Католиклъи
Куц-мухъ
(«Католицизм» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Католиклъи (латин: catholicismus бачӀана грек. καθολικός рагӀиялдасан — «киназего гӀаммаб», «киналдаго данде кколеб») — Насранияб диналъул гӀемерисел гӀадамал нахъ рилълъараб (гӀага-шагарго 1 миллиардги 229 миллионги чи 2012 соналъул баяназда рекъон[1]) мазгьаб (гӀаркьел), жиб баккараб нилӀер рикӀкӀеналъул I азарсоналъ БакътӀерхьул Римазул империялъул ракьазда. Гьеб мазгьабалъ жибго рикӀкӀуна гӀицӀго гьеб кколин — ГӀиса аварагас кьучӀ лъун бетӀерлъи гьабураб мазгьабан. Жакъа заманаялда жаниб Католикияб килисаялъул бетӀерлъун ккола Румалъул Папа, жив Папал БакӀалъул ва Румалда бугеб пачалихъ-шагьар Ватиканалъулги бетӀерлъун кколев.
ХӀужаби
[хисизабизе | код хисизабизе]
| Гьаб тІубачІеб макъала буго диналъул хІакъалъулъ. Нужеца кумек гьабизе бегьула проекталъе, гъалатІ битІизабун ва макъалаялда тIад жо жубан. Гьаб хIужа хисизе кканани, хисизе бегьула цІикІкІун данде кколелдалъун. |