Кумек:ИФА/Авар
![]() | Гьаб буго абулеб куцалъул кӀул Википедиялда Авар мацӀалъул ИФА транскрипциялъе. Гьелда жаниб буго Википедиялъул макъалабазулӀ Авар мацӀалъул текстал цӀалулеб куцалъул транскрипция бихьизабиялъе симболазул гӀамм ва мисалалъе рагӀаби, жидеца гьезие данде кколел гьаркьал рихьизарулел. Гьанире регӀун ругел кӀулалдаги транскрипцияздаги гьоркьоб цохӀал цӀунизе ккола; цониги симбол хисизабуге гьаниб, цин гьоркьолъовуда консенсусалде рачӀинчӀого. ИФАлъул гӀужразул байбихьул нухмалъал рихьизе ралагье Квеки:ИФА. [ ], / / яги ⟨ ⟩ малъазда гьоркьоб батІалъи лъазе, ралагье ИФА § Малъал ва транскрипциялъул рикьел. |
ТӀолго Википедиялда рагӀаби абул куц бихьизабула интернационалаб фонетикияб алфабеталдалъун (ИФА). Хадусел таблоязда кьун руго ИФАлъул симболал авар рагӀабазе ва гьел абулеб куцалъе хӀалтӀизарулел.
ИФАлъул символал нужер браузералда кколеб куцалда рихьизарун гьечӀони, ралагье гъоркьегӀан.
Гьаб кӀулалъул квекудалъун нужеца абулеб куц тӀаде жубалеб бугони, гьеб гӀуцӀа-кӀутӀун букӀине ккола {{IPAc-av}} халипалдалъун. Элъ бихьизабула щибаб симболалъе малъа-хъваял ва баянал. Ралагье халипалъул гьумералъухъ интсрукциязе.
КӀул
[хисизабизе | код хисизабизе]Нужеца балагьулеб ИФАлъул симбол гьаниб батичӀони, балагье Квек:ИФАлда, жиб дагьабги тӀубарабги сияхӀлъун бугеб. Гьаркьал хъваялъул вариантазул сияхӀгун бугеб таблица балагье гьаниб: Авар ортография.
Мисалалъе кьурал рагӀаби руго авар стандартаб мацӀалъул, гьел цӀалулеб куцги руго стандартал.
|
|
Нотация
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ /l/ гьаракь буго авар мацӀалда бихьизабун кӀиго аллофоналдалъун: веларлъараб /ɫ/ букӀуна /u/, /o/, /ä/ рагьаразда цадахъ, палаталлъараб /lʲ/ букуна /i/, /e/ гьаркьазда аскӀо, гьединго /j/ гьаркьида нахъа.
- ^ f данчӀвала цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабазулӀ.
- ^ РагӀул байбихьуда /ʔ/ хъваларо, рагьарал хӀарпал хъван тола; рагӀуда жаниб яги ахиралда гьеб бихьизабула Ъ хӀарпалъ.
- ^ Назалиял рагьарал стандартияб мацӀалда дандчӀвала дагьалго рагӀабазулӀ: цо-цо гьоркьобрехазулӀ ва у рагӀиялъул ва гьелдаса лӀугьаразулӀ. Хъвай-хъвагӀиялда назаллъарал рагьарал цӀикӀаниселъ рихьизаруларо, у рагӀиялдаса лӀугьарал рагӀабазулӀ бихьизабула Н хӀарпалдалъун, мисалалъе, унго-унгояб /ˈũɡoũɡojab/.