Перейти к содержанию

Туркия

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
(«Турция» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Туркия
Türkiye Cumhuriyeti
Байрахъ Герб
ШигӀар: «Yurtta Barış, Dünyada Barış
(авар: «ВатІаналда рекъел, тІолабго дунялалда рекъел»)»
Гимн: İstiklâl Marşı
ГӀуцӀцӀана 29 октябр 1923 соналъ
Расмияб мацӀ Турк мацӀ
Миллатал {{{Миллатал}}}
Тахшагьар Анкара
ЧӀахӀиял шагьарал Стамбул, Анкара, Измир, Бурса, Адана, Анталия
ХӀукмуялъул низам президентлъиялъул республика
Президент Ражаб ТӀайип Эрдогъан
Пачалихъ. дин Ислам
Ракь
• Кинниги
• % лъел бутІа
36-билеб дунялалда
783,562[1] км²
1,3
Халкъалъул къадар
• Къимат (2018)
• Гъунки

↗ 82 003 882чи (19-билеб)
105 чи/км²
ИПГӀИ (2011) ↗ 0,699 [2] (цІикІкІараб) (92-билеб)
Этнохороним туркав, туркай, туркал
ГӀарац Турциялъул лира (TRY, код 949)
Интернет-домен .tr
Телефоналъул код +90
СагӀтил рачел +2, риидал UTC+3

39°3′0″N 34°57′0″E / 39.05000°N 34.95000°E / 39.05000; 34.95000 Координатал: Parameter: "scale=" should be "scale:"

Ту́ркия яги Турк (тур. Türkiye), официалияб куцалда Туркиялъул Жумгьурият (тур. Türkiye Cumhuriyeti) — аслияб куцалда БакътӀерхьул Азиялда, ва цо-цо бутӀа (гӀага-шагарго 3 % ракьалъул, 20 % халкъалъул) — Бакъдасебгун-Бакъбаккул Европаялда бугеб пачалихъ. ГӀуцӀана 1923 соналъ ТӀоцебесеб дунялалъул рагъда ГӀусманиязул империя къун хадуб ва гьеб бикьиялъул хӀасилалда, ва турк миллаталъул гӀадамаз гӀумру гьабун ругел ракьал хасаб турказул миллияб пачалихъалде сверизабун хадуб. 2015 соналда жаниб халкъалъул къадар бахунеб буго 77 695 904 чиясде, ракь — 783 562 км². Дунялалда гьелъ ккола 18-еб бакӀ халкъалъул къадаралъул рахъалъ ва лъебералда налъабилеб бакӀ ракьалъул рахъалъ. Пачалихъалъулаб майІ — турк.

Турция ккола динамикияб куцалда цебетӀолеб экономикаялъул къайи-матахӀ гьабулеб индустриалияб пачалихъ. Бича-хисиялъул бажари буголъиялъул баршалъиялде (БББ) данде ккун халкъалъул цо чиясе ГӀЖП-лъул къадар бахуна 19 6100 долларалде лъагӀалида жаниб (2014). 2014 соналда БББ-ялъул рахъалъ Турциялъул ГӀЖП бахана 1508 млрд долларалде.

Улкаялъул ракьазул цӀикӀкӀунисеб бутӀа ккола Анатолиялъул бащадаб чӀинкӀиллъиялде ва Эрменистаналъул мугӀрузул тӀалъиялде[прим 1], дагьаб — Балканалъул бащадаб чӀинкӀиллъиялде ЧӀегӀер ва Ракьдагьоркьосеб ралъадазда гьоркьоб. Турциялъ гӀурхъи цо гьарула бакъбаккудасан Гуржиялъулгун, Эрменистаналъулгун, Азарбижаналъулугн[прим 2] ва Ираналъулгун; къиблаялдехун — ГӀиракъалъулугн ва Сириялъулугун; бакътӀерхьудахун — Герекалъулгун ва Булгъаралъулгун. Улкаялъул рагӀалда буго ункъго ралъад: ЧӀегӀер, Ракьдагьоркьосеб, Эгей ва Мармар ралъадал.

2000 соналъ Турциялъул Жумгьурияталъе щвана Евроцолъиялъул гӀахьалчи-пачалихълъун лӀугьине кандидат-пачалихъалъул официалияб статус. Турция ккола НАТО-ялъул гӀахьалчи-пачалихъ 1952 соналдаса бахъун.

ХъахӀилаб мажгит

Туркия буго бакъбаккул башдаб шаралда. Гьелъул гӀатӀилъи (жанир ругел хӀавузал, лъим бакӀарарал бакӀалгун цадахъ) бахуна 779 452 км². Туркиялъул — 97 % — бутӀа буго Азиялда ва 3 % — Европаялда. Туркиялъул географияб хаслъилъун ккола — церегосел заманаздасан бахъун Европагун Азия хурхинарулел ва чӀегӀералъдал рагӀаллъабазда ругел халкъал ракьдагьоркьосеб ралъдал рагӀаллъабигун хурхинарулел, аслиял нухазда букӀин. Гьанэейин абуни Туркиялъул ракьаздасан лъун руго Азиялъул гӀемерал пачалихъал Европагун хурхинарулел маххул ва хъилил нухал.

Улкаялъул ракьазул цӀикӀкӀунисеб бутӀа ккола Анатолиялъул бащадаб чӀинкӀиллъиялде ва Эрменистаналъул мугӀрузул тӀалъиялде[прим 3], дагьаб — Балканалъул бащадаб чӀинкӀиллъиялде ЧӀегӀер ва Ракьдагьоркьосеб ралъадазда гьоркьоб.

Туркиялъул бищун цӀикӀкӀараб халалъул манзил буго бакъбаккудаса бакътӀерхьуде — 1600 км, севералдаса къиблаялде — 600 км. Лъабго рахъалъан гьеб батӀи-батӀиял ралъадаз жанибе бачуна: севералдасан — ЧӀегӀералъдаца, бакътӀерхьудасан — Эгей ралъдаца, къиблаялдасан — Ракьдагьоркьосеб ралъдаца. Туркиялъул европияб ва азиялъул рахъал цоцадаса ратӀа гьарун руго, ЧӀегӀералъадгун Эгей ралъад хурхинабулеб мармар ралъдацаги, Босфор ва Дарданел ралъдал къварилъабаз. Босфоралъул ва Меседил лълъарал (Мармар ралъад) къиблаялдехун буго дунялалъул бищун берцинал шагьаразул цояб ва Туркиялъул бищун халкъ ризаб шагьар — Истамбул.

ГӀорхъаби

Туркиялъ гӀорхъаби цо гьарула (сагӀтил хъаравулалда рекъон):

Пайдаял магӀданал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Туркиялъул ракьалда 100 гӀанасеб тайпа пайдаял магӀданазул буго. Улкаялда буго гӀемерал тайпаби рудаялъул, химиялъул, цӀатӀаригун-энергетикаялъул гӀатӀгоял материалазул. ТӀолгодунялалъул лӀамамеседалъул нахърателалдаса Туркиялъул бутӀа ккола 25 %.

Туркия — цӀикӀкӀунисеб бутӀаби мугӀруздасан гӀуцӀараб пачалихъ буго, гьединлъидал гьава-бакъги батӀи-батӀияб куцалда хисардула гӀодоблъабаздаги мугӀруздаги. Централиял бутӀабазда гьава-бакъ гьоркьохъеб даражаялъул континенталъулаб букӀуна, багӀарараб ва бакъвараб рииги гӀураб куцалда цӀорораб хаселги букӀуна. Эгей ва Ракьгьоркьохъеб ралъадазул гьава-бакъ хасало цӀакъ тамахаб букӀуна. ЧӀегӀералъдал рагӀаллъиялдайин абуни гьава-бакъ танкараб, цӀадал гӀемераб ва хасало цӀорораб букӀуна. Къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гьава-бакъ тропикияб салул авлахъалъулаб букӀуна, цӀакъ багӀарараб риигун.

ГӀусманиязул пачалихъалъул бищун гучалда бугеб мех (гӀага-шагарго 1680)
Туркал

Пачалихъалъул аслияб халкълъун ккола — туркал. ГӀусманиязул заманалда турказ жододего абулаан "гӀусманиял" абун (тур. Osmanlı).

1927 соналъ тӀобитӀараб тӀоцебесеб халкъалъул хъвай-хъвагӀаялда рекъон, Туркия жумгьурияталда гӀумру гьабулеб букӀун буго 13 464 564 чияс[4], гьездаса 2 323 359 курдал[4], 376 000 эрмениял, черкесал, босниял ва и цогидалги.

Кинго улкаялда тӀобитӀана 12 халкъалъул хъва1-хъвагӀай. 1927 соналдаса бахъун Туркиялъул халкъалъул къадар цӀикӀкӀана 4,4 нухалъ, гӀицӀго 1950 - 1985 соназда жаниб — 2,5 нухалъ. 2009 соналъ Туркиялъул халкъалъул къадар бахана 72,6 млн чиясде, халкъалъул гъунки 88 чи щибаб км², шагьаразда гӀумру гьабулезул бутӀа 75,5 %, 15 соналдаса рорчӀарал хъвазе-цӀализе лъалезул бутӀа 88,1 %[5].

Туркиялъул ракьазда цокӀалаб гуреб куцалда рикь-рикьун руго халкъал. Бищунго гъункун халкъал руго Мармар ва ЧӀегӀер ралъадазул рагӀаллъабазда, ва гьединго Эгей ралъдал рагӀалдехун кколел мухъаздаги. Бищунго халкъ ризаб шагьарлъун ккола — Истамбул, бищун гӀадамал дагьаб мухълъун ккола — Хаккяри.

Эрменал — ккола Туркиялъул аслияб халкълъун, гьез гьабула насранияб дин ва эрменал хъвехъилалда цебе гьел гӀумру гьабун рукӀана тарихияб БакътӀерхьул Эрменистаналъул ракьазда ва Киликиялда. XX гӀасруялдаса цебе Туркиялъул ракьазда гӀумру гьабун рукӀарал эрменазул къадар бахунеб букӀана 3 000 000 цӀикӀкӀун эрменав[6].

Сирянал — ккола насранияб дин гьабулеб Туркиялъул аслияб халкълъун. Жакъасеб Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун, Сириялъулгун ГӀиракъалъул гӀорхъабазда, XX гӀасруялъул авалалда гӀумру гьабун рукӀана нус аза-азар сиряназ, гьесздаса 500 000 цӀикӀкӀун чи чӀвана тӀоцебесеб дунялалъул рагъул заманаялъ[7][8]. ЧӀаго хутӀарал сирянал дунялалда рикь-рикьун ана. Хаккяри икълималъул тӀолго халкъалдаса сиряназул къадар букӀана 43,7 %. Гьел дунялалда рикь-рикьун аралдаса хадуб гьезул минабахъе рахъана курдал.

Грекалги ккола насранияб дин гьабулеб Туркиялъул аслияб халкълъун. БатӀи-батӀиял баяназда рекъон, ТӀоцебесеб дунялалъул рагъда цебе, жакъасеб Туркиялъул ракьалда гӀумру гьабун букӀана 2,7 млн. гӀунтӀарав грекас[9][10]. Жакъасеб Турциялда гӀумру гьабун руго гӀураб къадаралъул бусурманал греказ.

Курдал — жинца аслияб куцалда ислам гьабулеб, иранмацӀазул халкъ. 1927 соналъул халкъазул хъвай-хъвагӀаялда рекъон Туркиялда рукӀана 2 323 359 курдав [4].

Ххенолел дервишал

Туркяилад гӀемерал соназ, цогидал халкъал турказде сверизабиялъул политика билълъинабулеб букӀана. Гьединлъидал, гӀага-шагарго миллатазул къадар рикӀкӀинцин цӀакъ захӀматаб букӀуна. БатӀи-батӀиял баяназда рекъон Туркиялда ругел курдазул къадар бахуна 10-ялдаса 23 % улкаялъул кинабниги халкъалъул къадаралдаса[11]. 8,13 миллион чи вуго курдазул Туркиялда (2014 соналъул баяназда рекъон[12]), ва аслияб куцалда гьез гӀумру гьабулеб буго улкаялъул бакъбаккудахун.

Крималъул татарал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Туркиялда гӀумру гьабун буго гӀураб къадар крималъул татараз (гӀага-шагарго 500 000 - 5 миллионалде щвезегӀан)[13], гьезул аслияб бутӀаялъ Туркиялде гьижра гьабуна Россиялъул империялда гъорлӀе Крим цӀцӀаралдаса хадуб, ва гьижра гьаби гьоркьоса къотӀичӀого цебе инеб букӀана XVIII, XIX ва XX гӀасрабазда.

Кавказалъул халкъал

[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦӀкӀкӀараб къадар Шималияб Кавказалъул халкъазулги буго Туркиялда (аслияб куцалда гьел ккола, Кавказалъул рагъдаса хадуб гӀурусаз жодорго ватӀаназдаса гочинарурал гӀадамазул наслаби) — гьезде киназдего турказ гӀаммаб куцалда черкесалин абула. Гьездаса руго адигал, абазинал, абхазал, нугъаял, карачаял ва балкарал, дагъистаналъул халкъал ва хасго магӀарулал, гъалгъаял, гьириял ва чачанал. Гьезул гӀаммаб къадар бахуна 3 миллион чиясде[14].

Туркал — ккола Туркиялъул аслияб ва бищун рикӀкӀен цӀикӀкӀараб миллатлъун. Гьел кӀалъала алтаялъул мацӀазул хъизаналдаса тюрказул гӀаркьелалда гъорлӀе унеб огъуз къокъаялъул мацӀалда ва гьез гьабула ислам дин. Турказул умумул ккола — огъузал, гьелги рачӀана жакъасеб Туркиялъул централияб бутӀаялде XI гӀасруялъул бакьулӀ, жакъасеб Хъазахъистаналъул ракьазда букӀараб тарихияб Огъузазул пачалихъалдасан. 1453 соналъул 29 маялъ турказ греказухъа бахъана Константинопол (гьанжесеб Истамбул).

1927 соналъ Туркиялда гӀумру гьабун букӀана 13 464 564 чияс, гьезул цӀикӀкӀунисел рукӀана туркал. Жакъасеб Туркиялда халкъалъул къажар бахуна 80 000 000 чиясде, гьесдаса 50 000 000 - 59 000 000 чияс жалго туркаллъун рикӀкӀунел руго (62 % - 74 %)[15][16][17][18]

Динияб рахъалъ туркал — ккола бусурбабилъун (чӀикӀкӀунисеб бутӀа — хӀанапил мазгьабалъул суниял, дагьаб — гӀалевиял).

ТӀадехун рехсарал халкъаздаса батӀаго, аслияб куцалда Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гӀумру гьабун руго миллионалде гӀезе рекӀарал гӀарабаца. Лазазги хемшиназги гӀумру гьабун буго аслияб куцалда ЧӀегӀер ралъдал бакъбаккул рагӀаллъабазда. Гьединго улкаялда гӀумру гьабун руго албанал, гуржиял, падарал, узбекал, татарал ва цогиги гӀемерал миллатазул вакилзаби

Туркиялда гьоркьоса къотӀичӀого гӀумру гьабун буго чанго азарго гӀурусас.

2014 соналъ Туркиялда букӀана 1 млн чиясдаса цӀикӀкӀун чияс гӀумру гьабулеб ичӀго шагьар.

ШагьарХалкъалъул
къадар
Истамбул 13 710 512
Анкара 4 630 735
Измир 3 401 994
Бурса 2 100 000
Адана 1 636 229
Газиантеп 1 438 373
ШагьарХалкъалъул
къадар
Кония 1 107 886
Анталия 1 073 794
Кайсери 1 004 276
Диярбакир 920 366
Мерсин 915 703
Эскишехир 659 924

Халкъалъул къадаралгун шагьарал:

  •  — 10 000 000 цӀикӀкӀун чи вугел.
  •  — 2 000 000 - 5 999 999 чи вугел.
  •  — 1 000 000 - 1 999 999 чи вугел.
  •  — 800 000 - 999 999 чи вугел.
  •  — 500 000 - 799 999 чи вугел.
  •  — 300 000 - 499 999 чи вугел.
Турция: жеги гьечӀо позиционияб карта.

Административияб бикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]
Туркиялъул икълимал

Туркия бикьула 81 илалде[19][20] (икълимазде, гьелъул бакӀалда цебе хӀалтӀизабулаан вилайет абураб рагӀи). Щибаб илги бикьула мухъазде (илче-язде, тур. ilçe), 2007 соналъ Туркиялда букӀана 923 мухъ (илче). Илалъул административияб центр букӀуна централияб мухъалда (илчеялда - merkez ilçe).

Илалъул сиясиял ишал тӀоразе тӀадтарасул хъулухъалда цӀар буго губернатор (vali), гьевги вихьизавула хӀукуматалъ. Губернаторасул чӀолеб бакӀалде абула вилайет (vilayet).

Росдал магӀишаталъул суалал тӀорала муниципалитеталъул бетӀерас (büyükşehir belediyesi başkanı), гьевин абуни вищула халкъалъ. Мухъазулги (илчеязулги) руго муниципалитетал (belediye) гьезда тӀадтаразул хъулухъалде абула мэр-абун (belediye başkanı).

Сиясияб гӀуцӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Къанунал рахъулеб къуват буго цопалатаялъул парламенталъул кодоб — ТӀадегӀанаб миллияб мажлисалъухъ (Büyük Millet Meclisi), жибги гӀуцӀун бугеб 600 депутатасдасан, жалги рищулел 5 сонил болжалалда (2007 сон щвезегӀан рищулаан — 7 сонил болжалалда) халкъиял рищияздалъун. Цеве пачалихъалъул бетӀер — Республикаялъул президент (Cumhurbaşkanı), вищулаан ТӀадегӀанаб миллияб мажлисалъ 7 сонил болжалги цӀан, гьес тӀубазабулаан гӀицӀго вакиллъиялъул хӀалтӀаби.

Инкъилабалда данде рахъарал туркал 2016 сон

ХӀукму билълъинабиялъул къуват букӀана Министерлъиялъул Советалъухъ (Bakanlar Kurulu) бетӀерав министрасул (Başbakan) нухмалъиялда гъоркь. Гьединлъидал пачалихъалда цӀикӀкӀунисел ихтиярал рукӀана бетӀерав-министерасухъ. ХӀукму билълъинабиялъул ва къанунал рахъиялъул къуватазда тӀад халкквей гьабула Конституциялъул Диваналъ (Anayasa Mahkemesi), жибги гӀуцӀун бугеб, президентас рихьизарурал, 11 даимав ва 4 хисулел членаздасан. Председателем Конституциялъул Диваналъул председателлъун (2007 соналъул октябралдасан бахъун) вуго Хашим Килич[21][22].

2007 соналъул 21 октябралда Туркиялда тӀобитӀана билъанхъизабулеб бугеб конституциялда рекъезариял гьариялъул референдум. Гьел рекъезариязул хӀасилалда хисизабуна президент вищулеб къагӀида, гьесул ихтиярал ва гьесие лъураб болжал, гьединго парламенталъул ихтияразул болжалги. 1982 соналъ лъураб конституциялда рекъон пачалихъалъул бетӀер — президент — вищулаан парламенталъ. Президент вищулаан 7 сонил болжалги цӀан ва кӀиабизе вищизе ихтиярги букӀинчӀо. ЦӀиял тӀаде рачӀарал рекъезариязда рекъон, улкаялъул бетӀер вищула тӀолго халкъалъул рищияздалъун 5 сонил болжалалда ва гьесие рес буго цоги цо болжалалъ вачӀине ришиял гьаризе. Парламенталъул рищиял гьарула 4 сонида жаниб цо нухалъ.

Жакъа Туркиялъул бетӀерлъиялда буго консервативияб (цӀиябщиналда данде чӀараб) РитӀухълъиялъул ва цебетӀеялъул партия.

2017 соналъул 16 апрелалъ Туркиялда тӀобитӀана конституциялда хиса-басиял гьариялъул референдум, гьелъул хӀасилалда президентасул ихтиярал цӀикӀкӀинаруна, парламенталда бакӀал цӀикӀкӀинаруна ва бетӀерав-министрасул хъулухъ хвезабуна. Гьел рекъезариязул рахъ ккун гьаракь кьуна 51,41 %, данде рахъана 48,59 %. Туркия лӀугьана президентлъиялъул республикалъун[23].

КъватӀисеб сиясат

[хисизабизе | код хисизабизе]
Анталиялда G20-ялъул саммит, 2015

2000 соналъ Туркиялъул Республикаялъе щвана пачалихъ — кандидат абураб официалияб статус Евроцолъиялъе членлъун лӀугьине. Туркия ккола НАТОялъул членлъун 1952 соналдасан байбихьун.

Америкаялъул эксперт Фион Хиллица загьир гьабулеб буго, БакътӀерхьуда бачӀеб, икълималда кӀвар бугеб пачалихъ бугин Туркия абун, цо чанго шималиябгун-атлантикиял гӀуцӀабазда гъорлӀ гьеб букӀанигицин[24]. Жиндирго гӀорхъабазда сверухъ ругел пачалихъазда гӀемерал ишкалаби ругониги, Туркиялда бажарана кӀудияб экономикиял ресал гӀуцӀун ва гьелъ жигара бахъулеб буго цебе букӀараб гӀусманияб пачалихъалъул гӀатӀилъабазда цебехъан-пачалихълъун букӀине[25].

Кавказалъул икълим ккола — Туркиялъул къватӀисеб сиясаталъул кӀвар бугел пунктаздаса цояблъун. Туркиялъул къватӀисел ишазу министр Мевлют Чавушоглуца кьураб баяналда рекъон, Туркиялъ жигара бахъулеб буго цоцадарарал рукӀине Кавказалъул пачалихъалгун[26].

Туркия ва Евроцолъи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьаб заманаяляда Туркиялъ Евроцолъиялъулгун гьарулел руго кӀалъа-ралъаял, Туркияги европаялъул сиясиябгун-экономикияб гӀуцӀиялда гъорлӀе лӀугьине.

Сардилъ гвангъизабураб Айя София

Къануналда рекъон Туркиялда динал пачалихъалдаса батӀа гьарун руго ва улкаялъул живав чиясе бокьараб дин гьабизе ихтияралги кьун руго. Улкаялъул цӀикӀкӀунисеб халкъалъ гьабула исламияб дин ва гьел ккола хӀанапил мазгьабалъул гӀадамаллъун. Гьединго гӀорхъолъа ун машгьурал руго батӀи-батӀиял тӀарикъатал. Аслияб куцалда машгьурал тӀарикъатал руго накъшубандияб ва мевлеви тӀарикъатал. Руго Туркиялда шапигӀил мазгьабалъул гӀадамалги, гӀемерисел курдал ккола гьел. ГӀемераб къадар мажгитазулги буго улкаялда — 78 000 мажгит.

Улкаялъул экономикаялдаса промышленносталъ ккола 28 %, росдал магӀишаталъ — 15 %, минаби раялъ — 6 %, халкъалъе гьарулел хъулухъаз — 51 %.

2018 соналъ Туркиялъ ккуна дуниялалда 18 бакӀ экономикаялъул гучалъул рахъалъ.

2020 соналъул 1 январалдасан байбихьун, Туркиялда хӀалтӀул харжалъе чӀезабураб бищун дагьаб къадар ккола 2943 туркиялъул лир (брутто) (€442,17) ва 2324,70 туркиялъул лир (нетто) (€349,17).[27][28][29][30][31]

Улкаялда руго чанго гьавамухъал, жанисел ва халкъаздагьоркьосел рорженал гьарулел. ЦӀикӀкӀараб къадар туристазул букӀиналъ, Туркиялда цӀакъ цебе тӀураб система буго гӀаммаб транспорталъул — автобусазул хьури ва метро (1996 соналдаса бахъун). Гьединго руго чанго порталги, маххул нухазул хьури ва нартгун газ бачиналъул хьураби.

Турциялда цӀакъго цебе тӀун буго туризмаялъул хъулухъал и инфраструктура. Гьеб бараб буго ралъдал курортал рукӀиналда ва машгьурал гьайбатал бакӀал гӀемер рукӀиналда.

КъватӀисеб бича-хиси

[хисизабизе | код хисизабизе]

2017 соналъ[32] Туркиялъ ккуна 27-еб бакӀ къватӀисеб бича-хисияьлъул къадаралъул рахъалъ, къватӀисел пачалихъазе гьабураб бича-хисиялъул (экспорт) къимат бахана $166 миллиардалде, къватӀисан жанибе бачӀараб (импорт) - $214 миллиардалде.

Рагъул къуватал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Туркиялъул рагъул къуватал (тур. Türk Silahlı Kuvvetleri) ккола — эркенлъи, лъидагобангутӀи ва улкаялъул ракьазул кӀибикьичӀолъи цӀунизе цойиде ракӀарарал аскарал. 2006 соналъ кьурал баяназда рекъон туркиялъул армиялъул рикӀкӀен бахуна 514,85 азр. аскариясде[33].


Иццал ва мугъчӀваял

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ↑ "CIA - The World Factbook". Архивация оригинал, 2017-09-20. Щвей 2013-02-19. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. ↑ Список стран по ИРЧП 2011
  3. ↑ . — Т. 1. — Гь. 170. — (Corpus Fontium Historiae Byzantinae).
  4. 1 2 3 "Over 22.5 million Kurds live in Turkey, new Turkish statistics reveal" (мацӀ: английский). ekurd.net. Архивация оригинал, 2020-04-11. Щвей 2017-01-02.
  5. ↑ Турция между западом и Востоком В. Л. Мартынов, И. Е. Сазонова, 2011
  6. ↑ The Pre-1895 Censuses in Ottoman Empire | Aniarc
  7. ↑ The Armenian Genocide: Wartime Radicalization Or Premeditated Continuum — Page 272 edited by Richard Hovannisian
  8. ↑ The Plight of Religious Minorities: Can Religious Pluralism Survive? — Page 101 by United States Congress
  9. ↑ "ΜΙΚΡΑΣΙΑΤΙΚΗ ΚΑΤΑΣΤΡΟΦΗ — 80 ΧΡΟΝΙΑ ΑΠΟ ΤΗ ΣΥΝΘΗΚΗ ΤΩΝ ΣΕΒΡΩΝ". Архивация оригинал, 2018-04-16. Щвей 2019-11-29. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help); no-break space character in |title= at position 24 (help)
  10. ↑ Stanford J. .
  11. ↑ "Turkey - Kurds". World Directory of Minorities and Indigenous Peoples (мацӀ: английский). Щвей 2017-10-08.
  12. ↑ "Kurdish, Northern". Архивация оригиналалдаса, 2016-05-03. Щвей 2016-05-03.
  13. ↑ "Crimean Tatar population in Turkey". Архивация оригинал, 2019-01-07. Щвей 2020-02-20.
  14. ↑ "Turkey - Caucasians". World Directory of Minorities and Indigenous Peoples (мацӀ: английский). Щвей 2017-10-08.
  15. ↑ Milliyet. "55 milyon kişi 'etnik olarak' Türk". Щвей 2011-07-21.
  16. ↑ KONDA Research and Consultancy, "Social Structure Survey 2006" (PDF). Архивация оригинал (PDF), 2010-10-30. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)
  17. ↑ Library of Congress – Federal Research Division. "Country Profile: Turkey". Архивация оригинал (PDF), 2018-12-25. Щвей 2010-02-06. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  18. ↑ CIA. "The World Factbook". Архивация оригинал, 2017-09-20. Щвей 2011-07-27. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  19. ↑ Турция // Большая российская энциклопедия : [в 35 т.] / гл. ред. Ю. С. Осипов. — М. : Большая российская энциклопедия, 2004—2017.
  20. ↑ / жав. редактор А. М. Комков. — 459 гь. — 70 000 экз.
  21. ↑ Constitutional Court president has 'clear conscience' over DTP ban (инг.)
  22. ↑ "Персональная страничка председателя Конституционного Суда Турции" (мацӀ: турецкий). Архивация оригинал, 2007-12-28.
  23. ↑  (нем.)
  24. ↑ Brookings Institution: действия Запада не застали Россию врасплох // РИА Новости, 13.12.2014
  25. ↑ Отношение США к политике Турции на Кавказе Архивация 2017-07-04 Wayback Machine // lragir.am
  26. ↑ Кавказу отводится значительное место в системе международных отношений Архивация 2013-06-20 Wayback Machine // ARMENIA Today
  27. ↑  (хвараб регӀел)
  28. ↑ "Archive copy". Архивация оригинал, 2020-01-03. Щвей 2020-02-20.{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)
  29. ↑
  30. ↑
  31. ↑
  32. ↑ "Турция на справочнике внешней торговли The Observatory of Economic Complexity". Архивация оригинал, 2019-08-19. Щвей 2020-02-20. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  33. ↑ "The Asian Conventional Military Balance in 2006: Overview of major Asian Powers" (PDF). Архивация оригинал (PDF), 2010-02-10. Щвей 2010-02-10. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)

Халип:Турция темабаздалъун

Халип:Балканалъул бащадаб чІинкІтллъиялъул пачалихъал Халип:Ракьдагьоркьосеб ралъдал рагІалда ругел пачалихъал Халип:ЧІегІер ралъдал рагІалда ругел пачалихъал Халип:G20 Халип:НАТО

  1. ↑ Большой Энциклопедический Словарь. Статья: Турция:
    ... Большая часть Турции занята Анатолийским плоскогорьем и Армянским нагорьем (высота до 5165 м, г. Б. Арарат), на севере - Понтийские горы (высота до 3937 м), на юге - хребты Тавра (высота до 3726 м). ...
    Энциклопедия Британника. Статья: Turkey:
    Nearly all of the country is in Asia, comprising the oblong peninsula of Asia Minor — also known as Anatolia (Anadolu) — and, in the east, part of a mountainous region sometimes known as the Armenian Highland. The remainder — Turkish Thrace (Trakya) — lies in the extreme southeastern part of Europe, a tiny remnant of an empire that once extended over much of the Balkans.
  2. ↑ 15-го километраялъул гӀурхъи Нахичеваналъул Автономияб Республикаялъулгун
  3. ↑ Большой Энциклопедический Словарь. Статья: Турция:Большая часть Турции занята Анатолийским плоскогорьем и Армянским нагорьем (высота до 5165 м, г. Б. Арарат), на севере - Понтийские горы (высота до 3937 м), на юге - хребты Тавра (высота до 3726 м). ... Энциклопедия Британника. Статья: Turkey: Nearly all of the country is in Asia, comprising the oblong peninsula of Asia Minor — also known as Anatolia (Anadolu) — and, in the east, part of a mountainous region sometimes known as the Armenian Highland. The remainder — Turkish Thrace (Trakya) — lies in the extreme southeastern part of Europe, a tiny remnant of an empire that once extended over much of the Balkans.
Цитация мекъи: Для существующих тегов <ref> группы «прим» не найдено соответствующего тега <references group="прим"/>