Авар мацӀалъул история

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Авар мацІалъул история — ккола тарихалда жаниб авар мацІалъул цебетІей ва гьеб мацІ гІуцІиялъул процесс.

Тарихалъул периодизация[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацІалъул тарихалда лъабго период бихьула:

  1. Аваргин гІандисезулал мацІал рикь-рикьизе рагъарарал заман (V гІасру).
  2. X—XIV гІаср. Бодул мацІ гІуцІи. Гуржи алфавиталъул аслуялда Авар мацIалъул хъвай-хъвагIай бакки.
  3. XIV—XV гІ. ГІараб мацІалъул асар цІцІикІкІин. ГІажам алфавит бакки.
  4. XVI—XIX гІаср. ГІажамалъул аслуялда Авар мацIаллда тьахьал раккараб заман. Авар мацIалда адабияталъул байбихьи.
  5. XIX-XX гІаср. Кириллицаялда рахъин ва СССРалда авар мацІалъул адабият цебетІей.

Хъвай-хъвагIай бакки[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацIалда хъвай-хъвагIаялгун гуржияб алфавиталда рекъон хъвараб текстгун хъванч

МагІарулазда гьоркьоб исламияб дин тІибитІизегІан (XIII гІасру), жедерго жиндаго чІараб ханлъи букІананиги, миллаталъул хасаб хъвай-хъвагІай букІинчІеб гІадин буго.

ГІарабазул тарихчагІазул (Ибн ал Асир, ал-МасгІуди, ат-Табари) баяназда рекъон VII гІасруялдаго Дагъистаналъул мугІрузда батІибатІиял ханлъиял рукІун руго, хІатта меседил тах бугев ханги. Долго тарихчагІазул ва ракь лъазабулел гІалимзабазул хъвай-хъвагІаязда рекъон меседил тах бугев ханасул чІел гьанжесеб Аравиялъул бакъулъ бакІ кколеб буго. БукІине бегьулеб жо буго доб ханлъиялда гІараб хъвай-хъвагІай хІалтІизабилеб букІин сверухъ ругел ракьазулгун гьоркьорлъаби щула гьаризелъунги. МагІарулазда мадугьалихъ ругел лезги, табасаран, лак ва ц. миллатазул халкъаз VII абилеб гІасруялдаго ислам босун букІана ва Халифаталда гъорлъе унаан. Дозги гІараб хъвай-хъвагІай хІалтІизабулеб букІун батила гьелго мурадазда.

МагІарухъ гІемер данчІвала батІи-батІиял гІанчІал тІад гІараб хатІги бугеб куфаялъул къагІидаялъ хъвараб. Гьениб букІанаро я накъишал я хъвараб къо-моцІ. Руго гьел къанал Аваристаналъул бакьулъ – Хунзахъги. Лъалеб жо буго куфаялъулаб хъвай-хъвагІай XIII-абилеб гІасруялдаса нахъе хІалтІизего гьабулеб букІинчІеблъи. Гьединлъидал, дол тІад гІараб хатІ бугел ганчІал ва къанал жеги цебесеб заманалда рукІарал кколел руго. Кинниги гьел хІужабаз нилъее рес кьолеб гьечІо гьеб хатІалда дол соназда магІарул рагІаби хъван рукІанин абизе, щай гурелъул доб хатІ тІолго гІараб мацІалда букІун.

Цоги рахъалъ босани Кавказалъул бакътерхьул рахъалда магІарулазул мадугьалихъ даимго рукІана грузиялъул халкъ – жидеца насранияб динги босараб ва гьелъул хъвайхъвагІайги хІалтІизабулеб. Гьел грузиялъул гиназаз замазаманалдаса хІалал рихьулел рукІана лекІал, ай магІарулал жидерго сиясатиалда гъоркье рачине ва гьаниб насранияб дин тІибитІизабизе, гьелъие гІоло жидерго дагІватчагиги ритІулаан ЛекІиялде. Цо-цо чагІаз гуржиязул хІарпалги хІалтІизарун магІарул мацІалда хъвазе хІалбихьиял гьарун рукІун ратизеги рес буго, амма гьелъие цониги хІужа жеги батичІо. МагІарулазул ракьаздани дандчІвала гуржи мацІалда хъвай-хъвагІайги тІад ругел хъанчал. Дагьаб цебе батана гьединаб цо хъанч. Академик Чикобаваца цІалараб гьеб хатІалда дос абухъе магІарул ва гуржи мацІалда буго хъван. МагІарул мацІалда хъвараб бакІалда хъанч бекун букІун кІиго рагІи цІализе кІвана «цІоб», ва «лъеги». Гьаниб «лъ» хІарп хисун буго «гь» хІарпалдалъун – гьебги анцухъезул диалекталда бугеб хІалалъ. Академик Чикобаваца абухъе гьеб памятник кколеб буго XІV абилеб гІасруялъул. Гьесул пикру буго хъваялъул хаслъаби хІисабалде росун гьабураб, амма дидани ккола гьесул хІужаби гІей гьечІел ругилан. Доб памятник (хъанч) батараб бакІ бихьизабун гьечІо. МагІаруллъиялда гьел хъанчал ракки букІине рес гьечІеб жо гуро, щай абуни гуржиялги лекІалги кидаго политикияб ва экономикияб бухьеназда рукІиндал. МагІарухъ XІX-абилеб гІасруялъул ахиралде щвезегІанги тІубарал росаби рукІиндал тархъан тарал лагъзадеридаса лъугьарал, гьелъ дозул умумуз гьел хъанчал гьарун рукІине рес буго, ай гуржиялъа рачІун гурел гьанир магІарухъго. Гьединги нилъер гІураб хІужа гьечІо гІараб хатІалдаса цебе магІарулаз гуржи хІарпазда тІад магІарул хъвай-хъвагІай гІуцІун букІанин абизе.

Нилъехъе щун буго, нахъе цІунун хутІараб магІаруллъиялъул бергьараб памятник, - гІараб мацІалда ГІандиса ГІали Мирзаца хъвараб авар нуцал Ибрагьимил вас ГІандуникІил жиндирго ирсилав Булач-нуцалие гьабураб насихІат-васият. Васият букІин лъалеб букІана жеги XIX-абилеб гІасруялдаго, амма жибго гьеб батана 1941 абилеб соналъ Хунзахъ. Гьеб хІакъикъаталдаги ГІали Мирзаца хъвараб букІин чІезабизе кІвана 1945 соналъ СалтІа росулъ гьал мухъазул авторасда гьес (ГІали Мирзаца) 1467 абилеб соналъ хъвараб «ШархІул МухІаррар» абураб тІехь батидал. Гьеб кІиябго хатІги данде ккун чІезабизе кІвана цо чияс хъвараб букІин. Гьедин нилъехъе щвана XV-абилеб гІасруялъул хъвавул памятник жинда жаниб анцІила анлъго магІарул рагІиги бугеб.

Фонетикияб рахъалъ гьел магІарул рагІаби магІарулазе хасиятал гьаркьаздалъун рихьизарун гьечІо, ай алифалда тІаде журарал хІарпалги лъун. Масала «кІ» хІарп бихьизабун буго гІараб «каф» хІарпалдалъун (ГІандуникІ - Андроник). «Ч» хІарп бихьизабун буго персазул «ч» хІарпалдалъун (Хучада, Булач), яги гІараб «джим» хІарпалдалъун (ГІалигъилиджилал). «Г» хІарп хъван буго гІараб «каф» хІарпалдалъун (джункут). «Лъ» хІарпалъул бакІалда хъван буго гІараб «лам», (бакълулал, бакълал) яги «цІ» хІарпалъул бакІалда хъван буго гІараб «зал» (гьозал). «Ц» хІарпалъул бакІалда хъван буго гІараб «сен» (нуцал - нусал). Хасаб кІвар буссинабулеб буго кІиго цІарубакІ цолъизабун лъугьараб рагІиялъ: миясугьатІан (Мия гьатІан).

Заманалъул рахъалъ кІиабилеб хъвавул памятниклъун рикІкІине ккола XVІабилеб гІасруялда Харахьиса ГІумарил вас ТІайгибил квералъ гІараб тІахьазул тІанчазул рагІалъабазда хъварал рагІаби ва калимаби.

Дагъистаналъул гІараб гІелму тІибитІизабулезда гьоркьов ТІайгиб машгьурав вуго гІараб мацІалъул магІаналъул (логика) ва цогидал гІелмабазе гІемерал баянал кьурав гІалим хІисабалда. Нахъе цІунун буго 1580 абилеб соналъул аваладла гьес хъвараб «Аль-ВафигІи шархІул аш-шафигІия» - абураб тІехь жив ТІануси вугев мехалъ. Гьеб машгьураб тІехьалъул рагІалъабазда гьес таржама гьабун гІадин кьурал рагІабазул ва калимабазул хІисаб гьабуни нилъеда бичІчІула кигІан къадаралъ гІажам алиф камиллъун букІун бугебали. ТІайгиб гьавуна 1563 абилеб соналъ хвана 1668 соналъ. ТІайгибил хъвай-хъвагІаязда нилъеда батулеб буго гьес киса-кибего «ч» хІарп хъваялъе персазул «ч» хІарп, ГІандиса ГІали Мирзаца абуни гьеб хІарп цин гІараб «дж» яги персазул «ч» гІадин хис-хисун хъвалеб буго. ТІадеги «кь» хІарп нилъеда ТІайгибица хъван батулеб буго гІараб «къ» хІарпалдалъун тІад ташдидги лъун, ГІали Мирзал абуни гьедин гьечІо.

XVII-абилеб гІасруялъул тІоцебесеб бащалъиялда (1639) машгьурав гІалимчи ГІободаса ИсмагІилил вас ШагІбан ГІарабустаналдаса тІадвуссун вачІуна ва магІарулъиялда тІоцебесеб мадраса рагьула жиндирго росулъ. Гьеб мехалде гІажам хатІалда хъвай-хъвагІай къанагІатаб жо букІинчІо. ШагІбан-къадил гІажамалда хъварал кагътазул нусхаби гурого нилъехъе щун гьечІо, гьелъ мухІканалъи чІезабизе кІвечІо ва гьаб суалалда гьоркьобе бачинчІо. ШагІбан – къадил мутагІилзабазул бищунго гІемераб хъвавул ирс нахъе тана ГІаймакиса МугІавиятил Абубакарица ва Кудалиса КІудияв ХІасаница. Гьел руго шигІриял назмаби, насихІатал. Гьел гІалимзабазул хъвараб гІажам алифалъул Харахьиса ТІайгибица хъваралдаса кІудияб батІалъиго гьечІо. Гьаниб абуни нилъеда «г» хІарп хъваялъулъ гІараб «каф» хІарпалда тІад лъабго тІанкІ батулеб буго. Гьеб къагІида хадур ругел гІалимзабаз – катибаз хІалтІизабун гьечІо.

Амма, гІажам хатІалъул гьаркьилал ва гьаркьикъал хІарпал аскІор хъваялъул камилаб хІалтІи гьабуна Дибиркъадица. Дибир-къади гьавуна 1742 соналъ Хунзахъ росулъ, ва къадаралде щвана 1817-абилеб соналъ. Гьев тІоцеве цІалана Дагъистаналда, хадув ана Персиялде, Турциялде, Шамалде. Гьесда рагІа-ракьанде щун лъалаан парс, гІараб, турк, лак ва гуржи мацІал. Дибир-къадица нахъе тана гІезегІан бечедаб рухІияб ирс. Гьес бахъана парс-турк-гІараб мацІазул къамус (словарь). Хъвана парс мацІ малъиялъе тІехь «Тибян-ул лисан литагІлим-ис-сибъян», азербайжан, гуржи ва парс мацІазул кІалъазе малъулел тІахьал дандего магІарул мацІалда таржамаги бугел. Дибиркъадица магІарул мацІалде буссинабуна дунялалдаго машгьураб Калила ва Димна къиса. Гьединго Дибир-къадица хъвана магІарул, гІараб ва парс мацІазда гІезегІанго назмабиги. Гьелдаго цадахъ Дибир-къади гІемерал соназ Аваристаналъул хан кІудияв ГІумаханил мирзалъун хІалтІана. Гьес гІажам алиф камил гьабуна гьаркьилал хІарпазе хІаракаби лъун цІалулеб хІалалда. Дибир-къадица камил гьабураб гІажам алифалдаса магІарулаз, кІудияб хис-басго гьабичІого, пайда босана хІуригатги бахъун замана хисизегІан. Имаматалъул заманаялъ абуни имам Шамилил амруялдалъун «лъ» хІарп хъвалеб цого къагІида тІаде жубана. Дибир-къадица гьеб хІарп цо къагІидаялда хъван гьечІоан. Гьеб хъвай – хъвагІаялда тІад хІалтІизе хасаб комиссия бихьизабун букІана имамас. Гьел руго Шамилил мугІалим ХІариколоса Лаченилав, КІулзебалдаса ГІали ва цогидалги. Авар миллаталъул хъвай-хъвагІай баккиялъул бицунеб бугелъул мацІазда хІалтІулев ва кавказ лъазабулев вукІарав гІурусав П.К. Усларица ва гьесул кумекчи ЧІикІаса Айдемирица XІX-абилеб гІасруялъул кІиабилеб бащалъиялда (1863 с.) гІуцІун букІараб алфавиталъул рехсей гьабичІого гІеларо. Кинниги доб Усларил алфавиталъ магІарул хъвай-хъвагІаялда щибго бакІ кквечІо, щай гурелъул гІажам хатІ машгьурлъун ва киса-кибего тІибитІун букІун.

ГІажам мацІалда XX-абилеб гІасруялъул авалалда цІакъ гІемерал тІахьал рахъана Темир-Хан-Шура (Буйнакск) М-М. Мавраевасул басмаханаялда. Киналгоязде гІунтІун дол тІахьал рукІана диналъул хІакъалъулъ хъварал. Гьебго гІажамалда Констонтинополалда (Стамбул) 1902 абилеб соналъ басмаялде бахъун букІана МухІаммад аварагасул (с.гІ.в.с.) гІумруялъул хІакъалъулъ бицунеб гьитІинабго тІехь. Гьеб хъван букІана Миякьоса ГІадул вас ГІумарица. Гьединлъидал нилъеда кІола Дибир-къадица бахъараб гІажам алиф магІарулазул миллияб хъвай-хъвагІай букІин чІезабизе[1].

Латин ва кириллицаялде хъвай-хъвагІай[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІуригаталъул авалиял соназда хІалбихьиял гьарулел рукІана доб гІажам камил гьабизеян жибго алифалда жаниса гьаркьилал хІарпазе хасаб гІаламатал гьарун. Кин бугониги добго гІажам алиф 1928 абилеб соналде щвезегІан школаздаги малъана, гьеб мацІалда тІахьалги рахъана. 1928 абилеб соналъ абуни Дагъистаналъул тІолго миллатазул хъвай-хъвагІай хІукуматалъ латин алфавиталъул кьучІалде бачІана. Гьебги магІарул мацІалда данде ккечІо, щай гурелъул гьеб букІана батІи-батІиял алфавитаздаса жубан гьабураб. Школазда латин ва гІурус алфавитал малъулеб жо данде ккечІо, лъималазе захІмалъулеб букІун. 1938 абилеб соналъ тІолго миллатазул хъвай-хъвагІай бачана кириллицаялде (гьанже бугеб хъвай-хъвагІай). Гьеб букІана киналго СССРалъул миллатазги хІалтІизабулеб алфавит[1].

Алфавитазул таблица[хисизабизе | код хисизабизе]

Хадусел иццазда рекъон гІуцІун буго[2][3][4]:

Гьанжесеб
кириллица
МФА Услар Латиница ГІажам
а a а a آ ,ا
б b б b ب
в w в, у v و
г g г g گ ,ڲ
гъ ʁ ӷ ƣ غ
гь h h h
гI ʕ ع
д d д d د
е e, je- е e, je اِ ,اه
ж ʒ ж ƶ ج ,ڗ
з z з z ز
и i i i اى ,اِ
й j j j ى
к k к k ک
(кк) k: кّ kk ک ,کّ
къ q’ q q ق
кь tɬ ق ,ڸّ ,ۊّ ,ڨ
кI k’ қ گ ,ڲ ,ک
(кӀкI) k’: хّ ⱪⱪ کّ
л l л l ل
лъ tɬ, ɬ ɳ ļ ڸ
(лълъ) tɬ:, ɬ: ɳ̍, ɳّ ꝉ, ļļ ڸّ ,ڸ
м m м m م
н n н n ن
о o о o او
п p п p ف ,پ
р r р r ر
с s ç s س
(сс) s: с ss صّ ,ص
т t т t ت
тI t’ ҭ ƫ ط
у u у u او
ф f f ف
х χ x x خ
(хх) χ: х̍ xx خّ
хъ q k ӿ څ ,خّ
хь x h ҳ ؼ ,کّ
хI ћ ћ ح
ц ʦ s ڝ ,ز
(цц) ʦ: ц ss زّ ,ز
цI ʦ’ ц̓ ڗ ,ز ,زّ
(цӀцI) ʦ’: ц ⱬⱬ ژّ
ч ʧ ч c ج ,چ
(чч) ʧ: ч̍ ش ,چ ,چّ
чI ʧ’ чّ ç چ ,چّ ,ڃ
(чӀчI) ʧ’: ч̓ çç چّ
ш ʃ ш ş ش
щ ʃː ш şş شّ
ъ ʔ ء
э e е e اه
ю ju ju
я ja ja

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. 1,0 1,1 «Сагаси гьуникад» казият; № 6 (10458); 17 феврал 2017 сон
  2. Саидов М. Д. Возникновение письменности у аварцев // Языки Дагестана. — Махач-Кала, 1948.
  3. Новый алфавит для народностей Дагестана // Культура и письменность Востока. — (бол.), 1928. — Вып. II. — С. 176—177.
  4. Алексеев 2001.