Гьоркьохъеб рагьараб
ИФА: Рагьарал | ||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
| ||||||||||||||||||||||||||||||||
Легенда: гургинлъичӀел • гургинлъарал |
Гьоркьохъеб рагьараб (яги унгояб-гьоркьохъеб рагьарб) буго цо-цо кӀалъавул мацӀазда хӀалтӀизарулел рагьарал гьаркьазул классалъул бокьараб. Гьоркьохъел рагьарал роцӀцӀинарулеб характеристика ккола эб абулаго мацӀалзул позиция гӀага-шагарго тӀасияб рагьаралдаги гъоркьияб рагьаралдаги гьоркьоб букӀин.
Рагьарал
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦохӀо-цо гьоркьохъеб рагьараб, жиндие интернационалаб фонетикияб алфабеталда хасаб симболгун, буго гьоркьохъеб бакьулӀеб рагьараб [ə].
ИФАлъ бикьула рагьаразул мес лъабиде, [e] яги [o] гӀадинал тӀад-гьоркьохъелги, [ɛ] яги [ɔ] гӀадинал гъоркь гьоркьохъелги ращад рикӀкӀад руго формантазул месалда гъоркьиял [a] яги [ɒ] гьаркьаздаги, тӀасиял [i] яги [u] гьаркьаздаги гьоркьор. Гьединан унгояб гьоркьохъеб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб хъвазе бегьула гъоркьецараб ⟨e̞⟩ (гъоркьецадул диакритик цадахъ) яги борхараб ⟨ɛ̝⟩ (борхул диакритик цадахъ) гӀадин.[1][2] Тайпадулал унголя гьоркьохъел рагьарал руго гьадинал:
- гьоркьохъеб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб [e̞] яги [ɛ̝]
- гьоркьохъеб цебесеб гургинлъараб рагьараб [ø̞] яги [œ̝]
- гьоркьохъеб бакьулӀеб гургинлъичӀеб рагьараб [ɘ̞] яги [ɜ̝] (цӀикӀкӀаниселъ хъвала ⟨ə⟩)
- гьоркьохъеб бакьулӀеб цутӀараб рагьараб [ɵ̞] яги [ɞ̝] (цӀикӀкӀаниселъ хъвала ⟨ɵ⟩ эб тӀад-гьоркьохъеб букӀарабани гӀадин)
- гьоркьохъеб бакьулӀеб ккураб рагьараб [əᵝ]
- гьоркьохъеб нахъисеб гургинлъичӀеб рагьараб [ɤ̞] яги [ʌ̝]
- гьоркьохъеб нахъисеб гургинлъараб рагьараб [o̞] яги [ɔ̝]
Референсал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Wayland, Ratree (2018). Phonetics: A Practical Introduction. Cambridge: Cambridge University Press. гь. 26. ISBN 978-1-10841-834-8.
- ^ Rogers, Henry (2000). The Sounds of Language: An Introduction to Phonetics. Harrow: Longman. гь. 9. ISBN 978-1-31787-775-2.