Перейти к содержанию

Авар гӀажам

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ЦIияб гIажам ضێياب عاجام» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Авар гӀажамгӀараб графикаялъул аслуялда бугеб хъвай-хъвагӀи, жибги 1928 соналде щвезегӀан авар мацӀ хъваялъе хӀалтӀизабулеб букӀараб. Бищун цересел авар гӀажамалда хъварал хъвай-хъвагӀабазул цогидаб буго Къорода мажгиталъул къадалӀ бугеб ганчӀида батараб, гьелъие къо-моцӀ чӀезабун буго XV гӀасруялдалъун. Авар гӀажамалъе кьучӀ лъурав чилъун рикӀкӀунев вуго ГӀандиса ГӀалимирза; гьесул квералъ 1485 соналъ хъвараб ГӀандуникӀил васигаталда буго 16 гӀараб хӀарпаздалъун хъвараб авар рагӀи.

Къородаса хъвай-хъвагӀай

[хисизабизе | код хисизабизе]
Къородаса хъвай-хъвагӀаялъул эскиз

Жакъа къоялъ лъалеб, авар мацӀалда гӀараб хӀарпаздалъун гьабураб эпиграфияб хъвай-хъвагӀайлъун ккола 1977 соналъ Айтберилазул Тимуридаги, А. Ивановасдаги батараб Къородаса хъвай-хъвагӀай.[1] Гьеб буго Гъуниб мухъалъул Къорода росдал мажгиталъул къадалӀ лъураб ганчӀида бикӀун гьабураб хъвай-хъвагӀи,[2] палеграфиял цӀех-рехелазда ва хатӀалъул анализалда рекъон, гьеб гьабураб заман кколеб буго XIV гӀасру.

Хъвай-хъвагӀаялъул тӀоцебесеб мухъ байбихьулеб буго бисмилаялдаса, хадусеб лъабго жумла буго авар мацӀалда хъван насх хатӀалъ куфиялъул цо-цо элементалгун. Тексталъул транслитерация буго хадусеб:

Бисмиллагьи ррахӀмани ррахӀим! ГӀакӀа гьабуге мазгит [мажгит] гьабаразе [гьабуразе] // Росдаеги мазгит вакъву [вакъфу] гьабаразе [гьабуразе] ГӀакӀа гьабуге бусурбаби!

ГӀандуникӀил васигаталда

[хисизабизе | код хисизабизе]

СагӀидиласда рекъон, бищун цебесеб гӀараб хӀарпаздалъун авар рагӀаби хъвай дандчӀвалеб буго аваразул нуцал ГӀандуникӀица жиндирго ирсилав Булач-нуцалие хъвараб васияталда. Документ хъван буго 1485 соналъ машгьурав гӀалимчи, Аваристаналъул къади ГӀандиса ГӀалимирзаца гӀараб мацӀалда, ва гьениб, цӀалиялъулӀ мекъи ккунгутӀиялъе ва бакӀалъул цӀаразул абулеб къагӀида мухӀканго кьеялъе хъван буго 16 авар топоним ва хасаб цӀар.

Хъван руго гьел гӀараб алифбаялда ругел хӀарпаз; авар мацӀалда ругел хасал гьаркьал рихьизаризе ГӀали-мирзаца хӀалтӀизарун руго авар гьаркьазде бищун гӀагараб абулеб къагӀида бугел хӀарпал, диакритикал гьечӀого.[3] Мисалалъе: بقتللل (бакътлулал) — бакълъулал, عندل (гIандал), خجددسل (хуждадисел) — хуштадисел, هلق (Гьулукъ) — Гьолокь, бакълъал, СаламегӀер, ва ц.

Бакълъухъа хъвай-хъвагӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьеб хъвай-хъвагӀай уго Гъоркьа Бакълъухъ росдал мажиталъул къадалӀ бугеб ганчӀида. Гьеб эпитафиялда буго къокъабго гӀажам хӀарпаз гьабураб авар хъвай-хъвагӀи: «Масжид (мажгит) бана 973 соналъ» (грегориянияб къагӀидаялъ 1565–1566 сон).[4]

Дибир-къадил реформа

[хисизабизе | код хисизабизе]
ب  - б ر  - р ف  - п ڸ  - лъ
ت  - т ز  - з ڣ  - пI ڷ  - лълъ
ج  - ж س  - с ق  - къ م  - м
ڃ  - чI ص  - сс ڨ  - кь ن  - н
ڄ  - чIчI  ش  - ш ك  - к ه  - гь
چ  - ч ۺ  - щ ڭ  - кк و  - в
ڿ  - чч ݭ  - ц گ  - кI ي  - й
ح  - хI ڛ  - цц ڴ  - кIкI ا  - а
ځ  - х ڝ  - цI ڬ  - г ێ  - и
خّ  - хх ڞ  - цIцI ڮ  - хь ې  - е
څ  - хъ ط  - тI ل  - л ۇ  - у
د  - д ع  - гI ڶ  - лI ۈ   - о
غ  - гъ ئ  - ъ

Гьел гурелги, руго «в»-ялъул кумекалдалъун рихьизарулел лабиалиял /кIутIби цIутIизарун рахъулел / гьаркьал:

Гв - ڬو , гъв - غو , гьв - هو , дв - دو , зв - زو , кв - كو , къв - قو , кьв - ڨو , кIв - گو , тв - تو , тIв - طو , хьв - ڮو , хъв - څو , хв - ځو , хIв - حو , цIв - ڝو , чв -چو ,

чIв - ڃو , щв - ۺو, лълъв - ڷو , кIкIв - ڴو , чIчIв - ڄو , ккв - ڭو , ссв - صو , ххв - خو, цIцIв - ڞو .

Гьамза - ئ  хъваялъул къагIидаби.

[хисизабизе | код хисизабизе]

РагIул байбихьуда:

[хисизабизе | код хисизабизе]

а - ТIоцебесеб хIарп а - ا , масала,

алжан - الجان

ахбазан - اځبازان

б - и, у, о, э(ъе)  хIарпазде цебе  ئ  хъвала, масала,

иту (ъиту) - ئێتۇ

ургъел (ъургъел) - ئۇرغېل

охцер (ъохцер) - ئۈخݭېر

эркенлъи (ъеркенлъи) - ئېركېنڸێ

кIиго гьаркьилал хIарпал (а, и, у) нахъ-цебе хъван рукIани, масала, гьабилаан, гьезда гьоркьоб гьамза хъвазе буго

гьабилаан  (гьабилаъан) - هابێلائان

беэнаб  (беъенаб)  - بېئېناب

Рагӏул ахиралда

[хисизабизе | код хисизабизе]

кIиго гьаркьилал хIарпазда гьоркьоб гьамза хъвала, масала, -

рии (риъи) - رێئێ

Й ي хIарп хъваялъул къагIида.

[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагӏул байбихьуда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кирилицаялда хъвалаго нилъеца, масала, юргъан хъвала, гIажамалда хъвалаго буго يۇرغان йургъан, элъул магIна ккола, тIоцересел хIарпал я, ё, ю рагIул байбихьуда рукIани, хъвазе ккола йо - يۈ , йу - يۇ , йа - يا . Масала,

ёхарай (йохарай) - يۈخاراي

екеризе (йекеризе) - يېكېرێزې

ячизе (йачизе) - ياچێزې

Рагӏи бакьулъ нахъаги кIиго гьаркьилаб хIарп (я, ё, ю) нахъ-цебе букIани гьоркьоб й хъвазе ккола, масала,

Цее (цейе) - ڛېيې

диеги (дийеги) - دێيېڬێ

дуеги (дуйеги) - دۇيېڬێ

Гьаркьикъал хIарпазда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьаркьикъал хӏарпазда нахъ я(йа) хIарп букIани, масала, дунял (дунйал), хъвазе ккола دۇنيال

Дунял (дунйал) - دۇنيال

ГIараб мацIалъул рагIабиги

[хисизабизе | код хисизабизе]

хъвазе буго рагIулеб куцалда, масала,

Низам ( نظام ) хъвазе буго نێزام

Рамазан (رمضان )  хъвазе буго رامازان

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Цӏияб гӏажам

  1. ^ Айтберилазул М. Т. Къорода росулӀа Аварги -гӀараб хъвай-хъвагӀай (XIII–XIV гӀасраби) // Машрикъалъул Эпиграфика. М., 1985. XXIII.
  2. ^ Айтберилазул М. Т., ХӀапизилазул Ш. MАГӀАРУЛАЛЪ ХЪВАРАЛ ТАРИХИЯЛ АСАРАЛ.
  3. ^ Саидов М.-С.Дж. Из истории возникновения письменности у народов Дагестана // Языки Дагестана. Махачкала. 1948. Вып. III.
  4. ^ Айтберов Т.М., Абдулкеримов М.О. О древних записях на аварском языке // Литературный Дагестан. 1990. № 4. С. 123–124.