ГӀиса авараг

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГІиса авараг» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
ГӀиса авараг
 Медиафайлал Викигъамасалда
ГІиса
Perfumeだせ感線ヨヒキナ、ゆびきりマイラサバ、カデナビジャキナヨバトウ〜イムラタ、ジャムルヨディアリマワ、ヒラドルト〜ワガ、スシトキヤマ、ラプマ。
Марямил вас, АлмасихІ, Расулу Ллагь, Набийб Ллагь, Ал-Важигь, Ал-Мубарак, ГІабдуллагь
ГІаламат Инжил
Насаб эбел: Марйям

Ма́рьямил вас ГІиса Ал-Маси́хІ (гӀар. عيسى ابن مريم‎‎ — Марямил вас ГІиса) — жиндир Исламалда жаниб цІакъ адаб-хІурмат гьабулев авараг (наби). ЦІияб Заветалда рехсолев Иисус Христосгун цого чи ккола. Къуръаналда жанив масихІ (мессия), Ибн Марьям (Марьямиял вас), ГІабдуллагь (Аллагьасул лагъ) абурал цІараздалъун 25 нухалъ рехсон вуго гьев[1]. ТІадегІанав Аллагьас гьесие гьадинал цІарал кьолел руго: расулюллагь (Аллагьасул расул), салихІ (ритІухъав), калима ([Аллагьасул] рагӀи), къавлул хӀакъ (хӀакаб рагӀи) ва цогидал.

Perfumeだせ感線ヨヒキナ、ゆびきりマイラサバ、カデナビジャキナヨバトウ〜イムラタ、ジャムルヨディアリマワ、ヒラドルト〜ワガ、スシトキヤマ、ラプマ。
Perfumeだせ感線ヨヒキナ、ゆびきりマイラサバ、カデナビジャキナヨバトウ〜イムラタ、ジャムルヨディアリマワ、ヒラドルト〜ワガ、スシトキヤマ、ラプマ。 ГӀиса аварагасул цӀар: «Аль-Маси́хӀу ГӀи́са бну Марьям»[2]

ГӀиса авараг витӀун вукӀана бану исраилалъухъ Таврат (Тора) тасдикъ гьабун цӀияб Мукъадасаб тӀехь — Инжил (Евангелие) босун[3][4]. ГӀиса вуго Аллагьасул авараг, илчи (расул) ва цӀияб къануналъе кьучӀ лъурав чи[5][./ГӀиса_авараг#cite_note-FOOTNOTEАли-заде,_А._А.2007-5 [5]].

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьави[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀисал гӀажаибаб гьавиялъул Къуръаналда цӀакъ мухӀканго бицун буго. Малаикас лъазабула Марьямида, Аллагьасул рагӀиялдалъун, жинца караматал жал гьаризе кӀолев вас гьавизе вукӀи. Къуръаналда ГӀиса авараг Адамида релъизавун вуго, щайгурелъул гьел кӀиялго рукӀана Аллагьас эмен гьечӀого гьарурал[6].

Марьямилги ГӀисаги персазул миниатюраялда

Гьавун хадуб ГӀисаца абула жиндирго эбелалда, Аллагьас дуе гӀакъуба бигьа гьабулеб бугин аскӀоб бугеб гъотӀода чамастак бижизабун ва ицц баккизабун[7]. ГӀисаца сихӀтун йикӀеян абула эбелалда, гӀадамал гьелда гьикъа-бакъи гьабизе лъугӀараб мехалъ. ГӀадамаз гъибат-бугьтан гьабизе байбихьараб мехалъ, лъимералъ абула, жив Аллагьасул авараг вугин[8][9]. Гьеб букӀана гьесул тӀоцебесаб карамат. Ягьудал уна румазул бетӀерасухъе Марьям эмен гьечӀого вас гьавиялъ чӀваеян гьарун. Гьеб сабаблъун Марьям васги вачун Мисралда лъутизе ккун йикӀана. ГӀисае анцӀилакӀиго цон тӀубараб мехалъ гьел Ягьудиялда нахъруссун рачӀуна ва Назареталда чӀчӀола (Насир)[5].

Омеядазул мажгиталъул минареталдасан вачӀизе ккола ГӀиса авараг цӀидасан.

Саллиб (распятие)[хисизабизе | код хисизабизе]

Бану Ираилалъ ГӀиса авараглъун къабул гьавичӀо, тӀадежоялъе, гьел гьесда данде рахъана ва гьев чӀвазе хӀукму гьабуна. Ягьудиял ун руго Румалъул кесарихъ, гьез абун буго гьесда, ГӀисае нужер хӀукумат бокьун гьечӀин букӀизе ва гьев Ягьудиялда жиндирго ханлъи гӀуцӀизехъин вугин. Гьезул мацӀалдаги божун, гьес ГӀиса кквезеги ккун, таслиб гьабун, чӀвазе буюрухъ кьун буго. Гьеб гьесул амру тӀубазе цо ягьудиязул къокъа яргъилалгун уна ГӀисахъе. ЦӀар арав тарихчи ва къуръаналъул тафсирчи Ибн Касирица Ибн ГӀаббасил рагӀабаздаса хъвала буго:

Гьеб заманялъ ГӀиса вукӀула жиндир анцӀилакӀиго-анцӀилалъабго асхӀабгун. Бицула, гьеб букӀанила рузанкъо, бакъ тӀерхьулеб гӀадинаб заман, ай шаммат сордо. Гьез рукъ сверухъ ккола, ГӀисада жив ворчӀизе гьечӀелъиги лъан, яги дол гьабсагӀат жанир кӀанцӀизе кколаан, яги гьав живго ине ккела дозухъе, абуна жиндирго асхӀабзабазда: «Лъие бокьун бугеб дида ралъарав лъугьине ва алжаналъув дида аскӀов вукӀизе?». Цо вас вахъула тӀаде, амма гьев цӀакъго гьитӀинавлъун рикӀкӀуна. ГӀисаца жиндир суал кӀиабизеги кьола, лъабабизеги кьола, амма гьев гӀолохъанав вас гурони щивниги вахъуларо. Хадуб ГӀисаца абула: «Мун вукӀизе вуго гьев чи!». Хадуб Аллагьас хисизабула досул сипат-куц, кӀиялго цоцада релъарал лъугӀула. Гьеб заманалъ тӀохалъул каратӀ рагьун бачӀула ва ГӀиса кьижун ккола. Гьеб хӀалалда гьев восун уна зодов, ТӀадегӀанасги абуна: «Ле, ГӀиса! Дица мун цӀидасан щвезе гьавила ва цӀидасан тӀаде вачила…» (Къуръан, 3: 55). Гьев зодов вачун араб мехалъ, гьесул асхӀабзаби къватӀире уна. Ягьудияз, дов вас ГӀиса авараг вугинги ккун, ккола дов, зазил горги къазабула бетӀералда ва таслиб гьабула[5].

Исламалда бакІ[хисизабизе | код хисизабизе]

Цогидал аварагаздасанги цІикІкІун хъван буго Къуръаналда ГІиса аварагасул хІакъалъулъ. 25 нухалъ рехсон буго гьениб гьесул цІар. Биценалда рекъон, «Марьям»-абураб сура мугьажираца Эфиопиялъул негусасда цебе цӀалула букӀун буго христианлъиялъулги МухӀаммад аварагас гьабулеб дагӀваталъулги ругел релъенлъаби рихьизарун[7].

Къуръаналъ цо лъабго аллагь вугин - живго Аллагьги, ГӀисаги гьесул эбел Марьямги - абулеб Троицаялъул идеяби нахъчӀвала[10][11][12]. Къуръаналъ чӀезабула, ГӀиса кинавнги аллагь гьечӀин ва Аллагьасул вас гьечӀин, гьев вугилан, киналго гӀадамал гӀадин, цохӀого-цо вугев Аллагьасул лагъ[13][14][15].

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Марйам 19:31
  2. Али ГІимран 3:45
  3. Али ГІимран 3:48
  4. Ал-Маида 5:46
  5. 5,0 5,1 5,2 Али-заде, А. А. 2007.
  6. Али ГІимран 3:59
  7. 7,0 7,1 Ислам: ЭС 1991.
  8. Али ГІимран 3:42—50
  9. Марйам 19:16—34
  10. Ан-Нисаъ 4:171
  11. Ал-Маида 5:73
  12. Ал-Маида 5:116
  13. Ат-Тавба 9:30
  14. Ал-Маида 5:72
  15. Аз-Зухруф 43:59

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Пиотровский М.Б. ГІиса // Ислам: энциклопедический словарь / отв. ред. С. М. Прозоров. — Наука, 1991. — С. 102.
  • Али-заде, А. А. ГІиса ибн Марьям (архив) // Исламияб энциклопедияб къамус. — М.: Ансар, 2007.