БолмацI
Сверелазда гьоркьосеб койне | |
БолмацІ | |
---|---|
Абулеб къагІида | ˈbol.mat͡sːʼ |
Территория | Аваристан ва гьелъул асаралда гъоркь рукІарал ракьал |
МацІалда кІалъала | Аварал |
Эра | XIX гІасруялда цебетІуна гьанжесеб адабияталъулаб мацІалде |
Цебесеб форма |
|
ГІараб (Авар хъвай-хъвагІи) | |
Расмияб статус | |
Расмияблъун бугеб бакІ |
![]() |
МацІалъул кодал | |
ISO 639-3 | – |
БолмацІ ( «боялъул мацІ», «аскаралъул, жамагІаталъул мацІ», гьединго гьоболмацIцI) ккола жиндида батІи-батІиял диалектазул гІадамаз цоцада гьоркьоб кІалъазе хІалтІизабулеб букІараб аваразул «халкъияб» мацІлъун («диалектазда гьоркьосеб койне»[1][2]).
Лъугьана авар мацІалъул шималияб тІадкаламалъул кьучІалда, аслияб къагІидаялъ хундерил хундерил диалекталъул (шималиял диалектазул цо-цо асарги букІана)[3]. БолмацІалъул аслуялда XIX гІасруялда гьабуна гьанжесеб адабияталъулаб авар мацІ.[4]
XV гІасруялъул ахиралда болмацІ лъугьуна киналниги аваразул ва гьезде гІагаралщинал гІисинал халкъазда гьоркьор ругел хурхеназул мацІлъун, гьелъие гІиллалъунги букІуна Авар нуцаллъиялъул кверщел, экономикияб ва сиясияб къуват цІикІкІин, аваразул миллияб консолидация.
БолмацІ цебетІеялъе ва тІибитІиялъе квер бакъана гьединго ХVII ва ХVIII гІасрабазда авараз Гуржиялъе гьабулел рукІарал чабхъеназ ва ХIХ гІасрабазда Дагъистаналъул ва Чачаналъул халкъазул букІараб эркенлъиялъе гІоло къеркьеялъ[2].
ХІужжаби[хисизабизе | вики-текст хисизабизе]
- ↑ Агния Васильевна Десницкая. [1].
- ↑ 2,0 2,1 Бол мац – феномен дагестанской цивилизации.
- ↑ AVARIC LANGUAGE (инг.).
- ↑ АВАРСКИЙ ЯЗЫК.