Перейти к содержанию

Денталабги алвеолариябги эйективиял стопал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Алвеоларияб эйективияб стоп» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Алвеоларияб эйективияб стоп
Аудио
Кодификация
Рижа (decimal)t​ť
Юникод (hex)U+0074 U+0165
X-SAMPAt_>
Денталаб эйективияб стоп
t̪ʼ
Кодификация
Рижа (decimal)t​̪​ť
Юникод (hex)U+0074 U+032A U+0165
X-SAMPAt_d_>
Лабиаллъараб
tʷʼ

Алвеоларияб ва денталаб эйективиял стопал руго рагьукъал гьаркьазул тайпаби, жал гъугъаллъун хъвалел ва абулел мукъулукъалъусан егрессивияб хӀухьвелчвахудалъун. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда эйективал рихьизарула "модиикатаб апострофалъ" ⟨ʼ⟩,[1] гьанибго гӀадин.

Алвеоларияб эйективалъул ружбии:

  • Элъул абул куц буго окклусивияб, эб бахъул хӀухьел чвахиялъе гьаркьил нухда обструкция (квалквал) лӀугьун. Рагьукъаб кӀалзулаб букӀиналъ, магӀарзухъан ин гьечӀеб, хӀухьел чвахи тӀобан къала, ва ругьукъаб гьаракь букӀуна плозивлъун (кьвагьун абулеб).
  • [tʼ] гьаркьил буго ункъго спецификияб вариант:
    • Денталаб, эб абула мацӀалзул тӀогь яги бал тӀасиял цабзазда хъван, эзда рекъон апикалаб ва ламиналаб.
    • Денти-алвеоларияб, жиб абулаго мацӀалзул бал алвеоларияб агӀида хъвалеб, ва мацӀалзул тӀогь тасиял цабзазда цулеб.
    • Алвеоларияб, эб бахъулаго мацӀалзул тӀогь яги бал цула алвеоларияб агӀида, гьелда рекъон апикалаб ва ламиналаб.
    • Посталвеоларияб, эб бахъулаго мацӀалзул тӀогь яги бал цула алвеоларияб агӀидаса нахъегӀан, гьелда рекъон апикалаб яги ламиналаб.
  • Элъул фонация буго гъугъаб: эб бахъула гьаркьил рухьадазул сороди гьечӀого.
  • Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
  • Эб буго централаб рагьукъаб: бахъулаго хӀухьалил чвахъи уна битӀун мацӀазул централтӀасан, хьолбохъан гуреб.
  • ХӀухьел чвахул механизм буго эйективияб (глотталаб эгрессив): хӀухьел къватӀибе цула гьаркьил кьватӀел (глоттис) эххеде хӀалуцинабун.

Денталаб яги денти-алвеоларияб

[хисизабизе | код хисизабизе]
МацӀ РагӀи ИФА МагӀна Баян
Дагьало[2] [t̪ʼat̪t̪a] 'рас' Ламиналаб денти-алвеоларияб, алвеоларияб эйективгун контрасталда.[3]
МацӀ РагӀи ИФА МагӀна Баянал
Авар тӏул / ul [tʼuɫ] 'тӀул'
Адигъ ятӀэ/i͡atḣė [jaːtʼa] 'хъублъи'
Амгьар ጥጃ/ṭəǧǧa/t'ejah/tehǧa [tʼɨd͡ʒːa] 'бече'
Аремен Ереваналъул диалект[4] տասը/t'asë [ˈtʼɑsə] 'анцӀго' Дандеккола тӀеренаб [t⁼] гьаркьие цогидал бакъаккулал диалектазда
Дагьало[2] [t̺ʼirimalle] 'нусиреч' Апикалаб, данде лъола денти-алвеоларияб эйективалде.[3]
Ганза[5]:95 [tʼóɗó] 'чӀегӀераб'
Гуржи ტიტა/t'it'a [ˈtʼitʼä] 'тулпан'
Гьайда qqayttas [qʼajtʼas] 'гьегь'
Гьири Гьирияб стъалы/sthaly [ˈstʼäɫɪ̈] 'цӀва'
Кабардин тӀы / ţə [tʼə] 'куй'
Кавескар t'ǽrkse [tʼǽɾkse] 'бухӀ-бухӀулеб'
Кечва anta [tʼæntæ] 'чед'
Мингрел ყები/t'q'ɛbi [ˈtʼqʼɛbi] 'тӀом'
Навагьо yáʼáééh [jáʔátʼɛ́ːh] яги [jáʔátʼéːh] 'ворчӀами' яги 'гьелло' хӀарпккун 'эб лъикӀ буго'[6]
Нез Персе eyíieyii [tʼæˈjiːtʼæjiː] 'битӀараб'
Сван ჷნ/tʼən [tʼən] 'къаркъала'
Хъваршисезул тӀая/t'aja [tʼaja] 'бортизе'
Чачан тӏай / thay [tʼəj] 'кьо'

Лабиаллъараб алвеоларияб

[хисизабизе | код хисизабизе]
МацӀ РагӀи ИФА МагӀна Баянал
Авар тӏвапи / ṭwapi [ˈtʷʼä.pɪ] 'тӀвапи'
  1. ^ "The International Phonetic Alphabet and the IPA Chart | International Phonetic Association". www.internationalphoneticassociation.org (in английский). Щвей 2018-04-01.
  2. ^ a b Maddieson ва цгд. (1993), гь. 27.
  3. ^ a b Maddieson ва цгд. (1993), гьл. 27–28.
  4. ^ Dum-Tragut (2009:17–18)
  5. ^ Smolders, Joshua (2016). "A Phonology of Ganza" (pdf). Linguistic Discovery. 14 (1): 86–144. doi:10.1349/PS1.1537-0852.A.470. Щвей 2017-01-16.
  6. ^ "What does "Yá'át'ééh" mean? (Navajo Greeting)". YouTube. Декембер 30, 2019. Щвей Септембер 21, 2021. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|date= (help)
  • Dum-Tragut, Jasmine (2009), Armenian: Modern Eastern Armenian, Amsterdam: John Benjamins Publishing Company
  • Maddieson, Ian; Spajić, Siniša; Sands, Bonny; Ladefoged, Peter (1993), "Phonetic structures of Dahalo", Гъоркь: Maddieson, Ian (ред.), UCLA working papers in phonetics: Fieldwork studies of targeted languages, Том 84, Los Angeles: The UCLA Phonetics Laboratory Group, гьл. 25–65

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • [tʼ] гьаракь бугел мацӀал PHOIBLE сайталда
  • [t̪ʼ] гьаракь бугел мацӀал PHOIBLE сайталда
  • [tʷʼ] гьаракь бугел мацӀал PHOIBLE сайталда