Насранияб дин

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Хъанч. Христианаз жиндие лагълъи гьабулеб жо

Насранияб дин (грек. Χριστός — «масихІ») — ккола дунялалъул диназул цояблъун, гьеб гІуцІцІун буго насраниязул рагІабазда рекъон ГІиса аварагасул малъа-хъваязда ва гьесул харбазда, Библиялъул ЦІияб КъотІиялда жиб хъвараб[1]. Христианаз иман лъола Назареталдаса ГІиса авараг масихІ вукІиналда ва гьез гьев рикІкІуна Аллагьасул васлъун (Аллагь вацІцІадав вуго гьединал къосарал сипатаздаса) ва инсаният хвасар гьабулевлъунги[2].

Насранияб дин — дунялалда бищун кІудияб динлъун ккола, гьелда нахъ рилъаразул къадаралда бан. Гьезул къадар бахуна 2,3 миллиард чиясде.

Насранияб диналда жаниб чІахІиял къокъабилъун рикІкІуна — ортодоксия, католицизм ва протестантизм.


ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]