлъиялда гъоркь. Ва аваразулги, аланазулги, русазулги аскаралъул гӀемерав чиги чӀван вуго, гьез Ширваналдаса гьабураб давла нахъе бахъун буго.[10]

Гьеб Дербендалда аскӀоб 1032 соналъ аваразги гӀурусазги бусурбабазде данде гьабураб рагъ хутӀун буго хундерилда гьоркьоб кӀалзул биценлъун XVIII гӀасруялде щвезегӀан, хадуб гьеб хъвана гӀараб мацӀалда ва лъугьана "Дагъистаналъул тарихалъул" бутӀалъун. Гьел биценазда буго аваразги гӀурусазги гӀарабазде данде гьабураб рагъалъул хӀакъалъулъ, жибги, биценалда рекъон, XI–XII гӀасрабазда лъугьараб, ва гӀарабалги бергьараб: «Дагъистаналда лъараб мехалъ» бусурбабазул аскар бачӀунеб букӀин, «нагӀана батаяб капурзабазул боги ГӀурусил аскарги, рохалида къварилъуда цадахъ рукӀинин къотӀиги хъван, ракӀарана шагьаралда аскӀоб, жинда ЧӀорилан абулеб, Исламалде данде чӀей гьабизе ракӀалдеги ккун, тӀадеги кӀанцӀизе ва бусурбабазу боязе заралги гьабизе»[10].

XI гӀасруялда биххана аваразул Сарир пачалихъ (гьелъул ахирисеб рехсей буго 1067 соналъ), гьелъул бакӀалда ТӀануси / Хунзахъ тахшагьарги бугеб Авар нуцалъи лъугьана.

Нуцаллъиялда ислам тӀибитӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

Суракъатил I заманалда ханлъи ирасалъе кьеялъул тартиб гӀуцӀана, ва гьелда рекъон тахида чӀезе лъилниги ихтияр букӀинчӀо Суракъатил наслуялъул васазулги язазулги гурони[4]. Суракъат лъугьана шайх АхӀмадил бищун кӀудияв тушманлъун. АхӀмадида кӀвана Суракъат Нуцаллъиялдасе нахъе гъезе[4]. Тарихияб асар «Тарихи Аргъваниялда», XVIII гӀасруялда данде гьабураб, рехсон буго Абу Муслим цин кӀанцӀанин Сариралъул хьундасеб тахшгьар Гелбахъе, гьебги бахъанини гьес, гьенив вукӀарав Суракъатил вац Кагьруги чӀванин, гьесул чӀараб бакӀги биххизабунин. Гьеб иццалда рекъон, гьеб кинабгоги ислам тӀибитӀиги лъугьун буго гьижраялъул 645 соналъ (1247–1248 санал)[11]. Гьебго иццалде мугъчӀвайги гьабун, А. Р. ШигӀадовас Хунзахъ гъазизабаз кверде босараб заман хъвана 1256 сон[12][13]. «Хунзахъ-наме» абураб иццалда рекъон, Суракъатида кӀола тӀоцебесеб рагъулъ, жибги Тобот лъарал рагӀалда (гьабсагӀат ГӀараниги Хунзахъги гьоркьоб) ккараб, гъазизаби къезаризе. Амма хадуб Абу-Муслимица гьижраялъул 654 соналъ (1256–1257 санал) цебе букӀаралдаса кӀиго нухалъ цӀикӀкӀун бугеб аскар данде гьабула[14]. Гьеб заманалде (1255 соналде гӀадин), рикӀкӀунеб буго, Суракъат хола[12], ва нуцаллъун вукӀуна гьесул вас Байар II[15][16]. Хадуб, гьебго иццалда рекъон, Хунзахъе жанибе нух рагъула Самилахъ авалалъул гӀадамаз, гьелдаса хадуб Аваристаналъул тахшагьар Абу-Муслимица биххизабун, бухӀун чӀунтизабула, гӀадамал яги чӀвала, яги кверде росула ва исламалде руссинарула[14][15], Байар II лъутула Тушетиялде. Бищун цересел Хунзахъ ратарал гӀараб мацӀалда куфи хатӀалъ хъварал хъвай-хъвагӀаби (XII - XIII гӀ.) ратралги руго с Самилахъ авалалда. Хунздерил биценазда рекъон, тӀоцебе ислам босун буго самилаз, ва тӀоцебесеб мажгитги гьезул авалалда, ай Самилахъалда, бан буго[17][18][19][20]. Гьеб хилиплъиялдаса хадуб самилазда абун буго хӀамилал абун. «Дагъистаналъул тарихалда» рекъон, Байяр II Тушетиялде лъутун хадуб, Хунзахъ бетӀерлъи гьабизе лъугьана ХӀамзатил наслуялъул шайх АхӀмадил наслуялъул Майсумбек. Абумусли лъугьагьана Аваристаналъул имамлъунги, рузманалъул цевехъанлъунги, къадилъунги (хӀакимлъунги)[21].

«Хунзахъ-наме-ялда» рекъон, Абу-Муслим шайх — бусурбабазул гьеб заманалда бетӀерав нухмалъулев, гӀумру гьабун вукӀана хасало Таркиялда, риидал — Гъази-Гъумекиб. «Аргъвани росдал тарихалда» рекъон Абу-Муслим гуревги вукӀун вуго ГӀаюдул-Муслимги, жив хеко хварав, Абу-Муслим хун вуго гьелдаса хадуб 30 сон индал, Аваристаналъул имамлъун вугеб мехалъ. Абу-Муслимил аскаралда рукӀун руго Гъази-Гъумекисел гурелиги аваралги ва цогидалги. Суракъат хун хадуб нуцаллъиялда лъугьараб дандеккунгутӀи ва нуцаллъиялда кверщел гьабизе къварагӀаразул питна сабаблъун, батизе бегьулеб жо буго, Нуцаллъия Абу-Муслимил аскаралде кӀудияб данде-чӀей гьабунутӀи.[22][23]. Щибаб аваразул росулъе цо-цо гӀалимчи витӀун хадуб, Абу-Муслимида ракӀалде ккола Гъази-Гъумекиве тӀадвуссине, амма гьелда цебе гьес бицен гьабула жиндирго наибасе ругел хӀинкъалабазул: «Балагье, божуге гьезда. Дир щаклъи буго, гьезул Аллагьасда иман лъей тӀубараб гьечӀин, гьелъул гӀаксалда — гьеб бугин щаклъигун ва кӀикуцлъигун жубараб. ЦӀодорго чӀа!». Абу-Муслимил хӀинкъи битӀараб батула. Гьебго Хунзахъ-намеялда рекъон, халкъалъе захӀмалъула цӀиял къанунал ва жалго ругьунал гӀадатал рехун тей[24]. Суракъатил вас Байяраица хӀалбихьула жиндирго умумузул ханлъи нахъбуссинабизе, амма гӀарабаз данде чӀей гьабула. Нуцаллъиялъул тах нахъбуссинабула ригьалда вугев Баярил васас, жиндир цӀар «Дагъистаналъул тарихалда» ГӀамир-СултӀанилан бугеб, магъулазул кумекалдалъун[25][4]. Хунзахъ намеялда рекъон, гьесда цӀар букӀана ГӀандуникӀ[24], гьеб насранияб цӀар гьес Хунзахъ нахъбуссниабун хадуб бусурбанаб цӀаралде хисун батизе бегьула. ГӀамир-султӀаница цӀумадаса ва Ариштиялдаса кӀвараб аскарги бакӀарун вачӀуна Хунзахъе къаселъухъ, гьеб заманалда Хунзахъ бетӀерлъун вукӀуна наиб ГӀамир-АхӀмад. Хадуб, Дагъистаналъул тарихалда рекъон, ГӀамир-СултӀаница, шималияб рахъалдасан тӀаде кӀанцӀун, Абу-Муслимида Аваристаналъул тахшагьар тезабула, гьелдалъул нахъбуссинаблу Хунзахъ-шагьар, ГӀамир-АхӀмад чӀвала, гьесул къотӀараб бетӀер лъола киназдаго бихьизе[24][26]. Халкъалъул биценазда рекъон, авараз ГӀамир-АхӀмад чӀвала БакьайчӀи росдадаса 4 км-ялъ рикӀкӀад бугеб Карчик абулеб бакӀалда, ва хадув вукъула Хунзахъ «Самилазул хӀор» абулеб бакӀалда[22].

Нуцаллъи магъулазул ва Меседил Урдуялъул заманалда[хисизабизе | код хисизабизе]

Рекъав Тимур тӀаде кӀанцӀи ва гьелъул хӀасилал[хисизабизе | код хисизабизе]

Аваристан XV гӀасруялда[хисизабизе | код хисизабизе]

Нуцаллъи цӀияб заманалда[хисизабизе | код хисизабизе]

XVI гӀасру[хисизабизе | код хисизабизе]

XVII гӀасру[хисизабизе | код хисизабизе]

Нуцаллъиялда жаниб данде ккунгутӀаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьидерил жамагӀатгун данде чӀей[хисизабизе | код хисизабизе]

XVIII гӀасру[хисизабизе | код хисизабизе]

XVIII гӀасруялъул байбихьи[хисизабизе | код хисизабизе]

Надир-шагь тӀаде кӀанцӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

Нахъа ЦӀоралда рагъ[хисизабизе | код хисизабизе]

БаакътӀеохьуда ругел ракьазда тӀад кверщел лъугӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

Нуцаллъиялъул заман лъугӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

География[хисизабизе | код хисизабизе]

Халкъ[хисизабизе | код хисизабизе]

Халкъалъул къадар[хисизабизе | код хисизабизе]

Миллияб гӀуцӀи ва мацӀал[хисизабизе | код хисизабизе]

ЖамгӀияб гӀуцӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

Пачалихъияб гӀуцӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

Пачалихъалъул символал[хисизабизе | код хисизабизе]

Пачалихъалъе нухмалъи гьаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Ихтияр ва къанунал[хисизабизе | код хисизабизе]

Маданият[хисизабизе | код хисизабизе]

Дин[хисизабизе | код хисизабизе]

Нуцалзабазул сияхӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

Баянал[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Исалабдуллаев М. А. Мифология народов Кавказа. — Махачкала: КСИ, 2006
  2. Д. Ю. Арапов. Аварское Ханство // БРЭ.
  3. Магомедов Р. М. История Дагестана, т. 1. — М., 1967.
  4. 4,0 4,1 4,2 4,3 Магомедов Р. М. 2002.
  5. Аббас-Кули-Ага Бакиханов->Гюлистан-И Ирам->Введение
  6. Д. Периигет. Описание населённой земли. // Известия древних писателей греческих и латинских о Скифии и Кавказе. С.-Пб. 1893 г., том 1., стр. 186.
  7. Аликберов А. К. Эпоха классического ислама на Кавказе: Абу Бакр ад-Дарбанди и его суфийская энциклопедия «Райхан ал-хака’ик» (XI—XII вв.) / А. К. Аликберов. Ответственный редактор С. М. Прозоров — М.: Вост. лит., 2003.
  8. Булатова А. Г. Лакцы. Историко-этнографические очерки. Махачкала, 1971
  9. Тарих Дагестан Мухаммадрафи Archived 2014-07-15 at the Wayback Machine
  10. 10,0 10,1 [1]
  11. Тахнаева П. И. Аргвани: мир ушедших столетий: исторический портрет сельской общины Нагорного Дагестана. М., 2012.
  12. 12,0 12,1 Криштопа А. Е. Дагестан в ХIII — начале ХV вв. Очерк политической истории. М.,2007.
  13. Шихсаидов А. Р. Ислам в средневековом Дагестане (VII—XV вв.). Махачкала, 1969.
  14. 14,0 14,1 Хайдарбек Геничутлинский. Историко-биографические и исторические очерки / пер. Т. М. Айтберова. Махачкала, 1992.
  15. 15,0 15,1 Максуд Алиханов. В горах Дагестана. Путевые впечатления и рассказы горцев / сост. и комм. Р. Н. Иванов. Махачкала, 2005.
  16. Шихсаидов А. Р., Айтберов Т. М., Оразаев Г. М.-Р. Дагестанские исторические сочинения М., 1993.
  17. Атаев М. М. Авария в Х-ХV вв. Махачкала, 1995.
  18. Магомедов Р. М. По аулам Дагестана. Махачкала, 1977.
  19. Айтберов Т. М. Древний Хунзах и хунзахцы. Махачкала, 1990.
  20. Айтберов Т. М., Иванов А. А. Новые арабские надписи XIII—XIV из Дагестана // Письменные памятники и проблемы истории культуры народов Востока. М., 1981. Вып. XV, ч. II.
  21. Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб mylektsii.ru2 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  22. 22,0 22,1 Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб ReferenceI2 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  23. Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб ReferenceJ2 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  24. 24,0 24,1 24,2 Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб ReferenceE2 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  25. Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб ReferenceF2 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  26. Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб ReferenceG2 -лъе текст бихьизабун гьечІо