Перейти к содержанию

Къуръан

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Суратул ФатихӀа

Къуръа́н (гӀараб: اَلْقُرآن [qurˈʔaːn] — аль-К̣ъур’а̄н ) — ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул калам, жиндилъ мугӀжизат бугеб, ва жибги рещтӀараб жиндир лагъ ва аварагзабазул бищунго ахирисев МухӀаммад аварагасда ( жинда Аллагьасул цӀоб рахӀмат лъеяв).

Ва гьеб Къуръанги жиб Аллагьас цӀунараб буго хисизабиялдаса, тӀадцӀикӀизабиялдаса ва камизабиялдаса. Аллагьас абулеб буго хирияб Къуръаналда(Къуръан, 15:9):

« ХIакълъунго, Дица рещтIана гьеб Къуръан. Ва Дун вуго гьеб цIунулев »

Къуръан буго аварагас жал рацӀадал асхӀабзабазда жиб малъараб, жибги данд бакӀарараб Абубакр асхӀабас, ГӀумар асхӀабасул ишараялдалъун. ГӀусман асхӀабас жибги хъвараб, ва жинда тӀад тӀубанго умматги рекъараб[1].

Хирияб Къуръан буго TIадегӀанав Аллагьас жиндие вокьулев МухӀаммад Аварагасда ﷺ рештӀинабураб тӀехь, гьелдалъун жинца гӀадамал жагьиллъиялъул бецӀлъиялдаса иманалъул нуралде рачине, куфру-ширкалъул, зулму-хӀалалъул, талихӀ къосиналъул нухдаса гьел хвасар гьаризе.

Къуръан букӀана аварагасдасан лъазабун ва къаламалъ хъван асхӀабзабаз. Аллагьас гьеб ЖабрагӀил малаикасдасан рештӀинабуна МухӀаммадихъе ﷺ. Ва гьеб рештӀула букӀана 23 (жеги битӀун 22 соналъ, 610 соналдасан 632 соналде щвезегӀан.) соналъ, тӀоцебесеб вахӀьюги букӀана аварагасул 40 сон бугеб мехалъ, Лайлатул-Къадралъ (Рамазан моцӀ).

Къуръан хӀакъалъулӀ руго гӀемерал гӀелмиял хӀалтӀаби, бусурбабаз гьарурал гурониги капураз гьаруралги. Бищунго кӀудияб ва гӀаммабги камилабгилъун рикӀкӀуна Жалал ад-Дин ас-СуйутӀияс (1455—1505) хъвараб, «Къуръаналъул гӀелмабазул камиллъи»-абураб тӀехь[2].

Къуръан, исламалъул догматикаялде рекъон, — буго:

  • тӀолго инсанияталъе Аллагьасул нухмалъи, ахирисеб мукъадасаб тӀехь;
  • Аллагьасул калам, цере рещтӀун рукӀарал тӀахьал хӀакъал рукӀанилан абулеб ва гьезда жанир рукӀарал къанунал къалеб ва цӀиял кьолеб, камилаб тӀехь.[3] (впрочем, в исламской истории имели место серьёзные богословские дискуссии по вопросам о сотворённости/несотворённости Корана[4]);
  • МухӀаммад авараг ﷺ тӀадеги ритӀухъ гьавулеб мугӀжизат, цогидал Аллагьасул каламазул камилаб ахир. Аллагьасул рисалатал ритӀулел рукӀана Адамидасан бахъараб МухӀаммадида ﷺ щвезегӀан, гьезда гьоркьо Ибрагьим аварагасул Кагътал, Таврат, Забур (Псалтирь) ва Инжил (Евангелие).

Цо-цо исламиял пачалихъазда бусурбабазул гӀадат - суннатгун Къуръан буго Къануналъул аслу, динияб рахъалдасанги, гражданскияб ва уголовнияб рахъаздасанги.

  1. ↑ "Archive copy". Архивация оригинал, 2010-09-23. Щвей 2010-12-15.{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)
  2. ↑ ас-Суйути, Джалал ад-Дин. Совершенство в коранических науках. В 2-х частях. М.: ИД «Муравей», 2000.
  3. ↑ Игнатенко А. А. Об исламе и нормативной дефицитности Корана Архивация 2012-06-14 Wayback Machine // Отечественные записки, 2008. — № 4 (43). — С. 218—236
  4. ↑ Резван Е. А. ал-КУР’АН // Ислам: энциклопедический словарь / отв. ред. С. М. Прозоров. — Наука, 1991. — С. 144—145.

Халип:Къуръаналда рехсей гьабурал гІадамал