ГӀараб хъвай-хъвагӀи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГӀараб хъвай-хъвагӀи
Тайпа
Абджад (абугида яги унгояб алифба цо-цо адаптациязда)
МацӀал Ралагье гъоркьегӀан
Заман
400 соналдаса нахъе
Хурхарал системаби
Эбелаб система
Ирсилаб система
N'Ko алифба ва Гьанифи хъвай-хвагӀи
ISO 15924
Хъвалеб къагӀида Кваранидаса квегӀиде
ISO 15924 Arab, 160
Юникод
Юникодалъул диапазон
Arabic

ГӀараб хъвай-хъвагӀи ккола гӀараб ва Азиялъулги Африкаялъулги парс, уйгъур, курд, панджаби, синдгьи, балохи, пашто, лур, урду, кашмири, рохинжа, сумали ва мандинка ва цогидалги гӀадал мацӀал хъваялъе хӀалтӀизабулеб хъвай-хъвагӀиялъул система.[1] XV гӀасруялдаса 1928 соналде щвезегӀан гӀараб хъвай-хъвагӀи хӀалтӀизабулаан авар мацӀалъеги (гӀажам). XVӀ гӀасруялде щвезегӀан, гӀараб хъвай-хъвагӀи хӀалтӀизабулаан испан мацӀалда цо-цо текстал хъвазеги. 1928 соналъ реформа гьабизегӀан, гӀараб хъвай-хъвагӀи букӀана турк мацӀалъеги хӀалтӀизабулеб.[2]

ГӀараб хъвай-хъвагӀи буго жиб хӀалтӀизабулел пачалихъазул гӀемерлъиялъул рахъалъ кӀиабилеб бищун хӀалтӀизабулеб хъвай-хъвагӀиялъул система ва лъабабилеб жиб хӀалтӀизабулел гӀадамазул къадаралъул рахъалъ, латин ва син хъвай-хъвагӀабазда хадуб.[3]

ГӀараб хъвай-хъвагӀи гьабула кваранидаса квегӀиде курсив стилалда, жинда жаниб хӀарпал гьезул рагӀиялда жаниб букӀунеб бакӀалде, цебе-хадур ругеб цогидал хӀарпазде балагьун ункъго батӀияб къагӀидаялда хъвалеб. ХӀарпазул кьучӀаб форма хисуларо. ГӀемерисеб, хӀарпаз рихьизарула яги гӀицӀго рагьукъал, яги рагьукъалги цо чанго рагьарабги гьаркьал, гьедилда рекъон гӀараб хъвай-хъвагӀи ккола яги абжадлъун, мисалалъе, гӀараб алипба, яги хӀакъаб алипбалъун, мисалалъе, цӀияб авар гӀажам. Гьеб гуребги, гӀараб хъвай-хъвагӀиялда гьечӀо бетӀерал хӀарпалги.[4]

Байбихьуда, гӀараб хъвай-хъвагӀи тӀоцебесеб иргаялда жаниб хӀалтӀизабулеб букӀана хирияб Къуръаналъул текстал хъвазе. Ислам тӀибитӀигун, гьеб байбихьана хӀалтӀизабизе аслияб алипбалъун цогидал мацӀазе тӀаде цӀиял ишарабиги журан. Цо-цо версиял, мисалалъе курд, уйгъур ва басрияб боснияб рукӀана абугидаллъун яги хӀакъал алипбаяллъун. Гьеб ккола гьединго гӀараб каллиграфиялъул балъалъул аслулъунги.

ГӀараб хъвай-хъвагӀи хӀалтӀизабулел мацӀал[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀараб хъвай-хъвагӀи дандеккезабун буго гӀараб мацӀалъе гуребги, цогидал батӀи-батӀиял мацӀазеги, гьенирго гъорлъе рачӀуна жал самиял мацӀаллъун кколарел парс, малай ва урду мацӀал. Гьединал дандеккезарияз гъорлъе рачине бегьула хисизарулал яги цӀиял хӀарпал, жидеца гӀараб фонологиялда гьечӀел гьаркьал рихьизарулел. Мисалалъе, гӀараб мацӀалда гьечӀо гьаркьикъаб билабиалияб плозив ([p] гьаракь), гьединлъидал гӀемерисел мацӀазда гьеб [p] гьаракь бихьизабизе хӀалтӀизабула хасаб хӀарп, батӀи-батӀиял мацӀазда гьелъие хӀалтӀизабун букӀине бегьулаб батӀи-батӀиял хӀарпалги. Гьел модификациял рикьула кӀиго тӀелалде: тӀоцебеселде гъорлъе рачӀуна гьинд, тюрк ва парс мацӀал, жидее парс модификациял хӀалтӀизабулел, кӀиабилеб тӀелалде гъорлъе уна Гьиндонезиялъул мацӀал, жидер тенденция джави мацӀалде релълъенлъизе бугел.

Боснияб, курд, кашмираб ва уйгхур хъвай-хъвагӀабазда рагьарал хӀарпал хъвачӀого бегьуларо. Гьединаб къагӀидаялда, гӀараб хъвай-хъвагӀи хӀалтӀизабун букӀине бегьула абжадалдаги, гьединго абугидаялдаги.

ГӀараб хатӀалда хъвараб щуго мацӀалъул Википедия.

ХатӀазул системаби[хисизабизе | код хисизабизе]

ХатӀ яги къагӀида Алипба(ял) МацӀ(ал) Регион Лъугьана Тапсир
Насх ГӀараб
& цогидал
ГӀараб
& цогидал
ГӀараб хъвай-хъвагӀи хӀалтӀизабулеб щибаб регионалда Цо-цо мехалъ рикӀкӀуна цӀакъ хассаб каллиграфияб стиллъун, амма гьединго хӀалтӀизабула куфияб яги настагӀликълъун кколареб щибаб хатӀ бихьизабизе.
НастагӀликъ Парс,

урду
& цогидал

Парс,

урду
& цогидал

Жанубияб ва БакътӀерхьул Азия ТӀаликъ ХӀалтӀизабула урдуялда щибаб тексталъе, къанагӀат гурони хӀалтӀизабуларо парс мацӀалъе.
ТӀаликъ Парс Парс НастагӀликъ жиндаса лъугьараб хатӀ
Куфи ГӀараб ГӀараб ГӀагараб Машрикъ ва Шималияб Африка
Расм КъанагӀатго гӀарабалда ГӀараб Аслияб къагӀидаялъ тарихияб ХӀалтӀизабизе тола киналниги хӀаракаби (игӀжам).

Балагье гьединго[хисизабизе | код хисизабизе]

ХӀужжаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Mahinnaz Mirdehghan. 2010. Persian, Urdu, and Pashto: A comparative orthographic analysis. Writing Systems Research Vol. 2, No. 1, 9–23.
  2. "Exposición Virtual. Biblioteca Nacional de España". Bne.es. Архивация оригинал (2012-02-18). Халагьи 2012-04-06.
  3. "Arabic Alphabet". Encyclopædia Britannica online. Архивация оригиналалдаса (26 April 2015). Халагьи 2015-05-16. {{cite web}}: Check date values in: |archivedate= (квеки)
  4. Ahmad, Syed Barakat. (11 January 2013). Introduction to Qur'anic script. ISBN 978-1-136-11138-9. OCLC 1124340016. {{cite book}}: Check date values in: |date= (квеки)

КъватӀисел регӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Commons category-inline