Авар ортография
Куц-мухъ
(«Авар мацӀалъул орфография» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Авар ортография буго авар мацӀалда хъвадарулаго хӀалтӀизарулел асасал гъорлӀе рачараб система, жинца цӀалдолезеги хъвадарулезеги авар мацӀалъул гьаркьал хъвавул графемабигун хурхинаризе рес кьолеб. Авар ортографиялъулӀ руго битӀунхъваялъул, рагӀи бикьиялъул, мухъдаса мухъде босиялъул, бетӀерал хӀарпал хӀалтӀизарул, пунктуациялъул нормаби.
Каламалъул бутӀабазул битӀунхъвай
[хисизабизе | код хисизабизе]РикӀкӀенал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Къадаралъулаб рикӀкӀеналъул ахиралда хъвала О: цо, кӀиго, лъабго, ункъго, щуго цги.
- Жубараб рикӀкӀен хъвал рекӀун: лъабнусго, микьнусго, кӀиазарго цги.
- -ла, -ло, -да суффиксазул цоябниги ахиралда бугеб рикӀкӀен хадуб бачӀунеб рагӀудаса батӀаго хъвала: кӀикъоялда анцӀила щуго, кӀиазаралда анцӀила микьго цги.
- Иргадул рикӀкӀеналъулӀ абулеб формарагӀи рикӀкӀеналда рекӀун хъвала: цоабилеб, кӀиабилеб, лъабабилеб, ункъабилеб, щуабилеб цги.
- Цифрабазда хадуб абулеб формарагӀи дефис лъун хъвала: 12-абилеб, 50-абилеб, 100-абилеб цги.
ЦӀарубакӀал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Ниж, нилӀ, нуж цӀарубакӀазулӀ битӀараб аслуялда букӀунеб -и- ва -у- киналго формабазда цӀунула, рагӀи хисул суффиксалъулӀ хъвала -е-: нижер, нилӀер, нужер, нижее, нилӀее, нужее
- Жив, жий, жиб абурал цойил рикӀкӀеналъул цӀарубакӀазул кьибилалъулӀ бугеб -и- цӀунула, кӀиабилеб гьижаялъулӀги -и- хъвала: жиндир, жиндие, жиндихъ ва ц. ГӀемерлъул формаялъул аслияб хӀалат (жал) тун цогидазул кьибилалъулӀги -и- цӀунула, сигъаялъул суффиксалъулӀ хъвала -е: жидер, жидее, жидеца ва ц.
- ЦӀарубакӀазул кьовул ва рачӀул формабазул ахиралда хъхвала -е: лъие, сундуе, лъихъе, сундухъе, дие, дуе цги. Поэзиялъулаб мацӀалда гьижабазул цоккураб къадар цӀуниялъе гӀоло ахиралда бугеб /e/ гьаракьги гьорькоб биччан, цо -й (/j/ ) хъван тола: дуй, сундуй, лъий ва ц.
- Адйектив гӀадин хӀалатазде сверулел цӀарубакӀазул хаслъул хӀалаталъул ахиралда хъвала -ул: досул, гьесул, гьелъул, щивасул, киназул(го) цги.
- Баяналъул цӀарубакӀазул ахиралда хъвал -о: кинавго, кинабго, киналго, тӀолго, тӀолабго
- Кьибил такрарлъун лӀугьарал цӀарубакӀал хъвала гьоркьоб дефис лъун: жив-жив, жиде-жидер.